МацIгун маданият – цого гьакида

 

   Миллиял мацIал цIуниялъеги гьел тIагIунгутIиялъеги, лъималазда гьел кIочонгутIиялъеги ахираб заманалда гьабулеб бугеб кIудияб хIалтIулъ хасаб бакI ккола Халкъиял театразги. Нилъер республикаялда буго гIага-шагарго гьединаб 30 театр.

   Ахираб заманалда кIвар кьолеб буго гьенир гьарулел церерахъиназде, сценаялдасан умумузул гIадаталги гIамал-хасиятги рихьизариялде. Гьеб хIалтIи нухда бачунеб буго ДРялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул нухмалъулей Марита Мугадовалъ. «Миллиял мацIал цIуни — театразул бищун аслияб масъала ккола», — ян абула гьелъ кидаго.

  Гьеб мурадалда дагьал церегIан къоязда Лаваша районалъул ЧIугIли росулъ тIобитIана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиева гьаюралдаса 90 сон тIубаялъул хIурматалда «Фазу — Дагъистаналъул рекIелъ» абураб театралияб фестиваль. Гьенир гIахьаллъана Лаваша районалъул анлъго росулъа театралиял коллективал.

  Гьединго, 23 марталда Избербаш шагьаралда, ГIумарла Батирайил цIаралда бугеб Даргиязул музыкалиябгун драмаялъул театралда тIобитIана лъималазе театралияб фестивальги. Гьенир гIахьаллъана Бабаюрт, Гъаякент, Хасавюрт районаздаса ва Гъизляр, Избербаш шагьараздаса коллективал.

   Гьез рихьизарурал Фазу ГIалиевалъулги Расул ХIамзатовасулги асараздаса гIуцIарал батIи-батIиял инсценировкабаз киназего кIудияб асар гьабуна. Гьелдаго цадахъ Хунзахъ ва Унсоколо районазул Халкъиял театразда хIадур гьарулел руго Р. ХIамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб асаралъул кьучIалда гIуцIарал театралиял постановкаби. Бищунго кIвар кьезе кколеб жо буго гьел киналго постановкабазда гъорлъ гIемерал гIолилал гIахьаллъулел рукIин.

  ТIадехун рехсараб хIалтIул аслияб мурад буго умумузул гIамалхасиятги гIадаталги гIолеб гIелалда кIочонгутIи, рахьдал мацIалда кIалъай, гьел халкъияб творчествоялде гъорлъе рачин, лъикIабги квешабги, батIи-батIиял лъугьабахъиназдалъун, сценаялдасан бихьизаби, жалго гIураб ракьалде рокьи цIикIкIинаби.

МухIамад ДУДУЕВ