Нухал. Нухал. Нухал…

МагIарул театралияб маданияталъул цевехъанасул гIумруялъул сухъмахъазда

 

«Бокьун буго ракьалда диргоги лъалкIал тезе. Биччанте хадусел наслабаз дир хIалтIуе битIараб къимат кьезе. Абизе бокьун буго — дир гIумру гIадада инчIо, бажарана инсанлъун хутIизеги. Биччанте магIарулазул ракIазулъ хутIизе дир гьитIинабго хIалтIул шавкъалъул лъалкIал».
ХI. ГIабдулгъапуров

Театр — гIумруялъул матIу

Щиб жо кколеб театр? МатIуялъусан гIадин бихьула гьенисан инсанасул къисматги, гьесул рохелги, магIуги, сухъмахъал-шагьрабиги. Театралъул актер. Щивха гьевги кколев? Гьес, цин велъун, цинги гIодун гIадамазе бицуна гьезулго гIумруялъул хIакъалъулъ. Цингиги театр сценаялда лъурасул щиб кIварха бугеб? Гьев ккола жибго гIумруялъул режиссерги дирижерги. Гьес, кверги ккун, нухарегIула театр кIудияб сапаралде. Гьелъул рукIуна жиндирго сухъмахъал. Гьел сухъмахъал­ккун цебехун унаго, гьелда цо-цояз зинкIкIула, цогидаз гIодоб ккезабула, тIаде бахъинабула, лъабабилез гьеб къабул гьабула, гIумруялъ жидерго къисматалъе кьолеб салам гIадин. Гьеб сапаралда театралда цадахъ даим вукIана ва гьанжеги вуго гIемерал соназ гьенив бетIерав режиссерлъун хIалтIарав ва гьанже, гьелде тIадеги, гьелъул художествияв нухмалъулевлъун кколев магIарул тIоцевесев профессионалияв режиссер ХIайбулагь ГIабдулгъапуров.

РакIалъ ахIулев вуго

БотIрода савуялъ бусен гьабулеб гIужалда, цIакъ бокьула гIумруялъул тIохьол тIанчал нахъехун регизе — дун дандчIвала лъимерлъигун. РакIалъ хIасратго ахIулев вуго гьениве. ХIохьбала гьелъул иццухъ, ва цере рачIуна, кIудияб дунялалде дун витIулаго, гьелъ дие гьа­рун рукIарал малъа-хъваял. Дида бичIчIулеб букIана дирго, гьитIинав бесдаласул, хвасарлъи цохIо дилъго букIин. Лъимерлъиялъ дун лъадарана. Бокьун, бичIчIун гуро лъаялда хадувги лъугьарав — гьеб киналдего дун кантIизавуна гIумруялъ. ГьитIинго бичIчIана гIумруялъул магIнаги. Бесдаллъиялъул согIаб квачIалъ дун тIамуна гIумру буххизе.
ГIемер чиясухъа гуро бажарулеб, херлъаниги, лъимерлъун хутIизе. Амма рацIцIадал пикрабазулги тIокIкIарал анищазулги ХIайбулагьида дица абилаан даимаб лъимерилан.

Балагьана. Бихьана. Пикру гьабуна

Гьавуна ХIайбулагь Шамил районалъул Ракьуб росулъ. Заманалдасан хъизан гочинабуна Чачаналъул Нажавюрт районалде. ГIагараб росу тун унел магIарулазул кинаб хIалха букIун батилеб! Руссана гьенисаги гIагараб ракьалде. Бажарана гIумруялъул карачелазде данде лъедонги. Жибго гIумруялъ малъана гьеб. Гьелъ кантIизавуна гIемераб жоялъул пикраби гьаризеги. Ва ХIайбулагьица гIолохъанлъиялде каву къирана.
1959 сон. ХIайбулагь ГIабдулгъапуров уна цIализе Типлисалде Шота Руставелил цIаралда бугеб театралияб институталде. ЦIалул отличник хIисабалда, ХIайбулагьие щолаан К. Марджанишвилил цIаралда бугеб стипендия. Гьев кколаан институталъул гIелмияб советалъул членги. 1964 соналда, багIараб дипломалда институтги лъугIизабун, хIалтIизе лъугьана Буйнакскалда МагIарул театралде. Дол соназ МагIарул театралда вукIинчIо режиссер. Дагъистаналъул хIукуматалъул гьариялдалъун Типлисалъул театразул нухмалъулезухъе хъвала цо МагIарул театралъул актерасе режиссер­лъиялъе цIализе бакI гьабейилан. Ва гьениве цIализе цIидасанги витIула гIолохъанав актер ХIайбулагь. 1967 соналда багIараб дипломалда гьеб цIалиги лъугIизабула актерас. КIиго соналъ тIадеги цIалана Москваялда, Маяковскиясул театралда. Гьединго кIиго соналъ стажировка гьабуна Ленинградалда.

ХIайбулагьил гIумруялъул дарсал

Дун гIемер ургъула мунагьал чураяв хъвадарухъан МухIамад Сулимановасул цо пикруялда тIад. Дос гIемер такрар гьабулаан: «Дун Культураялъул министерствоялъукьа гуро хIинкъулев. Дун хIинкъула культура гьечIеб министерствоялъукьа», — йилан.
Дида гьел рагIаби гIемер щола ракIалде жакъаги. Гьеле гьениб буго кинабго хIабургъинабун. Жиде-жидер бакIазда гIадамал гьечIолъиялъ хIалтIи цебетIезе квалквал гьабулеб буго. Цояв цоясул гIагарав, гъов гъовцоясул гIагарав, цогидав — цогидасул гьудул-гьалмагъ — гьеле гьеб даражаялда ругони, кинха нилъ церехунги инел.
— ГанчIалцин рихьуларез чIинхазул бицунеб заман буго гьаб.
Гьанибго бицен гьабизе бокьун буго поэзиялъул хIакъалъулъги.
— Поэзия букIине ккола жибго гIумруялдасаги тIадегIанаблъун. Гьеб хъирщадизе бегьуларо. Гьанже гIемерисеб шигIру гьединаб буго.
— Щивав чиясул букIине ккола щибаб секундалъ, щибаб лахIзаталъ жиндиего кьолеб суал. Гурони, нилъ гIумруялъ нахъа тола.
— Кинавго чиясе лъикIавлъун вукIине, гьесие дандекколедухъ гIумру гьабизе хIалкIоларо инсанасда. ЦIакъго гIемер лъикIлъи цого чиясеги гьабизе бегьулеб жо батичIо дида. Гьелда дица абилаан хIалихьатаб лъикIлъийилан.
— ГьитIинго бесдаллъиги ракъиги бихьарав дица тIубараб гIумруялъ хIаракат бахъана гIаданлъун вахъине ва хутIизе. Лъана ччугIалъун лъедезеги хIинчIлъун воржинеги буго махщел.
— Жакъа гIемерисез хIаракатго бахъулеб гьечIо гIадамаллъун лъугьине ва хутIизе. Рагьа­раб ццидацаги балъгояб жахIдаялъги кунеб буго инсанасул гIумру. Гьеб кIиябго жо­ялъ квалквал гьабулеб буго гIадамазе жакъаги. КъобахъанагIан гьеб кIиялъго гьужум гьабулеб буго гIадамазде, ва хIалуцунеб буго гьезул гIумруги. РухIияб бечелъиялда чIвараб кьавулъун руго жахIдаги ццинги.
ГIумруялъул тIохьол тIанчал цIидасанги нахъехун регулелъул, дурго кинаб гIамалалдаса инкар гьабулеб букIарабилан кьураб суалалъе ХIайбулагьица кьуна гьадинаб жаваб:
— Дир буго, щвараб гIор гIадин, гьулчун бачIунеб гIамал. Гьелъго батила, цо рахъалъан босани, дие гьадинавлъун хутIизе кумек гьабураб. Цоги рахъ босани, квалквалги буго — лъиениги бокьулеб гьечIо жидерго рахъалъ абулеб битIараб, ритIухъаб рагIи рагIизе. Эбелалъ гъоцIоца лъимер бухулеб гIадин, вухулев вуго гIумру­ялъ. Унго-унгоги зама-заманалдасан гьелъ зинкIкIунги толеб куцха!
— Дида гIумру гьабизе тIахьаз малъана. Гьезго малъана битIараб абизеги, ритIухълъиялъе гIоло къеркьезеги, хIалихьалъигун вагъизеги.
— Дида абулеб бугони гIумруялъул сухъмахъа­зул киналдаса инкар гьабилеб букIарабилан, дица цонигиялдаса инкар гьабилароан, гIумруги байбихьилаан гьелго сухъмахъаздасан.
Адабияталда ва маданияталда
тарал лъалкIал

ХIайбулагьица гвангъарал лъалкIал толел руго миллияб адабияталдаги маданияталдаги.
Гьесул буго кIиабилеб рукълъун жиндие лъугьараб ва абадиялъго хутIизе бугеб МагIарул театралъе сайгъат гьабураб тIехь. Гьениб гьес кIудияб рокьигун ва адабгун бицунеб буго театралъул тарихалъул, гьелъ магIарулазул гIумруялъулъ кколеб бакIалъул, театралъул машгьурал артистазул хIакъалъулъ. Гьев ккола 18 литературиябгун драмаялъул асаралъул авторги. Гьес магIарул мацIалде буссинабуна 55 пьеса ва гьезул кьучIалда хъварал спектаклял лъуна театралда. Масала, магIарул адабияталда хасаб бакI ккола гьес магIарул мацIалде руссинарурал К. Хетагуровасул «Фатима», А. Навоил «Лайла ва Мажнун», В. Пшавелил «Гьобол ва хважаин» абурал ва цогидалги асараз. Хъвала ХIайбулагьица шагIирзабазул, хъвадарухъабазул, композиторазул, артистазул юбилеялъулал тадбиразе сценариялги. Гьес хъварал сценариязда рекъон, тIобитIана 30-ялдасаги цIикIкIун тадбирги дандеруссинги.
Гьединго гьес хъвана гIемерал макъалабиги, кучIдулги, драмаялъул асаралги. Масала, пьесаби «МахIмудги Муиги», «БакьайчIиса ЧIанкIа», «Унсоколоса ХIожоги гуржиявги» (биценалъул кьучIалда) ва цогидалги. Хъвана ХIайбулагьил хIакъалъулъги. Гьелъие мисаллъун ккола магIарул хъвадарухъан ГIарип Расуловас гьесул хIакъалъулъ хъвараб «Театр. Режиссер. Спектакль» абураб тIехь. ХIамзатил Расулица ХIайбулагьие сайгъат гьабураб кочIоца бицунеб буго магIарулазе гьесул пишаялъул бугеб кIваралъулги, миллатцоязул гьесде бугеб адабалъулги рокьулги хIакъалъулъ:
— …Къоял дуе — русби, санал дур – гуми,-
Гаван пагьмуялъе бугищ, адмирал!
Дуниял — театр, гIалам — актерал,
Аэродром гьечIеб самолет — гIишкъу…
Щуго тIадабги бан, анлъабилебги
Аллагьасе базе ккола нилъеца.
Бекьулеб ракь дагьаб авар халкъалъе,
Щибаб росдай хасаб устарлъи кьедал…

Бокьараз бокьараб бицеян абе,-
Нилъер алмазалда рекIинаро гъиз.
Гъоба гъварилъуда гъулгъулел иххаз
Ахирги ралъдалъе балагьила нух…
ШагIирас кочIолъ рехсараб устарлъиялъул хважаинлъун ккола ХIайбулагьги. Хасаб устарлъиялъулха. Гьеб ккола, кинаб заман бачIаниги, кинав хIаким вачIаниги, лъидаго, сундаго гьесухъа бахъизе кIвечIеб гIагараб театралде бугеб хIикматаб рокьи.

Театр — гIумруялъул магIна

Жакъа ХIайбулагь ГIабдулгъапуров вуго жинцаго тIасабищараб гIумруялъул борхалъуда. Гьесда гIураб къобихьана, гьелъул сухъмахъал ва шагьраби нахъа толаго. Амма цо къоялъ таричIо гьев, ана цевехун. Ва гьесул хьолбохъа багъаричIо доб жинцаго нахъе рехилаанин абулеб бугеб щвараб гIор гIадин гьулчун бачIунеб гIамал. Гьелъ течIо гьесие гьерсиеги тIекълъиялъеги бетIер къулизеги жахIда-хIусудалъулгун гьудуллъи кквезеги.
РачIаха, цIидасанги цодагьалъ нахъехун бегилин ХIайбулагьил гIумруялъул тIехь. Гьеб тIехьалъул хасаб бутIа буго театралъе кьураб. РакIалдещвезарулел руго режиссерас хъварал литературиялгун драмаялъул цо-цо асаразул цIарал:
«ХIажимурад» (Л. Толстоясул къисаялдасан), «АхIун бахъинчIеб кечI» (музыкалияб драма), «Жигит»-радиопьеса, «Ниж- гIолохъанаб гIел» (гIолилазе хъвараб музыкалияб драма), «Эбелалъул хIакъалъулъ кечI» ( Расул ХIамзатовасул асараздасан), «Пандур ва ханжар» (литературиябгун музыкалияб композиция), «Релъиги магIуги» (литературиябгун музыкалияб композиция) ва цогидалги.
ХIайбулагьица МагIарул театралъул сценаялда лъуна гIурус, Дагъистаналъул ва къватIисел пачалихъазул авторазул асараздасан 180-ялдасаги цIикIкIун спектакль.
Театралде тIамураб тIоцебесеб галилъун гьесие ккола Р. Фатуевасул пьесаялдасан лъураб «МагIарулал» абураб спектакль. Гьелъухъ ХIайбулагьие щвана тIоцебесеб даражаялъул диплом. Гьелдаса хадур – М. Горькиясул «Херав», Софоклил «Антигона», Бомаршел «Севильский цирюльник», Расул ХIамзатовасул «МагIарулай», ГI. Хачаловасул «Аманат»… Гьедин 50 соналъ ахIана ХIайбулагь ГIабдулгъапуровас МагIарул театралде гIагараб халкъ.
ЦохIо МагIарул театралда гуребги лъуна ГIабдулгъапуровас спектаклял. Масала, Лезги театралда — Х. Авшалумовасул «Имам Шамилил тилмач», ГIурус театралда — Р. Фатуевасул «МагIарулал», Тумазул театралда — А. Нухирашвилил «Чинчрака», ЛъарагI театралда — С. ГIабдулал «ТIагьир ва Зугьра». Даргиязул драматург С. Рабадановасул «Батирай» абураб пьесаялда рекъон лъураб спектаклялъухъ гьесие щвана Дагъистаналъул пачалихъияб премия.

Театралияб махщелалъул борхалъуда

Театралъе кьураб 50 сон. Дагьабищ гьеб яги гIемерищ? Амма лъала ХIайбулагьица абизе бугеблъи гьеб байбихьи бугилан.
— Бокьун буго хIалхьиялде ине, хIалтIиги гьечIого вукIине гуребха. Хъвазе ракIалда буго гIагараб росдал тарихалъул хIакъалъулъ тIехь. Гьединго бицина магIарулазе миллиб маданияталъул матIулъун кколеб МагIарул театралъул тарихалъулги цебетIеялъулги хIакъалъулъ, — илан абуна ХIайбулагьица.
РачIаха цоги нухалда раккизе режиссерасул гIумруялъул тIохьоде:

1964 сон — МагIарул театралъул актер.
1970 сон — ДАССРалъул Культураялъул министерствоялъул ХIурматалъул грамота.
1971 сон — РСФСРалъул театралиял хIаракатчагIазул союзалъул член.
1971 сон — МагIарул театралъул бетIерав режиссер.
1972 сон — СССРалъул бокьараб профессионалияб театралда хIалтIизе ихтияр бугеб удостоверение щвана.
1972 сон — «ДАССРалъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи» абураб цIаралъе мустахIикълъана.
1980 сон — ХIайбулагь ГIабдулгъапуровасе кьуна «ДАССРалъул халкъияв артист» абураб тIадегIанаб цIар.
1988-2009 сонал — МагIарул театралъул бетIерав режиссер.
2009 сон — МагIарул театралъул художест­ви­яв нухмалъулев.
2011 сон — «Адабият» литературиябгун теат­ра­лияб гIуцIиялъул художествияв нухмалъулев- директор.

Жакъа ХIайбулагь ГIабдулгъапуров ккола МагIарул театралъул художествияв нухмалъулевги бетIерав режиссерги.

Нухал. Сапарал. Нухал

Жакъаги сапаразда вуго ХIайбулагь. Гьез гьев вачуна гIумруялъул кIичI-кIичIарал нухаздасан театралияб махщелалъул мутIигI гьаризе захI­матал рорхалъабазде. Амма гьеб борхалъи мутIигI гьабизе бажарана ХIайбулагьихъа, щайгурелъул гьеб букIана режиссерасул рекIел ахIи. Гьесда кIвана жинцаго залимаб гъветIилан рикIкIунеб театралъул гъварилъуде ваккизе. Ва гьес щибаб къойил лъалъана ва гьанжеги жиндирго лъаялъги, гьунаралъги, тIадегIанаб махщелалъги лъалъалел руго гьелъул кьалбал.
Нухал. Сапарал. Нухал – театралъухъе – магIарулазухъе — театралъухъе…

Шамай Хъазанбиева