Даимал сапаразда

МагIаруллъиялъухъ гIищкъу бергьарай

 

Лъимерлъиялъул лъалкIал

ГIемерал лъимал ругеб хъизан. Бугищ дунялалда цоги берцинлъи. Сордо-къоялъ рокъоса лъугIуларел ахIи-хIур, релъи-хъуй, гIода-руцIцIин, хадур-цере кIудиял гIун рачIунел лъималаз киса-кирего рахъулел талихIалъул гIажаибго берцинал накъишал. Цоял – хурир, цоял — рокъор, цоял — школалда, цогидал — ясли-ахалда. Цинги талихIаб гъасде цадахъ данделъулеб кIудияб хъизан.

Гьеб беэдула гIумруялъул аслияб кочIоца — эбел-инсул насихIатазги дахIабабал малъа-хъваязги, ва гьелъ нилъ нухарегIула заз-хъарахъалъулги тIугь-дузулги цIурал гIумруялъул нухазде.

Ва цинги – сапарал, сапарал, сапарал… Гьел сапаразда йиго жакъаги Хатимат.

ХIеренго, недегьго, хIикматго, гьабсагIаталдаги цее эхетун йигей гIадин, бицуна Хатиматица жиндирго къисматалда талихI бекIкIарай кIодоэбел Сурхайил ПатIиматил хIакъалъулъ.

— Лъимерлъуда гьелъ кьурал гIумруялъул дарсал, нухде бараб тIех гIадин, ратана дида. КIодоэбелалъул кIудияб махщел букIана кицаби-абияздалъун гаргадизе. Гьелъ щибаб кициялъе мисалги бачунаан. Бокьулаан гьелъул гIакъилал биценазухъ, харбазухъ гIенеккизеги. Унго-унгоги, букIунеб букIараб лазатха хасалил халатал сардаз, тIинцIи-цIулалъ бакараб печа-лъул ракI хIайран гьабулел бакънахъги гIенеккун, магIарул маргьабазул багьадурзабазул гьунаразулги, магIарул яхI-намусги цIунун цIадаре кIанцIизе хIадурал ясазул биценазулги, бахIарчиял васазул ишазулги рагIизе.

Гьелъго батила дилъ бижараб магIарул халкъияб кIалзул гьунаралде рокьиги. Ва кIодоэбелалъул гIумруялъул дарсазухъе къойил гьабулеб сапаралъул хIасиллъун ккола гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация хъвай. Темаги дир букIана кицабазе сайгъат гьабураб. Сапараз унелъул, нухда батулеб лъел цIураб гIеретIлъун рукIана ва руго кIодоэбелалдаса ирсалъе щварал кицабазул, абиязул цIурал хулжал, — ан бицана Хатиматица.

Байбихьуда дица бицен гьабураб кIудияб хъизамалдаса талихIай магIарулай йиго Хатимат: микьго яцги цо вацги руго гьезул хъизамалда Кидаго урхъун йикIунаан дунго кIудияб хъизамалъухъ. ГIемераз цадахъ кунеб квандацин букIунелъулха гIажаибаб тIагIам.

КIудияб хъизамалда гIурал лъималги рукIуна тарбия щварал. Гьеб бихьула Хатиматилъги. Гьадинаб хIабургъараб, гIадамазул цоцаздехун бугеб рокьул багьа учузлъулеб, «намусалъул» чирахъги сун унеб заманалда, дида рагIичIо гьелъ кигIан квешасулги хIакъалъулъ квешаб рагIи абулеб. Гьелъ хIаракат бахъула щивав чиясулъ лъикIлъиялъул, гурхIел-рахIмуялъул къатIраби ралагьизе.

ТIоцебесеб – лъай-хъвай

Доб заманалда цIакъ бокьулаан магIарул радиоялъухъ гIенеккизе. Цо къоялъ дида рагIана, цIакъго рекIее асар гьабулеб хIалалда чIужугIаданалъ рикIкIунеб магIарул кечI.

«Жакъа дида дунго хванилан ккана», — ян абураб ХIамзатил Расулил кечI букIана рикIкIунеб. Ва гьеб рикIкIунебги букIун буго Хатиматица.

Гьей ятана дир курсцояй гьалмагъалъул гьудул. Гьелъул кумекалдалъун дирги Хатиматилги лъай-хъвайги ккана. ГIемер щолаан дун Хатиматихъе, магIарул радиоялда гьей хIалтIулеб заманалдаги. Бокьулаан магIарул адабияталъул хIакъалъулъ гьелъул пикрабазухъ гIенеккизеги.

Щибаб хамизалъ дандчIвала

Жакъа магIарулазда Хатимат МухIамадова лъала, РГВК телеканалалдасан «ГIаданги. ГIамалги. Заманги» абураб передача бачуней журналист хIисабалда. Гьел передачабазда миллаталъул чIухIилъунги бухIилъунги кколел магIарулазул хIакъалъулъ щибаб хамиз къоялъ бицуна Хатиматица нилъее. Гьеб мурадгун журналистка щвечIеб магIарул цониги районги батиларо. КIудияб талихIлъун Хатиматица рикIкIуна гIагараб халкъалъ къабул гьайи:

— Дун даим урхъун йикIуна магIаруллъиялъухъ. Гьелъул махI чIвала киса-кибего. МугIрул тIогьаздасан бакъуде данде кенчIолел гIазул къатIраби, гьеб кенчIеялъухъе гIедегIунел гучал накIкIал. Заманалдасан гьеб сипат хисула тIогьода босараб авлахъалда расандулел кьагIазул гъадиялъги, йокьулелъухъ угьдулеб вехьасул щвантIихалъул гьаркьихъ хIасратго гIенеккараб тIабигIатги. Гьеб берцинлъиялда берккелин хIинкъарай гьелъул сихIкъотIиялъулги ахIи-хIуралъулги хIухьбахъи цIунун бугеб бакъ хисула сардил бахIарай – шагьримоцIалъ. Гьелъул берцинлъиялъе хъатчIвалел цIик-цIикарал цIвабиги. Гьеле гьеб хIикматалъухъ ралагьун гIорцIуларел магIарулазда бахиллъула дун. Дие гьел ккола Дагъистаналъул каранда кенчIолел жавгьараллъун. МагIарулаз гъуна дир жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIуда куркьбал. Гьел куркьбаз магIарулазухъе щвезабула дир гьезде бугеб рокьи. Щибаб хамизалъ къватIибе бачIунеб передачаги ккола нижер рокьул кьо. Гьелъ чIаголъи кьола дир хIалтIуе, — ян бицана Хатиматица.

Гьеб рокьул ссакI щулияб букIин бихьизабуна дагьал церегIан къояз Поэзиялъул театралде гьелда юбилеялъулаб байрам баркизе батIи-батIиял районаздаса рачIарал магIарулаз. Гьезул кIалъаязулъги баркиязулъги бихьулеб букIана Хатиматиде бугеб адабги рокьиги.

— ГIадамазе бокьуледухъ, гьезул ракIал тIаде цIаледухъ передача хIадур гьабичIони, гьелъул магIна ккола дицаго диего бараб гьаялъе дун хилиплъанин абураб – мунагьал чураяв, магIарул миллаталъул борха-лъилъунги тIадегIанлъилъунги даим хутIарав ГъазимухIамад ГъалбацIовас магIарулазе сайгъат гьабураб передача тIаса-масаго хIадуризе ихтияр гьечIо дир. Гьелъго батила дилъ къуватги бижараб – гьеб передача дие ккола ункъабилеб лъимерлъун, — илан чIухIадго бицуна гьелъ.

КIудияб хъизамалъул балъголъаби

Хъизамалъул хIакъалъулъ гьикъидал, кенчIола гьелъул берал, гIажаибго берцинаб гьимиялъ къалъизабураб гьурмада рещтIуна талихI.

— Дир эмен Нурудиница гIемерал соназ нухмалъи гьабуна росдал советалъе, эбел Салтанат хIалтIана росдал школалда учительлъун. Нижеца эбелалда цо нухалъ гьикъана щай гьелъие гьадигIан гIемерал ниж, ясал, рукIаралилан.

Нижги къвалакье рачун, гьелъ бицана:

— Дир хирадал, нужеда гьабсагIаталда гьеб бичIчIуларо, бичIчIизеги рес гьечIо. Щайгурелъул хинаб гъасда нужеда лъалеб гьечIо чиякълъи щиб жояли. Масала, нужер кIодоэбел ургъулей йикIана гьеб кин бачахъилебали. Рукъалъул ункъабго бокIнида чан къан чIун бугеб чиякълъиялъ чанги къакъана гьей. КIвечIо чиякълъиялда гьей къуркьизайизе. Гьалеха гьанже долъул рекIелъ нугI гIадин рекIун чIун букIараб чиякълъи бачахъана нужеца. Амма нужеда лъазе гьечIо щиб жо чиякълъияли. ГIела нуж кIудиял. Унгоха, цо нуж цоцазе хIажалъизе ругеб куц, — ан, бадиб хулараб магIуги бацIцIунаго, сихIкъотIун чIана гьей.

— Дица дирго ясазеги бицуна гьеб къиса ва гьез диеги, кидаялиго нижеца, микьайго ясалъ гIадин, къотIи гьабуна чиякълъи аскIобе биччангутIизе, — ян абуна Хатиматица.

Пагьму цIубалеб гIужалда

ЦIакъго къанагIатал гIадамазе гурони кьун гьечIо ТIадегIанас, Хатиматие гIадаб махщел. Доб сордоялъ Поэзиялъул театралде рачIараздаги бихьизабуна гьелъ пасихIго кучIдул цIализе бугеб пагьму.

Ункъо-щуго кечIгицин рекIехъе лъазабизе нилъее захIмалъулеб мехалда, гьелъ байрамалде рачIаразе рикIкIана Расулилги, Фазулги, МухIамад АхIмадовасулги, ЦIадаса ХIамзатилги, Залму Батирова-лъулги, МухIамад ПатахIовасулги, КъурбанмухIамад МухIамадовасулги, ТубхIат Зургьаловалъулги кучIдул.

Хатимат МухIамадовалда 50 сонилаб юбилейги баркулаго, бокьун буго гьелъие гьаризе талихIалъул къатIрабазул цIикIкIараб къадарги, жиндирго даимал сапаразе икъбалги, магIарулаз жиндиего сайгъат гьабураб рокьуе кидагосеб ритIухълъиги.

Шамай Хъазанбиева