«ГьитIинаб Дагъистаналде» сапар

 

 

ХIайранал кьурдабазул хIикматал бакънал

 

   Гьале доб гьитIинаб Дагъистан. ГIисинал дагъистанияз, жидерго гъуждуздаги лъун, гIагарал мугIрузул тIогьазда лъолеб букIана ВатIан. Гьале дол бахIарчиял умумузул хIикматаб гIел. Гьазул щивасул кверазги, килщазги, беразги, бохдузги, балагьиялъги, гьимиялъги бицунеб букIана гIемермиллатазулаб Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъулги, цолъиялъулги, вацлъиялъулги, тарихалъулги, гIадатал-гIамалазулги хIакъалъулъ. ВатIаналъул гъасда бакараб цIадул гвангъарал хIенхIаллъун ругел гьезул щивасул рекIелъ букIараб рокьул гучалъ цо лахIзаталъ гIумругицин лъалхъизабураб асар гьабулеб букIана. ЦохIо кIалалъ гIадин, «гьарррссс», — илан гьез ахIидал, гьеб гьитIинабго залалда тIибитIун бачIана Дагъистан, жиндирго чIухIигун, тIадегIанлъигун, тIокIлъигун.

   Цебе бачIунеб букIана хIеренлъиялъулги, хIасраталъулги, хIикмалъиялъулги къатIрабаз хасаб берцинлъиялъул накъишал угьарал, расенал сокIкIарал гьайбатал сипатал. Гьеб параялъ, пикрабазул куркьбаздаги рекIун, дун щвана магIарухъе:

  — МугIрузул каранда убачалги гьарулаго, гьезул ахалъабазде сухъмахъалги рахъулаго гочун унел лъаралгун иццал. Гьел иццазухъе, баччун гIеретIгун, къокъун ячIуней «гIанаби багIарай, берал чIегIерай магIарулай». МагIарул гIертIиниса гьекъолеб мугIрул иццазул лъиназулги букIунеб тIагIам. Пикраби-анищазда гьеб иццухъ гIодой чIарай гIолилай. Гьеб лъел къатIраби гIадал, рацIцIадал хьулазул гIеретIги цIун уней йиго гьей.

  Ва тохлъукьего. Гьале дов, гьалъул хьулазул багьадур. Чодаса гъоркьеги рещтIун, лъим кьеларебищилан гьарулеб буго гьес. ГIертIил кIалдисан бачIунеб лъеца гьесда щурулеб буго гьай дур къисмат йигилан…

  Гьеб гьуинаб сипат дихъа бахъана гьединалго гьуинал кьурдухъабазул «гьарррсссалъ».

   Гьале дол лебалал дагъистаниял: цIумалъул сипаталда васалги хIанкъваялъул сипаталда ясалги. ЦIумалъул кваркьидакь гIумруялъул гьогьен батарай магIарулай. Лъедолеб буго хIанкъва. ЦIумазул рорженалъул борхалъуда лъолеб буго магIарулас магIарулалъул намус.

  Цо заманалдасан бахъана кьвагьи. ВатIаналъул гIорхъабазде тушман гIагарлъизегIан, хвел тIаса бищарал гIолилазул хвалчабазул зваргъи. Гьелъ ахIулеб букIана хIалбихье жидер Дагъистаналдехун квешаб бералъ ралагьизегицинилан.

  Гьале доб цояб рахъалдасан лъедон рачIунел ясалги, гьезда хIургицин хъваларедухъ, щулиял квераз гьезул тIадегIанлъиги цIунун, церехун рачIунел васалги. Гьез ахIулеб бугин кколеб букIана:

  — Ниж цоцазда релълъаралги ба­тIи-батIиялги. Цого гIадаталги, цо­го къасдалги, цого гъасда бакараб цIаги, цого цIадухъ цого хинлъиялда хадур рачIунел гIолилал васалги ясалги.

— МацIал батIиял ругониги, ра­кIа­зул кьабиги кIутIиги цо буго нижер, — илан ахIулеб букIана гьез, Кавказалъул халкъалъул кьурдабиги рихьизарулаго.

   Гьеле гьеб кинабго букIана дунялалдаго машгьураб гIолилазулгун лъималазул кьурдул ансамбль «ВатIан». Гьале доб кьурдабазул хIикматаб мацI. Гьеб мацIалъ бицарабщинаб къиса нижее гьеб сордоялъ. Дунялалдаго бищунго берцинаб, киназдаго бичIчIулеб мацI букIунеб буго кьурдул.

  Гьебин абуни, цIакъго бичIчIу­леблъун батана жиндилъ берцинлъиялъул хасаб гогьар бугеб «ВатIан» ансамблялъул мацI. ЦIакъго тIа­де­гIанаб роржен кьун буго гьелъие гьеб мацIалъул автор ГIали МухIамадгIалиевас.

 

МоцIрохъе кьурдулел

талихIал цIваби

 

  ГIали МухIамадгIалиев лъаларев дагъистанияв ватиларо. Гьесги гьесул гьунарчагIазги гIемер бицана дуниялалъе Дагъистаналъулги, Кавказалъулги, Россиялъулги.

    РикIкIен гIемерал дир анищазда гъорлъ букIана цо гьитIинабго анищги – хIикматаб кьурдул улкаялда гIумру гьабун ругел ГIалилгун ва гьесул гьунарчагIазулгун лъай-хъвай гьабизе. Ва гьале ахир-къадги тIубана дир гьеб анищ.

   Газеталъул хIалтIухъабигун цадахъ щвана гьесухъе гьоболлъухъ.

   Ва пана гьаюна гьел кьурдабаз гьаб нухалдаги. Дида ракIаде ккун букIана лъица куцалел хасал хореографал ратилилан. Бихьулищха, рукIун гьечIо – живгоги жинцаго ругьун гьарурал жиндирго цIалдохъабиги.

  Лъималазе бицунеб мацIалъул хIеренлъиги гьесул. Берзул балагьигицин кьурдулеб бугин кколеб букIана гьесул. ТIолабго гьурмада бакълъун кунчIараб гьимигицин «кьурдилеб» букIана лъималгун цадахъ.

  Гьале гьанибги дида цебе бачIана дагьабги хIикматаб сипат:

  — ГIали гьеб лахIзаталъ вукIана моцIлъун. МоцIрол канлъуца киса-кибего роцIинабун буго сверухълъи. Гьеб моцIрода сверухъ ракIарарал гIисинал-чIахIиял цIвабиги.

   Гьез сверун ккураб моцIроца рачунел рукIана талихIалъул бакънал. Гьел бакъназ асир гьарурал цIвабзаз рачунел рукIана долго бакънал. Гьел киналго бакъналги цолъун, лъугьараб хIикматаб улкаялда цIарги хIикматаб бугоан – ВАТАН.

Бокьун букIараб куцха цо­хIогIаги нухалда свери бахъизе. РикIкIадасанго свериги босун, боржине къачIараб мугIрул цIум кинигин, цIавуцIун ГIали вачIунелъул, кьурдизе лъаларелъулги бохдул жалго расандизе лъугьунел ратила. РакI ахIделеб букIана яхъа кьурдизейилан…

 

Суратаз бицараб къиса

 

   Репетициялдаса хадув ГIали регIана нижергун харбиде. Щвана гьесул кабинеталде. Ва кинабго бичIчIана — щибго суал кьечIонигицин, суратаз бицараб къиса гIелаан. Ансамбль гIуцIаралдаса жакъа къоялде щвезегIан «Ватаналъул» къисматалъул талихIаб къиса бицунеб букIана кабинеталъул къадада ругел суратазги ва сураталгIан гIемерал шапакъатазги.

  ГIалица бицана нижее щибаб сураталъул тарихги. Щибаб шапакъаталде аскIовеги щвана гьев, суратаздасан жиндие гьимулел рукIарал цIалдохъабазеги гьимана гьев…

  Гьеле гьединаб батана жиндирго гIумруялъул талихIал лахIзатал гIагараб «ВатIаналъе» сайгъат гьарурав ГIали МухIамадгIалиевасул къисматалъул гьайбатаб къиса…

Шамай Хъазанбиева