ТIахьазул байрамалда

Дуца гьудуллъун ккве квер гIатIидаб тIехь…

«ХIикматаб улкаялде» сапар бухьана лъималаз

Байрамалъул тарихалдаса

1943 сон. Рагъул кIкIуй­дулъ босараб гIагараб Ва­тIан. ЧIахIиязе кумекалъе гьезул хьолбохъ эхетарал лъимал. Москваялъул лъималазги гьабулаан кумек лъукъаразда хадуб хъулухъ гьабизеги, цIаял свинаризеги, щулалъаби разеги. Лъималазул шагIир Л. А. Кассилида ракIалде ккана гьел лъималазе тIахьазул байрам тIобитIизе. Лъималгун дандчIвазе рачIун рукIана Самуил Маршак, Корней Чуковский, Лев Кассиль.
Гьеб гIадатги хвезе течIого, улкаялда санайил, ихдалил каникулазда, тIобитIула тIахьазул байрам. Марталъул ахирисел къоязда МахIачхъалаялда бугеб ЯсикIабазул театралдаги тIобитIана гьеб. Теат­ралъул жанахIалъуб рагьун букIана «ТIахьазул улка — гьеб букIин лъикI буго» абураб цIаралда гъоркь выставка. Республикаялъул Н. Юсуповасул цIаралда бугеб лъималазул библиотекаялъул директор С. Загьидовалъ лъималазе бицана библиотекаялда тIоритIулел ругел тадбиразул хIакъалъулъ. Гьединго лъималазда тIахьазул анкь рагьи баркана шагIирзабазги, хъвадарухъабазги, учительзабазги. Байрамалъул ахиралда ЯсикIабазул театралъул артистаз бихьизабуна «Айболит» абураб спектакльги. Тадбирал тIоритIана республикаялъулаб лъималазул библиотекаялда.

26 март
ГIисинал классазул цIалдохъабазе гьеб къоялъ каваби рагьана «ЛъикIлъиялъул улкаялъ». Гьелгун дандчIвазе рачIун рукIана тIахьазул авторал. Гьез лъималазе бицана жидерго хIалтIул хIакъалъулъ ва лъимал ахIана кидаго лъикIлъи гьабизе.
ЧIахIиял классазул цIалдохъабаз сапар бухьана ХIамзатил Расулил шигIрабазул улкаялде. Гьез цIалана ва рикIкIана шагIирасул кучIдул.

27 март
Гьеб къоялъ гIисинал цIалдолез гьоболлъи бана гIурус хъвадарухъан С. Михалковасул асаразухъ. Лъималазда бихьизабуна хъвадарухъанасул гIумруялъул хIакъалъулъ бицунеб фильмги.
ЧIахIиял классазул цIалдохъабаз гьеб къо сайгъат гьабуна Дагъистаналъе. Гьез бицана Дагъистаналъул хIакъалъулъ, бихьизабуна гIагараб ракьалъул хIакъалъулъ жидеда гIемераб жо лъалеб букIин.

28 март
ЦIалдохъабазул гIисинаб къокъаялъ байрамалъул гьеб къо сайгъат гьабун букIана маргьабазе. Аваданаб хIухьбахъи гьабуна лъималаз.
ЧIахIиял классазул цIалдохъабазул церерахъин сайгъат гьабун букIана гIурус хъвадарухъан А. М. Горькиясе. Гьез цIалана хъвадарухъанасул асараздаса кескал, бицана гьесул гIумруялъул хIакъалъулъ.

29 март
ТIахьазул байрамалъул гьеб къо сайгъат гьабун букIана экологиялъе. Лъималазда гьоркьоб тIобитIана тIабигIаталъул хIакъалъулъ викторина, экологияб лъай борцунел батIи-батIиял хIаял, чIвана бицанкIаби.

30 март
ГIисинал цIалдохъабазе бицана «Мультипликация» абураб хIикматаб улкаялъул хIакъалъулъ. Гьез сапар бухьана гьеб улкаялде, «дандчIвана» рокьулел мультфильмазул багьадурзабигун. Гьединго балагьана чанго мультфильмалъухъги. ЧIахIиял цIалдохъабазул къокъаялъ сапар бухьана «Фантазия» абураб маргьадал улкаялде. Гьединго гьез рихьизаруна ихдалил тIабигIаталъул берцинлъи загьир гьабулел тIагIелал хIадур гьариялъул мастер-классалги. Щуябго къоялъ лъималгун цадахъ сапаралда рукIана библиотекаялъул директор Салтанат Загьидоваги, отделазул нухмалъулел НасихIат МухIамадоваги Елена Кудатинаги.