МагIарулай

Хьиндал ахикь гIураб пихъ гьарзаяб гъветI

 

МагIарул кочIол роценги, берцинлъиги, пасихIлъиги цIунарай кочIохъан

Чвахе, магIарул кечI

МагIарул кечI-бакъан. Гье­лъу­л­ъ бугебщинаб берцинлъи. ГIа­жаибаб гугьаралъ гьелда базабун бугебщинаб нур. ХIайранаб ба­къаналда ахIулеб хIасратаб ма­гIарул кочIолъ рессун руго ра­цIцIадал, цIорорал иццазул чилиги, согIал мугIрузул тIабигIатги, мугIрулгIан тIадегIанал, кьварараб гIамал-хасияталъул рокьу­лел магIарулазул сипаталги. Гьелъухъ гьоболлъи бала гIо­­ло­хъанлъиялъул талихIал лахI­затазухъе тIадруссине бокьарал ботIрол рас хъахIлъарал харабазги, гьанжего гьанже гIищкъул асирлъуде ккарал гIолилазги, ма­гIаруллъиялъухъ рокьи ккаразги. Унго-унгояб магIарул кочIоца би­тIахъего гъаргъар базабула тIолабго черхалда.

ЦIияб гIумруялде
лъурал галаби

Раисат Тажудинова. ГIолохъа­най кочIохъан. Гьанжего гьанже магIарул кочIолаб мадания­талде галаби тIамулей йигей. Жийго гIолохъанай йикIаниги, гIумруялъул хIакъалъулъ пикраби цIубарал руго Раисатил. КочIолаб маданияталда аслияблъун Раисатица рикIкIунеб буго магIарул кочIол берцинлъиги, хаслъиги, роценги цIунун бажари.
— Жакъа кочIохъабазул буго захIматаб гIумру. Машгьурлъизе ккани, къваригIунел руго спонсоралги. Гьел ругони, кечI ахIизе кIудияб махщелги къваригIунеб гьечIо. Дие гьедин бокьун гьечIо. Бокьун буго бергьенлъаби дирго захIматалдалъун росизе. Гьелъулъги дие чIагояб мисаллъун ккола жиндир кочIоца магIарул маданият берцин гьабулей, Дагъистаналъул мустахIикъай артистка ГIайшат Тажудинова. Махщелчилъиялъулъ гьелъул нух ккун ани, ракIчIола дие битIккеялда, — йилан абула Раисатица.

ТIоцебесеб лъай-хъвай

Лъиениги балъголъилъун кколаро, маршруткабазда рекIиндал, гьенир жанир ахIулел рукIунел магIна гьечIел кучIдул — «кодоре росизе гIоркь гурел, гIодор лъезе тIину гурел». РагIабазухъ цIакъго кIвар кьун гIенеккани, аскIор гIодор чIараздаса нечон, ракьулъе тIерхьун унел ругеб гIадаб хIалги лъугьуна.
Амма цо къоялъ шагьаралъул маршруткаялда рекIарай дида тохлъукьего рагIана гIажаибго берцинаб, рекIелъе бортун унеб гьаракьалъ ахIулеб кечI. АхIулеб кечI лъугIизегIан ана дун, маршруткаялдаги рекIун. Цинги дица шоферасда гьикъана кечI лъица ахIарабилан. Ва гьей ятана дирго ракьцояй Раисат Тажудинова. ТIоцебе рагIарабаго, асир гьаюна дун гIолохъанай кочIохъаналъул гьаркьица. Ва ракIалде ккана гьелъулгун лъай-хъвай гьабизе.

ГIажаибаб кочIолаб
дунялалда гьоболлъухъ

Дица цее чIезаюн йикIаралдаса гIадатияй ятана Раисат. АхIидал, гьей ячIана газеталде гьоболлъухъе.
— АхIеха, Раисат, биччай цо гьаракь, — илан абун бахъиналде, умумузул бакъаналда хIасратго кечI ахIана гьелъ.
Раисат Тажудинова гьаюна Хунзахъ районалъул Коло росулъ. ГьитIинго бижана магIарул кечI-бакъаналде рокьи. Раисатил хъизамалда хасаб бакI кколаан магIарул некIсияб кочIоцаги. Гьел ахIула магIарул кочIол маданияталда гвангъараб нур рещтIинабурай Раисатил ункъгIал ГIайшат Тажудиновалъги. РагIулаан гьел кочIохъаналъул кIудияв инсул ва кIодоэбелалъул гъасдаги. Ва гьале гьанже гьеб пиша ирсалъе щун буго Раисатиеги.

КочIохъаналъул ракIалдещвеяздаса

— Дун эбел-инсуда цадахъ Москваялда йикIана гIумру гьабун. ЦIалулейги Москваялъул школалда йикIана. Дагъистаналде ячIана 11 классалда цIализе. Дун гIумруялъго налъулай йиго эменлъиги эбеллъиги дие гьабурай ункъгIал ГIайшат Тажудиновалъе. Гьелъул баракаталдалъун бижана дилъ магIарул кочIоде кIудияб рокьи. Гьелъ малъанин абизе бегьула кечI ахIизеги, ахIулеб кочIол адаб гьабизеги, гьелдаго цадахъ мугIрузул ясалъул борхатаб намус цIунизеги, — ян абуна Раисатица.
Школа лъугIун хадубги, Раисат эбел-инсухъе Москваялде тIадюссана. ЦIализе лъугьана правовияб академиялде. Амма гIолилалъул гьениб ракI сасунеб букIинчIо. КочIоде бугеб гIищкъул куркьбаздаги рекIун, Раисат цIидасанги Дагъистаналде тIадюссана.

ТIоцебесеб роржен

Ва байбихьана гIолилалъул цIияб, творческияб гIумру. РагIа­на магIарулазда гIолохъанай ко­чIохъаналъул хIасратаб гьаракь.
— АхIулеб буго Раисат Тажудиновалъ — гьадинал лъазабияз чанго нухалда данде гьаруна магIарулал.
20 сон барай кочIохъаналъ Муи ХIасанова ракIалдещвеялъе тIобитIараб республикаялъул фестивалалда Раисатица ахIараб кочIое тIадегIанаб къимат кьуна жюриялъул член, Россиялъул мустахIикъав артист ТIагьир Къурачевас:
— Жакъа дида рагIана гучаб гьаракь. Гьелъулъ бихьулеб буго магIарул кочIол цIияб букIинесеб. МагIарул кочIол роценги, берцинлъиги, пасихIлъиги цIунарай кочIохъаналъ дун асир гьавуна, — ян абуна гьес, гIолилалъул кочIое къимат кьолаго.
Ва магIарул музыкалияб маданияталде жание Раисат лъугьун ячIана жиндирго хасал къагIидабигун. Гьелъул тIоцебесеб роржен батана икъбалаблъун.

ТIоцересел бергьенлъаби

Дица тIадехун рехсараб фестивалалда босараб бергьенлъиялъ кунчIизабуна Раисатил саринал — гьез магIарулазе кьезе байбихьана хинлъи. Гьел ихлъун рещтIана гIенеккаразул ракIазулъ.
Аслияб къагIидаялда Раисат Тажудиновалъ кучIдул ахIула Каримулагь ГIабдулаевасул, АхIмад ГIамирхановасул ва халкъиял бакъназда. РукIунаро гьелъул авторал гьечIел рагIабиги. Раисат заочно цIалулей йиго ДГПУялъул музыкалияб факультеталда.
КватIичого, ай анкьабилеб апрелалда, кочIохъаналъ Гьудуллъиялъул рокъоб кьезе буго тIоцебесеб концертги.

Нух битIаги дуе,
Раисатил кечI

РакIчIола кочIохъан жинцаго тIасабищараб нухккун инин цеехунилан. Гьейин абуни, гьабсагIаталда йиго битIараб нухда — магIарулалъул сабруги, сценаялда йикIа-яхъине лъайги, дурусаб магIарул кечI-бакъанги. Гьеб кинабго цIунизе кIвани ва цогидалги гIолохъанал кочIохъабазе мисаллъун хутIун бажарани, Раисат Тажудинова йикIине йиго магIарулазул йокьулей кочIохъанлъун.