Библиотекабазулги клубазулги къисмат кинабдай ккела?

 

 

   Гьал къоязда Хунзахъ районалъул культураялъул рукъзабазул ва клубазул хIалтIухъабаз хитIаб гьабуна ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановасухъе.

   Гьеб хитIабалда гьез хъвалеб буго ункъо соналъ цере жал 0,75 ставкаялде рачанин, гьеб мехалда тIадкIалъай гьабичIого жалги чIанин абун. Хадубги 0, 5 ставкаялде рачанин, гьеб мехалдаги руцIцIун чIанин. Гьанже абуни районалъул нухмалъиялъе къваригIун бугила тIуранго библиотекабиги Ш. Шамхаловасул цIаралда бугеб Культураялъул минаги къазе.

  «Гьел идараби къаялда яги гьезул хIалтIи хисизабиялда бан районалъул гIадамазул пикру лъазабизе хIукму гьабуна районалъул депутатазул собраниялъ. Жалго депутатазда гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жо гьечIо. Сессиялда гьоркьор лъурал суалазда гъорлъги гьеб букIинчIо.

   Гьабщинаб заманалда жаниб нижеца хитIабал гьаруна районалъул прокуратураялдеги, Культураялъулгун ЗахIматалъул ва Финансазул министерствабаздеги, гIадлу-низам чIезабиялъул идарабаздеги. Амма хIасил ккечIо». Гьадин хъвалеб буго хитIабалда.

   Хадубги гьез ГIамирхановасда гьарулеб буго гьадингоги мукъсанал харжазда божун хутIарал жидее тIуранго гьездаса махIрумлъунгутIиялъе квербакъи гьабеян.

 

 

   «БИБЛИОТЕКАБИ КЪАЯЛЪУЛ БИЦЕНГО БУКIИНЧIО»

 

   Хунзахъ районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулей Жавгьарат Хъайтмазовалъ гьеб рикIкIана кьучI гьечIеб хабарлъун.

   — Районалъул нухмалъулес абулеб букIана культураялъул учреждениязул хIалтIи хисизабизе бугилан, амма гьел къаялъул суалго букIинчIо. Гьединлъидал киса босун бицунеб хабар гьебали дида бичIчIуларо. БукIана гIицIго лъималазул искусствоялъул школалда хурхун хIукуматалъул ви- це-премьер Анатолий Карибовасул цIаралдасан бачIараб кагъат. Гьениб хъвалеб бук1ана лъай кьеялъул системаялда гъорлъа нахъе бачунеб батани, гьеб школа къазе бегьуларилан. Яги культураялъул отделалда гъорлъе бачейила, ялъуни щиб гьабунги цIунейила.

   Библиотекаби къаялъулги биценго букIинчIо, гьанжеги гьечIо.

   Амма чанцIулго тIоритIарал халгьабияздасан якъинлъана гьезул лъай беццилеб хIалалда гьечIеблъи. Районалда хIалтIулел библиотекарал ккола профессионалал. Амма росабазул библиотекабазда руго 40- 50 соналъ хIалтIулел ругел, хасаб лъайги гьечIел гIадамал. Районалъул библиотекабазул централияб системаялъул вакилзаби рукIуна гьезул хIалтIи рагIалде бахъинабулел.

   Гьединлъидал районалъул бетIе­ расулги МахIачхъалаялъул Миллияб библиотекаялъул директорасулги къотIиялда рекъон, Хунзахъе рачIун рукIана шагьаралдаса методистал. Гьездасан гIезегIанго лъай щванин абизе бегьула нижер библиотекаразе. Хадубккунги камил гьабизе буго гьезул лъай.

    ПалхIасил, гьезие пайдаялъе гурони, заралалъе ургъулев чи гьечIо. 78-80 сон барал руччабицин руго росабалъ библиотекабазда хIалтIулел. Гьезда данде чIун рукIаралани, гьел нахъе рехизеянги лъугьинаан гурищ ниж. Гуро. Гьезда абулеб буго гьеб хIалтIи кьезе бегьулел ясал ратани, бигьа гьарун гьелги ругьун гьарейин, нужги хIалхьиялда чIайилан. Амма гьезда гьеб бичIчIулеб гьечIо.

   — Жавгьарат, библиотекабаздаго гIадал гIунгутIаби жидерги ругин бицана росабазул клубазул хIалтIухъабазги. Масала, кIикъогоялдаса цIикIкIун соналъ культураялда хIалтIулей Харахьиса ПатIимат МухIамадовалъ бицана материалияб рахъ хъарцинаб букIунилан, гIумруялъ гьабун ругьунаб иш рехун тезе бокьулеб гьечIин, амма 5-6 азарго гъурщихъ хIалтIулел жидеца босизе кколеб бугила клубалъе хIажатаб гIисибикъинаб жо, хасало печь бакизе тIурччи-цIулалде гIунтIунгицин. Щай гьезие дагьал харжал ругел?

   — БитIараб бицани, исана дун Харахьи клубалде щвечIо, ЛъагIилухъе, Мущулие, ГIоротIе гурони. Гьел росабалъе ун рукIана ниж клубазулги библиотекабазулги хIалтIул хал гьабизе. БитIараб буго, цIороялъ гунгларал бакIазда хIалтIулел ругоан гIадамал. Амма гьез ракIбацIцIадго бицана квачан букIиналъ жал щибаб къойил унарила клубазде, гьединлъидал жидерго мукъсанаб харжалъулъ тIурччи-цIулги босуларила жидеца.

   Гьаниб баян гьабизе ккола дагьалъ цебе ремонт гьабурал ГIоротIа, ЦIада, ГьоцIалъ, Уздалросулъ ругел клубал жанисан хинлъизарун ругин. Республикаялъул батIи-батIиял программабазда гъорлъеги рачун, гьединалго шартIал чIезаризе руго цогидал росабазул клубаздагун библиотекабаздаги.

   2013-2014 соназда, РФялъул 131-абилеб законалда рекъон, росабазул клубал, районалъул администрациялъул бетIергьанлъиялдасаги рахъун, росабазул администрациялъул къайимлъиялде кьуна.

   Амма росабазул бегавулзабазде рехун течIого, гьезул хIалтIуе кумекалъе букIине росабазул клубазулги библиотекабазулги суалалда хадуб хал кквеян абуна дида районалъул бетIерас.

   Гьеб мурадалда исана дица гIуцIана Хунзахъ районалъул культура цебетIезабиялъул концепция. Гьелда рекъон, гIезегIан хиса-басиял гьаризе руго росабазул клубазулги, искусствоялъул школазулги, библиотекабазулги хIалтIулъ.

   Библиотекабаздаго гIадин, клубаздаги хIалтIулел руччаби руго 65 сонилъе рахарал яги гьелдасаги тIаде араб ригьалъул. Гьезулги гьечIо жакъасеб къагIидаялъул хIалтIул алатал. Масала, компьютерал. Ругониги, гьезда хIалтIизеги лъаларо гIемерисезда.

  Кин батаниги, клубазул хIалтIухъабаз хIаракат бахъулеб буго цере жал ругьунлъараб куцалда кьурди-кечI ургъун, гIиси-бикъинал рукIаниги, тадбирал тIоритIун, хIалтIи гIуцIизе. Амма киназго гуро гьебги гьабулеб.

  Нижеда бичIчIула маданияб хаслъи цIунизе кколеблъи. Амма гьелдаго цадахъ бичIчIизе ккола нилъ 21 гIасруялда гIумру гьабун рукIинги, галаби церехун тIамизе кколеблъиги.

  Жидерго бугеб ресалда рекъон хIалтIи гьабулелги руго, килщида килищ кIутIичIого гьабуларел бакIалги руго. Районалъул телевидениялъул хIалтIухъабазги, администрациялъул вакилзабазги тIокIалъ чIечIого бицунеб жо буго, кида щваниги, цо-цо росабалъ клубалги библиотекабиги къан ратулилан. Гьаб ахIвал-хIал хисизабизе ккелин дица абураб жо гIадахъ босун, рагъа-рачаризе лъугьарал хIалтIухъабиги руго. Амма кIал сваказегIан кIалъаниги малъаниги, рагIичIеб ххвелги гьабун чIолелги руго.

   Харжазул бицани, дица гьезие рагIи кьун букIана гьеб суал районалъул бетIерасулгун дандбазе.

   Амма гьениб гьадинаб рахъалдеги кIвар кьезе ккола. Щаяли, росабазул бегавулзабаз гьел клубал юридикиял лицабилъун рихьизарун гьечIо документазда. Гьединлъидалин гьезие гIарацги дагьаб щолеб бугеб. Руго районал хIалтIухъабазе моцIрое 25 азарго гъурущ щолелги. Щайгурелъул гьезул клубал юрлицаби кколелъул. Гьанжеялдаса хадубниги гьанибги гьеб гIунгутIи битIизабизе рес бугищали хал гьабила нижеца.

   Амма росулъ, районалда гIумру гьабулел гIадамазул къадаралда барабги букIунаха гьеб.

 

 

   Расулилгун ХIамзатил адабги цIунун…

 

   Гьанжеялдаса 20-гIан соналъ цебе ЦIада ва гьелда сверухъ ругел гIисинал росабалъ къанги рукIун, цIидасан рагьана библиотекаби. Гьел гьечIого нилъ тIураларин абураб пикру бичIчIизабизе бокьун буго ЦIада росдал библиотекаялъул заведующая Анисат ГIалибеговалъе:

   — Рагъул заманалдацин хIалтIулел рукIиндалха гьел. Дир хIисабалда, Расулилги ХIамзатилги хIурматалда нижер росулъгIаги гьанжеялдаса хадубги цIунун хутIизе батила библиотека.

  Машгьурал шагIирзабазул ватIаналдаса чагIи хIисабалда, нижее кутакалда рокьула тIахьал. Дицагоги цIакъ къимат гьабула гьезул. БатIи-батIиял хIаял ратаниги, цогидаб батаниги ургъун, дица лъимер тIоцебесеб классалдасаго ругьун гьабула библиотекаялде бачIине. Школалда бугеб библиотекаялда гьечIел тIахьал ралагьизе халатал сияхIалги тIанчида хъван нижехъе рачIуна лъимал. Риидалил заманалда шагьараздасаги рачIуна гьел. Хасго компьютер гьаниб батидал, цIакъго рохула.

   Дун бащдаб къоялъ гурони хIалтIизе кколаро. Амма гIемерисеб мехалда тIубараб къоялъ хутIула гьений. Щайгурелъул библиотека школалда аскIоб букIиналъги батила, къойида жаниб 10-15 лъимералъниги нуцIа рагьула нижехъе. Жеги Поэзиялъул минаги буго аскIобго. Районалде рачIунел туристалги раккула гьенире.

  Аслияб куцалда магIарул литератураги лъималазул тIахьалги цIехола гIемерисез. Амма гьел дагь руго.

 

   Зульфия ХIАЖИЕВА