Каримула ГIАБДУЛАЕВ: «ДандчIвазе рачIайин ахIараб гIела!»

     Маданияталда чороклъи гIемерлъиялъ, ракI тIаде цIалеб жо дагь­лъиялъ кечI-бакъаналдаса рикIкIалъаниги, цо-цо лъикIал гьунар­ чагIазулгун гара-чIвари гьабизе бокьула мех-мехалъ.

   МагIарул кечI-бакъан бокьулезда гIемер лъикI лъалев композитор Каримула ГIабдулаев вачIун вукIана гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ. ГIемераб рецц-бакъ гьабиларо, цо кверзул килщазде рикIкIун лъу­гIулел магIарулазул композиторазул мухъилъ цебесеб кьерда вукIана гьев кидаго. Каримула ГIабдулаевасул бакъан репертуаралда гьечIев кочIохъан магIарулазул ватиги щакаб буго. Жиндиего бокьун мустахIикъаб хIалхьиялде аниги, ирга бан бакъназда хадур кочIохъаби жиндихъе хьвадулев Дагъистаналъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи щиб ишалда, кинал пикрабазда гьанже вугев? Гьелъул бицина гьаниб гъоркьехун.

      БАЯН

       Жигарав искусствоялъул гьунарчи, 533 бакъан хъварав устар. Гьезда гьоркьоб анкьго симфония. ГIурус мацIалда хоралъ ахIизе бахъараб 30 бакъан. Бакъназе рагIаби хъвазеги буго гьесул гьунар. Гьединго Каримулаца хъван буго Гъизилюрт, ЦIумада ва цоги чанго магIарул районазе гимнал. ГIумруялъул 65 сон, тIоцебесеб бакъан хъваралдаса 45 сон тIубалеб буго исана.

      Гьавуна ЦIумада районалъул Хуштада росулъ. КечI-бакъаналъул нухде лъугьине пикру букIинчIо балугълъуда. 1974 соналъ школаги лъугIун вачIана МахIачхъалаялде, Дагъпединституталъул физкультураялъул факультеталда цIализе анищгун. Амма къисматалъ спорталдаса рикIкIаде вачана.

    — Школалда цIалулаго спорталде вуссун вукIунаан. Школа лъугIидал пикру букIана физкультураялъул факультеталде цIализе лъугьине, амма конкурс кIудияб батун кечI-бакъаналъул щибго бичIчIи гьечIониги, гьебго цIалул идараялъул музыкалияб факультеталде лъугьине хIалбихьана,- ян бицана Каримулаца, бакъназул устарлъиялде тIамураб тIоцебесеб гали ракIалде щвезабулаго.

      — Хунзахъ районалъул Хьиниса КъурахIма абулев чияс малъана аргъаналда цо бакъан бачине, гьелъ хвасар гьавуна экзаменалда. Гьединги ворчIулароан дун, ЦIумада районалдаса цохIониги чи музыкалияб факультеталда цIализе лъугьунев вукIаравани. Аргъан бачине лъалев чицин вукIинчIо нижер районалда доб мехалъ. Цойги, гъоз дир ритмалъул халгьабуна, гьеб бичIчIулеб батана дида, ай дидаго лъачIого батана бакъан хехго босизе гьунар. КечI ахIулев чи нижер гIагарлъиялъул вукIинчIо, амма кIудияв инсул вац вукIана кутакав зурмихъан.

     Институталда ц1алулелъул 7-8 сагIаталъ дидаго тIад хIалтIулаан. ТIоцебесеб бакъан бижиялъеги ккана, гIумруялъго ракIалда чIараб гIилла. Цо курс лъугIарабго лъикI аргъан хъвазе ругьунлъана дун. Шагьаралъул цо школалде унаан цIалдохъабазул кьурдул ансамблялъе бакъан бачине. Рокьи ккана гьеб ансамблялда кьурдулей 9 классалъул цIалдохъаналъухъ. ЛъарагIай йикIана гьей, кутакалда берцинай. Цо къоялъ дандчIвазе къотIи-къай гьабуна. Дун кIиго сагIаталъ цевего ана гьеб бакIалде, амма гьей ячIинчIо. Пашманлъун тIадвуссунги вачIун, фортепианоялда нахъа гIодов чIедал бачIана бакъан. Расул ХIамзатовасул «Санал унел руго, санаца дихъа, Бахъана гIемераб, кьурабго гIадин…» абурал рагIабазда гьеб бакъан тIоцебе ахIана АнсалтIаса Къурбан МухIамадовас.

      Мун дандчIваялде ячIарайани дир бакъан лъугьинароанин абуна дицаги дой ясалда хадусеб къоялъ. Хадусел соназ, хъизангун унаго, шагьаралда дандчIвана нижеда гьей яс. Дица гьелъулги лъадулги лъай-хъвай гьабуна. Дир лъадуе бокьун, гьелъул цIарги лъуна нижеца тIоцее гьаюрай ясалда.

    — «Дие гьал рагIабазда бакъан хъвайилан» вачIанщинав кочIохъанасул мурад тIубазабулищ дуца?

      — ГIодов чIаралъув бокьараб бакъан хъвазе масъала гьечIо дир. ЛъикIал рагIабаз асар гьабула, гьезие бакъанги бигьаго бачIуна. Асар гьабичIони бакъан лъугьунаро. ГIемерисезул заказ букIуна бертабалъ ахIизе кьурдул бакъназе.

    — Духъе бакъан босизе вачIинчIев кочIохъан хутIун ватиларо. Гьез тохал кучIдул, цIекIал рагIаби ра­ чIани, гьел ахIугеян абулищ дуца?

      — Абула. Гьезие тарбия кьолеб хIисаб букIуна дир. Амма гIемераз жидеего данде ккараб гурони ахIилищха.

    — Жал рихьизе къабулал гурел, гIенеккизе ракI цIаларел ахIдохъаби гIемерлъун руго гьанже. Гьединазда щиб абулеб дуца?

      — Кошмар буго, каша буго! Дагьамакъал хисизарун турказул, Индиялъул бакънал ахIулел руго Дагъи- станалъул 90 процент кочIохъабаз. ГIемер малъула, абула. Амма дица абунин абун гьел хисилищ? Берталъ ахIизе щиб букIаниги щибилан абулеб буго. Сценаялданиги магIна бугеб кечI ахIеян малъула. Жидеего чед-хинкIалъе гIоло къватIире рахъарал чагIи руго гьел. РагIуе, ишалъе эркенлъи бугеб заман буго, гьеб буго квеш ккараб жо.

 — РагIуе эркенлъи бугин абун сценаги бертинги батIабахъизе лъаларел кочIохъаби бокьухъе рукIаян риччанищха тезе кколел?

 — Культураялъул министерствоялъ хал кквезе ккола гьезда хадуб. ЧIужугIадан хIакъирго йихьулел ва цоги цIекIал, тIадагьаб магIнаялъул рагIабазе дица бакъан хъваларо. Гьеб рахъалде дица цIакъ кIвар кьола. Гьаракь гьечIездаги абула, нужеда гIадамал релъулин, цере рахъунгеян. Рес букIаго, фонограммаялда кечI ахIун гIадамал гуккугеянги абула.

 — Кьураб гIакълу босулев чиго кколищ?

 — Ккола. Босарал мекъи ккечIо. Гьел лъикIаб къадру-къиматалдаги руго. Банкет-компанияз хвезаруна лъикIаб гьунаралъул гIемерал кочIохъаби.

 — Къасисел ашбазазда кучIдул ахIулел руччабазда щиб абулеб дуца?

— Цо дир гьалмагъ вачIана, гьакълил сверулъ мехтун гьезул цо-цоязул пасатлъи бихьун, кочIохъабаздаса ракI буссун. МагIарул чIужугIаданалъе бегьизего бегьулареб хIал букIунеб буго цо-цо ашбазазда. Гьел ресторан-баразде Аллагьасго тIаса гъоркье ганчIал рачIого киндай хутIун ругелин ккола. Дуца рекъечIеб пиша гьабулеб бугин абуни, хеч гIадаб хъачIаб рагIи кьвагьула данде. Гьединазда рагIи абун нилъерго гьумер щайха бухIизабун. КIал квешав чи гIарац кьунги рикIкIада чIезавеян аби буго. Дие гьеб щайхаян толеб буго киназго. АнцIила микьго соналъ хIалтIана дун Гъизилюрталда маданияталъул идараялъул нухмалъулевлъун. Гьел киналго сонал гIадамазе тарбия кьолаго ана. РацIцIалъи, гIадатгIамал цIуниялде ахIулаан. Чачаназ ахIула дун телевидениялде мехмехалъ, композитор хIисабалда. Гьезул маданияталда гьечIо нилъер гьаниб гIадаб хIабургъараб хIал. РацIцIалъиги буго цIунун сверухъ кибго. Долги бусурбаби руго, нилъги бусурбаби руго — щай бегьулареб нилъерго хIурматги гьабун лъикIабщинаб гьабизе, нилъерго хаслъи, рацIцIалъи цIунизе? Гьелда гIажаиблъула дун.

     — ТIадехун бицен гьабурал руччаби, гьаракьго гьечIел гIолилал рахъуна республикаялъул, райо- назул культураялъул идарабазул сценаялдеги. Гьез ахIулеб магIна гьечIеб кечI гьукъизе кинабниги къагIидаго букIунарищ?

      — Дагъистаналъул Культурая­ лъул министерствоялъ кверщаликье босичIони, сценаялда ахIулелъул гIадлу лъугьунаро. Концерт тIоби­ тIулеб залалъул жавабияз тIалаб гьабеян абе репертуар щиб бугебали, кинаб магIна-гIиналъул кучIдулгун кочIохъаби цере рахъунелали. Кон- церт кьелалде цебе гьезул щиб репертуар бугебали хал гьабулаан советияб заманалда. Дицаги гьедин гьабулаан Гъизилюрталда хIалтIулел соназ.

     — Пенсиялда вугелъул щиб ишалде машгъуллъун вукIунев?

      — Эркенаб заманалда дирго гIумруялъул тIехь хъвалеб буго. Бертабалъе уна дирго оркестргун, тамадалъи гьабула.

    — Бертабалъ хIалтIун гIарац гIемер босулищ? КочIохъабаз 30- 50 азаргоги босулин абула.

     — ГIадатияй кочIохъаналъ цо сагIаталъухъ босулелдаса, тIубан бертин нухда бачун кIиго нухалъ дагь босула. Ресукъав чиясул мурад тIубан чIобогоги гьабула.

     — Бищунго къиматал кинал асарал ругел дур бакъназул гъансинир?

      — Дагъистан чIухIарал миллатцоязул хIурматалда рахъарал, магIарулазул цересел, гьунар камилал кочIохъабазе хъварал бакънал руго. Гьединал бакънал кьеян рачIунел, гьединал кучIдул ахIулел кочIохъаби гьанже гьечIо. Гьелъ ракI унтизабула. Микьго симфония буго хъван хIадурараб. Гьезулъ руго МухIамад ТIолбоевасе хъвараб, «МагIарухъе сапар», нижерго цIумадисезул ракьалъе, магIарул кьалбал ругев гIолохъанав туркасул пашманлъи, умумузул ракь бихьизе бугеб гьесул чIалгIен, гIищкъу загьир гьабураб. Гьел къватIире рахъизе ккани, къваригIуна симфониялъул оркестр, цо-кIиго инструменталъ бачун гъварилъи, бечелъи рагьуларо.

    — Цо заманалдаса магIарул бакънал лъугIун ине ругин рикIкIунеб буго дуцаго. Гьел хвасар гьариялъе сабаблъун щиб дуда бихьулеб?

 — Бокьилаан композиторазги кочIохъабазги магIарул хаслъи цIунизе, магIна бугеб репертуар гIуцIизе. «РачIа къаси къвал базе, дандчIвазе» абун ахIичIого, гIадамал кантIулел, квешаб тун, лъикIалде цIалел кучIдул ахIизе, гьезухъ гIенеккизе цIияб гIел ругьун гьабизе. Пасалъи гьечIищ къасисел рестораназда, саунабазда, гьеле гьединабщиналъ буго нилъее зодисан рахIмат дагьлъун, ракъдаллъи цIикIкIун. ГIазу-цIад балеб гьечIони, гьекъезецин лъим мукъсанлъула, гьелда тIад ургъулел гьечIо. ГIорал-лъарал махIцинарун руго чороклъиялъ, Аллагьасул ццим бахъинарищ нилъеда?!

 

 

ПатIимат ГЬИТIИНОВА