Поэзиялъул къо

21 марталда МахIачхъалаялдаги кIодо гьабуна шигIрабазул байрам

 

Гьеб байбихьана шагIирзаби Расул ХIамзатовасе, Сулейман Стальскиясе, Эфенди Капиевасе рарал памятниказда цере тIугьдул лъеялдалъун. Хадуб хъвадарухъаби, шагIирзаби ва Дагъистаналъул поэзия бокьулел данделъана Поэзиялъул театралда. Дандеруссин нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас. Гьес баркана шигIрабазул байрам ва цIалана Дагъистаналъул шагIирзабазулги жиндиргоги кучIдул. Цинги Дагъистаналъул батIи-батIиял миллатазул шагIирзабазги цIалана жидерго кучIдул. Байрамалда гIахьаллъана гIолохъанал авторалги. Аслияб къагIидаялда гьез цIалана жидеца жидерго учительзабилъун, насихIатчагIилъун рикIкIунел чIахIияб гIелалъул, нилъгун гьечIел шагIирзабазул кучIдул. Гьединго байрамалда гIахьаллъана МахIачхъала шагьаралъул школазул цIалдохъабиги.

Аллагьас кьуна поэзиялде рокьи

 

Буйнакскалда 27 соналъ хIалтIулеб буго Литературияб рукъ

Буйнакскалъул централияб библиотекаялъул нухмалъулей Нурян Темирбековалъ гIемер тIоритIула шагIирзабазулгун дандчIваял. Гьей ккола Литературияб рукъалъул нухмалъулейги. 21 марталда, ай тIолгодунялъул поэзиялъул къоялъул хIурматалда, библиотекаялда гIуцIун букIана Наби ГIисаевасулгун дандчIвай. Гьелда гIахьаллъана Буйнакск шагьаралъул №2, 6, 9 школазул цIалдохъабигун учительзабиги, библиотекабазул хIалтIухъабиги, шагIирзаби МахIмуд-Апанди МухIамадовги МухIамад ГIабдулгIазизовги.

Данделъиялда Наби ГIисаевас бицана жиндирго гIумруялъулги, адабияталде, хасго поэзиялде рокьи бижиялъе кьучI лъурал хIужабазулги, сверухъ бугеб дунялалде бербалагьиялъулги хIакъалъулъ. «МагIарул мацIалде рокьи бижизабуна дир учитель, Шамил районалдаса Асадула Мансуровас. Дица гIажаиблъи гьабулаан: гучаблъун, берцинаблъун рикIкIунеб гIурус мацIалдасаги гIемерал хIарпалги гьаркьалги магIарул мацIалда ратиялъ. Поэзиялде рокьи кьуна дие Аллагьас ва гьеб куцана дир эбелалъ – гьей йикIана росдал библиотекарь, дунги вукIунаан гьелда аскIов тIахьал цIалулев», — ан бицана Набица.

КIудияб баркала загьир гьабуна ГIисаевас чачаназул руччабазеги. «Чачанал Казахстаналдаса тIадруссараб мехалда, нижедехун хъачIлъи загьир гьабичIо гьез. Гьез нижее кьолаан квен, батIи-батIиял нигIматал. Абулеб букIана жидеда аскIорго рукIаян, амма умумузул ракьалде тIадруссана нижер гIадамал», — ан ракIалдещвезабуна гьес.

Наби ГIисаевасе баркала кьуна шагьаралъул библиотекарал ПатIимат ХIажиевалъги, ХIузайнат МухIамадовалъги, ПатIимат Нуцалхановалъги, МухIамад ГIабдулгIазизовасги лъарагIазул шагIир Фатима Дадаевалъги. «Рахьдал мацIалда кучIдул хъвалев дуе баркала буго, Наби. Дур асаразулъ бессун буго ватIаналде, эбелалде, чIужугIаданалде рокьиги, квешал пишабазде ццинги, вахIшилъиялда разилъунгутIиги», — ян абуна Ф. Дадаевалъ.

Кавсарат Сулейманова