«Аваразул» «Калам» — гьелъул камиллъи

ГIагараб авар калам. Дур куркьбаздаги рекIун, роржуна дир пикраби рикIкIаде магIарухъе. Гьез, кверги ккун, нухарегIана дун батIияб гIумруялде. Гьезул рагIдукь жакъаги батулеб буго дида рогьелги гьогьомиги.
ГIагараб авар мацI! Унго, дур берцинлъи, дур камиллъи. Дур гьаракь рагIарабго, цIаюцIуна цIвабзахъе. Дозухъе, дур кумекалдалъун доре роржарал миллатго чIухIарал васалгун ясазухъе. Гьездаги бицине гьезул ирсилазул хIакъалъулъ. Руго жакъаги нилъеда гьоркьор миллатги, мацIги, тарихги хириял гIолилал.

 

ГIагараб авар мацI. РагIанищ дуда дурго васалгун ясазул сахаватал ишазул хIакъалъулъ. Бокьун буго дуда кIудияб рохел бицине:

— Мун дагьабги тIегьаялъе ва хадусел ирсилазе ясбер гIадин цIуниялъе кIудияб хIалтIи гьабулеб буго «Аварал» гIуцIиялъ. Гьелъ зама-заманалдасан данде гьарула магIарулал, кIалъала, хъвадарула, пикраби гьарула магIарул мацIалда. Гьединго гьезул квербакъиялдалъун рагьун буго «Калам» абун цIар кьураб рахьдал мацIал малъиялъул школа-курсал. Гьенир хIалтIулел ругел Хатимат Мирзоева ва МухIамад Манапов араб анкьалда нижехъе гьоболлъухъ рачIун рукIана.
Хатимат ккола МахIачхъалаялъул №8 лицеялъул авар мацIалъул ва адабияталъул учитель. МухIамад цIалулев вуго ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул лъабабилеб курсалда. «Каламалъе» нухмалъи гьабулеб буго «Аварал» гIуцIиялдаса Марям Шапиевалъ. Гьейги ккола Шамхал поселокалъул гьоркьохъеб школалъул авар мацIалъул учитель. Гьез тIаде босун буго жавабчилъи цIикIкIараб иш – рахьдал мацI лъазе бокьаразул курсазде хьвадулел гьелъул балъголъабазул дунялалде сапаралъ рачин.
«Калам» рагьаралдаса гIемер заман инчIо. Гьелъул гьаракь рагIараб къолъун рикIкIуна исана соналъул 10 июнь.
Гьенир цIалулел руго лъималги гIолилалги. Бихьулищха – дагь-дагьккун гIемерлъулеб буго рахьдал мацI лъазе бокьаразул къадар. Гьеб буго нилъ киналго рохизе ккараб хIужа. Гьенир кьолел руго онлайн-дарсалги. Гьениса гIагараб каламалъул камиллъи бихьизе ва бичIчIизе бокьарал гIолилал кинха нахъ чIвалел. Масала, гIагараб ВатIаналдаса рикIкIада, Франциялдаса жиндие авар мацI лъазе бокьун бугилан абураб ругьел Дагъистаналде щведал, мугIрул киндай рохарал! Гьеб рохел нижеда бицана МухIамадица. Гьезул тIогьазда тIавап гьабулел чIухIарал цIумазги кьурдул свери лъун батила гьениб. Гьелдаса хадубги кинха абилеб рахьдал мацIалъ нилъергун къо-лъикI гьабулеб бугилан.
Хатиматицаги бицана жиндирго цIалдохъан, Татаралдаса Раниял. Гьей кколей йиго аспиранткаги. ХIалтIулей рагIула авар мацIалъул грамматикаялда тIад.
— Гьей йиго дир цIалдохъабазул бищунго хIаракатай. Авар мацI лъазабизе гьелъул бугеб гъираялъ дир гъирагицин багъа-башаризабуна, — йилан елъана Хатимат.
Гара-чIварана авар мацI цIуниялъе хадурккунги гьаризе бегьулел ва ругел ишазул хIакъалъулъ.
«Каламалъулазда» ракIалда буго цохIо авар мацIалъул гурелги курсал рагьизе. Байбихьун руго Дагъистаналъул цогидал мацIазул курсалги. Гьебги ккола Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъул ва вацлъиялъул цоги мисалги.
Школалда гьединго малъизе руго авар халкъалъул тарихги, гIадаталги, маданиятги.
Нух битIаги дуе, «Калам». Биччанте нужеца раччун ругел лъикIал къасдазул хулжалги магIарулазул мацIалде бугеб рокьул къатIрабаз къойилго лъалъазе.