Баба, долъул ругел хIеренал кверал!

Нусго, азарго… кверазда гьоркьосаги, эбелалъул гьумер бихьулеб гьечIониги, лъимада ратIа гьаризе лъалеб куц эбелалъул кверал.

 

 

ГIадалъ кьабураб тIилгIан бакIлъана Разиятие гьитIинав МахIачица, мадугьалихъ йигей Ра­исатил доваса векерун вачIунаго, «Баба, Раисатил ругел хIеренал кве­ралин» абурал рагIаби.

— ЛъикI рагIула. Квералги чурун, кваназе гIодов чIа, — ян абуна гьелъ.

 

Гьелъухъ гIинги тIамичIого, цIидасанги байбихьана МахIачица:

— Баба, долъулгиха цIурачадал рукIарал. Дуцаги долъул гIадал щай гьаруларел?

 

Разиятил гьумер дагь-дагьккун кьерхунеб букIана, гьелда васас би­цунеб жо рагIулеб букIинчIо. Бицу­нев гьевги тун, гьей Раисатил дое ана ва гьелъие питна гьабуна:

— Дуда, хьихьун вахъараб ме­халда, дихъа МахIач нахъе вачине ракIалдейищ ккараб?

 

Дир вацазул гIарац букIинчIебани, вас некIого ракьулъ вукIунаан. Цоги нухалда хIалбихье гьесда недегьго кIалъазе, дица дуе гьабизе бугеб жо, — ян хIинкъабиги кьолаго, кьабиза­бун рукъалъул нуцIагун, тIад юссун ана Разият.

Щибго бичIчIуларого, гьалгъан хутIана Раисат…

 

Разиятги Раисатги рукIана цоцаз­даса ричIуларел гьудулзаби. Гьелъ­го батила, гьел къисматалъги гIагар гьарурал – гьел кколаан дандиялги. Данделъун заман аниги, Разиятилги Юнусилги лъимал рукIинчIо. Раиса­тилги Юсупилги лъабго вас вукIана. Раисат лъимер гьабизеги йикIана. Ункъалго рекъон, пикру ккана, кIиабизе гьабураб лъимер Разиятие­ги Юнусиеги кьезе.

Анлъго моцIидасан лъана МахIач унтарав вукIин. Разиятил вацаз гIемер гIарац харж гьабизе ккана цохIо йигей яцалъул вас сахлъизави­зе. Раисатицаги Юсупицаги хIаракат бахъулеб букIана МахIачгун гIагарлъунгутIизе. Жидерго васал­гун васандизе гьев вачIараб мехал­даги, Раисат къватIие унаан. Гьелъул ургьимесалда жанисан цо бакI тIун унаан, ункъачойиланги абун, МахIач аскIове вачIиндал.

 

Цо нухалда ахикь расан­дулел рукIарал васазул ахIи- хIуралъухъе екерун арай Раисатида, гъотIодасанги далун, гъоркьеги лъу­гьун бажаруларого, вихьана МахIач. Жиндаго лъачIого, бабал дармани­ланги ахIун, Раисатица гъотIодаса гъоркье вачана гьев.

— Ункъачо, дур ругел хIеренал кве­рал, — анги ахIун, гьелъул горбода хурхун чIана МахIач.

 

Раисатие бокьун букIана гьеб талихIаб лахIзат халат бахъине. Амма гьей кантIана – гьелъ МахIач жиндасаго вичIизавуна.

— Огь! Эбелалъул кверал. Нужер хIеренлъиги, недегьлъиги, хинлъи­ги. Нужеца лъимер беэдун толеб куц!

 

Нусго, азарго… кверазда гьор­кьосаги, эбелалъул гьумер бихьулеб гьечIониги, лъимералда ратIа гьари­зе лъалеб куц эбелалъул кверал!

Эбелалъун хъатиниб бетIерги лъун, кьижараб лъимадуе букIунеб рахIат, гьелда рихьулел гIажаибал макьаби. Эбелалъ кодобе бачиндал, лъимадул букIунеб разилъи, гьеб сункьаго, лъикьаго хIинкъуларо.

 

Эбелалъул кверал. ХIереналги, хъачIалги, недегьалги, согIалги…

Гьел квераздасан бачIунеб хин­лъиялъ асир гьавуна гьитIинав МахIачги. Разиятиеги гьев рухIгIан хирияв вукIана. Юнусиеги гьесда­са хирияв щивго вукIинчIо. Гьесие гIоло букIана кинабго гьабулеб.

 

Разиятги Юнусги, батIияб ша­гьаралда минаги босун, гьенире ра- хъана, Раисатидасаги Юсупидасаги рикIкIадегIан.

Доб Раисатица хвасар гьавураб къоялдаса нахъе, МахIачица гIемер бицунаан Раисатил. Гьесул ракI щун букIана Юсуп дацидеги. Макьилъги гьев веэдулаан ункъачол хIикматал квераз…