МагIарул Лиза

(Цебесеб 6-абилеб номералда)

Жинда хIал лъалареб бакIалде ин гьелъги, гьейго гIадал цогидал гIолилазги тIаса бищана, мугIрузул улкаялда мугIалимзабазде цIакъго хIажалъи букIинги хIисабалде босун.

Дагъистаналде гьеб къокъаялдаса 15 чи унев вукIана. Гьезда гьоркьор рукIана, гьайги малъун, лъабго ясги. Цоги-цоги бакIаздасаги рукIана республикаялде гьедин ритIун рачIунел мугIалимзаби.
Лизаца бан букIана 16 сон. Гьеб ригьа-лъул гIолилазухъа бажарула хехго хIукмаби къотIизе, захIматал ишазде гъорлъе хIинкъичIого лъугьине, жидеда лъаларелъул бигьаго хIалбихьизе. Бищунго тавакалаб ригь буго гьеб, кIудиял гьунаралги гьаризе рес бугеб, кIудияб гъалатIги ккезе хIинкъи бугеб. ГIумруялъул хIалбихьиго гIадин, хIинкъиги, вас-васдиги, нахъе къазе нигатги букIинчIо гьелъул.
Риидалил къоял тIаса камуралгIан гIолилалъул пикрабазулъ цIикIкIун цебе бачIунеб букIана жиндие насибаб Дагъистан — лъалареб, бихьичIеб, балъгояб мугIрузул улка. ГIицIго тIадаблъун гьабураб болжал Дагъистаналда тIамизе букIана гьелъул анищ. Цинги ракIалда букIана тIадюссинеги.
ЦокIалаб, чIамучIаб, ругьунаб шагьаралъул гIумруялъулъ кьучIаб хиса-баси бокьараб тIаса бищи, балъголъиялде тIамулеб гали букIана Лизал гьеб. Заман букIана додинаб, гIолилазе цIилъи анищаб, лъугьа-бахъунелъулъ цебесеб бакI кквезе гьел гIедерал.
Цебе букIинесеб ва хадуб ккезесеб гьелда лъалароан, инсанасе гьединаб лъай кьун гьечIелъул. Амма лъалаан гIурус адабияталъул машгьурал устарзабазул асаразулъ жиндир бицунеб гIажаибаб Кавказ. Маргьабалъ рехсолеб балъголъабазул гъамас гIадаб, тIабигIат берцинаб гIалхул ракьлъун, церетIеялъулъ нахъа хутIарал, лъавукълъиялъул бецIлъукье ккарал гIадамазул улкалъун цебечIезабун букIана гьелъ Дагъистан. МагIарулал лъаялъул канлъукье рачине анищги букIана.
Щвана тIаде бихьизабураб болжал. Кодоб чемодангун, Елизавета Семенюк яхана поездалде. Пикрабаз кIвекIулаго, поездалъ кIикIулаго уней йикIана гIолохъанай мугIалим, жий цIализаюраб, жиндие махщел кьураб Советияб пачалихъалда цебе жиндирго налъи тIубазе.
Киндай гьай къабул гьайилей мугIрул гIадамаз? РекIее парахалъи щвеладай Дагъистаналда? Щибдай гьалъие хъван бугеб къисматалъ? Суалал гIемерлъулел рукIана. Жавабал жеги рукIинчIо.
Гъираялда балагьулей йикIана Лиза поездалъул гьитIинаб гордухъан бихьулеб кIудияб улкаялъухъ. ЦIиял бакIал рихьулелги лъалелги рукIана гьелда. Щвана Чачаналдеги, лъугьана Дагъистаналде жаниеги. ГIадатияб гуреб жо гьелда поездалдасан гIемер бихьулеб букIинчIо сверухълъиялда. ЛъугIел гьечIел долго авлахъалги, маххул нухги, поезда-лъул цокIалаб кIутIиги… Кибе тIагIараб доб гIажаибаб мугIрузул улка? Кида гьалда бихьулеб унго-унгояб Дагъистан?
Свакарай, макьихарай гIадан щвана Лиза кватIараб сардилъ МахIачхъалаялъул вокзалалде. ЦIиял мугIалимзабазда дандчIвай гьениб гьабуна ва сордо базе бакI бихьизабуна, гьединаб тIадкъайгун вачIарав дагъистанияс. Шагьаралъул хIакъалъулъ кинабгIаги пикруго бачIинчIого, бугелда гIейги гьабун, вокзалалда гIагарлъухъго букIараб цо минаялъуб бана сордо.
Радал бакъуца сверухълъи лъикIго кунчIизегIан тIадеги яхъинчIо. Бусадаса яхъарайго бихьана гьелда шагьаралда цебе бугеб ралъад. Гьурмада багъана ралъдал гьогьен.
Гьенисан, Каспий ралъдал рагIалдасан байбихьана Лизае унго-унгояб Дагъистан. КъватIие яхъиндал ва гIадамал рихьидал, тIубанго щулалъана батIияб дунялалде ккеялъул рахъалъ пикру. БатIи-батIиял рихьана гIадамазул ретIа-къай, мацIал, ахIвал-хIал. Чанго къо бана тахшагьаралда. Жалго гIадин рачIарал, цоги мугIалимзабиги лъана.
ГIурус мугIалимзабазда Дагъистаналъул просвещениялъул халкъияб комиссариаталда бицана, хъвазе-цIализе лъангутIиялде данде республикаялда рагъ балеб букIиналъул ва «ликбезалъул» нухда церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ.
«Жагьиллъиялъул бецIал кьурабаздаги къварилъабаздаги нур базабулел лъаялъул чIораллъун лъугьине ккола нуж дагъистаниязе!» — ян букIана гьалбадерие кьолеб аслияб насихIат. «Кинаб лъаялъул чIор дун йикIуней, жидерго хаслъи бугеб, некIсияб халкъалда нур базабизе? Дунгоги хIенехI йиго, сонги партаялда нахъа йикIарай…», — ан рачIунел пикрабаз, Лиза щаклъизецин лъугьана, хIукуматалъ цебе лъураб масъала тIубан бажариялда.
ГIакълу гьеб захIмалъиялде данде ургъулеб букIаниги, ракIалъ гIолилай ахIулей йикIана мугIрузде, бецIал къварилъабахъги согIал кьурабалъги жиндирго бажариялъул хIалбихьизе. Гьелъ тIаса бищана бищунго захIматаб рахъалде, магIарухъе ин. Чанго гьалмагъги Лизаги гьебго къоялъ щвана Буйнакск шагьаралде.
Дагъистаналъул тахшагьарлъун 1921 соналде щвегIан жиб букIараб гьеб шагьаралда базе кколаан сордо. Гьединлъидал рес щвана, цебесеб цIар Темир-Хан-Шура букIараб, Буйнакскиялъухъ тIаса-масаго балагьизе.
МахIачхъалаялдаса гIемерго батIияб Дагъистаналъул цоги шагьар бихьана Лизада. Гьелъул балагьиялъукьа ва пикруялъукьа борчIичIо, гьениб гIумру гьабулел гIадамазда гъорлъ миллияб хаслъи ккурал, жидерго мацIазда кIалъалел, бусурбанаб диналда гIамал гьабулел чагIи цIакъго гIемерал рукIин.

(Хадусеб букIине буго)