Пикрабаз квегъидал, хъвала асарал

Адабият бокьулезда лъикIго лъала шагIир ва хъвадарухъан Париза Гереева. Хасго гьелъие машгьурлъи щвана «Къисмат» абураб роман хъван хадуб.
Париза ккола Хубар росулъа. Чанго соналъ мугIалимлъунги хIалтIун, гьелъ жиндирго гIумру бухьинабуна журналистикаялда. ХIалтIана Гъизилюрт шагьаралъул «Къасисеб Гъизилюрт», республикаялъул «ХIакъикъат» газетазул мухбирлъун, Казбек районалъул «Чапар» газеталъул бетIерай редакторлъун.
ГьабсагIаталда хIалтIулей йиго Хасавюрт шагьаралда авар мацIалда бахъулеб «НасихIат» газеталъул редакторлъун.
 

— Париза, магIарулазда мун лъала хъвадарухъан гурейги, шагIир хIисабалдаги. Сундаса байбихьараб творчествоялъулаб нух? РукIанищ хъизамалда, гIагарлъиялда гьединаб гьунар бугел гIадамал?
— Дир эмен, мунагьал чураяв, вукIана адабияталде рокьи бугев, живгоги гIемер цIалдолев ва хъвадарулев чи. Эбел гьелдаса дагьай рикIкIадегIан чIарай, хъизан-рукъалъе йижарай гIадан йикIана.
Эмен вукIана районалъул газеталъул штаталда гьечIев мухбир. ГIемерал макъалаби рахъа-на «ХIакъикъат» газеталдаги. Щибаб лъагIалил ахиралда гьев хасгьабун унаан почалде ва цо хутIичIого магIарул мацIалда рахъулел газеталгун журналал хъвалаан, гьоркьоб хIарп биччачIого цIалулаан. Гьесда цадахъ лъугьун, нижеца – гьесул лъималазги тIадчIун цIалулаан газет-журналалги, тIахьалги.
Щаялиго, живго чIаго вукIаго, къватIире рахъичIел, кутакалда магIна гъваридал кучIдул ратана нижеда гьесул хъвай-хъвагIаязда гьоркьор. Гьел киналго дандеги гьарун, «Дир пикраби» абун цIар кьураб гьитIинабго тIехь бахъана дица гьесул 2017 соналда.
Абизе ккола гьесдаса ирсалъе щвараб бугин дие адабияталде рокьиги гьунарги.
 
— Дурго тIоцебесеб кечI ракIалда батилагури.
— ТIоцебесеб кечIги, сундул хIакъалъулъ гьеб букIарабалиги, узухъда, ракIалда буго. Амма чан сон доб мехалда букIарабали лъаларо. Лъала, дун йикIана цIакъго гьитIинай яс, гьеб кечIги цIалана, эбелалда нахъаги яхчун.
ТIоцебе районалъул «Коммунист» газеталда кечI бахъараб заманалда, дун цIалулей йикIана ункъабилеб классалда, республикаялъул «БагIараб байрахъ» газета цIалулезухъе дир кечI щвараб заманалда, цIалулей йикIана анлъабилеб классалда. Гьелдаса нахъе лъикIаб гьудуллъиялда руго дунги газетал-журналалги.
 
— Кин дуда кIолеб батIи-батIиял сипатал церечIезаризе?
— ГьабсагIат дица кьезе бугеб жавабалъ щибниги цIияб ялъуни балъгояб жо рагьизе гьечIо, кин бугониги, абила: шагIирасулги хъвадарухъанасулги рекIелъ пикрабазда цадахъ рижун рачIуна сипатал. Цо-цо нухалъин абуни, цин сипатал чIола цере, цинги рижула пикраби. Хадур гьел сверула рагIабазде, рагIабаз гIуцIула кечI, хабар…
 
— Гьеб ишалде бугеб тIей гьечIеб рокьи дуца цадахъ босулеб буго 50-ялдасаги цIикIкIун соналъ. Цо-цоккун, кIи-кIиккун творчествоялъул
болъабиги нахъа толаго, ячIана мун машгьурал хъвадарухъа-базул кьеразде гъорлъе, ва 2001 соналда къватIибе бачIана тIоцебесеб «Дир хIасраталъул цIва» абураб кучIдузул тIехь. Кинаб къимат кьураб гьелъие Дагъистаналъул хъвадарухъабаз?
— Рехсараб тIехьалъул презентациялда, 2001 соналда, Казбек районалъул Дилималда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъарал: гьелъие цеберагIи хъварав Дагъистаналъул халкъияв шагIир ГIабдула Дагановас, журналистал МухIамад МахIатIовас, ХIусен ХIажиевас, шагIир МухIамад ГIисаевас (мунагьал чурун ратаги киназулго), шагIир МухIамад ПатахIовас, гьединго корректорлъи гьабурай ТубхIат Зургьаловалъ, МухIамад ГIабдулгIазизовас ва цогидазги тIехьалъе кьураб тIадегIанаб къимат дие букIана цIакъго кIудияб шапакъатлъун. Дица гьеб къабул гьабуна аванс хIисабалда, цоги рагIудалъун абуни, дидаго тIадаб борчлъун дица рикIкIана гьез абурал реццалъул рагIабазе ритIухъайлъун хутIи.
 
— КучIдуздаса харбилал асаразде юссиналъе гIилла щиб ккараб?
— ТIубанго кучIдуздаса харбазде, яги харбилал асараздаса кучIдузде юссанин дунгоян абизе дида кIоларо, щайгурелъул, иргадал цоцаца хисарал гIадин, цин кучIдузул, цинги харбидалъун хъвараб бугелъул гьанжелъизегIан къватIибе бачIараб дир ункъабго тIехь. Школалда цIалулел соназ, ракIалда буго, авар мацIалъул дарсида рокъобе хъвазе кьураб сочинение дица цин кочIодалъун цинги, гьедин бегьулареб батилин ккун, харбидалъун хъван букIана. Гьелъухъ дие мугIалимас кутакаб рецц-бакъги гьабуна.
Гьеле гьедин, цере-нахъе ккечIого, кидаго цого кьерда руго дида цадахъ поэзияги прозаги.
 
РакIалда буго 2008 соналда Дилим росдал культураялъул
кIалгIаялда дур «Къисмат» абураб романалда тIасан гIуцIараб данделъи. КIалъазе рахъаралщиназ гьеб асаралъе кьолеб букIана тIадегIанаб къиматги. Бокьилаан гьеб романалъул цо-цо образазе къимат кьуни. Ругищ гьел гIадамал нилъеда сверухъ?
— Щивав инсанасул гIумру цо сундалъун бугониги цоцада релълъараб, гьебго заманалда тIубанго цогидазулалдаса батIияб букIуна. «Къисмат» буго цо пуланал гIадамазул къисматалъул хIакъалъулъ бицун хъвараб роман. Гьеб цIалун хадуб, гьереси бицинаро, анцIила щугониги чи вачIана дихъе, дуда жиндир гIумруялъул лъица бицун букIараб, дуда гьеб кин лъарабин цIехезе. Гьезда гьоркьор гIемерисел рукIана тIоцебесеб нухалъ дида рихьулел гIадамалги. Бихьулищха, щивав чиясда гьенив вихьулев вуго живго.
Дица гьениб жидер хIакъалъулъ бицен гьабулел АхIмадги Муслиматги гIаламалда гьоркьор цо гурел, цо чанго рукIиналъул бицунеб буго.
Камулел рукIинчIо гьеб Париза Гереевалъ жиндирго хIакъалъулъ хъвараб тIехь бугин абулелги. Биччанте гьедин букIине. Дир тIехьалъул аслиял бахIарзал руго лъикIал гIадамал. ГIумруялда жаниб живго гьединавлъун ватизе бокьуларев чи вукIинин кколаро дида. Дирги батIалъи щибха?