ТIоцересел сапарал

Араб анкьида Авартеатралъул тIоцебесеб сапар букIана Казбек районалде. Лъималазе ва чIахIиязе хIадурараб кIиго спектакль бихьизабуна актераз Дилим росдал культураялъул кIалгIаялъуб. ДРялъул мустахIикъав артист НурмухIамад НурмухIамадовас сценаялда лъураб «Навруз» спектакль кIудияб рохелгун къабул гьабуна Дилим росдал лъималаз. Режиссерас спектакль гIуцIун, букIана жалго лъималазги жигараб гIахьаллъи гьабулеб хIалалъ аваданго.

Гастролазул къасисеб программаялда бихьизабуна РФялъул мус­тахIикъав артист МухIамад Нур­мухIамадовас сценаялда лъураб «Мун йиго дир эбел» абураб спектакль. Нилъер гIумруялъул жакъасеб хIакъикъаталда рекъараб, гIадан рекIеда ватизавулеб ва ургъизе тIамулеб гьеб спектаклялъ гъваридаб асар гьабуна балагьаразе.
Дилималъул гIисиназгун чIа­хIияз ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабулеб букIана Авартеатралъул актеразе жидехъе гьоболлъухъ рачIаралъухъ.
ДРялъул Культураялъул министерствоялъул «Мастера сцены жителям Дагестана» абураб проекталда рекъон гIуцIун буго исана Авартеатралъ жидерго хIалтIиги.
МагIарул театралъе кьучI лъуралдаса 85 сон тIубалеб гьаб юбилеялъулаб соналъ гьез хIисабалде босун буго киналго мугIрул районазде щвезе.