Балеб ахIи буго мацI цIунейилан…

МагIарулазул гIаммаб данделъи бугин рагIигун гьенибе ракI гIедегIулеб батила миллат бокьулезул. Амма цIакъго цIикIкIун гьечIищ мацI цIунеян ахIулел, холеб бугин зигардулел, щиб бицунги чIоларел.
Бухари тIагъур лъун, чухъа ретIун, гормендо-чохтIоялъ гьурмал гургин гьарун рахъулел руго суратал, малъа­рун кIалъалел руго данделъабазда. ГIицIго гьел суратал гурони цогидаб лъалкI рекIелъ, ракьалда толарезда хIалкъала цо-цо.

КIудияб ахIи-хIуралда жалгоги рихьизарун, кьибил щулалъуларел, гIаркьалаби цIилъуларел, ишал гьарулезда гьереси-патриотазул рихьдае хIай абун гуреб, цоги щиб цIарха лъелеб? Дун магIарулав вугин цеве вахъун магIарул мацIалда щуго рагIи дандбан бажаруларесе гьелъул бицун щай? Рахъунелго щай халкъалда цере гьороца хъамун унеб тIамах гIадаб хабаргун?
МацI цIунеян трибунаялде рахунел, Шамилил цIарги байрахъалъе ккун кIалъалел, магIуялъ лъалъанищ нужер гьурмал ХIамзаевасул «Имам Шамил» цIалун, сороданищ ракI СагIид-афандиясул назмабаз, ма­лъияз, суалазе жавабаз? Намуслъун ба­гIарлъанищ АхIмад-хIажил «ЛъикIал тIабигIатазул ах» мажмугIалде къулун? Кинал тIахьал ругел нужер столалда тIад къойил рагьулел? Бугищ Расулил «Дир Дагъистан», халкъалъул гIакъиллъи жанибе бачарал «Кицаби ва Абиял», «Аварагасул хIадисал»? ЦIалулищ нужерго районалъул казият, ракьцоял-хъвадарухъабазул асарал, рагьулищ щибаб анкьалъ «ХIакъикъат», «Ас-салам»? Росулищ гьениса дарсал? Бицунищ гьелъул гьудулзабазул горсверулъ, хъизан-лъималазе рокъоб, годекIаниб? Мех-мехалъниги нужер ракI цIалищ «Гьудуллъи», «МагIарулай», «Лачен» журналазде. Гьаб тIадехун рехсанщинаб щибаб рокъоб цIалани, «мацI цIуне» абун ахIи базего ккелароан? Лъалищ цIиял гьунаразул цIар. Сурукъ рихьулищ гьалаглъиялъ чангит тIун араб гIищкъу халкъалъе гьуршун кучIдул хъвалел, ахIулел руччаби? РекIее пахрулъи кьолеб, щайтIан бохулеб ишалда лъеладай баракат? Кинаб мацIалда нуж Аллагьасде руссунел, какда хадуб хваразе дугIа гьабулеб?
Нуж ццидаххунге, хириял цIал­до­лел, гьал мухъалги цIалун. Цин — щай­тIаналъухъан, адабгун намус — Аллагьасухъан букIин малъулеб бугелъул нилъеда.
БетIергьанас къуват кьеги ритIухъаб рагIул хвалчен лъикIал ишазе хIал­тIизабизе.