«Сариназул сиялъ» гьабураб асар

 
 5 февралалда МахIач­хъа­лаялда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб биб­­лиотекаялда данделъу­н ру­кIана, Дагъистаналъул хал­къияй шагIир Баху-Меседу Ра­­су­ловалъул проекталда ре­къон, къватIибе бачIараб «Са­ри­назул си» абураб, 15 авто­расул кучIдуздаса гIу­цIараб, тIехьалъул хIа­къа­лъулъ бицине.
Тадбир нухда бачарав Ма­гIарул миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас би­цана магIарул адабияталъулги тIехьалда лъурал кучIдузул авторазулги хIакъалъулъ.
— Рохизе ккараб хIужа буго рахьдал мацIал загIиплъулел гьаб заманалда, гьел мацIазда хъвадарулезул къадар цикIкIу­неб букIин. Щивав авторги мустахIикъав вуго рецц-ба­къа­лъе. Гьезул кучIдузулъ за­гьир­лъун буго ватIаналде хIас­ратаб рокьиги, жакъасеб къоя­лъул масъалабаз, миллат-ма­цIалъул ургъелаз ракIазулъ би­жараб рахIатхвейги.  Ша­гIи­расул рагIуца цIунана ва жакъаги цIунулеб буго ва­тIа­налъул тIадегIанлъи, — ян абуна гьес.
Дандеруссиналда кIалъа­на шагIирзаби Мах­сутI Зай­­­нул­гIабидов, Сабигат Му­хIамадова, Залму МухIа­ма­­дова, Шамил МухIидинов, Туб­хIат Зургьалова, «ХIакъи­къат» газеталъул вакилзаби, тIе­хьалъ кучIдул жанире ра­ча­рал авторал ва цогидалги. 
Имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаевас авторазе кьуна фондалъул цIа­рал­дасан ХIурматалъул гра­мотаби. 
МагIарул адабияталъу­л гор­свери берцин гьабуна Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар ГIумархIажиевас. Жаб­­рагIил ХIасановасул ра­гIа­­базда гьес ахIараб кечIалъ гIумруялъул пикру гьа­бизе тIамулел рукIана гIе­не­ккарал. АхIана гьенир тIе­хьа­лъул авторазул цояйлъун кколей МахIачхъалаялъул ри­кIкIадасан лъимал цIа­ли­за­риялъул централъу­л му­гIа­лим ГIайшат Хи­ра­му­хIа­­­ма­довалъул рагIа­баз­да на­­ши­далги.