ГIахьвалазул азбука

Республикаялъулаб «Лотос» басмаханаялъ къватIибе биччана лъималазе цIалул тIехь — «Букварь» гIахьвалазул мацIалда, гьеб мацI гьоркьобе ккола гIандадерилгун дидоязул группаялде.

Гьеб тIехьалъул цебелъей тIобитIана, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда, гьениб «Тарки-тау – 2019» VIII тIахьазул ярмарка тIобитIулеб заманалда.
«ГIахьвалазул азбука» ккола гIахьвалазе гьезул рахьдал мацIалда къватIибе биччараб тIоцебесеб цIалул тIехь. Гьелъ лъималазе кумек гьабизе буго хъвазе-цIализе лъазабизе, печаталъулал ва квералъ хъварал хIарпал ва гьезул гьаркьилаб магIна бичIчIизе, рекIун хъварал слогал цIализе, цIалулеб ва хIажатал текстал битIун ричIчIизе, гIадатиял рагIаби ва предложениял хъвазе. Узухъда, жиндирго рахьдал мацI бокьулел ва гьелъул къимат гьабулел чIахIиязеги цIияб тIехьалъул кIудияб кIвар ва интерес букIина.
ЦIалул тIехьалъе рецензиял хъван руго, гIахьвалазул мацI жидер рахьдал мацIлъун кколел: ДГПУялъул кафедраялъул доцент, филологиял гIелмабазул кандидат Индира ГIабдулаевалъ, ГIахьвахъ районалъул администрациялъул лъай кьеялъул отделалъул начальник, филологиял гIелмабазул кандидант Зайгьат Шамхаловалъ; Гочинабун гIи-боцIи хьихьулеб зонаялда (ЗОЖ) бугеб Къамишхъутаналъул гимназиялъул завуч, ДРялъул мустахIикъав учитель, Россиялъул халкъияб лъай кьеялъул отличник МикагIил Шамхаловас.
«ГIахьвалазул азбука» хъван буго жиндирго гьитIинаб ВатIанги, гьелъул халкъги бокьулев, гьелъул гIадаталги тарихги лъикI лъалев, журналист «Ашвадо» ва «Эркенаб трибуна» газетазул редактор, ГIахьвахъ районалъул ТIадмагъилъ росулъа М. ХIажиевас.
«ГIахьвалазул азбука» къватIибе бачIана дагьаб къадаралда, гьелъул буго 300 тираж. ГIахьвалазул рес бугел гIадамаз гIумру гьабулеб буго Дагъистаналда, Москваялда, республикаялъул гIорхъаби рахун къватIибги. Хьул буго, гьезул кумекалдалъун гьеб тIехьалъул тираж азаргоялде бахинабилилан.
«ГIахьвалазул азбука — букваралъул» хIакъалъулъ хъвараб гьаб гьитIинабго макъала лъугIизабизе бокьун буго, дунялалдаго машгьурав рагIул устар, гъиргъизазул хъвадарухъан Чингиз Айтматовасул рагIабаздалъун: «Халкъалъул мацI – гьеб ккола тIадегIанаб низамалъул, хIикматаб, тIасан ккараб лъугьа-бахъин: щибаб мацI буго тIалаб инсанияталъул гIакълуялъул гьунаралъул бергьенлъи. Нилъер ихтияр гьечIо, кинаб халкъалъе гьеб кколеб батаниги, цебетIеялъул рахъалъ кинаб даражаялда гьеб бугониги, цониги мацIалдехун пахруяб, рокьукъаб бербалагьи гьабизе».