МагIарул Лиза

Хъвана 2019 соналъул ноябралда,
Елизавета Семенюк гьаюралдаса 105 сон тIубаялде

 

МахIачхъала. Редукторазул авал. Дун Ак-гёль хIорил рагIалда «ГIурус мугIалималъе» эхетараб памятникалда цеве. БукIун батиларо Дагъистаналда гIурус мугIалималъ лъалкI течIеб бакI. ЛъикIал рагIабаз ракIалде щвезарула ва жакъаги баркала кьола гьезие чIахIиял гIелазул гIадамаз.
Нилъер рахьдал мацI тIагIиналъе хIинкъи бугеб гьаб заманалда дида ракIалде ячIана, бащдаб гIасруялде гIагарал соназ лъалей йикIарай ПатIимат. Школалда цIалулев мехалдаго йихьана ва лъана дида гьей хIалимай, гIакъилай, лебалай, бажари гIурай ва хIаракатай магIарулай. Дир гIолиллъиялъул рикIкIадал саназда комсомолалъул райкомалъул кIиабилей секретарьлъун, хадуй тIоцеесейлъунги ячIарай гьелдасанги щвана нижее гIуцIарухъанлъиялъул дарсал.
Хадуб къисматалъ лъикIал бухьенал ккезаруна гьелъул тIолабго хъизан-гIагарлъиялъулгунги. РакIбацIцIадай, нухмалъиялъул хIалбихьи щварай, гIуцIарухъанлъиялъул махщел камилай, иш лъалей ва гIаданлъи бугей ПатIиматида дандбазеги, цIехезеги, бицинеги жо кидаго камулароан.
Ахиралда гьей хIалтIана районалъул администрациялда. Гьеб идараялдаги ПатIимат йикIана хIалтIул аслияб бакIлъи баччарай хъулухъчIужулъун. Кидаго, щиб хъулухъалда йигониги, гIемераб пайдаяб хIалтIи гьабуна гьелъ район социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъе.
Херлъиялъул заман тIаде щвелалде гьей, ракIалдаго гьечIого, гIумруялдаса ана. Нижедаго гьоркьоб ккараб цо гара-чIвариялда дица гьелъие рагIи кьун букIана, кида бугониги, гьаб асар хъвазе. ХутIичIо гьей, мунагьал чураяй, къиса цIализе…

ПатIимат Пайзудинова ракIалде щвеялъе.
Сайгъат гьабула киналго магIарулазе.

— I —
Гьоркьохъеб хехлъиялда мугIруздехун балагьун унеб чуязда рекIаразул къокъа гIагарлъулеб букIана габурлъиялде. Ункъо бихьинчиги цо гIолилайги рукIана гьезул. Гьей ясги гьелъул кIиго гьалмагъги рукIана гIурусал, жеги мугIрузде щвечIел, щибго магIаруллъиялъул хIакъалъулъ лъаларел гIисинал гIолилал. Рогьалил бакъул чIоразда гъоркь нахъа тана гьез Гъоркьиябги ТIасиябги Хъарани росаби. Гьанже рахунел рукIана Гендерил магIарде.
Риидалил ахиралда гьезда бихьулеб сверухълъи тIубан бахчун букIана гIурччинлъиялда гъоркь. РикIкIа-рикIкIаде щвезегIанги берцинго рихьулел рукIана гохIалги, щобалги, рохьалги. ТIад букIана роцIараб хъахIилаб зоб. ГIицIго рикIкIада, лъарагIлъиялдехун рихьулел рукIана къанагIатал хъахIнакIкIул парчаби. БацIцIадаб гьаваялъги, гьайбатаб сверухълъиялъги, гьенисан гIемер хьвадун ругьунал чуязги квербакъулеб букIана сапар бигьа гьабизе.
Циндаго гьезда цебе рагьун бачIана батIияб тIабигIат. Гьединаб борхалъуде цониги рахарал рукIинчIо гьел гIолилал. МугIрузда жанисеб Дагъистан тIоцебе бихьулел гьезул, гьаркьал рорчIана. Беразе ругьунлъун ккун рукIарал, гIурччинал гохIалгун щобалги цереса росун ун, жидедаго лъачIого, гьел щун ратана бицун бажарулареб борхалъиялде. Тохлъукьего тIаде бачIараб, хIикмалъиялъулги хIинкъиялъулги цоцалъ бессараб асаралда гъоркь, ургъичIого ва дандбачIого, рещтIун ратана гьел чуяздаса. «Ургьиса рухI агъабалъе анин» абулеб гIадаб асаралда гъоркь рукIана гьел.
Сверухъе ралагьизе гIурусалги тун, кIиявго магIарулас чуял сухъмахъалдаса гIурччинхарде кваназе рачана. ГIодорги чIун, лъикIаланго мехалъ ралагьана гьалбал гIажаибаб тIабигIаталъухъ. Гьезул рагIаби гIолел рукIинчIо беразда бихьулеб цоцазе бицине ва рекIеда бугеб хIал загьир гьабизе. Гьадинаб бакI дунялалъул рокъоб букIунин бицани, цебечIезабизе гьезухъа бажарилароан. Беразда бихьулелда божизеги захIмат букIана гьезие.
Гъоба тIинда, балагьун бер щолареб гъварилъуда, кьурабазда багъулаго, гIедегIун ралъдахъе бекерулеб букIана гьалагаб Сулахъ гIор. Цоцада нахъасан раккарал рорхатал кьурабазги гъваридал жанирлъабазги, бицине хIалкIолареб сипат кьолеб букIана тIабигIаталъе. Хъатиниб лъураб гIадин бихьулеб букIана гьенисан Дагъистан. Каспий ралъдал рагIалдаса Гуржиялъул гIорхъоде щвезегIан, тIолабго мугIрул улка букIана бакъул чIораз гвангъизабун. ТIад калам гьечIого бихьулеб букIана, щай гьаб гIажаибаб улка-ракьалда цIар Дагъистан абун бугебали.
(Хадусеб букIине буго)