Будалаазул, щайтIабазул ва чанахъабазул хIакъалъулъ

«Балъгояб даптар» тIехьалдаса

 

— ЩайтIабацагун будалааз лъимал рачун иналъул харбал дида гьитIинаб мехалдаго рагIун рукIана. Дир кIодоца бицунаан цо гъоркьнусесда Маала раса абураб магIарда ватун вугила цо гIажаибав, нилъер лъималаздаса батIияв вас, — ин байбихьана ункъачоца.

 

— Сундулъ букIараб гьесул батIалъи?

 

 

— Живго гьев вас вукIунха батIияв, нилъер лъималазда релълъарав гурев. Гьесда тIад букIун буго чундузул цIаказдаса гьабураб ретIел, бетIералда харил гьабураб тIагъур, кодобин абуни жеги тIасан рас гъенон бахъичIеб керчаб ритIучIил лълъаралдаса гьабураб тIил, мугъзада махил гъотIол макъаралдаса гьабураб таргьа.

 

 

— Мун щив? Лъил вас кколев мун? — ин гьикъун буго гъоркьнусес гьеб сверухъ анцI-анцI верстаз я росу, я кули-мархьу гьечIеб, дуниялалдаса тIураб бакIалда ватарав гIажаибав васасда. Гьес бацIцIадаб чIурмутIалъул лугъаталда абун буго:

 

 

— Дун вуго ЦIодорил Ибрагьимил вас… Дир эбел хун йиго дун гьавураб мехалда, эмен дун гьавилелдего хун вуго, дун будалагIаца жидехъего вачун вуго… Вугоха мугIрузда ва парсазда бисалги, ритIучIалги цIунизе тун. Дун ана гьанже… — янги абун битIараб бакIалдаса уневгIанги бигьаго цо парсазухъ эхеде ун вуго гьев вас. Хадув валагьарав гъоркьнусевги тун накIкIазукье тIерхьун вуго.

 

 

Гъоркьнусев квешго хIинкъун вуго гьеб сураталдаса. ХIалихъего щун вуго рехъенгун гIиял къавуде ва квешго унтизавун вуго, черхалда сири бан, цин квачан, цин хIалуцун. Гьесул берда цевеса унев вукIинчIо гьадав гIажаибав васги, кьураби, хъинсал, тIад гIодобнакIкI лъураб дунялалдаса тIурал, рикIкIадал мугIурул ва гъулдул. КIочонеб букIинчIо гьев васасул тамашаяб, бичIчIизе захIматаб гьимиги, «Дун ЦIодорил Ибрагьимил вас… Ц!одорил Ибрагьим…ЦIодорил Ибрагьим!!!» абураб жо багъулеб букIана гIаданиб. Жеги ас гIажаиблъи гьабуна гьеб гIажаибал, кибниги рагIичIеб ЦIодор абураб некIсияб, ислам бачIинелде букIараб, кибниги рагIичIеб цIаралда.

 

 

Хадусеб къоялъул бакъанида гьав хисизе вачIарав херав вехьасул рахIат хвана гъоркьнусев вихьараб сагIаталъго. Ва гьес вачIинахъего абуна:

 

 

— Щиб ккараб дуй? Мун лъалеб хIал гьечIо гьурмахъ балагьун??? Гъоркьнусес гIодове виччан бицана жинда бихьарабщиналъул ва гьев гIажаибав васасул.

 

 

— ЦIодорил Ибрагьимилая? — янги абун тIилица ракьги бухъун, пикраххун гIодове валагьун чIана херав вехь.

 

 

— Щай мун вуцIцIун чIарав? — ин тIаделъана гьесдаса цо кинаб бугониги баян щвезе бокьарав гъоркьнусев.

 

 

— Дида кIудияздаса рагIун букIана гьитIинаб мехалда цо ЦIодорил Ибрагьим абурав некIсияв чиясул бицунеб. Дица гьеб маргьу гIадин къабул гьабулаан. Гьелдаса нахъе киданиги гьеб цIар рагIунцин букIинчIо, — ян ургъалилъе ккарас гIадин гъванща хъасана херас. Бихьулеб букIана гьес жинда гьитIинго рагIараб къиса ракIалде щвезабулеб бугеблъи ва гIодове виччан байбихьана харбиде:

 

 

— Гъоркьнуб росулъ вукIун вуго ЦIодор абун цIарги бугев цо цIакъ гIужилав чанахъан. ЦохIо вас гурони тIокIал лъималги рукIун гьечIо. Васасдаги цIар Ибрагьим букIанин бицунаан. Хабар букIун буго ЧIурмутIалда, чанавеян къватIив вахъун, киданиги чIового, жо чIвачIого ЦIодор рокъове вуссун гьечIин абун. БитIахъе хIанчIил бадиб гулла речIчIулев гIужилав чанахъан вукIун вуго гьев. Рукъ букIун буго гьесул бечедаб, хъизан гьитIинаб, цагърал цIун бугIаги, чIалда мохмохгун чанил гьаналъ цIурал рагъиялги ругев, рес рекъараб яшавалда вугев чи вукIун вуго ЦIодор. Амма кигIан гIемер гьеб бугониги чанаве ин толеб букIун гьечIо. Цо динияв чияс абун рагIула гьесда дуе кколелдаса цIикIкIунги БетIергьанас ризкъиги кьун буго, хьихьун бажарилареб гIадаб хъизанги гьечIо, гIей гьабе гьел чундул чIваялда. Гьелдаса дуда цо баракат гьечIолъи бихьизе гурин. ЦIодорица херасул гIакълу гIадахъ босун гьечIо ва гIамал кIодого реххун буго: «Аллагьас дие кьун цIодораб берги, гIужилаб кверги дие къварагIарабгIан чан гьабизе» ян.

 

 

Пашманлъун вуго херав чи гьесул пахруяб жавабалъухъги гIенеккун. Гьесда бичIчIулеб букIана гьеб гIурхъичIвай гьабунгутIиялъ цо баракат гьечIолъиялде вачуневлъи.

 

 

— КIинав ЦIодорха гьев вукIунев гьединаб ахIмакълъи букIун батани, — ян гьикъула гъоркьнусес гьоркьоб хабарги къотIизабун херав вехьасда.

 

 

— Гьеб ЦIодор абураб цIар гьесие чанахъанлъиялъе бугеб лебаллъиялъухъ кьурабин кколеб буго дида. ГIемер цIодорав вукIун гьечIо гьев балагьараб мехалда. Цо гIазул гъал бараб квачараб хасалил къоялъ чанаве вахъуна ЦIодор. Парсаздаса унеб чIедераб сухъмахънухда гIазуца бахчараб цIер халлъичIого гIодовги ккун, гьениса гъоркье кIкIалахъеги реххун хола гьев. Росуцояз бакъаниде вукъула гьев хабзалалъ ва киназго цо кIалдиса гIадин абулеб букIун буго гьадаб херас гьабураб бадибчIвай гьалъие букIун бугин. ГIенеккичIо ЦIодор кIудиясул гIакълуялъухъ абун. Гьесул вас Ибрагьим гIола кIудияв. Гьевги уна гьадабго инсул нухдаса. Бихьун чан толарев чанахъан вахъуна гьесулги. Гьесдаги абун буго ригь арал чагIаца гьеб пишаялъ къор гъунин дур инсуеги, дагьаб гIорхъичIвай гьабе чанахъанлъиялъе абун. Гьесда рагIулеб букIун гьечIо кIудиязул гьаракь. ГIужда речIчIизе бугеб гьунаралъги, цоял цояздаса берцинал ас чIвалел бисазги тIубанго икъбалалъ мехтун ва беццлъун вукIун вуго ЦIодорил Ибрагьим. Цо хасалихълъиялъул бакъ щолеб сагIаталъ жиндирго юргъачу кьололев вукIун вуго ЦIодорил Ибрагьим иргадулаб чанаве сапар бухьине. Гьесда мажгитул кIалтIа дандчIвала гьасул инсуеги бадибчIвай гьабурав гьадавго хъахIаб магжилав.

 

 

— Жакъа рузман къо бугоха, Ибрагьим, — ин абула херас.

 

 

— Батани метер щамат бачIине батилаха, — ян херасдехун рагIиги реххун, тIерхьун уна Ибрагьим къваридаб къотIноса росу тун къватIибе унеб нух ккун.

 

 

НекIсияб ЧIурмутIалъул биценазда рекъон, рузман къоялъ киналго чундул хьихьулел рагIула мугIрузда ругел нилъер беразда рихьуларел будалааца. Гьез цIунулел рагIула чундул тIабигIаталъул квешлъабаздаса ва чанахъанасул хъантIараб бералдаса. Киналго хутIарал къоязда чанахъанлъи гьабуниги, рузман къоялъ гьеб гьаби кинго бегьизабуларо. Гьеб буго хасаб къо. Гьеб къоялъ чундул цIунун будалаазул ясал рукIунин абиги буго. Рузман къоялъ чаниде ишан босарав, чIварав чиясе баракат гьечIолъи, цо балагь ккечIого хутIуларин абураб жоги гIасрабаца букIана халкъалда гьоркьоб. Щаялиго рузман къоялъ ун вуго ЦIодорил Ибрагьим чанаве. Цо квешал парсал ругеб магIардаса битIахъе борохь гIадин хъурщун ваккула гьев цебехун бугеб кIкIалахъе. БитIахъе гамачI речIчIизе кIолеб манзилалда цебе тIегь кваналеб мугIрул бис батула гьасда. Цояб бис букIуна кIудияб, квегIаб лълъаралъул бегIерлъиги тIаса бекараб. Кьурабалъа, парсахъа рахъулаго кьабун бегIерлъи бекула гьезул цо-цо мехалда. Цогидаб букIуна жеги гьитIинаб, гIолохъанаб бис. Ибрагьимил хъантIараб бералъ битIахъе цебесеб ратIаялда босула ишан — гулла рекIеда щолеб хIалалъ. Бахъула кьвагьи. Сверухъ ругел кьурабаца цоцахъеги реххун кIкIалал тIинда бугеб гIарцул лъаралда жанибе тIерхьун уна тункIил гьаракь.

 

 

ГьитIинаб бис кIанцIун цо парсида рещтIуна ва щобде нахъе тIерхьун уна. КIудияб бисалъ биччан уна гьабугьинан ракьалде бетIер ва хадуб лълъурдузул бакIлъиялъ цIараб гIадин чанго саженалъул борхалъудаса гъоркье бортун уна. ТуманкIул кIкIуй Ибрагьимида тIаса босарабго бахъун бачIчIуна цо квешаб, ракI гъанцIизабулеб гIадаб чIужугIаданалъул гьаракь ва хадубго гIоди, гьеб гьаркьица кIкIалал ва щобал цIола битIахъе. Ибрагьим хIинкъиялъул кутакалъ дагьаб жо хутIана хъуштIун жинца гъоркье тIамураб бисалда хадув кIкIалалъе вортизе. Гьев хвасар гьавуна кьурда жаниса баккараб цо цIцIвин хъарахъалъ, гьелда ххурхун кьурда черхги цун, цIоро-гъорон хутIана гьев лахIзаталъ. Амма дой гIодулел чIужуялъул гьаракь къотIулеб букIинчIо ва гьелъ битIахъе чIорал гIадин чIурмутIалъул лугъаталда реххизе байбихьана хьандолел рагIаби: «Гуч бекараб тIаму кIва рукъиб щвезигIан тараб гIумру батлугуяс» (Лълъар бекараб ана гъоркье тIамун рокъове щвезегIан гурони гIумру батугеяс).

 

 

Ибрагьим гьеб гьаркьица чара хун битIахъе кьурдехун рекIарав чи гIадин хутIана. Хадув дагь-дагь ккун хIалихъего чIедераб сухъмахъккун гъоркье, битIараб бакIалде рещтIана. ХIинкъиялъ жинца чIвараб бисги кIочана гьесда, хехго чодеги вахун, лъутIана рокъове. Рокъове щварабго гьев чIаго хутIана битIун гьаб хабар росуцоязе бицинегIан. Гьабги бицун бакъанида цIар лъезе лъалареб унтуца цин квачан, цин хинлъун, черхалда гъар-гъар бан сородулаго босана гьесул рухI.

 

 

ЦIодорил Ибрагьим къанщараб заман букIун буго кватIараб хасалихълъи. Гьесул кинабго боцIи букIун буго хасел тIамизе херги бецун Сугърухъ абураб колохъ тун. Лъимаде йигей ЦIодорил Ибрагьимил чIужуги уней йикIун йиго гьение гIачиязе хъулухъ гьабизе. Цо нухалда гьей Сугърухъе щвараб сордо кIудияб гIазуги бан росдадасаги, хутIараб дунялалдасаги тIун колохъ хутIун йиго гьей чIужу. Бицуна гьелда хадур Сугърухъе гъоркьнусел араб мехалда ятун йиго хварай Ибрагьимил чIужуги, чIобогояб киниги — янги абун, жиндирго рехъада аскIове ун вуго херав. ГIолохъанав вехь, гьес бицараб хабаралъ ва жинда бихьаралъ кверде восарав, гьалгъан пикрабалъ хутIун вуго гIурдада вегун ва цIвабазаца гвангъизабураб зодовеги валагьун.

 

 

***

 

 

— Гьеле дида рагIараб жо. Щиб гьениб букIараб, щиб букIинчIеб гIицIго Аллагьасда лъала, — ян квер хьвагIана ункъачоца гъоркьнусезул щайтIабазул, будалагIазул ва чанахъабазул къисаги бицунаго.