Пикрабазул цIумур зваргъелеб буго

Мун, хъущтIун аниги, гIодоб ккун гьечIо,

ГIедегIе, Дагъистан, тIаде борхизе.

Дагьаб тараниги, тIагъур бортичIо

ЧIухIун балагье мун дуниялалъухъ.

    

                       Залму Батирова («Дагъистан»)

 

 

Араб анкьалда Поэзиялъул театралда Дагъистаналъул халкъияй шаг1ир Залму Батирова дандчIвана жиндирго цIалдолелгун. ШагIиралъул шигIрабазул кIудияб ц1адухъе ракIарун рукIана магIарул адабият бокьулелги, гьелъул гьудул-гьалмагълъиги, къаламцоялги.

Гьеб цIаялъул бищунго канал хIенхIаллъун шагIиралъе рукIана ва руго жиндирго цIалдолел.

 

 

ШагIиралъ цIалдолезе цIалана цIиял шигIраби, бицана жиндирго адабияб дунялалда зваргъелеб бугеб пикрабазул цIурмил сариназул.

ТIоцебесеб иргаялда, магIарулаз лъай-хъвай гьабуна гьелъул тIахьазул выставкаялъулгун.

 

 

Гьалеха цIалдолезда цебешагIиралъул шигIрабазул гъамас. Гьенир цокIалго сокIкIун руго магIарулазул ракIал асир гьарурал саринал. Жакъаги шагIиралъ гьурщизе руго шигIрабазул хулжал.

 

 

Тадбир рагьана ва нухда бачана ИЯЛИялъул профессор МухIамад МухIамадовас. Гьес бицана шагIиралъул махщелчилъиялъул, къватIире риччарал тIахьазул хIакъалъулъ. ШагIиралъ цIалана жиндирго кучIдул, гара-чIварана цIалдолелгун.

Залму Батировалъул кучIдул цIалана Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХирамухIамад ХирамухIамадовас, тележурналист Хатимат МухIамадовалъ, МагIарул театралъул гIолохъанав актер МухIамад Дудуевас ва ДРялъул мустах1икъав артист Мух1амад Г1абдулат1иповас, Ленинкенталъул №35 школалъул цIалдохъабаз.

 

 

ШагIиралъе музыкалияб салам кьуна ва гьелъул рагIабазда кучIдул ахIана Дагъистаналъул халкъиял артистал ТIагьир Къурачевас, Абакар ГIумархIажиевас, ГIабдула МухIамадмирзаевас, Хадижат Жамалудиновалъ.

ЦIидасанги магIарул адабияталъул гъасда пархана цIияб цIа. Гьеб батила шагIиралъул рекIел цIа. Гьеб цIадулъ къаламги ччун хъварал шагIиралъул кучIдулгун цадахъ ругел релъи-магIуялъги, рохел-пашманлъиялъги, бухIиялъги, рухIелалъги, угьиялъги, ахIиялъги магIарулазул пикрабазул цIумур цIидасанги зваргъезабуна гьеб сордоялъ.

 

 

Биччанте Залму Батировалъул асарал магIарулазул ракIазулъе гьоцIолъун тIинкIизе рокьиги ритIухълъиги.

 

 

Пикрабаца цIумур бухулеб буго,

ЧIаголъи лъугIараб лъикIлъи борчIизе.

Ургъалица гIакIа ахIулеб буго,

Ургъел гьечIелщинал ригьинаризе.