Къисматги, гIумруги, кечIги

Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союз гIуцIаралдаса тIубана 85 сон  

 

 

Гьале жакъаги дун памятниказухъ 

 

 

Нус-нус соназул тарих бугеб Дагъистаналъул адабият. Гьелъул буго хасаб улка – адабияталъул улка. Гьеб улкаялъул хважаинзабилъун кколел шагIирзабазул ва хъвадарухъабазул цолъи гIуцIаралдаса исана тIубана 85 сон.

Гьеб улкаялда, зобалаздеги цIабуцIун, машгьурлъиялъул тIогьазда, бахIарчилъиялъул байрахъги парпазабулаго, чIухIадго эхетун буго 85 мегIер. Щибалъул – жиндирго къисаги, къисматги, цIарги.

Гьанибго – магIарул адабияталъул мегIерги. Гьелъул каранда жакъаги кенчIелел руго даимлъиялде роржун арал ХIамзатилги, МахIмудилги, Инхоса ГIалихIажиясулги, ЧIанкIалги, Расулилги, Фазулги, ГIабасиласулги, Заид ХIажиевасулги ва цогидалги магIарул шагIирзабазулгун хъвадарухъабазул цIарал.

Адабияталъул гучал мугIрузул байрам кIодо гьабулеб къоялъ цIакъго бокьана магIарул шагIирзабазухъе «щвезе», гьезие цоги нухалда ракI-ракIалъулаб баркала кьезе.

 

 

Байбихьана Фазудасан. МахIачхъалаялъул аслияб майданалда аскIоб бугеб паркалда Фазул памятникалъухъе гIедегIулей йиго дун — жакъа гьей гьаюраб хасалил къоялъ.

Хасало гьаюрай гьелъ жиндирго кочIолаб гъасда танщинаб хинлъи!

Йокьулей шагIиралъе рачIарал тIугьдузул махIалъухъе йорчIун ячIарай гьелъул гьаракьалъ цIидасанги рикIкIунеб бугин кколеб букIана…

 

 

«МугIрузул законал»…

 

 

Гьезие даим ритIухъайлъун хутIарай шагIиралъулгун къо-лъикIги гьабун, дун щвана гьебго майданалда, гьитIинабго ахикь вугев ЦIадаса ХIамзатихъеги. Цо хIайранаб лахIзаталъ гIенеккана гьесухъ.

ГIакъилав херасул сатириялъги, юмаралъги, « Г1умруялъул дарсазги» каранда ракIгицин кьурдизабуна.

Ва гьале дун магIарул адабияталъул гучаб мегIералъул гучаб тIогьалъул сонги, жакъаги, метерги вугев ХIамзатил Расулил памятникалда цее. ГIаданлъиялъ тIадегIанлъарав, тIадегIанлъиялъ гIадатлъарав, гIадатлъиялъ кIодолъарав, кIодолъиялъ гьитIинлъарав, гьитIинлъиялъ машгьурлъарав шагIирас цIидасанги гьикъулеб бугин ккола ВатIаналда:

— Бице, эбел – ВатIан, бице Дагъистан, МустIахъикъав вугищ дун дур цIаралъе, — йилан.

Вуго, шагIир, вуго. Бищунго борхатаб мегIералъул тIогьиб дуца парпазабураб магIарул адабияталъул байрахъ тIадегIанлъиялдаги къадруялдаги цIунун буго МухIамад АхIмадовас, Залму Батировалъ, МухIамад ПатахIовас, ТIубхIат Зургьаловалъ, ГIайшат Малачиевалъ, Сабигат ва Залму МухIамадоваз, Баху-Меседо Расуловалъ, Манарша ГIисаевалъ, МухIамад ХIамзаевас, ХIамзат ГIизудиновас ва цогидалги магIарул ва Дагъистаналъул рагIул устарзабаз. Зодихъ гвангъун бугеб дур кIудияб цIваялда сверухъ ракIарун ругел гьезул цIваязги цIикизабун буго адабияталъул дунял.

Дур шигIрабазул океаналъул чIахIиял карачелабазул кIудиял ва мустахIикъал тIирабилъун ругел гьезул, харда ккараб роол щубалъ гIадин, рацIцIад гьарулел руго цIалдолезул ракIалги пикрабиги.

 

 

Къадруяб байрамалъул хIурматалда 

 

 

Ва цIидасанги дун нахъюссана. Поэзиялъул театралде. Гьениб кIодо гьабулеб букIана хъвадарухъабазул цолъиялъул байрам.

Дагъистаналъул цIалдолезда адабияталъул байрам баркизе рачIун рукIана Россиялъул регионаздаса ва шагьараздаса хъвадарухъабигун шагIирзаби. Гьединго тадбиралда гIахьаллъана республикаялъул хъвадарухъабиги, шагIирзабиги, гIалимзабиги, журналисталги ва миллияб маданият бокьулел дагъистаниял.

Тадбир рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас.

Гьес ракIалдащвезаруна союзалъул тIоцересел галаби, бицана гьелъие нухмалъи гьабурал шагIирзабазул хIакъалъулъ.

Дагъистаналъул хъвадарухъабазда байрам баркана ва миллияб адабияталъе тIадегIанаб къимат кьуна тадбиралда гIахьаллъарал Россиялъул регионаздаса гьалбадерица.

Гьезул къимат тасдикъ ва ритIухъ гьабуна гьаб рохелалъги – Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союз рикIкIана Россиялъул Хъвадарухъабазул союзазда гьоркьоб бищунго лъикIаблъун.

 

 

РитIухълъиялъул хъаравуллъуда 

 

 

Унго-унгояв шагIирасул рагIи кидаго гIужилаб чIорлъун речIчIулаан ритIухълъи гьечIолъиялдаги, рокьукълъиялдаги, хIалихьалъиялдаги, яхI-намус билараздаги. Гьеб жакъаги буго гьедин. Унго-унгояв шагIир, хъвадарухъан даимго ритIухъавлъун хутIула жинцаго тIасабищараб заз-хъарахъалъулъги, тIегь-хералъулги цIураб нухалъе. Гьев хIинкъуларо гIумруялъул бураназукъа, къуркьуларо къисматалъе, къоларо хIалихьалъиялдаса.

Гьединаб нух тIасабищарал хъвадарухъабаздаги шагIирзабаздаги нижецаги баркула союзалъ нахъа тараб кIудияб тарих. Биччанте гьезул рагIул гIужилаб чIор жакъаги хутIизе хIалихьалъиялда речIчIулеб бакIаб гьорчолъун.