Эбелалъул гьаракь

 

Ракьалде бачIиндал, тIоцебе лъимералда дандчIвайги гьабула гьелъ. Гьеб гьаракьалъ дунялалъего бицуна жиндирго талихIалъул рохел.

 

ТалихIалда къвалги бан, гьеб боржуна зодор бищунго берцинал цIвабзахъеги. Гьезул маржаналги гьарун, жиндирго лъимадул горбода дализарула.

 

Цинги кинидеги къулун йигей эбелалъул гьаракь гаргадула лъимергун, цо гьеб гьаракьалъ лъимер беэдун толеб куцха! Гьеб гьаркьица ахIарал лъугIи гьечIел сариназ нухарегIула нилъ талихIалде данде. Амма цо-цоял нух къосун ккедал, гьеб гьаркьил талихI къуна. Гьелъул угьи-зигара рагIани, зобалги ракьалги цоцалъ къабгIила.

 

 

Унго-унгоги гьелъул букIунеб зириги зваргъиги, лъимер белъулеб мехалда. Лъимералъул талихIалда баулелъул, гьеб гьелчезе лъугьунеб куц!

 

 

ГIенекке цо лахIзаталъ. РагIулеб гьечIищ, васасул зонода къвалги бан, инагьдулей эбелалъул гьаркьил хъуди. Гьелъул гъугъадиялъ гъугъ гьабула гIумруцин, гьелъул гьелегьиналдаса лъугьараб пириги речIчIун, кьолболъанго чIурхIун рехула къисматалъул гъветI.

 

 

Гьале цоги лахIзат. Берккеялда хIинкъараб. Васасе ригьин гьабулелъул, гьелъул гьаракь кьурдулеб букIуна. Бакъул чIоразул кунчIигун жубараб гьеб рокьул дандерижилъун бессула лъималазул нусабго логолъ. Цинги цIидасанги – эбелги лъимерги. РекIел тIиналдаса роргьун рачIунел талихIалъул сариназулъ тIепун руго кIиялго.

 

 

Эбелалъул гьаракь. ГIемеркьеразулаб: хъахIабги, чIегIерабги, бохарабги, пашманабги, гъугъабги, зирарабги…

 

 

Гьелъ чIегIербала, лъималазул талихIалда балагь кIетIедал. Гьеб гъугълъула, гьезул къисматалде гъегъ байдал, пашманлъула гьеб, лъималазул талихIги къисматги, рукъ тун, къватIир хутIидал.

 

 

Эбелалъул гьаракь. Гьелда хъахIаб кьер чIвала, лъималазул талихIалда бакъул чIорал квалидал. Гьеб зирула, лъималазул къисматалъул щибаб тIанчида щубалъ расенал угьидал. Бохула, белъула гьеб, лъималазул талихIги къисматги, къватI тун, рокъоре тIад руссиндал.

 

 

Эбелалъул гьаракь. ГIемеркьеразулаб. Кинаб кьералъулдай гьеб букIараб дир эбелалъул?!

 

 

ЗахIмалъулеб буго гьелъие жаваб кьезе. ХъахIаб кьералдасаги цIикIкIун чIегIералъ гIемераб хъвай- хъвагIай гьабураб гьеб гьаркьихъ урхъараб магIу, тохлъукьего рещтIараб гIумруялъул цIороялъ гIунизарурал дир гIанабиги чурулаго, тIинкIунго тIинкIун уна ракьалде…