ШигIрабазул гIидра тIегьалеб буго

МагIарул шагIир Залму МухIамадовалъулгун дир лъай-хъвай ккаралдаса гIурабго заман буго.

Берцинаб гьурмада гьимулел зодикьерал бералги, беразул хIоринир лъедолел анищалги, гьезул гъварилъуда бахчараб балъголъиги, гьеб киналдаго тIад нурлъун гвангъун рещтIун бугеб гьуинаб гьимиги. Рокьул цIураб гIажаибаб балагьиялъ бицунеб бугин ккола гьелъул шигIрабазул гIидраялда тIегьарал сариназул.

 

ХIикматаб сихIкъотIиги тIуркIизабун, цIидасанги рагIулеб буго магIаруллъиялъухъги рорхатал мугIрузда тIавап гьабулел пахруял цIумазул рорженалъухъги, мугIрул ахалъудасан чвахулел рацIцIадал лъаразул чилиялъухъги урхъараб шагIиралъул гьаракь.

 

ВатIаналъухъ урхъи – гьеле Залму шигIрабазда чIвараб даимаб мугьру:

 

Рорхатал мугIрузул гIиял рехъаби,

ГIазулал мугIрузда тIад чIараб ритIучI,

ТIогьол байдабазда кечIгун гIанса хIинчI,

Унго, магIаруллъи, цо дур берцинлъи!

***

 

АхIулъ яхI рехичIел чIухIарал васал,

Намус цIунаразулъ цIар бугел ясал,

Иманги щулияб, исламги ккураб

Унго, магIаруллъи, цо дур берцинлъи.

 

МагIаруллъиялъул берцинлъиялдаса бергIорцIуларей шагIиралъул гьоркьо-гьоркьоб рахIат хьвезабулеб буго, цо-цо мехалда, миллаталда гьоркьоб гьечIеб цолъиялъ:

 

Цолъе, магIарул васал,

Цогиязе мисаллъун,

Цолъарал церехун ун,

Нилъ нахъа хутIун ругин.

***

 

Кин ругел, магIарулал,

Кир ругел, магIарулал,

Вацал цадахъ хутIичIеб

Хъизан бихьулеблъи лъай.

 

 

Гьаб сарин гIодулеб буго магIарулазул жакъасеб къисматалъухъ. ВатIаналъул пикрабиги, рохелги , релъиги, гIодиги, угьдиги щущан руго шагIиралъул шигIрабазул гIидраялда. Гьенир тIирщарал ва тIирщулел ругел сариназулъ дида дунгоги ятула. Дир къисматалъги магIу тIолеб буго гIолиллъиялда хадуб. Жегиги анищазулъ чверделеб бугеб гьелъ цин йосун лъола жиндирго гIурул рагIалда, цинги – гьел цIидасанги гьелчола гIумруялъул карачалабазде данде:

 

 

Дир анищазул лъар, ракъдалал соназ,

Къечон дун холелъул, гьекъезе щвечIеб.

Дир анищазул лъар, анищазул лъар,

КватIун букIаниги дихъе чвахулеб….

 

 

БотIрол расазда саву кколелъулги, каранда кIетIолеб рекIел твархи загIиплъулелъулги, хьулазул хьухьакье ккарал пикраби дагьалъги гIанчIлъулелъулги, Залмул асарал кIетIола гIумруялъул хаслихълъиялда. Гьеб бачIуна, лъимерлъиги гIолохъанлъиги цадахъ бачун. Цинги цIидасан, кьурдула анищал, хIайранал сариназул асирлъуде ккарай дие гьимула талихIалъул бакъ. Гьеле гьединаб гIажаибго берцинаб гогьаралъул накъищаз угьараб асар гьабула дие тIубачIеб рокьулги, билараб талихIалъулги, гIорцIизегIан хIохьбазе щвечIеб гIолохъанлъиялъул иццухъ тIураб магIуялъул хIакъалъулъ хъварал шагIиралъул кучIдул цIалидал!

***

 

Саназул гъаталде гъегъ бананиги,

Гъорлъан инагьдула анищазул лъар,

ТIад къанал чIван, чвахи къинабуниги,

Къин гьечIеб лъарал лъим баккула тIаде.

 

Яги:

 

РекIараб цIадутIе цIад щай балареб,

ЦIахIилал беразул нур босилалде,

ЦIваби гъараб зодоб мацI щай щолареб,

МоцIроде кIетIолеб ракI лъалхъилалде.

***

 

Ва цо заманаялдаса, пашманал пикрабиги щущазарулаго, гьале жибилан гIолохъанлъиялъул хьухьикьан баккун бачIуна, талихIалъул хIинчI, дир гIамирко хIинчI – хIеренаб, недегьаб, гIанчIаб, гогьаб лъимерлъи:

 

 

ТалихIай йикIана гьитIинаб мехалъ,

Гьури тIад кьурдулей кьурулъеги ун,

ГIодой ялагьани, бетIер сверулеб

Парсиб бижараб тIегь тIезе хIалкIведал…

 

 

Ва амма гIолилалъул гIумруялъе гьарулел бадирчIваяз тIаде цIалеб буго чIегIераб сордо:

 

 

— ТалихI, унго, талихI бачIунищ унеб?

Ялъуни кидаго аскIобищ чIолеб?

ТалихIай ятани, щай пашманлъиялъ

Щибаб маркIачIуда дир ракI къанцIулеб?

 

 

ШагIиралъул шигIрабазухъе нуцIа къиридал, дида чIвала магIарул рогьелалъул гьогьенги, йохизаюла гIидраялде ккараб рокьул щуб талихIалъул бакъуде данде кIенчIолелъулги, сири базабула къисмат бигъаразул рекIел сариназги. Гьеле гьединаб гIемеркьеразулаб шигIру буго магIарул шагIир Залму МухIамадовалъул.

 

 

Нахъойги ахIулеб буго шагIиралъ:

 

 

— КIваричIо дий гIумру, гIураб ракьалда

ГIадамал дидаса къварид ругони,

Къабуллъиларо дий бачIунеб заман,

ЙорчIами кьураца жаваб кьолареб.

Къокъаб гIумруялъул къваридаб нухда,

Къадру цIунун, дица тIамила къоял.

Къаникье индалцин, лъалелщинаца

ЛъикIай йикIанилан абулеб куцалъ.

 

 

Исана Залму МухIамадова гьаюралдаса тIубана 55 сон. ГIумруялъ кIиго щуйилаб лъолеб гьеб талихIаб лахIзаталда, дица шагIиралъе гьарула къин гьечIел шигIрабазул иццухъ талихIал сариназе даимаб чили. Биччанте гьеб букIине цIияб гIумруялъул цIияб байбихьилъун.