Шамил имамасул кагътал

 

Дагьаб цебегIан къватIибе бачIана Шамил имамас хъварал, гьесухъе хъварал, гьесул хIакъалъулъ 1836-1886 соназ хъварал кагътаздаса данде гьабураб тIехь.

 

ГIараб мацIалдаса магIарул мацIалдеги руссинарун, тIехьалда гьел лъун руго Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаевас.

 

ТIехьалда лъурал гIемерисел кагътал руго жеги кирниги рахъичIел. Гьел цIаларалго, церечIола кIудияв имамасул магIарул халкъалъулги бахIарчияб сипаталги гIагараб ракьалде букIараб хIасратаб рокьиги. ТIехьалъе хъвараб цеберагIиялда авторас рехсолел руго кагътал кодоре щвеялъе квербакъарал гIадамазул цIаралги. Масала, Яловалдаса магIарул мугьажир ЖахIбар Барлас, ГIахьалчIиса МухIамаднурил МухIамад, ГIуркIачIиса Алданов МухIамад, Гьандихъа Набил МухIамадил ГIабдурахIман.

 

Гьеб тIехьалдаса цо-цо бутIаби, хадусеб номералдаса байбихьун, газеталда рахъизеги руго.