Фазу ГIалиева гьаюралдаса — 85 сон

ГIазулаб декабралда кунчIараб цIва

 

Жакъаги рагIулеб бугин ккола гьелъул чIагояб гьаракь

Дица берал къанщидал,
Къаникь лъелалде цебе,
КъватIибе ракIги бахъун,
КъотIун жанир раккани,
Гьениб Дагъистаналъул
Сипат-сурат батила,
Сунданиги хъвагIазе.
Нахъе бахъизе кIвечIеб.
Гьадин хъвана халкъияй шагIиралъ. Гьеб букIана гьелъул кучIдузул аслияб ахIилъунги. РакIалдещолеб буго, школалда цIалулелъул, «ВатIан, мун бокьизе тIоцебе дида» абураб гьелъул кечI хоралда ахIулеб букIараб заман. Нижер гIелалъе гьеб букIана рокьулел кучIдузул цояблъунги. АхIулеб букIараб шавкъалдаги нижеца гьеб:
ВатIан, мун бокьизе тIоцебе дида
Лъицадай малъараб гьаб дунялалда?
Лъица, абадиялъ унареб хIалалъ,
Дир хIасратаб рекIелъ бикIараб дур цIар?
ТIаде щолеб буго шагIир гьаюраб къо. 1932 соналъул щуабилеб декабралда хунздерил тIалъиялда кунчIана хIикматаб цIва. Гьелда лъалеб букIун батула, жиб къобахъанагIан, санал анагIан, гвангъизе букIин. Ва, дунялалда гIажаибал лъалкIалги толаго, Фазуйилан цIар кьураб гьеб хIикматаб цIва магIарул адабияталъул гъасда даимго бакахъе хутIана. Дой рещтIана ракьалда, хъахIаб гIазул рацIцIадал ва хIеренал хIулабаз недегьго еэдулаго. Гьез гьелъул гIумруялдаги рахъана хIикматал накъишал. Ракьалдасаги дой ана, хъахIаб гIазул рацIцIадал ва хIеренал хIулабаз недегьго еэдулаго. ХъахIаб гIазу — гьеб буго тIадегIанлъи, рацIцIалъи, берцинлъи. Цебе бачIунеб буго маргьадулъ гIадаб берцинлъи — хъахIаб гIазуги, гIаздада рижарал тIугьдулги, гьеб берцинлъиялдаса лазат босулеб гьединабго берцинаб хIинчIги. Гьеб буго шагIиралъул рухIалъул хIинчI. Гьелъул кьерги гIурччинаб буго. Гьеб букIана Фазуе бищунго бокьулеб кьер.
Фазу ГIалиевалъул цIар бахъидал, цее чIола гIагараб Гиничукь росдада аскIоб бугеб майданалда, гьелъул юбилеялда, квералги гIебеде ритIун, гIагарал мугIрузда тIавап гьабизе урхъун гIедегIараб зобалазде боржун унеб цIумалда релълъарай мугIрул чIужугIадан. Гьелъул кьурдиялда рухIдаллъун рукIана доб мехалда. Гьалеха жакъаги цереса унел гьечIо дида гьел лахIзатал.
Жакъа нилъгун гьечIо халкъияй шагIир. Жакъаги рагIулеб бугин ккола гьелъул чIагояб гьаракь:
Гьаб бигъараб гIомо дир гIумру буго,
Бичизе, чучизе кодоб босуге.
Гьелда рарал гарцIал дир магIу буго,
БитIизе гьабизе тIад квер бахъуге…
МагIарухъ къанагIатаб цIар — Фазу. Фазуги гIазуги. ГIазуги Фазуги… Гьеб кIиябго рагIуда гьоркьоб бухьенго бугодаян ургъараб мехалда, цебе бачIуна цIорораб декабрь. Гьелъ ракьалде гIазугун цадахъ гьурщулеб рахIмат. Гьеб рахIматалъул тIирицин гуродай Фазуйилан кколеб буго. ГIаздаца ракьалда рахъулел гIажаибал накъишаз гIадамазул ракIазе гьабулеб хIикматаб асаралда хьолбохъго руго Фазуца гIадамазул гIумруялда угьарал накъишалги. Гьел сверана гIагараб ватIаналде бугеб кIудияб рокьиялде. Гьеб рокьиги талихIги тIадбуссана шагIиралъухъе:
Дие гьаб дунялалъ кьунщинаб нигIмат:
ТалихIалъул гъонолъ тIерхьун йиго дун…
…Дие гьаб дунялалъ кьунщинаб нигIмат
Дицаги нужее кьела, гIадамал.
Дир васият буго ва гьари буго:
Гьеб дие гIадинан бокьа нужее!
ШагIиралъул бидулъ рессун, гIумруялда чIвараб талихIаб мугьрулъун руго мугIруз жидерго тIогьазда ва каранда рикIарал, кирниги хъвачIел, амма щивав магIаруласул гъанситоялъе хинлъи кьолел законал. МугIрузул законал. Бугебдай дунялалда гьезул берцинлъи борцунеб роцен?!:
Тушманас мугIрузул гIорхъи бахани,
Бихьинчилъи- бищун лебалаб ярагъ.
Гьудул вачIанани, гIодоб тIамураб
ТIанса гIадин цебе рагьун лъола ракI.
Гьале дир мугIрузул гIадатаб закон,
Бертабалъ тIил гIадин, цоцахъе кьолеб,
Хъвай-хъвагIай гьабичIеб, амма щивасул
Бидулъе, рокьолъе кьалбал риччараб…
Хунздерил тIалъиялда кунчIараб Фазул цIваялъе цIа кьуна гьенибго кунчIараб цоги цIваялъ. ШагIиралъул шигIрабазда куркьбал гъуна ва гьезда гIадамазухъе нух бихьизабуна исана жив гьавуралдаса 140 сон тIубарав, магIарул адабияталъул классик, Дагъистаналъул халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзатица:
…Бакъул тIадегIанлъи ракьуе гIадин,
Дие хIажат руго, ХIамзат, дур кучIдул.
Дица щибаб къойил анцI-анцI нухалда
Дур хабада цебе свери бахъула.
Буртина тIад барал дур гъуждуздасан
МугIруздасан гIадин, баккула рогьел.
Дир хъахIлъулеб бетIер гIодоб къулула,
МагIу хулун уна дир канал бералъ.
Дур, ЦIадаса ХIамзат, цIадул цо кунчIи
Дир кучIдулъ батани, дудаса буго…
Гьедин хъвана гьелъ ХIамзатил хIакъалъулъ.
Ана Фазу. Ракьалда рещтIунаго, недегьго гьей еэдарал хъахIаб гIазул хIикматал хIулабаз ячунги ана гьей. Фазу ГIалиева. Гьей магIарулазе, тIолго Дагъистаналъе, хIатта дунялалъегицин хутIизе йиго гIазугIан хъахIайлъунги, гьелъул хIулабигIан хIеренайлъунги, жиндирго шигIрабаз рачунел талихIалъул бакъналгIан хIайранайлъунги, мугIрулгIан тIадегIанайлъунги:
Нилъ нухлулал руго гьаб гIумруялда,
ГIумруялъе борцун цо-цо натI кьурал.
ГIарац — месед босун, ришват кьуниги,
Рокьо гьелде тIаде тIокIаб щоларо.
МагIарул росдал сипат. ТIадбан унеб бугеб талихIаб гIумру. Гьеб берцин гьабулел магIарулал. ШагIиралъул рохалил цIураб ракIалъ ахIулеб буго:
Рии тIадбан буго дир тIалъиялда,
ТIугьдул рарщун руго, пихъал щун руго.
Щивасул кавудахъ харил къай буго,
Харицелабазул кунчI-кунчIи буго.
Рии тIадбан буго дир тIалъиялда,
ТIолабго дуниял бакъул цIун буго.
Кваранисаги бакъ, квегIисаги бакъ,
Квен лъураб гъадриниб басандулеб бакъ.
Амма рукIуна гьеб талихIалдаги гьелъул цIу­раб ракIалдаги сверухъ, моцIроде хIапдолел тур­щул киниги, хьухьарал хьухьалгун рортулел жахIдачагIиги. Гьединазул хIакъалъулъ ша­гIи­ралъ хъван руго гьадинал рагIабиги:
МугIрузул тIогьазда тIавап гьабулеб
ЦIум бихьараб мехалъ, цIацIала дур ракI.
МацIалъул халатал цIалалги хьвагIун,
Гьелъий квекIеналъе кваквадула мун.
ЦIумазул борхалъиялда ругел шагIиралъул шигIрабазда ва прозаялда «квалквадулезе» кьураб жаваблъун руго гьал хадусел рагIабиги:
КIоларо воржине дуда цIум гIадин,
МегIергIан ворхатав гьечIо мун вижун,
Бакъул гIадаб хинлъи гьечIо дур рекIелъ,
ГIурул гIадаб къуват гьечIо дур чорхолъ…
Амма заргIанасеб дур рекIелъ жаниб.
РалъадгIан гьалагаб жахIдадал хIавуз,
ХIарщудеги буссун, буго беролеб.