Инсул васигат

МахIмуд-Апандил «ТIаса лъугьа, дир вас» абураб тIехьалдаса

 

ВукIанила цо бечедав чиги, гьесул вукIанила цIакъ лъугьинчIев васги. Щибниги иш-пишаги гье­чIого, гьудулзабигун цадахъ тира-сверулев, квана-гьекъолев вукIу­на­анила гьев. Цо къоялъ инсуца гьес­да абунила:
— ГIенеккея, дир вас, мун гьанже лъимер гуро, гIолохъанчи гIун вуго. Заман щвана, гьеб ахIмакъаб хьвада-чIвадиги тун, хъизанги гьабун, гIадамазул гIадаб гIумру-яшавалда вукIине.
— Гьелъие жеги цудунго буго, дада, — илан жаваб кьунила васас.
— Кинабго гьабизе ккола, дир вас, жиндир заманалда, цо къоялъ гьадал гьудулзабаз мун, квералги рацIцIун, гIодобе рехараб чIорто гIадин тезе бегьула.
— Мун мекъи вуго, дада, гьез дун киданиги рехун толаро.
— Мун унго-унголъунги божунищ вугев гьез дур адаб гьабулин абураб жоялда?
— ЦIакъха божулев.
— Дида ккола гьеб адаб-хIурмат дур гIарцуца ккун хутIун бугин.
Дур шагьи-пара лъугIарабго, гьел духъ балагьизецин гьечIо.
— Дуда лъалел гьечIо, дада, дир гьудулзаби. Гьез киданиги дие рекIкI гьабуларо. Жакъа дир буго гIарац, метер гьезулги букIина. Жакъа дица хвезабулеб буго гьеб, метер гьезги гьабила.
— Дида дур гьудулзаби лъикI лъаларого ратизеги бегьула, амма гIумру дида лъикI лъала. Дида гIемер рихьана дур гIадал гьудулзаби ва гьел божизе бегьулел чагIи рукIунареблъи.
— Дида лъикI лъала, дада, -илан чIухIун жаваб кьунила васас. Ва жиндирго ругьунаб къагIидаялъ гIумру гьабулев вукIанила.
Эмен хьулкъотIараб куцалъ захI­матго унтула. Гьес васасда гьару­ла хъизан гьабеян, гьанжениги гIакъ­луялде вачIаян. Амма васас инсул гьари тIубазабичIила.
Хвалда цебе инсуца васасда абунила:
— Дун хвараб мехалъ, дуца дир тIадкъай тIубачIого бегьуларо.
— ТIубала эмен.
— Дуца нилъер тухумалъул къадру цIуне. Щиб кин кканиги, гьардухъги вукIунге. Тухумалъул къадру рехизегIан – хва мун. Бокьараб хIалтIи гьабе чIухIичIого. ЗахIматалъ инсан берцин гьавула, гIодовегIан гурев – кIодо гьавула.
— Ургъел ккоге, дада, дица дуца абухъе гьабизе буго.
— Божизе кIолеб гьечIо, дир вас. Дие батIалъи гьечIо мун бечедго вугониги, мискинго вугониги. Дие аслияб жо буго, цоги нухалъ абуни, дуца нилъер тухумалъул къадру цIуни. ИнжитлъизегIан хунго лъикI. Гьединлъидал бицунеб буго дуда цо балъголъи. Нахъарокъоб мокърокь бугеб чIалуялда дица бан буго гъанцIа. Гьабизесеб жо тIагIараб хIалалде ккараб мехалда, дурго къадруги цIунун, хва.
— Дур рахIатхвей гIададисеб буго, дада. Дун гьеб хIалалде киданиги ккезе гьечIо.
— Гьеб Аллагьасда гурони лъаларо, дир вас. Амма дуда дир рагIаби кIочон тоге…
Эмен хванила.
Васас кколеб куцалъ вукъани­ла гьев. Гьабунила гьесда хадуб садакъа-къулгьуги. КIикъого къо­ялъ танила мегежги. Гьеб бол­жал лъугIарабго гьев, дагь-дагь­ккун гьадабго, живго ругьунаб гIум­руялде вуссанила.
Инсуца нахъе тараб гIарац лъу­гIизегIан гьудулзабаз гьев, зо­дове вахинавун, веццулев ву­кIа­нила. ГIарац лъугIанагIан гье­зул балагьи гьесдехун хисани­ла. Гьел цере гIадин гьесухъе ра­чIунел рукIинчIила, нухда данд­чIванигицин вихьичIеб ххвел гьа­бун толаанила. ГIолохъанчияс хIа­ра­кат бахъулеб букIанила гьезул кьижараб намус борчIизабизе. Гьан­желъизегIан гьесул гIарцухъ­лъи­дал гьел квана-гьекъолел ру­кIарал. Амма цересел гьудулзабаз гьесул кIвар гьабичIила.
Гьабизе жо тIагIарал къоял щва­нила гIолохъанчиясде. Чия­да гьаризеги намусалъ къабун гьа­бичIила. Гьеб мехалда гьесда ра­кIалде щванила инсул рагIаби. Ани­ла гьев нахъарокъове. Ваха­нила бакIиде ва горбоде кIичI кке­забунила. Цинги, малги бан, бакI добехун реханила. Дагьаб ме­халъ кварида далун хутIанила гьев. Цинги, тIун кварги бачIун, чIар­бида гIодов речIчIанила…
КIичIикье габур ккезабулеб хIа­лалде гьев вачанила хасго гьадинаб лъугьа-бахъиналъ:
РагIанила гIолохъанчиясда, жин­дир гьудулзабазул цояв унтун ву­ги­лан. Гьесде ваккизе инчIого рес букIинчIила. Кин инев, кодоб-хъатикь жоги гьечIого. Вас цIакъ къваридго вихьидал, щиб лъугьарабилан гьикъанила эбелалъ.
— Дир гьудул унтун рагIула. Гьесде ваккизе ине ккола. Кин инев, гьесие босизе жоги гьечIого.
— Ургъел ккоге, — ян абунила эбелалъ. – Нилъер буго цо хутIараб ахирисеб гIанкIу. Хъвезеги хъун, бе­лъараб гьебги босун, ина мун гьу­дуласде ваккизе. Инсуца малъу­хъе, дурго къадру цIунизе ккола дуца.
Хъунила гьеб гIанкIуги. Белъараб гьеб цо дагьалъ цIорозегIан горда лъун букIанила. Гьудуласухъе инеян вас хIадурлъулаго, эбелалда лъураб бакIалда гIанкIу батичIила – катица кванан батанила гьеб. Вас цIакъго рахIатхун лъугьиндал, эбелалъ гьесие ракI-макI гьабун абунила:
— Гьеб хIалалъ къварилъуге. Гьел руго дур гьудулзаби. Дур гIарац бугеб мехалъ, гьездаса дуца щибниги хира гьабичIо. Гьанже, мун щибго гьечIого хутIараб мехалъ, цебесеб нужер гьудуллъиги ракIалдещун, гьез дуда гIайиб гьабиларо.
Васасул ракI гIодобиччанила, ва гьев унтарасде ваккизе анила.
Гьесул гьенир квана-гьекъолел ратанила киналго гьудулзаби. Амма гьез тIаде вачIарав цевесев гьудуласул кIварцин гьабичIила. Гьезда жив вичIчIилилан хьулалъ, гIолохъанчи гIанкIуялъул ккараб бицине лъугьанила. Гьелин абуни, тIад релъанхъизе лъугьанила.
— Цо кинабалиго гIанкIуялъул бицунев вуго, оцги бачун вачIине вукIарав кинигин. КъваригIун ру­кIана дур щибго гуреб гIанкIуги, цадахъго мунги нижее.
Гьеле гьелъ лъугIизабуна гIо­лохъанчиясул сабруялъул ахирисеб къатIра. Кварги тIун, гIодов ре­чIчIаравго, гьесул ботIроде гъве­гъун бачIанила месед-гIарацги ца­дахъго инсуца тараб кагъатги. Гьел­да хъван букIанила: «Гьанжени­ги ракIалдещвезаре дир рагIаби ва гIакълуялде вачIа, дир вас», — илан.
ГIемер вохиялъ васасда кIочон танила инсул рагIаби ва гьес эбелалда абунила:
— Гьанже, батIи-батIиял гьекъолел жалги росун, дирго гьудулзаби ахIила.
— Кинал гьудулзаби? – абун гIажаиблъанила эбел.
— Дирго киналго гьудулзабиха, эбел.
— Гьадаб киналдасаго хадубги дуца гьел гьудулзабилъун ри­кIкIунел ратани, дуда инсул ра­гIа­базул магIна щибго бичIчIун гье­чIо, дир вас. Дуего бокьараб гьа­бе, амма гьедин дуца гьабуни, тIо­кIалъ мун дир вас гуро.
— Гьаб месед-гIарац, эбел, киназего гIела.
— Жеги дунялалда вижичIо, ме­сед-гIарац гIун, гIорцIарав чи. Бечелъиялъе даимлъи букIунаро. Аллагьас кьола, Аллагьас нахъе бо­сунги уна. Жакъа, рес букIаго, чIу­жуги яче, дурго букIинеселъул тIа­лаб-агъазги гьабе.
— Дун ургъила, эбел.
— Ургъе. Ургъулев чиясул ракI­бу­хIуларо.
ГIолохъанчиясул ботIроде гIеме­раб месед-гIарац гъвегъун бугилан рагIидал, гьесул цересел гьудулзаби ракIаранила.
Гьел рихьаралго, гьас абунила:
— КIигьумерчагIазулгун дица гьудуллъи гьабуларо. Дир рокъобе нух къоса нужеда…
Гьелдаса нахъе, лъимал-хъиза­малъ сверунги ккун, талихIаб гIум­­руялда вукIанила гьев чи.