РачIа хIалтIизе!

Гумбет районалъул Аргъвани росдал гьоркьохъеб школалда къваригIун руго учительзаби
Аргъвани росдал школалда хутIун вуго 3-5 цIалдохъан.ХIинкъи буго школа къазе ккеялъул. Школа къараб мехалда хутIуларо росулъ гIолилал ва рес буго гIасрабазул тарихалъулгун маданияталъул рахъалъ бечедаб росу тIубанго биххизе. Гьединлъидал, МахIачхъалаялда гIумру гьабулел Аргъвани росдал гIадамаз хIукму гьабуна жидерго лъимал магIарухъе ритIизе. Росулъ гIуцIулеб буго интернат. ГьабсагIаталда гьечIо росдал школалда хIалтIизе учительзаби. Школалъул дирекциялъ меценаталгун къотIи гьабун буго республикаялдаса бищун лъикIал учительзаби ахIизе гIагараб росдал школалда хIалтIизе.
Жакъа къоялда Аргъвани росдал школалъе хIажат руго гьадинал учительзаби:
— ингилис мацIалъул
— физикаялъул
— информатикаялъул
— историялъул ва обществознаниялъул
— химиялъул
— биологиялъул
— гIурус мацIалъул ва адабияталъул
— математикаялъул.
Аргъваниве хIалтIизе вачIарав учителасе (ахIулел руго бищунго лъикIал махщелчагIи) чIобого чIезабизе буго къойида жаниб лъабцIул тIагIамаб квенги, жанир рукIине рукъзалги, 35 азарго гъурщил моцIрол харжги.
ЛъикIал шартIалги ругеб цIалдохъабиги дагьаб школалда хIалтIизе гъира бугев чи кIалъай гьаб телефоналде: 8-928-556-18-06 (ХIамзат Жамалудинов).