Гьев кидаго халкъгун вукIана

ЦIадаса ХIамзатил адабияб ирсалъулги заманаялъулги бухьен

 

17 октябралда  РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялда тIобитIана Дагъистаналъул халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзатил творчествоялъе сайгъат гьабураб ТIолгороссиялъул гIелмияб конференция. Гьенир гIахьаллъана гIалимзабиги, шагIирзабиги, студенталги, журналисталги. Конференция рагьана ва нухда бачана институталъул директорасул  заместитель А. Акавовас.

Институталъул грамматикиял цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул кандидат МухIамад МухIамадовас бицана жеги гIелмиял цIех-рехал гьаричIел шагIирасул асаразул ва Гьарадерихъ росдалгун шагIирасул букIараб бухьеналъул, гьев гьенив дибирлъун хIалтIулев вукIарал соназул хIакъалъулъ:
— ЦIадаса ХIамзатил руго жеги букIине кколеб хIалалда цIех-рех гьабизе ирга щвечIел асарал. Гьелде кIвар кьолеб буго институталъул гIалимзабаз, — ан абуна гьес.
ХIамзатил «Шамил» абураб поэмаялъул хIакъалъулъ гIатIидго бицана филологиял гIелмабазул доктор, Расул ХIамзатовасул адабияб ирс лъазабиялъул централъул нухмалъулев АхIмад МуртазагIалиевас:
— ШагIирас Шамилил хIакъалъулъ хъвана, лъикьаниги ва сункьаниги хIинкъичIого. БахIарчиясул хIакъалъулъ гьесул букIараб пик­ру хисизабизе лъиданиги кIвечIо. ГIенеккичIо гьев жинде гьарулел гIайибазухъги. Гьесда лъалаан Шамил каки — гьеб дагьабго заманаялъул ахIи-хIур букIин, — ан абуна гьес.
ДГПУялъул Дагъистаналъул адабияталъул кафедраялъул нухмалъулей, филологиял гIелмабазул кандидат Лейла Шабаевалъ жиндирго кIалъаялда бицана лъарагIазул шагIир Гъазияв ГIалилги ЦIадаса ХIамзатилги асаразул гIаммаб ра­хъалъул хIакъалъулъ.
Институталъул лексикологиялъул ва лексикографиялъул отделалъул гIелмияй хIалтIухъан Саимат Юзбековалъ рикIкIана шагIирасул ункъжугьаби.
Гьединго данделъиялда кIалъазе рахъана ДГПУялъул доцент, филологиял гIелмабазул кандидат ГIалибег ГIашурбегов, ИЯЛИялъул литератураялъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул доктор Малик ХIусенов, гьебго институталъул искусствабазул тарихалъул отделалъул гIелмияв хIалтIухъан, филологиял гIелмабазул доктор ГIамирбег МухIамадов. Гьез бицана советияб заманалда Дагъистаналъул адабият цебетIеялъул, 20-30-абилел соназ­да чIахIияб гIелалъул хъвадарухъабаздеги шагIирзабаздеги кьолеб букIараб кIваралъул хIакъалъулъ. Гьелдаса хадуб данделъиялда гIахьаллъарал гIалимзаби ЦIадаса ХIамзатил гIумруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул хIакъалъулъ бицине рикь-рикьана батIи-батIиял секцияздеги.

Шамай Хъазанбиева