ШагIирасухъ гьоболлъухъ

Умумузул нухккун вачIарав

 

Кив хIалтIаниги, жиндирго сахаватал лъалкIал тана гьенир Шамилица

ТIоцебесеб октябралда МагIарул театралда тIобитIана Шамил МухIидиновасул адабияталъул сордо. Щивха кколев Шамил МухIидинов? Хунздерил тIалъиялде рахунелъул, тIоцебе батулеб БакьайчIи росулъа жамгIияв хIаракатчи, учитель, журналист, гIалим, шагIир. РагIул устарзабаздалъун бечедаб Хунзахъ районалъул шагIирзабазул кьерда мустахIикъаб бакI ккола гьесги. Кив хIалтIаниги, жиндирго сахаватал лъалкIал тана гьенир Шамилица. ГIагараб росдал школалда директорлъун хIалтIулаго, гьес школалъул азбаралъуб гьабуна БахIарзазул аллея. Рагъдаса руссинчIел росуцоял ракIалдещвеялъе гьенир чIана махил гъутIби. Гьанже ах берцинлъун, дагьабги кIодолъун буго. Гьенибе жанибе гали лъурабго, рагIула махил гъутIбузул шуршур. Гьез цIидасанги бицуна бахIарчиго хварал васазул къиса.
ХIалтIана Шамил МухIидинов районалъул газеталъул бетIерав редакторлъун. Рижана гьенир цIиял гьурмал. «Рузман къоялъул вагIза» букIана дин цIилъулел дол соназда щибаб рокъобе щвараб багIарбакъ гIадаб лъугьа-бахъинлъун. Газеталде хъвадаризе рес щвана лъималазеги.
МахIачхъалаялда педагогикияб университеталда ва теологиялъул институталда хIалтIулелъул, хIадур гьаруна школазе гIараб мацIалъул тIахьалги.
МагIарул «ХIакъикъат» газеталда жеги «чIаго буго» Шамил МухIидиновас гIисинал цIалдолезе рагьараб «БурутI» гьумерги.
Адабияталъул сордоялъ магIарулалгун дандчIвана Шамил МухIидинов — шагIир. Тадбиралъул байбихьуда киназго сапар бухьана хунздерил тIалъиялде. ГьитIинабго видеороликалъ бицана шагIирасул гьитIинаб ватIаналъулги гьесул лъимерлъиялъулги хIакъалъулъ. Гьеб кинабго бихьизабиялдаго цадахъ, гьесул кучIдул цIалана Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХирамухIамад ХирамухIамадовас:
Дие насиблъараб, дун лъимерлъараб,
Лъай-гIакълу дий кьураб бекьечIдерил ракь.
Дие хиралъараб росдал жамагIат,
ТIезе виччаге дун дур черхалдаса…
ШагIирасда баркана ва гьесул хъвадарухъанлъиялъул хIакъалъулъ цIалдолезе бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас, шагIир Залму Батировалъ, ДНЦялъул ИЯЛИялъул директор МухIамад МухIамадовас, профессор Мансур ЗайнулгIабидовас, росуцояз, цIалдохъабаз, БакьайчIи росдал школалъул директор ПатIимат ХIадисовалъ, ГIарада гьоркьохъеб школалъул учитель ГIарапат Гьудовалъ ва цогидазги. ГIарада ва БакьайчIи школазул цIалдохъабаз цIалана шагIирасул кучIдул. Гьесул рагIабазда мавлид ахIана Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХIамзалав ХIамзаловас. ГIенеккаразе лъикIаб асар гьабуна бекьечIдерил лъималазги, Гъизилюрт шагьаралдаса Сарат МухIамаевалъул цIалдохъабазги ва жийго учителалъги рикIкIарал Шамил МухIидиновасул кучIдуз. Гьесул поэзиялъе тIадегIанаб къимат кьуна тумазул шагIир Хизри Илясовас. Гьесго тумазул мацIалдеги руссинарун руго Шамилил кучIдул.
ЦIалана шагIирасги жиндирго кучIдул. Гьезулъ рагIулел рукIана гIагараб ракьалдеги лъикIал гIадамаздеги рокьиги, миллат дунялалда рагIизабурал гIадамаздаса чIухIиги, бидуца ва къалмица бечедаб тарих хъварал магIарулазул тIадегIанлъиги. РакIунтун бицунеб букIана шагIирас билараб намусалъулги, тIагIараб гIаданлъиялъулги, гIаданлъи гьечIолъиялъул савуялъ чIурхIун лъолеб бугеб гIумруялъулги хIакъалъулъ. ГIемераб жоялъул пикру гьабизе тIамуна шагIирас. Гьесул гьунаралъ гIенеккаразда цебелъуна аслияб суал: инсанасул гIумру берцинлъизе бищунго къваригIунеб намусалъул багьа учузлъиялъе гIилла щиб?
Тадбиралъул ахиралда «Хунзахъ» гIуцIиялъул председатель АхIмад ХIусеновас киналго ахIана театралъул жанахIалде мугь квине.
Гьеб букIана магIарул адабияталъулги маданияталъулги унго-унгояб сордо — гIагараб каламги, умумузул квенги, цоцаздаса рохарал гIадамалги.
ХIадур гьабуна Шамай Хъазанбиевалъ.