Ахирисеб хIукму

Къад зирхун роцIараб зоб къасиялде кьерхана.

ХIинкъаби кьолеб гIадин кьурдизе лъугьана пири. ГIинкълъуледухъ кьвагьдана гъугъайги. ЦIодорго галабиги росулаго, сверухълъиялде хIинкъарал бералги рехулаго, кIиго чухъилав азбаралъул сангаралда аскIоре рачIана. Гьаниб букIана Асадулагьил кIитIалаяб мина. Цойги нухалъ сверухъ инсан вихьулищалиги валагьун, цеве вукIарас телефоналъ ахIана:
— Ле, Асадулагь, чара гьечIого дуда дандбазе жо буго. Рагъиде щай вахъунарев?
Цо лахIзаталдасан жавабалъул бакIалда минаялъул гъоркьияб тIалаялдаса нуцIил къири бахъана. Гьеб параялъго, гъугъаялда данде ккезабун, цояс автоматалъ, хадув вачIунес танчица кьвагьана. Асадулагь нуцIикIалтIе шапун ана. Гьал рагъидеги ралагьун лъалхъана. Асадулагь гIодов ккаралъуса вагъаричIо. Цевехун вугес нахъеги бераз сверухълъи хъирщана. ЧIагояв инсан вихьичIо. Нахъеги зодихъ гъугъаялъул кьвагьи бахъана. КIиясго ярагъ азбаралъубе хьуризабуна. Цинги гьал, къунш-къуншиялда бецIаб къотIнорехун тIерхьун ана.
ЧIварав Асадулагьил азбаралде нахъисеб къоялъ радалго ракIарун рукIана гьеб рахIму-цIоб гьечIеб ругьел щварал райцентралъул гIадамал. Гьел нахъе къазарулел, азбар тун къватIире гочинариялъул хIаракаталда ругоан полициялъулалги.
— Абураб жого босуларел кинал гIадамал нуж, — абун мех-мехалъ данделъаразде борхатаб гьаркьидалъун ахIдолев рагIулаан районалъул полициялъул бетIер, майор ТIагьиров. – Я гъарималха, нужеда абураб жоги гьабун, цIех-рех гьабулезе квалквалги гьабичIого, нуж азбаралъуса къватIире ая!
— Гьая, гьая нужерго ишалде руссине заман щвана, — ян, гьоялда хадуб рехулеб гамачI гIадин, майорас данделъарал нуха регIулел рукIана. Чангоял гулла щвараб къедаса гьел рахъулел, гъурараб цIорол рагъи рукIалиде ккезабулел рукIана. ТIагьировас прокурорасе киналъулго баян кьезе хIаракат бахъулеб бугоан амма гьесдаса дагьаб гурони къаси ккаралъул хIасил лъалеб букIинчIо.
Азбар тезегIан майорас прокурор нуха регIана. КIиясего гьаб лъугьа-бахъин букIана рекIелъ къараб ханжаргIан бегIераб. Гьадинаб иш районалда цебехун киданиги ккун букIинчIо.
Прокурорасул гIалагъважа жаниб багъулеб ботIрода босизе кIолеб букIинчIо лъица Асадулагьиде квер борхарабали. ГIадамазда гьоркьоб гьесул цIар букIана «гIакъилав диванчийин» абураб.
Прокурор нухарегIарав майор нахъвуссана. Гьесда вихьана данде вачIунев Лабазан. АскIове щваравго Лабазаница мутIигIаб лимхIараб гьимигун хъат гIебеде битIана.
— Гьалмагъ майор, лъабго гулла къадалъа бикIизе кIванаха, — ян гулби ругеб хъат ТIагьировасда цебе ккуна. Дида ккола гьел батIи-батIияб яргъил гулби ругилан.
— Воре, къимат кьезе гIедегIуге, — илан майорас Лабазанил «давла» кодобе босана ва кIваркьун гьезухъ валагьана. Лабазан иргадулаб буюрухъалъухъ валагьун хутIана.
— Лабазан, гьанив хъаравуллъуда цо полициялъулавги те. Гьал тохтурзабазул машинаялъ больницаялде экспертизаялъе жаназа битIизе кумекги гьабун, сагIаталдасан дир кабинеталде данделъизе нилъерго хIалтIухъабазда лъазеги гьабе. Дун нужехъ валагьун чIела.
ТIаде бегараб масъалаялъул бакIлъиялъ майор кIотинавун вукIана. Киданиги рагIичIеб гьаб балагьалъ виххизавун, рукIалиде вачIунарого вугоан гьев. ТIагьировасда кколеб букIана гьеб гьоркьоб лъезе данделъаби гьарунагIан лъикI букIинин, бахIсазул гучалъулъ лъугьа-бахъиналъул бегIерлъи-бухIи сун инин ва жиндир рекIееги бигьалъи ккелин.
Цо-цоккун тIаде лъугьун рачIана полициялъулал. Гьезие вагIза гьабулелъулги гьасда цебе чIолаан борхатаб, тIубачIого рес гьечIеб хIакимасул амруяб калам. Гьелъ гьавги лъугьунаан, заралги столалда тIад тенкезарун, жиндир кверщаликь ругезда гьезул загIипаб хIалтIуде кIвар буссинабизе. СагIаталдаса цIикIкIараб заманалда гьез дандбалеб букIана кин рагьилеб гьаб такъсиралъул кIул гьечIеб нуцIа.
Надалдаса бачIараб гIетIги бацIцIунаго, къватIире лъугьунел рукIана полициялъул хIалтIухъаби.

— Лабазан, мун дагьалъ лъалхъея…
Цинги киналго къватIире ун хадуб ТIагьировас, аскIовеги вачIун, хIеренго гьесул гъажалда квер лъуна. Зазихарал цIахIилал бералги гьасда речIчIизарун, полициялъул бетIерас гIодоцараб каламалъ абуна: — Дир дуе цо хасаб тIадкъай буго. БичIчIулищ?
Рокъоб бакIаб сихIкъотIи лъугьана.
— Гьаб такъсиралъул пикру гьабе, ургъун вихье, киналъулъго мухIканлъи лъазабе. Гьанже а.

ХIажалъи дагьасда талихIалъ къвал бала

Цудунаб радал мех. Сордоги рокъоб бан, кIиявго вац ГIимранги Халидги гIиял къавуде унел ругоан. Школалъул каникулазул заманги букIун, дагьабниги жидерго мискинаб рукъалъе кумек букIинеян жамагIаталъул гIияде хьвадулел рукIана. Чернобылалдаса вуссун заман бахъилалдего хварав инсул пенсиялде тIаде гIияда хадур ун щвараб гIарацги гьазие кумекалъе чIолаан. Цин цебе кIанцIун, цин хадуб бекерун, гьаздаса рикIкIалъичIого унеб букIана бацIгъанкъ Аргъутги. ХIакъикъаталда гьазда абизе бегьулаан лъабго ракIбикьарав гьудулилан. КIиго километралъниги эхедераялъ мегIералъул кIал гIадин бугеб, кьурул сирталъ цIунараб нохъода букIана гьазул гIиялкъай. ГIиязул рехъен гьитIинабго авлахъалдехун гIедегIана. КIиябго гьой сандирахъалда хIапдолаго гIияда хадуб ана. ГIухьбузул тIилалги росун, гIумруялъул хIалбихьи щварал гIухьбуца кинниги, къиматалда гьелги гIунтIун вацал гьаругьинан хадур рилълъана. Радалго чIамучIлъи тIаса босизейин Халидица чвантиниса бахъана телефон ва бакъаназухъ хIалуцун, хIасрат бергьун шавкъалда цIалулеб кочIол мухъазухъ гIенеккана кIиявго.
— АхIулеб кечI гьечIищ дур гьелда хъван? Валагьун вихьея. Гьадинги кьерхараб дуниял кьочIолъе баккизегIан буччизабичIого те абун, махсарадего гIадин рехана ГIамирица. Халид сихIирго гьесухъ валагьун хутIана. Цинги буртIинкилщица гиризабуна телефоналъул гьитIинабго чарх. РоцIараб борхатаб гьаркьидалъун харибакIалда йигей ецарухъаналъ кинигин ахIулеб кочIоде тIаде ккана. Халид гъоркьанго кIудияв вацасухъ валагьана.
— Гьаб бегьулищ дуе? — ян гьимана гьитIинав.
— Гьебги бегьила.
— Гьалдаса лъикIаб дир гьаниб хъван гьечIо, дир кIудияв вехь, — ан велъанхъулаго, телефонги къан, Халидица швантIих бахъун бачIана.
Гьедин махсара-хочIалда майданги нахъа тун, гьал щвана мугIрул лабаллъиялде. Хуриб хьвалеб хьон кинигин рихха-ричун ана гIиял рехъен. КIиявго гIодов чIана ва, хъатиниб лъураб гIадин, гьазда цебе чIана гIор бахун добехун бугеб кIудияб росу. ГIадамазул рагъа-рачари, гьезул данде ракIари цоги къояздаса цIикIкIараб бугоан жакъа.
— Щиб букIаниги ккун батизе буго доба, — йилан ГIамирица рахъун рачIана жиндирго таргьиниса дурнаби. Гьелги беразда чIван, тIадеги жубана:
— Валлагь цо хIапу-чапур бугилан ккола.
— Воре, воре, дихъеги валагьизе кьея.
— Дун гурхIиледухъ гьареха, — ан гапилго гьасухъ валагьана ГIамир.
— ГIемер гурхIел-цIоб цIикIкIарав чи вугелъулищ, — ан къун чIечIо Халидги. Вацасухъа гьелги росун, Халид гъираялда кIудияб росулъехун валагьана. Гьасда якъинго бихьулеб букIана руччабазулги бихьиназулги рахIатхвараб хьвада-чIвади.
— Ле ГIамир, гъоба рагъул гIаламат бихьулеб буго дида.
— Щиб, гьел ратIа гьаризе ине къасдцин гурищ дур бугеб?
— ГIиязул тIалаб дуца тIаде босани, – йилан вацасда тункизабизехъин букIана гьас. Гьеб бичIчIарав кIудияс циндаго чIезавуна гьев.
КIудияв вац хаслихъе армиялде ине хIадурлъулев вукIана. Эбел унтарай гIадан йикIун, щибаб соналъ нахъбахъун тана гьав армиялде вачин. Лъадиги доваса нахъвуссинчIого ячинарин чIун вукIана гьев. Эбелалъги гIагарлъиялъги гIемер гьарулеб букIана гьасда ригьинги гьабун, гьелдаса дагьабниги пайда нусалъул рукъалъеги букIинин абун. Амма ГIамир гьелда разилъичIо. Армиялдаса хадуб росдал магIишаталъул академиялде цIализе лъугьинги бигьалъила. Гьуинал пикрабаз керен цIурав ГIамирица гъваридго угьун биччана. Мех-мехалъ гьасул каранлъ бухъардулаан, эмен нахъе вукIаравани, гьадин ятимго жал хутIилароанин абураб пикру. Рес бугезул гIумру бихьидал гьитIинабго букIаниги жахIдаялъул цIадуца бухIизабулаан ракI. ГIамир вукIана рокъов киналъулго тIалаб-агъаз гьабулев, гьавудулев гIолохъанго гIакълу-лъай босарав вас. Гьасда гьикъичIого я эбелалъ, яги вацас щибниги гьабулароан. Гьасул рагIухъ гIенеккизе, малъаралъе мутIигIлъизе хIадурав вукIана Халид. Махсара-хочI гIемер гьабуниги, кIудиясул амруяб каламалдаса кьурулароан гьав. Гьединавлъун гьитIинав вас гIолев вукIиналдаса йохун, хIатта чIухIунцин йикIунаан Жарият.
ГIарип Расулов