ЦIадаса ХIамзат гьавуралдаса – 140 сон

Салам, Жамбул

1939 соналда Москваялда тIо­битIараб ТIолгосоюзалъул росдал магIишаталъул выставкаял­де делегатлъун витIун вукIун ву­го ЦIадаса ХIамзат. Делегатазе бетIерлъи гьабулеб букIун буго Ха­шаев ХIажимурадица. Гьелъул хIакъалъулъ хадуса бицана выставкаялда делегатлъун вукIарав Хунзахъ Сталинил цIаралда букIараб колхозалъул колхозчи, цевесев илхъичи МухIамадов МухIудадаца. (Гьесда росдал гIадамаз АтахIин абула).
ХIамзатие бокьулеб букIун буго батIи-батIиял павильоназде щвезе, гьес щибалъе кьолеб букIун буго тIадегIанаб къимат ва жиндиего хъвай-хъвагIайги гьабулеб букIун буго.
– Бихьуларищ, АтахI, дуда улкаялъул гуч, гьелъ гъурал меседил куркьбаз рещтIинабун буго гьаб бечелъи нилъер тахшагьаралда, макьилъцин букIине рес гьечIо гьадинаб хIалкIолъи. Гьале, гьудул, доб алжан. Рилълъа гьаниса нахъе, цощина берцин ккезе гурин гуржиязда, – ян велъун вуго шагIир.
– Рилълъа, илхъичи, гIeмерал гIадамал данделъараб бакI бихьулин доба, щиб лъалеб, гьадинабго бакъул дунял добаги батизе бегьула, – ян дун ХIамзатица кваранаб рахъалде сверизавуна.
Гьенивехунго валагьун вачIунев вугоан кутакалда къачIарав щуго гIoлохъанчи. Гьез хIурматалда гьоркьов вазавун вачIунев вугоан ни­лъалда мегеж тарав цо херав чиги. Рикьа-риххизе гIолохъабиги гьарун, аскIовеги вачIун, магжилас ХIамзатида къвал бана.
– Саламалейкум, ХIамзат!
– ВагIалайкум салам, Жамбул! – ан ХIамзатги гьесда хурхана.
ЛъарагI чIван, гIypyc чIван, магIарул мацI чIван, гьел гIемераб мехалъ хабар-кIалалда рукIун руго, гьезда гIажаиблъи гьабун аскIор ругелги рукIанила. Казахазул, шагIирас къвалги бан, ХIамзат горсверулъа нахъе вачун ана, хадур нижги ана. Жамбулица ХIамзатида бичIчIизабуна жалго цо бакIалде ине кколел рукIин ва къаси данделъилин. Гьеб къоялъул къаси Жамбулица дагъистаниял жиндихъего гьоболлъухъ ахIун руго. Хашаев ХIажимурадил кумекалдалъун шагIирзаби цоцада ричIчIун руго ва рохалилаб ахIвал-хIалалда жидерго кучIдул цIалун руго. ХIамзатица жинде гьабураб кечI цIалигун, Жамбул Жабаев вохун вуго ва гьеб бакIалдаго гьес ХIамзатидеги гьабун буго кечI.
– Жакъа кино бахъизе бугилан абулеб буго, киналниги гьунарчагIи майданалде рахъине рагIула, бицен буго гьенире кIудиял хIакимзабиги, хъвадарухъабиги, цогидалги рачIине ругин, – абуна Хашаев ХIажимурадица. – Кьурдизе лъачIониги, квералги гIебеде ритIун, ххвелал гьаризегIаги лъаларев чи магIарулазул вукIунаро, бох гьечIониги, гьеб дихъаги бажарула, тIад бугеб ратIлица рахъинарула нилъер кьурдухъаби, бажарараб жо гьабизе ккелаха.
– Дагьа-дагьабниги гьарс бачине нижедаги лъазе бегьула. ХIажимурад, дуца кумек гьабеха лезгинка ва цогидал, нилъеего данде кколел бакънал рачинаризе, – ян гьиманин ХIамзатин бицана АтахIица.
Гьеб данделъиялда кьурдизе вахъана ХIамзат. ШагIирасде данде кьурдизе яхъана цо берцинай, данде кколеб ретIел ретIарай яс. ХIамзат кьурдизе цIакъав вукIана. Гьесда гIадин къаркъала кквезе кIолев кьурдухъан ватизе къанагIатаб жо букIана. Гьев кьурдулаан гIодове виччан ва свакалароан. Кинав вугониги кьурдухъанасе рокьи кьолей яс дандияйги йикIинчIо. Кьурдун вахъана ХIамзат. Халкъалъ кутакалда хъатчIвана, Москваялъул ясаз шагIирасе кьуна тIугьдул. Нахъаса къотIи гьечIеб хъатил гьаркьаз шагIир цоги нухалъ кьурдизе ахIулев вукIана. ТIадеги вахъун, халкъалъе баркалаги кьолаго, гьес дун цеве рехана. Диеги мусудуз гIемерал тIугьдул кьуна.
– МухIудада, диде данде кьурдулей йикIарай ясалъул сипат-сурат лъалищ дуда? – ян цIехана ХIамзатица.
– Лъала, ХIамзат.
– Дуралъулго лъалищ?
– ЦIакъ лъала, ХIамзат.
– Гьедин батани, гьаб кIиябго тIогьол гул кIияйго ясалъе кьезе а, – ян абуна ХIамзатица. Дица гьесул мурад тIубазабуна. Ясаз баркала кьуна нижее.
Выставкаялъул ахирисеб къоялъ Хашаевас нижее ихтияр кьуна Москва шагьаралда тира-сверизе ине. Нижеда тIад букIана гIадатияб ретIел. Цо чIухIараб къотIносан унаго, къан гъежги ккун, дун лъалхъизавуна ХIамзатица.
– Гьаб къватI бугин ккола дида доб, – ан абуна гьес.
– Кинаб къватI, ХIамзат?
– Тамашаяв чи вуго, MyхIудада, мун, Хъвадарухъабазул союзалъул кIалгIаби ругеб къватIха!
– ЦIехезе бугоха, ХIамзат.
– ЦIехезегIаги цIехезе бугоха, дуда мацIги лъикIго лъалеб батилин.
– Валлагь, гьудул, ХIамзат, дидаги къанагIатал рагIаби гурони лъаларо.
– РагIабицин лъаларев дида данде дуцаго мадар гьабилеб батилин, гьадай данде ячIуней хIурулгIиналда гьикъе.
– Йо, Mapуca. Союз писатель дом где есть? – ан гьикъидал, гьей гьимун йиго.
– ХIамзат, гIайиб гьабуге, дида мун кватIун гурони лъачIо, дунги гьаний цIалулей йигей магIарулай ккола, – ян, ХIамзатихъе квер кьун буго гьелъ.
– Рилълъа, щвезарила нуж Хъва­да­рухъабазул союзалде, – ян ХIамзатида гъеж хуна гьей ясалъ.
Гьеб кIалгIаялъуса къватIиве цIакъ рази-ракиго вачIана ХIамзат.
– Гьале, вуссана дун, тIубана хIажат, цо материал кьун букIана гьанибе, xIалчIахъаги азул, рилълъа гьанже нилъ бокьараб тукеналъ къабул гьаризе руго, анкьнусго гъуруш батана дие хъван, – ан абуна XIамзатица.
Цо кIудияб тукада шагIирасда ратун руго батIи-батIиял кьеразул чиллайдул куназул квертIеричал ричулел. Гьездаса вохун вуго ХIамзат.
– Кутакалда битIана гьанже сапар, гьале цIигьулдерил ясазе кьезе унго-унгояб сайгъат, – абун, гIезегIан квертIеричал кьеян абун гьес.
– TIacaлъугьа, тIокIаб кьезе бегьуларо, – ян абун буго тукенчIужуялъ.
– Нужеца гьалда бичIчIизабе дун даранчи гурин, ва гьал кьезе дир гIагарлъиги лъималги гIезегIан ругин.
Цадахъ рукIараз тукенчIужуялда бичIчIизабуна ХIамзат выставкаялде вачIарав делегат вукIин.
– TIacaлъугьа, бокьанагIан росе, – ян тукенчIужуялъ шагIирасул къвачIа цIезабун буго.
– АтахI, духъ гIарац батичIони, дица кьела, босе кун, – ан дидехун вуссана шагIир.
Дица ХIамзатие баркала кьуна, – ян лъугIизабуна гьес хабар.

1987 сон,
МухIамад Хъайтмазов