Гуржиязул хъвадарухъан Илья Чавчавадзе гьавуралдаса 180 сон тIубаялде

«ХIасратаб алжаналде ине цIакъ бокьун буго…»

 

Исана 180 сон тIубала цIар рагIарав гуржиязул жамгIияв хIаракатчи, хъвадарухъан, шагIир ва публицист Илья Григорьевич Чавчавадзе гьавуралдаса. 1857–1861 соназда гьев цIалулев вукIана Санкт-Петербургалъул университеталъул юридикияб факультеталда. Ункъабилеб курсалда вугев чи гьев гьениса нахъе гьавуна, студентазул багъа-бачариязулъ гIахьаллъи гьабунин абун ва тIадвуссана Гуржистаналде. 1864–1868 соназда Чавчавадзе вукIана Типлис губерниялъул Душети уездалъул сулхIалъул гьоркьохъанлъун, хадув, 1874 соналде щвезегIан, гьебго уездалда сулхIалъулав судиявлъун. Гьебго заманалда гьес цебехъанлъи гьабулеб букIана гуржи халкъалда гьоркьоб лъай тIибитIизабиялъул жамагIаталъеги. 1906 соналъул 7 апрелалда дворяназул жамагIатазул рахъалдасан Илья Чавчавадзе вищун вукIана Россиялъул империялъул Пачалихъияб советалъул вакиллъун.
1907 соналъул 30 августалда Илья жиндирго лъади Ольгагун цадахъ рагьараб гьакидаги рекIун, инев вукIана Типлисалдаса Сагурамоялде. Цицамури абураб росдада аскIоб гьезие гъоркьчIел гьабун батана Гигли Бербичашвили абурав хъачагъасул яргъид гIуцIараб къокъа. Хъачагъаз гьоко чIезабураб мехалда, Ильяца, тIадеги вахъун, гьезда абунила : «Дун Илья вуго, речIчIуге», – ян. «Мун Илья вукIиналъха нижеца речIчIизе кколеб», – ан жаваб кьола Гиглица. Гьедин лъугIана Гуржистаналъул гьайбатав вас, кIудияв шагIир ва хъвадарухъан Илья Чавчавадзел гIумру. Гьесул хоб буго Типлисалда Мтацминда абураб машгьурал гуржиял рукъулеб пантионалда.
ГьитIинго бижула Илья Чавчавадзелъ тIахьазде рокьи, лъазабула кIалзулаб халкъияб гьунаралъул, миллиял адабияталъул асарал, байбихьана хъвадаризе. Жеги 1857 соналдаго «Цискари» («Гвангъи») абураб журналалда Чавчавадзеца бахъана чанго гьитIинаб кечI. Хадур гьесул асарал рахъулаан «Дроэба» абураб газеталдаги, «Кребули» абураб мажмугIалдаги, жинцаго гIуцIарал «Сакартвелос Моамбе» («Гуржистаналъул илчи») ва «Иверия» абурал журналаздаги. 25 соналъ Чавчавадзеца нухмалъи гьабураб «Иверия» журналалда 1895–1896 соназда бахъун бу­кIа­на Сосо абурав шагIирасул анкьго кечI. Гьеб тIокIцIаралда гъоркь хъвадарулаан Динияб семинариялъул цIалдохъанлъун вукIарав Сталин.
Унго-унгоги Илья Чавчавадзел адабияб хIаракат байбихьула Петербургалъул университеталда цIалулев вукIарал соназда. Гьеб заманалда гьес хъвана «Гуржи улбул», «Гурди студентазул кечI», «Муша», «ШагIир», «Виччанте дун хвезе, дун хвалдаса хIинкъуларо» абурал ва цогидалги лирикиял кучIдул. Гьеб мехалдайин Чавчавадзеца гуржи мацIалде руссинарурал гIурус ва Европаялъул авторазул асарал: А. Пушкинил, М. Лермонтовасул, И. Гётел, И. Шиллерил, Г. Гейнел, Д. Байронил, В. Скоттил, А. Шельел ва цогидазулги.
Зама-заманалда гуржи газетазул гьурмазда раккулел рукIарал жиндирго макъалабазда Чавчавадзеца цIунулеб букIана гуржи мацIалъул, миллияб адабияталъул ва школалъул ихтияр, цевевахъунев вукIана Гуржистаналда билълъанхъизабулеб букIараб гIурус хIукуматалъул колониалияб политикаялде данде. Гьесул макъалабазул кIудияб къадар сайгъат гьабураб буго адабияталъул, сангIаталъул, халкъияб лъайкьеялъул, педагогикаялъул, халкъазда гьоркьосеб политикаялъул, социалиябгун экономикияб цебетIеялъул ва миллияб культураялъул суалазе («Гуржи адабияталъул хIакъалъулъ кагъат», «Акакий Церетели ва «ЦIиркъил цIакилъ багьадур»», «Миллат ва тарих», «Педагогикаялъул кьучIал» ва ц.).
Илья Чавчавадзел лирикаялъулъ аслияб бакI ккола ватIаналде, халкъалде бугеб рокьуца. Халкъалъе хъулухъ гьабиялъулъ бихьулеб буго гьесда шагIирасул гIамалалъун ккураб пиша. Гьесул «программиял» шигIрабазулъ шагIир дандекколев вуго бецIлъиялда жаниб халкъалъе канлъи кьолеб гIоркьидачирахъалде («ШагIир»). Гьес гIемерго гIатIид гьаруна гуржи поэзиялъул тематикиял гIорхъаби, гьенире жанире патриотикиял ва ватIанчилъиялъулал пикрабиги рачун («Гуржи студентазул кечI», «»Кинидулаб», «Хирияб ватIан»). Чавчавадзел лирикиял асаразул аслияб къадар сайгъат гьабураб буго социалиял ва патриотикиял пикрабигун цолъизарурал гIагараб тIабигIаталъул суратал рихьизариялъе («Къварелиялъул мугIрузе», «Гъурбаталда», «Кураялъул рагIалда», «Алазаналде»). «Къварелиялъул мугIрузе» абураб кочIолъ авторас бихьизабулеб буго ВатIаналде, гьелъул гIадамазде бугеб жиндирго хIасратаб рокьи, гвангъун ва гъваридго рагьулел руго захIмат хириял гьелъул гIадамазул сипатал. ШагIирасул сатирикиял кучIдузулъ («Кин букIараб ялъуни ХIХ гIасруялъул Гуржистаналъул тарих», «Жавабалъе жаваб» ва ц.) какулеб буго аполитикияб, кIигьумерчилъиялъулаб, ватIаналъул ургъел гьечIеб, гьелдехун мугъ рехараб гуржи дворянлъиялъул цо бутIа. Илья Чавчавадзел поэмаби («Хъачагъазул гIумруялдаса эпизодал», «Янгъизав» ва ц.) рикIкIуна ХIХ гIасруялъул гуржи эпикияб поэмаялъул бищунго лъикIал мисалазул цояллъун. Гьенир авторас жиндир заманалъул суалазда цадахъ рорхулел руго тарихиял темабиги. Чавчавадзе рикIкIуна гуржи реалистикияб художествияб прозаялъе кьучI лъурав хъвадарухъанлъунги («Сапарчиясул хъвай-хъвагIай», «Гьев инсангIаги вугодай?!», «Гьардухъанасул хабар», «Отарил къоролай»).
Илья Чавчавадзел асараз кьучI лъуна цIияб гуржи адабияталъе. Гьесул асарал руссинарун руго дунялалъул гIемерал мацIазде, гьезда гьоркьор ГIадало ГIалиевас магIарулалдеги.

Кура гIорул рагIалда

Гьале нахъосаги согIаб Кура гIор
Ццидалъ унеб буго дида цебесан,
Гьелъул бубуялъулъ бихьула дида
Дирго ватIаналъул зобалазул сас…

Нахъоги рещтIана рекIелъе чIалгIен,
БорчIана некIсияб ургъел каранда.
ХIабургъун гьулчулел карачалабаз
Бачун унеб гIадин, инагьдана гьеб.

Гьале щакдарабаз буго гIадалнах
Нахъоги чIинтIулеб, тIадеги раччун.
Басриял ругъналги руго ссудилел,
Угьдулеб каранда нахъоги цIилъун.

Дир араб чIаголъи чIван лъураб гIадин,
Дун гIарзалда вуго карачелазда…
Огь, гьайбатаб заман! Ана мун тIаса,
ТIокIаб буссинаро мун дир рекIелъе.

Нус-нус соназ эхей унеб гьаб гIоралъ
ХIурлъун биххизабун тIагIун ана мун!
Кура гIор, Кура гIор, гIолел наслабаз
ГIинтIамеян абе дир угьдиялъухъ!

ШагIир

Дун хIинчI гуро, гьудул, гьадинго дийго
Дица киданиги кечI ахIуларо.
Копое рачунеб беричал бакънал
Бакъул дунялалда дий бегьуларо.

Гьайбатал зобаз дун вищула тIаса,
ТIамула жиндирлъун лъугьине халкъалъ.
Хадуб миллат цIазе, цIвалъун гвангъизе,
Гаргадула даим дун лъов Аллагьгун.

Гьесул кагьруялъул кутакаб цIаялъ
Керен боркьулареб кьоларо дий къо.
Къваридаб мехалъги рохелазулъги
Халкъалдаса тIураб тIамуларо гIуж.

ГIадамазул ругъун – гьеле дир ругъун,
Гьезул гIакъубабаз къакъала дир рухI.
КъвакIараб ракIалъул бакIал ургъелал
РукIуна халкъалъул къисматгун цолъун.

Гьединлъидал, гIодоб ракьалде лъугьун,
Боркьула дир рекIелъ зобалазул цIа.
Ва гьеб мехалъ кочIол квербацIцIалъ дица
БацIцIуна халкъалъул бадиса магIу.

Гьумер хIадур гьабуна
АхIмад МуртазагIалиевас.