Рисалатазулъ бицараб бахIарчияб гIумру

Жинца хъвараб кагътида жаниб гIадин рагьуларо гьелъул авторасул пикраби…

 

Ахираб заманалда, гIемерал гье­чIониги, къватIире рачIине байби­хьун руго магIарул мацIалда хъва­рал Шамил имамасул, Кавказа­лъул рагъазул темаялда хурхарал тIахьал­ги мажмугIалги. Дагьаб цебегIан гьединаб иргадулаб тIехь щвана цIа­лулезухъе – «Шамил имамасул лъималазул кагътал» абураб. Гьеб ккола кIудияв имамас 220 сон тIубаялде сайгъат гьабураб басма. Гьелда руго 1863 соналдаса 1904 соналде щвезегIан имамасул хъизамалъул вакилзабаз цоцазухъе ва гьединго гьезухъе цогидаз гIажамалъ хъварал кагътал. Гьезул аслияб къа­дар ккола ГIусмани империялда гIумру гьабулел рукIарал Шамилил васал ГъазимухIамадицаги МухIамадкамилицаги Россиялд­а ху­тIарав жидерго гьоркьохъев вац Му­хIа­мадшапигIихъе хъварал кагътал. МажмугI данде гьабуна ва басмаялда бахъана Дагъистаналъул халкъияв шагIир, филологиял гIелмабазул кандидат МухIамад ХIам­заевас. Гьеб мажмугIалъул кIваралъул, гьенир кьурал кагътазул хIакъалъулъ бицунаго, жиндирго цеберагIиялда Му­хIамадица хъвалеб буго гьадин: «Гьанжесеб Дагъистаналъул жамагIаталъе, хасго магIарул чиясе кIудияв имамасул гIумруялда хурхарабщинаб жоялъул бугеб кIварги хIисабалде босун, хIукму ккана Шамил имамас 220 сон тIубаялде гьал кагътал басмаялда рахъизе. Гьелдаго цадахъ гьезулъ бу­геб материалалъул буго кIудияб къи­мат гуманитарияб гIелмуялъул батIи-батIиял рахъазеги: тарихалъе, адабияталъе, мацIалъул гIелмуялъе, политологиялъе, культурология­лъ­е, этнографиялъе ва гь.ц. Кагътал цIа­ла­раб мехалда, бихьулеб буго Шамилил лъимал тIадегIанаб культурая­лъул, камилаб гIелму-лъай щварал, исламияб тарихги, аварагзабазул къи­сабиги, шаргIалъул къануналги лъалел чагIи рукIараблъи», – ян.
ТIехьалда кьун буго кинабниги 74 кагъат:
– ЧIохъа ГIинкъав ХIажил яс Ами­натица жиндирго бетIергьанчи МухIамадшапигIихъе 1863 соналда Калугаялдаса хъвараб кагъат.
– Шамилил яс Нажабатица Россиялда тарал вацал ГъазимухIамадихъе­ги МухIамадшапигIихъеги Истамбулалдаса хъвараб кагъат.
– Россиялда вукIарав МухIамад­ша­пигIица 1876 соналда Истамбулалде кIудияв вац ГъазимухIамадихъе хъвараб кагъат.
– Россиялда вукIарав гьитIинав вац МухIамадшапигIихъе ГъазимухIама­дица 1879–1900 соназда Истамбулал­да­саги Мадинаялдасаги хъварал кагъ­тал (49 кагъат).
– Россиялда вукIарав кIудияв вац МухIамадшапигIихъе гьитIинав вац МухIамадкамилица 1880–1902 соназда Истамбулалдасаги Мадинаялдасаги хъварал кагътал (14 кагъат).
– Истамбулалда чIарав мугьажир, ТIанусиса ХIажияхIял вас Гъайирбегица Россиялда вукIарав МухIамадшапигIихъе 1882, 1887 соназда хъварал кагътал (кIиго кагъат).
– Хунзахъа КъадимухIамадица 1886, 1902 соназда МухIамад­шапи­гIихъе хъварал кагътал (кIиго кагъат).
– Шамилил вацгIал Генуса Жама­лу­диница МухIамадшапигIихъе хъва­рал кагътал.
– Гъазигъумекиса Жамалудин-уста­расул вас ГIабдурахIманица 1896 со­налда МухIамадшапигIихъе хъвараб кагъат.
– Шамилил гьитIинав вас МухIа­мад­камилица 1904 соналда Мадина­ял­даса Генуса Жамалудинил вас ХIусенихъе хъвараб кагъат.
– Темир-Хан-Шураса пула­на­в Му­хIа­мадгIалица МухIамадшапигIи­хъе хъвараб кагъат.
Жинца хъвараб кагътида жаниб гIадин рагьуларо гьелъул авторасул пикрабиги, хьулалги, къасдалги, гIамал-хасиятги, напсалъулаб дунялги. Гьелдаго цадахъ гьениб загьирлъун букIуна кагъат хъвараб заманги, гьелъул хаслъиги, суалалги, гIамал-гIадаталги. Гьединлъидал Шамил имамасул лъималазул кагътазул къиматаб рахълъун ккола гьел рукIин хъвараб заманалъул документалиял нугIзаллъун. Щайгурелъул гьезул авторалги адресаталги рукIиндал ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда Дагъистаналдаги, Россиялдаги ГIусмани империялдаги ккарал кIудиял, тарихиял лъугьа-бахъиназул жигарал гIахьалчагIилъунги чIагоял нугIзаллъунги. Масала, Россиялда хутIарал вацал ГъазимухIамадихъеги МухIамадшапигIихъеги Мадинаял­даса имамасул яс Нажабатица хъва­раб кагътида руго гьадинал му­хъал: «Расуласда цере чIедал, ПатIиматул-Загьраил кIалтIе щведал, БакъигIалдехун руссиндал, УхIудалдехун сверидал, ХIамзатихъ балагьидал, нижер гьабулеб дугIаги нижер гьабулеб гьариги инсуйги нужееги буго. Аллагьас къабул гьабеги эзул хIурматалъе гIоло. Амин, амин.Исана эменги Мадинаялда чIун вуго. Нужедаса ятIалъун, кидаго чIезе кIве­ларилан йикIана, вацал, дун. Нужедаса ятIалъиялъул ургъелалъ унтун йиго дун, загIиплъунги йиго. Гьаб унтараб черхги босун, гьаб Мадинаги тун, ячIине кIоларого буго. Дунго аний йигониги, ракI нужеда аскIоб буго, нуж рекIелъа араб дакъикъа гьечIо, къасиги къадги хириялщинал зияратазда нужее дугIа гьабулей йиго. Аллагьас къабул гьабеги. Рохелгун цоцазда рихьизе хъван батаги, бусурманаб ракьалда данде гьареги».
Гьал мухъал цIалидал, цебе чIо­леб буго рикIкIадаб Россиялда хутIа­рал гIазизал вацазул ургъалида йигей, гьезухъ урхъарай, Мади­на-Му­наварраялда, Аварагасул ра­кьалда, хириял зияратазде хьваду­лаго, Бе­тIер­гьанасдаса гьезие сахлъиги сала­малъиги гьарулей, гьезде хIасрат тIа­мурай къадруяй яцалъул сипат. Гьелъ нилъ тIамулел ру­го пикру гьабизе имамасул рокъо­б, хъизамалда жаниб букIараб гIум­ру­ялъулги, ахIвал-хIалалъулги, гье­лъул вакилзабазда, хасго лъималаз­да гьоркьоб цоцаздехун букIараб адаб-хIурматалъулги, рокьулги, чIужугIаданалъ бихьинчиясул, яцалъ вацазул гьабулеб букIараб кIу­дияб къадруялъулги.
Балагьараб мехалда, гIумру рагъазда, гъазаваталъул нухда аниги, кIудияв имамас кIвар кьолеб букIун буго жиндирго лъималазе тарбия кьеялдеги, гьезда гьоркьоб лъикIаб, гьуинаб гьоркьоблъи букIинабиялдеги. Гьеб гуребдай гвангъараб мисал жакъасеб магIарул гIелалъе, жидерго лъималазе тарбия-лъай кьолаго, пайда босизе мустахIикъаб. Гьеб буго кIудияв имамасги гьесул наслуялъги нилъее тараб рухIияб ирс!
Шамил имамасул лъималазул кагъ­тал цIалараб мехалда, кIвар буссинабизе бачIунеб буго гьезул лъабго хаслъиялде: мацIалде, хIасилалде ва хъвараб куц-къагIидаялде.
Кагътазул мацI буго гIажаибго бе­чедаб, камилаб, хъвалесул пикра­биги, мурадалги, рекIел хIалги, гьес абизе бокьараб жоги цIалулесда ра­гIа-ракьанде щун бичIчIизабулеб. Гьа­ниб бихьизабизе ккола Шамил има­масул лъималазул гIумруялда жа­ниб аслияблъун букIанин цохIого цо мацI – рахьдал, магIарул мацI. Гьай­гьай, гьезда лъикIаб даражаялда лъалаан гIараб мацIги, амма гьезул рекIелъги чорхолъги бессараб, гьез пикру-хIисаб гьабулеб, гьезда дунял бичIчIизабулеб, сверухъ бугеб гIумругун гьезул бухьен чIезабулеб алатлъун букIана гIагараб калам. Гьединлъидалин гьезул кагътазулъ якъинго загьир гьабун букIин бихьулеб бугеб абизе бокьарабги, бицун бугеб бихьа-таралъул хIакъалъулъги, мухIканго ричIчIизарун ругел пикрабиги рекIел хIалги.
Гьелдаго цадахъ, кагътал цIалараб мехалда, бихьулеб буго гьезул автораз жидерго каламалда жанир батIи-батIиял – гIараб, гIурус, парс, турк – мацIаздаса росарал рагIабиги сверелалги хIалтIизарулел рукIараблъи. Хасго гIажаиблъизе бачIунеб буго ГъазимухIамадил каламалъулъ гIу­рус ва турк рагIаби рукIин. Балагьараб мехалда, Россиялдаги Турциялдаги тIамураб заманалда жаниб гьесие лъалеб асар гьабун буго гьел улкабазул мацIазги культурабазги.
Шамил имамасул лъималазул кагъ­тазулъ гьединго загьирлъун буго гьел хъвараб заманги, гьеб заманалда ккарал лъугьа-бахъиналги, гьел лъугьа-бахъиназулъ гIахьаллъарал гIа­дамазул къисматги, гьезул гьоркьорлъабиги, цогидабги. Жакъа ни­лъеда лъаларев гIемерав магIарул чиясул цIарги, гьезул къисматаздаса хIужабиги дандчIвалел руго гьенир. Гьеб рахъалъ гьел кагътал ккола цIакъ къиматал тарихиял асараллъунги.
МагIарул эпистолярияб жанралъул гвангъараб мисаллъун рикIкIине бегьула Шамил имамасул лъима­лазул кагътал хъвараб куцги, гье­зул гIуцIиги, хатIги. Масала, Гъа­зимухIамадица Россиялда вугев вац МухIамадшапигIихъе хъварал ки­налго кагътал байбихьулел руго гIага-шагарго гьадин: «Хирияв вацасде МухIамадшапигIихъе, ассаламу гIалайкум», – илан. Гьес жиндир щибаб кагъат лъугIизабулеб буго гьадинал рагIабаздалъун: «Дунги пакъирав, дунго цохIо хутIарав ГъазимухIамад», – илан. Гьеб чанго калимаялда жаниб загьирлъун бихьулеб буго гьев бахIарчияв инсанас гъурбаталда тIамизе ккараб апарагасул гIумруялъул хаслъиги гьеб хаслъиялъ бижизабураб рекIел хIалги: Аллагьас хъвараб къадаралдаса ворчIизе гьечIеб ресги, рикIкIад хутIараб гIазизаб ватIаналъухъ бугеб унтиги, рекIелъе киданиги босичIеб Россиялда тарав, къисматалъ тIо­кIалъ вихьизе хъвачIев гьитIинав вацасухъ бугеб хIасратаб чIалгIенги.
«Шамил имамасул лъималазул кагъ­тал» абураб мажмугI ккола цIакъ къадруяб, хIажатаб басмалъун. Гьениб, аслияб материалалда цадахъ, кьун руго берцин къачIарал, къиматал сураталги цо-цо чагIазул хIа­къалъулъ мухIканал баяналги. Гьеб тIехьалъ бечед гьабизе буго кIудияв имамасул хIакъалъулъ магIарул ма­цIалда бугеб адабият, цIалулезе рагьизе буго Шамил имамасулги гьесул лъималазулги гIумруялъул лъаларел тIанчал. Гьелдаго цадахъ гьеб тIехь ккола нилъер халкъалъул тарихалъул, гъазаваталъул рагъазул, Шамил имамасул хIакъалъулъ хъвалезеги умумузул ирс ва гьезул бахIарчияб къисмат хириялщиназеги пайдаяб ва багьа кIудияб асарлъун.
АхIмад МуртазагIалиев