Машидат – СагIидат

Гьелъ цIалун лъугIизабуна хъвадарухъабазда гьоркьоб тIоцебе Москваялда Горькил цIаралда бугеб литературияб институт. I956 соналдаса нахъе гьей йикIана Хъвадарухъабазул союзалъул член. ШагIир, драматург Машидатица хъвана гIемерал пьесаби – «ТалихIаб къо», «Вехьасул яс», «Бертадул къоялъ», «БахIаралъул хъахIаб шал», «Рокьиги хъизамги», «Дун вацазул яц» ва гь.ц. Гьел пьесаби Авар театралъ сценаялдасан рихьизарула халкъалда. Рахъана кучIдузул гIемерал тIахьал. «РакIалъ цIагIолеб буго» абураб тIехьалъе кьуна С. Стальскиясул премия. ХIалтIана магIарул театралъул директорлъун, «МагIарулай», «Гьудуллъи» журналазул редакторлъун. Дида тIоцее Машидат йихьана дун институталда цIалулей йигеб мехалъ МухIамад Сулимановасул рокъой.
Цо къоялъ МухIамад вачIана ро­къо­ве кIиго чIужугIаданги ячун. Цо­яй йикIана дагьаб ригь арай, цIакъ бер­цинго умумузул къагIидаялъ ре­тIа-къарай гIадан. Гьелда тIад чIван букIана цIакъ берцинго симис бараб сурмияб кIаз, ретIун букIана канчI­­сурмияб кьералъул шалил гурде. РекIелъе бортулеб хIалимаб гьимиялъ гвангъизабун букIана гургинаб гьумер. Берал рукIана берцинал пашманлъиялъул гугьар бугел. КIалъай букIана хIеренаб, гIодобе биччараб. Ца­дахъ йикIана гьелда Бахумесе­доги, Машидатил гьитIинай яц. Му­хIамадица абуна жинди жакъа Машидатил эбелги яцги рихьанилан.
Лъабго къо бачIого, риччачIо Му­хIамадица гьалбал рокъоре. Гьес Ма­ши­дат яцлъун рикIкIунаан. ЦIакъ хIурмат гьабулаан гьес Машидатил, ри­кIкIунаан бахIарчияб гIамалалъул, чIара-хьарай, хасияталъулъ щибго тIокIлъи гьечIей гIаданлъун.
Гьелдаса нахъе гIемерал сонал ана, нижер хинаб гьоркьоб­лъи киданиги хвечIо. Гьей йикIа­­на дир мугIалимлъунги гIакъ­лу­чIужулъунги.
Машидат гьаюна гIемерал гIа­лим­заби, бахIарзал рахъараб ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росулъ, наибзабазул тухумалъул хъизаналда. Чанги захIмат бихьанин жидер хъизаналда-йилан бицунаан Машидатица. Гьей жеги гьитIинаб мехалъ, наибзабазул чий-илан эмен жанив тIамуна ва араб бакI лъачIого тIагIинавуна. Эбел Загъаласул ПатIимат йикIана Шамил имамасул наиб Тавуш МахIамадил васасул яс.
Машидатица хъвана Дагъистаналъул бусурбабазе цIакъ пайдаял тIахьал. Гьезул тIоцебесеб ккола «Шамил имам». Шамилил хIакъалъулъ асар хъвазе Машидатица хъирщана чанги тарихиял лъугьа-бахъиназул гъатал. Киналдего гъорлъе яккун лъугIараб мехалъ хъвана гьелъ жиндирго асар. Гьеб тIехь гIуцIун буго 74 поэмаялдасан, гьелда жанибе бачун буго лъимерлъиялдасан, умумуздасан байбихьун, киналго лъугьа-бахъинал, рагъазул биценал, бахIарзазул гьунарал. Гьенир ратула цере нилъедаса рахчун рукIарал, Кавказалъул рагъуе рукIарал гIиллаби, нилъер халкъалда гьабулеб букIараб зулму-хIал.
Машидатица гIадин рагIа-ракьанде щун гъваридго жание яккун, цониги хъвадарухъанас рагьичIо Шамилил сипат. Цевехъан, гIалимчи, гIадан хIисабалдаги гьев анкьабго рахъалъ рагьизе ккун вуго авторалда. Хадусеб тIехь «Черкесазул имам шайих МахIамад Амин» буго цIакъ гIемер хIалтIи тIад гьабураб тIехь. Машидатица дида бицана жийго Черкесиялде гьесул тарих цIехезе иналъул, гьениса къваригIараб материалги бакIарун тIадюссиналъул хIакъалъулъ.
МахIамад Аминил сипатги буго Шамилилго гIадаб гъваридаб, киналго гIумруялъул рахъал, гIамал-хасият, рухIияб бечелъи жанибе бачараб. Лъабго бутIаялдаса гIуцIараб, бицатаб, кIудияб асар буго гьеб. Ма­гIарул росулъ гьавурав, гIурав, гIел­му щварав МахIамад Аминида кIо­леб буго щущан рукIарал черкеса­зул халкъги цолъизабун, гьениб пачалихъ гIуцIизе. ТIехь цIалулезда гьениб батула гъазават байбихьиялъе кка­рал гIиллаби, гьелъул байбихьи имам­забазул гьеб къеркьеялъулъ бу­кIа­раб хIаракат.
Машидат йикIана кIудияб гIакъ­луялъул, гъваридаб лъаялъул гIа­дан. Гьелда кIолаан бокьараб лъу­гьа-бахъиналъул гъваридаб анализ гьабизе. Цин асар хъвалалде гьелъ цIа­лун лъазабулаан тарихияб ри­тIухъ­лъи.
Дун гьелъухъе моцIрол ахирияб рузман къоялъ зияраталъе кидаго щолаан, нагагь ине щвечIони, кIалъалаан. Цо-цо мехалъ гьей ятулаан цебе букъарулеб машинаги лъун, садакъаде рикьизе жал рукъулей (какие хIажатал жал, гIурччинал байрахъал, халгIат). Киданиги аскIоб си гьабун лъун рукIунаан садакъаде кьезе какикь тIамулел жал. Машидат йикIана мисал босизе мустахIикъай магIарулай. РагIулароан щивго какулей, лъилниги хIакъалъулъ хабар цIехолей, нахъасан кIалъалей. Я хъвадарилей, я юкъарулей, яги чIумал рехулей йикIунаан гьей кидаго.
Машидатилъ киданиги, гIолохъа­наб мехалъги, бихьичIо гIанчIлъи, гогьлъи, ратIлие ва месед-гIарацалъе лагълъи гьаби. Сундулъго букIана цокIалаб гIадатлъи, берцинаб гIамал, узданлъи.
Фазу литератураялде «пирхараб пири» гIадин ячIарай ятани, Машидат ячIана пахруяб таваккалгун, чIванкъотIараб пикругун, магIарул гIадатазул хаслъигун. Фазул буго цIакъ бечедаб, гъваридаб, батIи-ба­тIиял бакъназ, кьераз хъвараб поэ­зия. Машидатил буго шавкъ дагьаб ургъелги, бухIиги, магIуги жа­ниб гьарзаяб тарихалъул лъалкIаз мугь­ручIвараб поэзия.
Машидатица инкар гьабуна «Халкъияй поэт» илан абураб цIаралъе. Гьелъ абуна гьанже жиндие гьеб хабалъе босизейищила хIажат бугеб? Цересел кIицIулго тIагIинарунила жиндир документал. Кагътида халкъияйлъун яхъин­чIо­ниги, гьей йиго унго-унгояй халкъияй шагьир. Гьелда лъачIо лъиениги хIелизе, досда гьарун, гьасда гьарун цIар балагьизе, гIарац балагьизе. Гьелъие гьеб хIажат букIинчIо. Гьей йикIана жиндирго хIурмат гьабизе лъалей, къадруялда хIур хъвазе толарей, борхун бетIер ккурай магIарул чIужугIадан.
Ахирал соназ гьелъул бадиса канлъи ун букIана, бажарулеб букIинчIо машинкаялда хIалтIун. Гьелъие кIу­ди­яб кумек гьабуна Калиматица, гье­лъул гIагарай ясалъ.
Машидатил нуцIа кидаго рагьун букIунаан. Гьелъул адаб гьабун гьелде швезе рачIунаан гIалимзабиги, учительзабиги, лъималги. Гьелде щвезе мех-мехалда рачIунаан баракат щваяв ЧIикIаса КIудиявги гьесул лъади Узлипатги. Машидат йикIана устарасул мюрид. Устарас гьелъул цIарги хисун букIана СагIидат – абун. КIудияс борхана гьелъул хIеж. Гьелдаса кIудияб талихI щиб? Бокьарав чиясе щолеб жо гуро гьеб.
Ахираб нухалъ щвараб мехалъ дида нуцIа рахан батана. Кидаго рахалареб нуцIа рахан батизе дие бокьичIо. Гьей жаний йикIин лъана. Цинги хIалица квералги чIван, ячIун гьелъ нуцIа ричIана.
— Чиясда кIалъазе кIолеб хIалги гьечIого рахана нуцIа, – ян абуна гьелъ.
Тохтур ахIилищ? АскIов чи гье­чIого бегьиларо, — ян абуна дица.
— Дида аскIов Аллагь вуго, — ан абуна Машидатица. Лъидего кIа­лъазе изнуги кьечIо. Гьелъие бокьун гьечIоан унтараб мехалъги лъидего ккезе. ЦIакъ къвакIараб хасият букIана гьелъул.
Гьелда жиндирго рагIад кIодолъун бихьулароан. КIудиял тIалабал жиндехунго лъилниги тIалаб гьабулароан. Амма цIакъ йоххун йикIунаан Калиматидаса ва росдал администрациялъул­ги жигаралдалъун гьабулеб бугеб му­­зеялдаса. Гьелдаса хадуб лъабго къо­­ялдасан нилъедаса ятIалъана. Унго-унгояй миллат чIухIизе бегьулей, гIахьвалазул къадрулъун, чIухIилъун йикIине мустахIикъай, унго-унгояй бу­сурманчIужу, борхун ккураб бетIер Аллагьасе гурони къуличIей, Машидат.
Залму Батирова