ХIамзатил Расул гьавуралдаса – 95 сон

РакIалдещола кIудияв шагIир

 

ГIемераб заман инчIо, гIага-шагарго анцIила щуго сон бана нилъедаса Расул ватIалъаралдаса

Дагъистаниязул, россиялъулазул, тIолабго дунялалъул гIадамазул рекIелъ кIочонареб лъалкI тарав шагIир, жибго къисматалъ хъван букIун буго гьесие дунялалъул маданияталъул тарихалде, инсанияталъул художествияб культураялде жаниве ине.
Жиндирго халатаб, гвангъараб ва хIалуцараб гIумруялъулъ Расул дандчIвана, гьес гара-чIвариял гьаруна, гьесул гьудуллъи ккана, хъвадарана нилъерги къватIиселги улкабазул гIемерал пачалихъиял, политикиял, культуриял ва адабиял хIаракатчагIигун, жамгIиял гIуцIабазул ва миллиял гьунаралъулал къокъабазул вакилзабигун, батIи-батIиял ригьалъул ва гIелалъул, махщелазул ва социалияб хIалалъул, раса­базул ва халкъазул вакилзабигун.
Къисматалъ гIемерав чиясе сайгъат гьабуна талихI кIудияв шагIирасул заманалда гIумру гьабизе, гьесул гучаб ва хвел гьечIеб гьунаргун лъай-хъвай гьабизе, гьебгун бухьеналда вукIине. Нилъеца цIалулел рукIана гьесул такрарлъи гьечIел шигIриял асарал, гIинтIамулел рукIана гьесул гвангъарал, хIайран гьарулел церерахъиназухъ батIи-батIиял, гIадатиял гурел бакIазда: нилъер тахшагьаралдаги къватIисел улкабазул тахшагьараздаги, бертадул столалда нахъаги, зигара балеб митингалдаги, хъвадарухъабазул съездаздаги, гьудулзабазул горсвериялдаги. Нилъерго гIагарал ва цересел гIадамазул бергьенлъабаздаса рохулел гIадин, нилъ гьесдаса чIухIулаан, нилъ хIайранал рукIана гьесул гучаб пагьмуялдаса, дунялалъулабго реццги адаб-хIурматги щвезабураб шигIруялдаса.
Гьанже, нилъгун Расул гьечIеб мехалъ, бачIана заман гьесул гIумруялдаги гьунаралдаги, ватIанияб тарихалъулъги, Дагъистаналъул гIемерал наслабазул, халкъазул къисматазулъги, миллияб ва дунялалъулаб художествияб культураялъулъги гьес кколеб бакIалда тIад гъваридго ургъизе, гьелъул хIисаб гьабизе, гьелъие къимат кьезе.
КIвар бугеб бакI гьениб ккола ва кумек гьабула шагIирасул заманалъул гIадамазул ракIалдещвеяз. Гьенир ругел хасал, амма кIвар бугел баяназги, хIужабазги, далилазги бечед гьабула ХIамзатил Расулил гIумруялъулги гьесул адабияб хIаракаталъулги хIакъалъулъ лъалеб материал.
Жеги шагIир гIумруялда вукIаго, гьесул заманалъул гIадамаз хъвалел ва басмаялда рахъулел рукIана гьесул хIакъалъулъ жидерго ракIалдещвеял. Аслияб куцалда гьел рукIана гIелмиял ва юбилеял мажмугIазда, тIахьазда рахъарал макъалаби. Гьединаллъун ккола, масала: «ХIамзатил Расулил хIакъалъулъ рагIи», «ХIамзатил Расул – шагIир ва ватIанчи», «ХIамзатил Расулил устарлъи», «ХIамзатил Расул ва гьанже заманалъул адабияб процесс», «ХIамзатил Расул дунялалъул художествияб культураялъул системаялда», «Росдал ва дунялалъул шагIир» абурал асарал. Гьанжезаманалъул дунялалъулъ ва миллияб художествияб культураялъулъ шагIирас кколеб бакIалъул хIакъалъулъ коллективиял пикрабазул хасият бугел гьел асаразулъ буго Расулил хIакъалъулъ автораз жидерго ракIалдещвеял загьир гьарурал материалал.
БатIияб тайпалъун ккола ХIамзатил Расулил гIумруялъеги адабияб хIаракатчилъиялъеги сайгъат гьарурал улкаялъул литературоведазул монографиял тIахьалги гIелмиялгун цIех-рехалъулал хIалтIабиги. Гьезулъ руго шагIирасе сайгъат гьарурал авторасулал пикрабиги, къиматалги, хIужабиги. ТIоцебесеб иргаялда, гьел ккола гьадинал тIахьал: В.Ф. Огнев «Поэзиялде жанибе сапар», «ХIамзатил Расул», Л.Б. Антопольский «Поэзиялъул гъанситохъ», К.Д. Султанов «ХIамзатил Расул. Хъвадарухъанлъиялъул очерк», С.М. ХIайбуллаев «ХIамзатил Расул: гIумру ва хъвадарухъанлъи», К.И. Абуков «ХIамзатил Расул: философияб лирикаялъул хаслъи», Ч.С. Юсупова «ХIамзатил Расул кьватIараб дунялалда».
РакIалде ккезе бегьула гьел, гIицIго гIелмиял, гIелмиялгун популяриял хIалтIабазулъ букIине кколарилан шагIирасул хIакъалъулъ ракIалдещвеязе бакIилан. Амма гьеб гьедин гьечIо. Бицен гьабулел хIалтIабазул авторал, щивав батIа-батIа, рукIана Расулие гIагарал, хириял гIадамал, гьел гIемер дандчIвалаан гьевгун. БичIчIулеб жо буго, машгьурав рагIул устарасул гIумруялъеги гьунаралъеги бугеб гьединаб гьор­кьоблъиялъ асар гьабичIого толареблъи гьезул «ракъварал» гIелмиял цIех-рехазеги литературоведениял хIалтIабазеги.
ХIамзатил Расулие сайгъат гьарурал гьесул заманалъул чагIазул ракIалдещвеязе къимат кьолаго, интересаблъун бихьулеб буго адабияб жанр хIисабалда гьезул хIакъалъулъ живго шагIирасул пикру. ГIумруялъул ахирал соназда кьурал жиндирго интервьюязул цоялда, гьесул пикру гьечIодай къисматалъ гьев дандчIвазавурал гIемерал гьунар бугел, машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ ракIалдещвеял хъвазеян абураб суалалъе Расулица кьуна гьадинаб жаваб: «Дида ракIалдещоларо, щайгурелъул кIочон толаро. Гьезул хIакъалъулъин абуни бицине дир планалда гьечIо: дица мемуарал хъваларо. Машгьурав турк хъвадарухъан, дир гьудул ГIазиз Несиница абуна, гьесда мемуарал хъвайилан гьарараб мехалда: «Дица мемуарал хъвазе руго нижер президент гIадин гIадлъараб мехалда», – ян. Дица тIаде жубалаан: «Ва нижер депутатал гIадин пахрулъараб мехалда», – ян.
БатIи-батIияб заманалда шагIирасул хIакъалъулъ жидерго ракIалдещвеял тана батIи-батIиял наслабазул, улкабазул, халкъазул, махщелазул, жамгIияб даражаялъул ва социалияб хIалалъул вакилзабаз, жидер къисматалъулъ ХIамзатил Расулица кIочонареб лъалкI тарал. Амма гьенив гьев цевечIола гIумруялъулъ вукIарав гIадинав: жиндир улкаялъул ритIухъав ватIанчи ва патриот, кIудияв миллияв шагIир, машгьурав жамгIиявгун политикияв хIаракатчи, ракIбацIцIадав гьудул ва гьалмагъ, жиндир халкъалъул мустахIикъав вакил.
Гьале, масала, кин ракIалдещолев вугев ХIамзатил Расул улкаялъул Президент Владимир Путинида: «Дир лъай-хъвай букIана живго Расул ХIамзатовгун. Тасдикъ гьабизе кIола гьев вукIанин цIакъав чи, жиндаса Дагъистаналда гуребги, Россиялъул киналго халкъазги мисал босизе мустахIикъав. Гьединлъидал кIалъай гьечIого, гьесие памятник лъезе ккола Москваялда. Гьев вукIана жинда унго-унгоги россиялъулавилан, Россиялъул кIудияв ватIанчийилан абизе бегьулев инсан…».
ГIадамасул хIакъалъулъ бищунго хинал, бищунго рекIелал ракIалдещвеял тола, тIоцебесеб иргаялда, гьесул гIагарал чагIаз, хъи­замалъул вакилзабаз, рос-лъадиялъ, лъималаз. ШагIирасул гIумруялъул ритIухъав, тIей гьечIев гьалмагълъун, гьудуллъун, пикруцоявлъун, лъадилъун ва лъималазул эбеллъун йикIана ПатIимат — гьесул рокьи, гьесул хиялай. Расулица цIакъ къимат гьабулаан гьелъул, гьей кутакалда хирияй йикIана гьесие. Гьединабго гьоркьоблъи букIана ПатIиматилги гьесдехун. Хвелалда цее «Молодежь Дагестана» газеталъе кьураб интервьюялда гьелъ росасдехун бугеб жиндирго гьоркьоблъи баян гьабуна гьадинал рагIабаздалъун: «ТIубараб гIумруялъ дун гьесухъ ялагьулей йикIана росасухъ киниги гурейги, дица жигар бахъулеб букIана гьесие кумек гьабизе, гьесул пагьму гIумруялде бахъинабизе, киданиги тIалаб гьабичIо гьесдаса рукIа-рахъиналъул суалал тIураялъулъ гIахьаллъи гьабизе — гурони гIемераб жо хутIизе бегьулаан тIубачIого. Жакъа дица Аллагьасда гьарулеб буго гьесие сахлъи, сахлъи ва сахлъи кьейилан. ТIокIаб дие щибниги хIажат гьечIо. Бокьун буго гьесда Дагъистаналъул, гьелъул халкъалъул къалъарал къоял рихьизе. Гьев гIемер вукIуна пашман, ургъаликь, гьес дида гьикъула: «Нилъеени лъикI буго, ПатIимат, кидадай лъикI букIина киналго нилъер гIадамазе?» — ян.
Жиндирго гьайбатал эбел-инсул хIакъалъулъ гьезул яс СалихIатица хъвалеб буго гьадин: «Эбел йикIана цIакъ унтун. Гьелъул букIана онкология ва гьелъие хутIун букIана цIакъ дагьаб заман гIумру гьабизе. Эмен вукIана чанго моцIалъ гьелда аскIов Москваялда. Ниж рачIана больницаялде, ва гьелъ гьарана инсуда МахIачхъалаялде айилан. Инсуца абуна жив хутIилин, жинда кIоларин гьей рехун тезе. Дир эбел йикIана цIакъ бахIарчияй гIадан ва, лъималазул гIадин, кидаго тIалаб гьабулаан инсул. Гьай ялагьана инсухъ ва абуна: «Расул, щиб дуда кIолеб гьабизе? Кинаб кумек духъа бажарулеб гьабизе? Мун вукIина Москваялда бугеб рокъов гIодов чIун, ва дуда къватIиве вахъинецин кIвезе гьечIо гьава цIазе», – ян.
Инсул бадиса чвахана магIу. Дир эбел-инсул квартира букIана Тверская къватIалда анкьабилеб тIалаялда, ва, хIакъикъаталдаги, паркинсонил унтигун инсуе захIмат букIана Тверскаялда хьвадизе. Эбелалъ рагIи кьуна, дару гьабиялъул курс лъугIарабго, ячIине.
Гьей, хIакъикъаталдаги, ячIана, амма нижеда лъалаан гьей сахлъуларейлъи. Гьей кидаго, рокъое юссуней йигилан, ячIунаан гьадин берцинай, исбагьияй, йохарай. Гьанжесалайин абуни рокъое ячIана рухI лъугIарай, носилкабазда. Виххарав инсуца лъиданиги бицунароан жиндирго хIалалъул хIакъалъулъ, амма гьей хун хадув гьесда кIолароан гьезул рокъов жанив кьижизе, гьев цогидаб рокъовехун ана, гIицIго лъагIалидасан нахъвуссана жинда аскIоб гьесул кабинет букIараб рокъове».
ХIамзатил Расулил хIакъалъулъ ругел ракIалдещвеял ккола гьесул коллективияб портретлъун, гьезулъ загьир гьарун руго гьесул хIурмат гьабулел, гьев вокьулев, гьев кIодо гьавулел, гьесулгун гьудуллъиялъул ва гьоркьоблъиялъул цIакъ къимат гьабулел, къисматалъ гьевгун дандчIвазе хъваялдаса талихIал гIадамазул бищунго ракIбацIцIадал, хинал ва хIеренал асарал.
Хасаб рокьи букIана кIудияв шагIирасул жиндирго магIарул халкъалдехун. Жеги 22 сон бачIев чияс гьес 1945 соналда хъвана жиндирго машгьураб «МагIарулал» абураб кечI:
Релъи-хъуй гьечIого рохизе лъалел,
МагIу чваххичIого гIодизе лъалел,
ГIишкъул рекIараб цIа цIунизе лъалел,
МагIарулал ругел лъикIал гIадамал.

БакIал къваридалъур ракIал гIатIидал,
Рукъ мискинлъаниги намус бечедал,
ТIаде бачIараб къо лъимлъун къулчIулел,
МагIарулал ругел лъикIал гIадамал.

Лъимадул гIадинаб гIадатияб ракI
Чарамлъун къвакIула, къел гьабун хадуб;
КъваригIаралъуб рухI «майилан» кьолел,
МагIарулал ругел лъикIал гIадамал.

РикIкIен дагьлъаниги гьунар гIемерал,
ГIурда тIегь бижизе чорхол би тIолел,
Божизе бегьила гьаб дир халкъалда, –
МагIарулал ругел лъикIал гIадамал.
Гьеб щуго ункъмухъалда жаниб гIолохъа­нав Расулица рагьана магIарулазул хаслъиги, тIабигIияб гIамалги, гIумруялъул философияги. Гьениб гьес загьир гьабун буго жиндир кIудияб, гIурхъи гьечIеб рокьи гIагараб халкъалдехун, гIураб ракьалдехун. Ва гьеб рокьуе гьев ритIухъавлъун хутIана тIолабго гIумруялъ.
Амма гьеб рокьи киданиги букIинчIо цорахъалъулаблъун. Нилъер халкъалъеги цIакъ хирияв вукIана кIудияв шагIир. Щивав магIарулав талихIавлъун вукIунаан гьесул квер босизе щвеялдаса, гьесда аскIов чIун сурат бахъизе, гьесулгун гара-чIвари гьабизе рес букIиналдаса. Чанги гIадатияв магIарулас кочIодалъунги, биценаздалъунги, ракIалдещвеяздалъунги загьир гьабуна Расулидехун бугеб жиндирго рокьиги, гьесдаса чIухIиги, гьесдехун бугеб адаб-хIурматги. Гьале, мисалалъе, Расулилгун тохлъукьего лъугьараб дандчIваялъул хIакъалъулъ ТIукитIаса НасухIил МухIамадгъазил ракIалдещвеялдаса гьитIинабго эпизод. Гьениб цIакъ гвангъун бихьизабун буго гьеб лъугьа-бахъиналъ гIадатияв магIаруласе гьабураб кIудияб асаралъул сурат: «Гьеб букIана 1966 соналъул кIиабилеб январалъул къаси кватIараб гIуж. Ниж, ункъоял магIарулал, батIи-батIиял бакIаздаса къваригIелаз Грозныялде щварал, данделъана маххул нухлул вокзалалъул рестораналда, ЛъаратIа районалдаса хъутаде вачIарав колхозалъул председательги (цIар ракIалда гьечIо), Грозныялда чIарав АнсалтIаса Хасбулатги, Дагъистаналъул Верховный Советалъул гIаммаб отделалъул жавабияв Хан-МухIамад Камиловги, институталда цIалулев Хасавюрт районалъул тIукитIасев дунги.
Цоцазулгун лъай-хъваялги гьарун, гьан­же тIаде щун бугеб цIияб сонги баркун, сахлъиялъул нусго граммал рорхулаго, за­лал­даса нижеде тIаде ячIана Хасбулатил чIу­жу. КIудияб чIаголъиялда, чIваркьизарун бералгун, рохалил ахIи-хIуралда гьелъ абуна: «Гьадаве, вокзалалъул залалде вачIун вуго нилъер ХIамзатил Расул», – илан. Расулил цIар рагIарабго дун, цогидав дидаса цеве ккеларедухъ, щибго аскIор ругездаги абичIого, векерана залалде. НуцIихъе щваравго, дир берречIчIана, мугIрузул бис гIадин, гIадамазда гьоркьов вахъун чIун вугев, нилъер миллаталъул баракат, Дагъистаналъул рохел, СССРалъул чIухIи, дунялалъул шагIир ЦIада росулъа магIарул гIакъиласул вас, къоабилеб гIасруялъул чIел босарав шагIир Расул ХIамзатовасда.
Гьесул квер босизе щун бугеб шавкъалъул ресалъ намусги, гIаданлъиги, адабги букIарав дун, кIудияб багьадурасул гIадаб бахIарчилъиги чорхолъ бачIун, векерун аскIове ун, саламги кьун, квер бегьана Расулихъе.
Зодисан рехарав гIадин, ракIалдаго гьечIев чи цеве вахъун чIун вихьарав кIудияв шагIирас, саламги буссинабун, дихъе кверги бегьулаго, абуна: «ВахI, гьал магIарулал камураб бакIго букIунарогури», – ян».
Расул хварал пашманал къоязда Дагъистаналда къватIире рачIарал газетазул цоялда бахъун букIана «Лъидаса гьанже чIухIилел?» абураб цIаралда гъоркь макъала. Бахъинабизе кIолареб камиялъул кьогIлъи къулчIарал гIемерисез кьолеб букIана доб мехалда гьеб суал жидеего. Гьединаб хьулкъотIараб къагIидаялда гьеб суал лъей букIана тIабигIияб, бичIчIулеб жолъун. Бащдаб гIасруялдаса цIикIкIун заманалъ жиндир асараздалъунги адабияб гьунаралдалъунги гIумру цIезабун вукIарав инсан дунялалдаса иналъ дагъистаниязулъ бижизабуна риххи, Дагъистаналда рещтIинабуна гъваридаб чIобоголъи.
Дол чIегIерал къоязда шагIир МухIамад ГIисаевас хъван рукIана гьадинал рагIаби, Расул камиялдалъун тIолго халкъалъул рекIел къварилъи жиделъ загьирлъарал:

Жакъа дир кечI хъвазе квер унеб гьечIо,
Каранда багъулеб цо унти буго,
ГIалам унеб буго, бачIунеб буго,
Дун нухлул рагIалда эхетун вуго.
Ихгицин бачIуна цо чIамучIлъигун,
ЧIалгIун буго рии, бухIараб гьаб бакъ,
Бугеб цо берцинлъи хаслихълъиялъул,
Хасалиде унеб тIабигIаталъул.
Расул къаникьги лъун буго Дагъистан,
Беразда гIунараб магIу бацIцIунеб.
Рехун толев гьечIо ракIалдещвеяз,
Дица къисматалъул къимат гьабичIин.
Гьанже мун кIочена, цевеса индал,
Дур цIар цIаруего балагьаразда.
«ГIумруялъул чашка» цадахъ борхидал,
Дица гьабилеб щиб, лъихъе дун инев?
Дир гIунгутIабазулъ тIокIлъи батарав,
Теларо дицани мун гьечIин абун.
Жакъа дир кочIоде квер унеб гьечIо,
Ками бакIаб буго, бичIчIила хадуб.

Амма ана дагьа-макъабго заман, анцIила щугоялдаса цIикIкIунгIанал сонал, ва нилъ разилъана кIудияб камиялда, нилъеда гьор­кьов чIагояв Расул гьечIолъиялда. Гьеб мехалда жибго гIумруялъ кьуна жаваб, гьеб философияб «Лъидаса гьанже чIухIилел?» абураб суалалъе — Расулидаса, гьесул хвел гьечIеб ирсалдаса ва гьунаралдаса, гьесул кIудияб шигIрияб рагIудаса чIухIараллъун рукIине ккола нилъ. Инсанасул тIабигIияб хвел кколаро ракIалдещвеялъул, гьесул хIакъалъулъ пикрабазул, гьесул ирсалъул хвеллъун. «Гьунаралъул хвелгьечIолъи — гьеб ккола унго-унгоял пагьмуял ва хIакъикъаталдаги кIудиял гIадамазул къисматлъун», — илан абуна академик ХIамзатил ХIажияс. Гьел рагIабазе, тIад калам гьечIого, мустахIикъав вуго Расулги. Щайгурелъул нилъер кIудияв ватIанцояв чIаго вукIагоги вихьулаан жиндирго асаразулъ, ва хун хадувги гьесие хъван батана гьезулъги гIемерал гIадамазул ракIазулъги, гьезулгун гIумруцадахъазул ракIалдещвеязулъги вукIине.
АхIмад МуртазагIалиев