Ракълил ва рокьул гьаркьихъе

 

 

Дун чIараб хIор гуро, дун хIавуз гуро,

ХIалкIояб гьалагаб мугIрул гIор йиго,

МугIрул реганиги, щобал таниги,

 Щибаб гьелъул гIамал гIодоб рехичIей.

                                 Ф. ГIАЛИЕВА

 

Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъул рекIел тIиндасан бурун бачIунеб ва жиндирго шигIрабалъ бессун хутIун бугеб ракълил ва рокьул гьаркьица цоги нухалда данде гьарун рукIана 31 маялда ГIурус театралда, шагIир гьаюралдаса 90 сон тIубаялде тIобитIулеб иргадулаб тадбиралде. Гьенир гIахьаллъизе рачIаразда гьоркьор рукIана республикаялъул миллиял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, Дагъистаналъул Руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаева, лъималазул ихтияр цIуниялъул рахъалъ республикаялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулей Мария Ежова, «Лезгинка» кьурдул ансамблялъул директор, шагIиралъул вас Жамбулат Мусаев, шагIирзаби, хъвадарухъаби, журналистал, гIалимзаби ва цогидалги.

Тадбир гIуцун букIана Дагъистаналъул муфтиясул гIакълучIужу ГIайна ХIамзатовалъ.

Дандеруссин берцин гьабуна Дагъистаналъул гуманитарияб колледжалъул, муфтияталда цебе бугеб руччабазул «Гьидаят» централъул, Башларовасул цIаралда бугеб медколледжалъул студентазул, «ВатIан» ва Юсуповасул цIаралда бугеб школазул цIалдохъабазул церерахъиназ.

Тадбир байбихьана гуманитарияб колледжалъул студентаз хIадурараб видеороликалдасан. Гьениб ДРялъул халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас ва шагIиралъул гIумруялъул ахирисел соназ гьелъул кумекчIужулъун йикIарай, ИЯЛИялъул гIелмияй хIалтIухъан Мариза МухIамадовалъ бицана Фазул шигIрабазулги гьезул хаслъиялъулги хIакъалъулъ.

Фазул шигIрабазул гъасда цIидасанги гьелегьараб цIаялъ ракIалде щвезабулеб букIана гьелъул лъимерлъиги, гIанчIаб гIолиллъиги, гIолохъанлъиги. Ва гьале даимлъиялде сверизе бугеб дандчIвай – Москва. Литературияб институт. Мусалгун дандчIвай ва лъай-хъвай — гьитIинабго спектакль бихьизабуна гуманитарияб колледжалъул студентаз.

РекIее кIудияб асар гьабуна Фазуе сайгъат гьабураб Къуръаналъул бицунеб сценкаялъги.

Абадияб рокъове ине хIадурулев вугев гIумуруялъул гьудул. Какикьжоялда рухI босарав гьесухъ угьдулеб цо лахIзаталъ шагIиралъул гьаракь кьерхун уна — гьедин бицана жидерго церерахъиналда медколледжалъул студентаз. Ригьнаде кьезе хIадурулей ясалъе шагIиралъ хъварал насихIаталги кинха ракIалде щвезаричIого телел. ШагIиралъул гьаркьидалъун ясазе насихIатал гьаруна ГIайна ХIамзатовалъ.

ТIадехун рехсарал школазул цIалдохъабаз Дагъистаналъул миллатазул мацIазда рикIкIана Фазул кучIдул.

«ВатIаналъул» лъималаз байрамалде рачIаразе бицана Халун-кIодол. Ва цIидасанги цIилъун рачIана шигIрабазул гъасда шагIиралъе щварал Халун-кIодол дарсал. Йохарай Фазул ракълил ва рокьул цIараб гьаркьихъе цере рачIунел рукIана Гиничукьги, Хунзахъги, Дагъистанги, Россияги…

Тадбиралъе хасаб берцинлъи кьун букIана «Лезгинка» ансамблялъул кьурдухъабазул церерахъиналъги.

ЛъугIана тадбир. Биччанте гьеб букIине халкъияй шагIиралде дагъистаниязул бугеб гучаб рокьул иргадулаб карачеллъун.