Руччабаз ургъелгун рохел бикьулеб гъансито

 

   «Дагъистаналъул чIужугIадан» журналалъул редакциялда жеги хутIун буго советияб заман ракIалде щвезабулеб ракIа-рахари. Къадалгун чIабар басралъун кьерукълъаниги, цо батIиябго хинлъи ракIалъе кьолеб ахIвал-хIалги букIуна гьениб. Бищунго асар гьабула кабинетазда сокIкIарал басриял журналал регулелъул.

  Исанасеб февралалъ гIасру сверана Дагъистаналда руччабазул журнал биччазе байбихьаралдаса. 1922 соналъул тIоцебесеб февралалда «Дагиздат» басмаханаялъ гIурус мацIалда бахъана «Красная горянка» абун цIар кьураб журнал. Гьелъул цебесеб жилдазда лъун букIана машгьурав революционер МухIамад-Мирза Хизроевасул лъади Разият Хизроевалъул сурат. Гьей йикIана доб заманалъул руччабазул жамгIияб багъа-бачари гьабизе байбихьарал церехъабазул цояй. МугIрул халкъалъе хасиятаб гуреб къагIидаялъ гIуцIулеб республикаялъул жамгIият цебетIеялъе хIажат букIана руччабазул гIахьаллъи. Амма гьеб бигьаяб гуреб ишги букIана. ЦIияб заманалъул низам къабул гьабулел, хъвадаризе махщел бугел руччаби къанагIалъиялъ батила, «Красная горянкаялъе» редакторлъи гьабурай В. Н. Николаевалъ журнал биччай гьоркьоб къотIизе тараб.

   КIудияб ВатIанияб рагъдаса хадусеб мискинлъиялдаса улка цIидасан гIуцIулеб, росдал магIишат цебетIеялъе тIолабго къуват кьураб заман букIана анлъго батIияб мацIалда Дагъистаналъул руччабазе хасаб журнал къватIибе биччараб. Гьелъул тIогьиллъарал тIанчазулъ буго мугIрул чIужугIаданалъул гIетIги, захIматги, пинкьахарал квералги, гIаммаб магIишат цебетIезабулаго гьелъ бихьизабураб бахIарчилъиги. Нусазаргоялде гIагарун бихьинал рагъдаса руссинчIеб Дагъистан цебетIеялъе хIажат букIана руччабазул къохIехьей ва гьеб къалмиде босулеб басма. 65 соналъ гьоркьоса къотIичIого Дагъистаналъул миллиял мацIазда къватIибе бачIунеб руччабазул журналалъ жанибе бачана нилъер улбузул гIумруялъул тарих, гьезул гIелмиябгун рухIияб цебетIей, заманалъул гьураз хисизабураб некIсияб хаслъи. Къокъго абуни, гьеб лъугьана республикаялъул руччабазул ургъелгун рохел бикьулеб гъаситолъун.

  Миллиял мацIазда риччалел журналазе нухмалъи гьабуна жидер заманаялъ республикаялда машгьурал, жамгIияб, гIелмияб ва гьунаралъул рахъалъ церетIурал руччаби — ГIайшат ГIабдулаевалъ, Умурахил Шапиевалъ, ПатIимат МуртазагIалиевалъ, ГIунайзат Мейлановалъ ва цогидаз.

«МагIарулай» журнал кодобе босигун Фазу ракIалде щоларев чи вукIунев ватиларо, хасго советияб заманаялъ гьарурал, гIурал руччабазул. ГIолохъанай редактор Фазу ГIалиевалъул хIаракаталдалъун 1972 соналда «Дагъистаналъул чIужугIадан» журнал къватIибе бачIана гIурус мацIалдаги. Анкьго батIияб мацIалда биччалеб Дагъистаналъул руччабазул журналалъе Фазу ГIалиевалъ нухмалъи гьабуна 45 соналъ.

  Жакъасеб «Дагъистаналъул чIужугIадан» журналалъул бетIерлъуда йиго, гьабулеб ишалъул бичIчIиги бугей, кIварги лъалей, ДРялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан, филологиял гIелмабазул кандидат Наида Каримова.

 

МагIарул ясазул годекIан

 

    Советияб заманалда «МагIарулай» журнал бачIиналъухъ урхъун рукIунаан руччаби, амма цIиял церетIеяз, цогидаб миллиябщиналдасаго гIадин, гьелдасаги рикIкIалъун рукIана мугIрул руччаби. Щивха гьелъие гIайибиявлъун вукIарав: журнал гIуцIулелищ, цIалдолелищ, цIи раккарал рекIелгъеялищ? Лъаларо. Лъалеб жо буго миллияб рухIияб хазина, халкъалъул хаслъи цIуниялъе «МагIарулай» журналалъ магIарул чIужугIаданалъе, кумек гурони, квалквал гьабунгутIи.

  2019 соналда «МагIарулай» журналалъул редакторлъун ячIана Баху МухIидинова. Цо чанго соналъ «Миллат» газета биччалел журналистазул къокъаялъулъ жуярай Бахулъ тIатана публицистикаялъе бугеб гьунар. Гьелде щвезегIан Баху йикIана педагогикиял гIелмабазул кандидатлъунги яхъарай, тIадегIанал цIалул идарабазда хIалтIун гIелмияб хIалбихьиги щварай мугIалим. Гьей редакторлъун ячIаралдаса нахъе цIидасан рагIана «МагIарулай» журнал чIаго букIин. Лъабнусиде ккун букIараб журналалъул подписка лъагIалида жаниб гIагарана кIиазариде.

    «Дагъистаналъул чIужугIадан» журналалъул 65 сонилаб юбилеялда цадахъго гьезул коллективалъ исана кIодо гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъ 90 сон тIубайги. Гьел юбилеязул хIурматалда гIемерал тадбирал тIоритIизе хIисабалде босун буго журналалъул редакциялъ. Гьединго лъазабулеб буго Фазу ГIалиевалъул гIумруялда ва творчествоялда хурхарал ва журналалъул гIумруялда тIасан батIи-батIиял конкурсал. ЛъагIалил ахиралда букIине бугеб Фазу ГIалиевалъул кIудияб юбилеялъулаб вечералда, хIасилалги гьарун, бергьенлъи босаразе кьезе руго сайгъаталги.

ПатIимат ГЬИТIИНОВА