Дур тIахьал цIаличIеб хутIанадай рукъ?

 

 

    Хириял «ХIакъикъат» газета цIалулел. Жакъа нижеца кьолеб буго нилъерго гIагарав, къанагIатаб махщалил хъвадарухъан, магIарулазул машгьурав прозаик Муса МухIамадовасе сайигъат гьабураб чанго гьумер. Араб гIасруялъул 60— абилел соназдаса байбихьун гьесул тIехь цIаличIебги, хвел гьечIел Мусал асараз ракIал пана гьаричIебги росу-рукъ, гъансито хутIун батиларо магIарухъ.
Исана чIаго вукIаравани Мусал гIумруялъул тIубалан 95 сон. ЦIакъ хеккого анин абизе бегьула мунагьал чурад. 70 сонил гIумруялда 1997 соналъул 26 февралалда ана гьев ахираталъул рокъове. Гьеб 70 сонил гIумруялда жаниб, 70 цоялдаса цояб цоялдаса пасихIаб, бечедаб, бергьун гъваридаб мацIалда тIахьалги хъвана Муса МухIамадвоас. Бечедаб адабияталъул ирс тана Мусаца нахъе. Советияб заманалда цоцазухъе кьун, щибаб гъасда, гIухьбузул цIадухъ, хури-харинир гIодо чIараб бакIалда, хIатта нухда рилълъун унагоцин цIалулел рукIарал Мусал тIахьазул гIемерисел жакъа кодоре щолел гьечIо. МагIарулазул адабият бокьулел жакъаги гIащикъго руго гьесул тIахьазде тIаде къулизе, Мазгаруласулги Ханикалги гIажаибаб рокьул хIакъалъулъ цIализе, Салимил ГIашурал, ГIалисултанил ва Зубражатил къисматалъул цIидасан пикру гьабизе, гьелгун цадахъ рохизе ва пашманлъизе.
Жакъасеб номералда нужее рес щвела машгьурав хъвадарухъансул творчестволъул хIакъалъулъ гIатIидго цIализе, гьесул лъималазул ва гIагарлъиялъул  ракIалдещвеязухъ гIенеккизе. Харбалго гIадин кутакалда пасихIго хъварал Мусал кучдIулги цIализе.

  Хъвадарухъанасул юбилеялда хурхун гIуцIарал тадбирал байбихьана МахIачхъалаялдасан. ТIоцебесеб октябралда, Поэзиялъул театралда, тIобитIана Муса ракIалде щвезавиялъул дандчIвай. Гьенив кIалъазе вахъарав ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовас бицана Муса МухIамадовас хъварал хвел гьечIел, магIарулазе къиматалъун лъугьарал асаразул, щибаб гъасда гьел цIалулел, цоцахъе кьолел рукIараб куцалъул хIакъалъулъ. Бицана 14 сон барав жиндихъе, Гьоноде, Мусаца кагъат битIун бачIараб куцалъулги.

  — ГьитIинавин, кIудиявин абун батIа гьавичIого, чиясул адаб гьабизе лъалев чи вукIана Муса. Хасго адабияталде тIоцебесеб гали лъолел гIолохъанал шагIирзабазул, хъвадарухъабазул къимат гьабулаан гьес. «Гьудуллъи» журналалде битIараб дирго тIоцебесеб кечIалда тIасан саламатаб тIамач цIураб кагъат Мусаца битIун бачIиндал, дир рохалие гIурхъи букIинчIо. Хадур дандчIвайдал, щулалъана нижер гьудулъиги. Москваялдаги МахIачхъалаялдаги гIемер дандчIвалаан, цадахъ гIодор чIолаан. Дица ракI-ракIалъ абулеб буго Мусацаги Фазуцаги, вас гIадин, къабул гьавурав чи вукIана дун. Гьезул рокъобе кидаго рагьун букIунаан нуцIа ва, нуцIаго гIадин, кидаго рагьарал рукIана гьезул ракIалги, — ян абуна М. АхIмадовас.

  ЛъикIаб кIалъай гьабуна Гьандихъ росдал Муса МухIамадовасул цIаралда бугеб школалъул директор МухIамад Гъазалиевасги. ГIолохъанаб мехалда гIумрудул гьудул Фазуде Мусаца гьабураб кечI ахIана ДРялъул халкъив артист ГIабдула МухIамадмирзоевас, Фазуца Мусаде гьабураб кечI ахIана Авар театралъул мустахIикъай артистка ПатIимат ХIажиевалъ. Данделъаразе асар гьабураб кечI ахIана ДРялъул мустахIикъай артистка Машидат ГIумарасхIабовалъги. Театралъул гIолохъанал артистаз рихьизаруна Мусал творчествоялда тIасан сценкабиги.

Ахиралда кIалъазе вахъарав Мусал васас, «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат МухIамадовас баркала кьуна Поэзиялъул театралде рачIаразе.

Гьединабго тадбир Мусал гIагараб Гьандихъги тIобитIизе ракIалда буго гьаб моцIрол ахиралда. Амма гьеб къо тIаде щвезегIан чIечIого, Мусал ватIаналде, ай Гьандихъе дица сапар бухьана 4 октябралда.

«ЦIИЯБ КАНЛЪИЯЛДА» МУСАЛ ХАТI ЦIУНУН БУГО

  Гьандихъе щвелалде сверана ХIебда росулъе, Шамил районалъул «Цолъи» газеталъул редакциялде. 1947-1949 соназда «ЦIияб канлъи» абураб цIаралда гъоркь къватIибе биччалеб букIараб газеталъул редакторлъун вукIана Муса. Гьениса ана гьев Саратовалъул партшколалде цIализеги. Гьебги лъугIизабун, МахIачхъалаялде щварав чи, гьанжего гьанже Литературияб институтги лъугIун вачIунев Расул ХIамзатовгун дандчIвайдал, гьес мукIурги гьавун, росулъецин щвечIого, Литинституталде цIализеги ана Муса. ТIокIлъиялда гьебги лъугIизабун, вуссана ватIаналдеги.

  Литинституталда цIалулеб мехалдаго хъвазе байбихьана гьес машгьураб трилогия: «Къисас, «Кьалбаз ккола гъветI», «Лъукъарал кьураби». Гьелъул хIакъалъулъ жиндирго тIехьалда гьадин ракIалде щвезабулеб буго Мусаца:

  «Инсуе бокьун букIана хурги бекьун, бокьги бахъун дун жиндаго аскIов вукIине. Амма дир ракIалъ батIияб иш, ай адабият тIаса бищана. ТIоцебе бахъараб дир кечI жаниб бугеб газеталъул номерги босун дун вачIиндал, гьес нодо букIкIинабуна: «КечIалъ хьихьуларо чи, хьонги бекьун бижараб тIощалица гурониянги» абун, довехун вуссун арав тIокIав дида кIалъачIо гьеб къоялъ. Амма чанго соналдасан дир «Къисас» тIехьги кодоб ккун, разиго сверухъ ругезухъ балагьана эмен. «Гьабни КъуръангIанасеб тIехь хъван бихьула васасилан» абуна гьес, аскIор рукIаразда. Гьеб букIана дие бищунго кIудияб рецц-бакъ, дица гьабураб хIалтIуе щвараб бищун кIудияб къимат. «Инсуе бокьун букIана хурги бекьун, бокьги бахъун дун жиндаго аскIов вукIине. Амма дир ракIалъ батIияб иш, ай адабият тIаса бищана. ТIоцебе бахъараб дир кечI жаниб бугеб газеталъул номерги босун дун вачIиндал, гьес нодо букIкIинабуна: «КечIалъ хьихьуларо чи, хьонги бекьун бижараб тIощалица гурониянги» абун, довехун вуссун арав тIокIав дида кIалъачIо гьеб къоялъ. Амма чанго соналдасан дир «Къисас» тIехьги кодоб ккун, разиго сверухъ ругезухъ балагьана эмен. «Гьабни КъуръангIанасеб тIехь хъван бихьула васасилан» абуна гьес, аскIор рукIаразда. Гьеб букIана дие бищунго кIудияб рецц-бакъ, дица гьабураб хIалтIуе щвараб бищун кIудияб къимат. Дун Литинституталде нахъвуссун индал, вацасда цIализабун буго гьес тIубараб тIехь. Вацас бицунаан, жиндирго гIумру цебесан унеб бугеб гIадин, вохун вукIанила эменин абун».

  Райгазеталъул редакциялда гьабсагIатги нахъе цIунун руго Муса редакторлъун вукIараб заманалда риччарал газетазул подшивкаби. ЦохIо гьенир гурони, тIокIал кирниги басмаялда рахъичIел Мусал кучIдулги цIализе щвана гьенисан.

 Жиндиего хасиятаб, хадурккун хъвазе ругел тIахьазего гIадаб, бегIераб пагьму-гьунар букIун буго Мусал газеталъе редакторлъи гьабизеги. 73 соналъ цебе къватIибе биччараб газеталъул гьурмазда буго унго-унгояб магIарухълъи. Къоло цоабилеб гIасруялъул цивилизациялъги нано-технологиязги хисизабичIеб умумузул заман буго гьениб бессун. «Цолъи» газеталъул редактор ПатIимат МухIамадовалъ кьураб белъараб хъабхъил хIалги бихьун, хурдузул чайги гьекъон, сапар бухьана Гьандихъе.

«ГУХIДУЛЪГИ, БАКЪДАБГИ, ГЬАНЖЕ ГЬАНДИХЪГИ»

  Кьерхараб хасалихълъиялъул къо. Халкъияв хъвадарухъанас жиндирго асаразулъ гIемер рехсараб Гьандихъ росу. Амма тIахьазда гьелъул цIар чанги батIияб къагIидаялъ дандчIвала нилъеда: Бакъдаб, ГухIдулъ. Бакъдаб росдал хIакъалъулъ бицен гьабун буго «МугIрул сухъмахъазда», «Борч» тIахьазда ва «Къисас», «Кьалбаз ккола гъветI», «Лъукъарал кьураби» трилогиялда. «Бакъдасел» абураб новеллабаздалъун хъвараб тIехь тIубанго росуцоязул гIумруялъул хIакъалъулъ хъвараб буго. Кин кIочон телел копол къучIбиян гьес жинцаго цIар лъурал ХIасанилавги ИсхIакъги. Гьесул лъимерлъидул гьудул Къадиги, Дибирги, бригадир ГIалихIмал битIккечIеб къисматги, ГIумарчол къарумлъиги, кIухIалав МутIалибил вахъарав хIаракатав вехьги.

РакIалде щвезабилин «Бакъдасел» тIехьалъул байбихьудаса цо гьитIинабго кесек.

  «…Цо-цо къвалакь цо-цо хъарпузги ккун, ссанаби къотIун, щобал рахун росулъе унеб нухде лъугьана дун. РикIкIадасанго гIадин ганчIида гьецIокъ кьабулеб гьаракь чIвана гIинда. Щал гьелали лъазе бокьун, надалда кверзул щурунги гьабун валагьарав дида щугоял рихьана ЧIегIераб ганчIида цере. Гьагъав хIосги кодоб ккун бугев чи ИсхIакъ-даци вуго. Гьале гьев гьанивехун вуссун вачIана ва, дунги вихьун, гьимулаго данде вачIине лъугьана. Гьесда данде гали дицаги тIамуна. — Вай, гьеб къо бихьун шагьаралдаса баччичIониги, росулъ дагьабищ хъарпуз букIараб. Сонги хъутаналдаса бачIун складалда цебе кIиго машина чIехьараб гъуни бугин гьелъул, — ин абуна гьес, хъваш-баш гьабилалдего. — Росулъе сайгъат босиялдаса ун буго иш, — илан абуна дица ва тIадеги жубана бакъдасел хIайранлъиларин хIанчIил рахьги босун дун вачIанигиян. — Цо-кIиго шампанскиялъул шиша босун букIарабани, дунги разияб, дур налъиги тIубараб мурад, — илан абуна гьес хадубги. — Бихьулищ, Къадил ригьда цебеса гамачI нахъе гьабизе тIаделъун руго ниж. Цебе гьадинаб мина, хьилил цIадухъги кIусун, басриябго буртинадукь сардал рогьунев вехьасдаяли киса, росулъго бечедав Чупаласдаги макьилъ бихьулеб жо букIинчIо. Дос тIоцебе рагъида цIер ккураб мехалъ, ракIалда буго, бащдаб росуго букIана хIайранлъун. ЦIерги ккураб рагъи буго досулин кицибицаде тIамулаан. Гьанже кинабго хиса-басун бугеб куц», — илан абуна ИсхIакъица пашманго гIадин…

  ГухIдулъ росу нилъеда батула «Бигьародул гъутIби» тIехьалда. Жиндирго гьитIинаб заманалъул, вац Мухтарил, эмен ГIабдулал, гьесул ункъавго вацасул, Бариян кIодол, СултIан-кIудил хIакъалъулъ хъвараб асар буго Мусал гьеб тIехь. Гьелъул цо гьитIинабго бутIа цIализе бегьула жакъасеб номералъул 14-15 гьурмазда.

  Бариян-кIодоги гьелъул рос СултIанги хIакъикъаталдаги рукIарал гIадамал кколин бицана Гьандихъ. ТIехьалда хисизарун лъун руго гьезул цIарал, Мусал инсул хIикъикъияб цIар букIана ГIабдулалмухIамад. Инсул вацал кколаан СултIан-хIажияв, МусахIажияв, ГIабдулалмухIамад (Мусал эмен), Наби ва Тукъу.

   Гьелго гIадал, хIакъикъаталдаги Гьандихъ рукIарал чагIи ккола ХIасанилавги ИсхIакъги. Бакъдаб росуйин Мусаца рехсолеб бакI ккола, гьесул инсул мина бугеб росдал авал. Бакъудехун рахъ букIиналъ лъураб буго гьединаб цIарги.

   Гьандихъ дандчIвай гьабуна МухIамад Гъазалиевасги школалъул учительлъун гIемерал соназ хIалтIарав Шамсудиницаги. ХIумайд-афандиясул наслуялъул чиги ккола Шамсудин. ХIеренаб каламалъул, велъун гурони кIалъаларев чи вуго гьев. 1986 соналъ Муса МухIамадовасул юбилеялде гьесги цогидав мугIалимасги хIадур гьабураб стенд буго гьабсагIаталдаги Гьандихъ росдал школалъул жанахIалъуб къеда бан.

   Школалда бугеб Мусал музей-рукъалъул хIакъалъулъ чанго нухалда цIалунги, телевизоралдасан бихьунги букIана. Гьениве щведал, битIахъе Мусал рокъове щвараб гIадаб асарги лъугьана. МахIачхъалаялда букIараб Мусал кинабго къайи-цIа бакIарун буго Гъазалиев МухIамадица гьенибе. Буго гьениб 50 соналъ Муса нахъа гIодов чIараб стол. Гьеб столалда нахъа хъвана Мусаца гIемерал тIахьал. Гьесул букIараб диван, радиоприемник ва гьеб гуребги, ай хъвадарухъанас квализабурабщинаб жо босанин гьанибеян абуна МухIамадица. Амма бищунго асар гьабуна Мусал букIараб какикьтIамалъги, как балеб мехалъ лъолеб букIараб тIагъуралъгун чIумазги. Гьеб какикьжоялда тIад рогьалил какдаса хадув къадаралде щвана Муса.

  Къеда ран руго гIолохъанаб мехалъ ва хадуб харадунирги рахъарал Мусал суратал. Цогидаб къед цIезабун буго магIарулгун гIурус мацIазда рахъарал гьесул тIахьаз. Гьеб киналдего бер щвезабуна, кIудияв хъвадарухъанасул бечедаб ирсалда цеве эхетун, сихIкъотIиялъ кверде восана.

  Гьединаб букIана Гьандихъе гьабураб сапар. ЦIад балеб букIун, ракIалда букIанщинаб бакIалде щвезе санагIалъи ккечIо. Хъвадарухъан жанив гIураб гьесул инсул минаялъухъе щвезеги ният букIана. Гьединго ният букIана Мусал лъимерлъиялъул гьудул, гьес жиндир го асаразулъ рехсарав МухIамадов Сайгидил гIагарлъиялъухъе щвезеги. Сайгид ккола Мусал кьерилав, 17 сон барав чи нагагьаб балагьалдалъун къадаралде щвана гьев. Мусаца гIадин, гьесги хъвалаанин кучIдулилан бицана М. Гъазалиевас.

ПалхIасил, гьединаб сапарги ккун вуссана тахшагьаралде. Жинцаго Мусаца «Бакъдасел» абураб тIехьалда абухъе ккана:

«Сон къотIнов дандчIвана Къади. Лъадул кIодолгун къо-лъикI гьабизе унев вуго, — ян абуна гьес. — Жиндихъего щвечIого дун ун ватани, тамашаго ракIбакъвала долъул. Херлъараб мехалъ нилъги лъугьинадай додин манзил къокълъун».

 «КигIан хехго арал дур отпускалъул къоял?» — илан гьикъана дица пашманго. Гьале гьаб нухалъги щвечIо рекIел гьудуласулгун гьуинаб хабаралда гIодор чIезе. Гьединго инсудехун бикьизе букIараб ургъел, урхъи буссинегIан гьесухъ гIенеккизе букIараб анищги хутIана рекIел тIиналда тIупухъе. Гьаб нухалъги нахъосалалде тIамундай гьеб хутIизехъин бугеб? Кида гьеб нахъосалахъ мехго щолеб? Щибаб нухалъ гьале гьадин роржун ун ратула росулъ тIамурал къоял ва тIубачIого анищгун вуссуна дун шагьаралде», — ян хъвана Мусаца.

   Шагьранухде щвезегIан дида цадахъ вилълъарав чи ватана Мусал вацгIаласул вас ГьитIинамухIамадхIажияв. ГьитIинамухIамадхIажиявги гIемер рехсон вуго Мусаца жиндирго тIахьазда. Гьев ккола Мусал эбелалъул кIудияв эмен. Гьесул цIар лъурав ГьитIинамухIамадхIажиясда цадахъ вукIана Гьандихъ росу тезегIан. ЦIакъ гьуинаб хабаралъул чи ватана гьевги. Инсул вацгIаласул хIакъалъулъ гIемерал ракIалдещвеялги рукIана нух тезегIан рицунел. ЦIакъго халалъулеб букIун гьанир кьечIого толел руго. Къваниб росдал рагIалда, хасалихълъиялъул тIогьилаб ретIел ретIарал гъутIбиги нахъа ккезарун, ГьитIинамухIамадхIажиясул суратги бахъана.

   ЛъугIизабизе бокьун буго Мусал «МугIрул сухъмахъазда» абураб тIехьалъул ахиралда ругел мухъаздалъун:

«Гьанже абуни дун шагьаралде нахъвуссунев вуго, тIоцебесеб тIехьги лъугIизе толеб буго. Гьале дун дирго хабар байбихьараб бакIалде — росдал магъил багъилаб расалъуде, чинаридул гъотIокь кьижарав МухIумаханасул хабаде вачIун вуго.

 Хасалихълъиялъул гьороца хьвагIезабулеб буго гьесул хабада гьарзаго бижараб, роол кьер свараб хер. Хвачезарун тIамхалгун дида тIаде къулун буго пири речIчIун бихъараб гьаб ганчIидаса аскIоса баккун бачIараб, гьанже кIудияб гIураб чинаридул гъветI. Гьелъул тIанхазул щуриялъусан дида рагIулеб бугин ккола: «Гьанибе дуда нух къосунге, чIагоязда хварал кIочене бегьуларо», — абун гьабулеб калам.

«Кидаго къосинаро», — ян жаваб кьола дицаги.

Ашахан ЮСУПОВ, Гьандихъ-МахIачхъала

Авторасул суратал