«ЧIагояб классика»- авар мацIалда

 

     Ахиралде щвана газеталъ лъазабун букIараб конкурс. Гьелъул хIасилал гьаризеги, цоцазда бергьенлъи баркизеги, цIиял гьудулзабазулгун лъай-хъвай гьабизеги республикаялъул магIарул районазул ва шагьаразул школазул лъималги, гьезул учительзабиги, улбулги данделъун рукIана 20 апрелалда газеталъул редакциялде.

    Гьединго къецалда гIахьаллъана чIахIиялги. ГIахьалчагIаз ракIалдасан цIализе кколаан магIарул хъвадарухъабазул прозаялдаса бутIаби. Коронавирусалъ унтаразул къадар цIикIкIунеб букIиналдаги бан, редакциялъ хIукму гьабун букIана, гIахьалчагIи бачIинахъего редакциялде ахIичIого, цин, проза цIалулаго, рахъарал видеороликал редакциялде ритIизе. БитIараб бицани, тIоцебесеб нухалда тIобитIулеб тадбирги бугелъул, ургъел ккун букIана. Ва къецалъе лъазабураб заман лъугIизе кIиго-лъабго къо хутIидал, рачIана гIемерисел хIалтIабиги. Гьенив гIахьаллъана 153 цIалдохъан. Гьезде тIадеги – чIахIиялги (13 гIахьалчи).

 

     Гьеб къоялъ гIажаибаб чIаголъи букIана цохIо «ХIакъикъаталъул» редакциялда гуребги. АнцIго тIала бугеб Печаталъул кIудияб минаялъул азбаралда рагIулеб букIана рохарал лъималазул чIиргъи-хъуйги релъа-рохиги. Гьездаго цадахъ нижехъе гьоболлъухъе рачIун рукIана цIалдохъабазул учительзабиги улбулги.

     МагIарухъа рачIарал миллияб партал ретIарал гьитIинал магIарулал рихьидал, рекIелъе лъугьунеб букIуна цо хасаб нур, гьез магIарухъаго цадахъ босун бачIараб берцинлъи. Гьале дол, миллаталъулги халкъалъулги букIинеселъул кIулал кодор ругел хIикматал жавгьарал. Жакъа гьел кенчIолел ругел куц рихьаразул гьурмазда гьимиялъул гьин речун букIана. Гьел лахIзатаз гьазухъа талихI бахъизе кIолеб къуватгицин букIун батиларо.

     Щивасе бокьун букIана жидерго пагьму-гьунар цогидазда бихьизабизе.

     ЦIидасанги нижехъе «гьоболлъухъе» рачIун рукIана магIарул хъвадарухъабазул асаразул героял. Лъималазул хIаракаталдалъун бихьулеб букIана къецалда гIахьаллъизе гьезул бугеб гъира.      

      Шагьаралъул школазул лъималазги цIакъ хIаракат бахъулеб букIана росдал лъималазда «хадур гъезе». Цо-цоязда гьудулзабиги ратана гьенир.

     Бергьаразе ва призеразе кьуна батIи-батIиял даражабазул дипломал ва сайгъатал.

      Къецалде рачIарал гьалбадерида гьоркьор рукIарал цо-цо гIахьалчагIазулгунги гара-чIвари гьабуна.

 

     Барин ГIабдулатIипова, Хунзахъ районалъул ТIануси росдал гьоркьохъеб школалъул учитель:

     — Гьаб букIана цIакъ берцинаб байрам. МагIарул мацIалда тIобитIулеб гьаб тадбиралъ диргоцин гъира кколеб букIана проза рикIкIине яхъине. Лъималазул хIаракаталъги хIайран гьаюна. Дунгоги тIоцебесеб нухалда щолей йиго газеталдеги. Гьаниб букIун буго магIаруллъиялъул гьитIинабго тарих. Редакциялъул коридоралъул къадазда чIван ругел суратаз гIемераб жоялъул пикру гьабизе кантIизаюна. Дидаги ракIалде ккана миллаталъул чIухIилъун кколел гьазул хIакъалъулъ дагьдагьккун цIалдохъабазеги бицине. Тадбиралъул хIакъалъулъ абуни, гьелъ пана гьаюна.

«ХIакъикъаталде» гьабураб сапаралдаса дун цIакъ разиго хутIана. ЛъикIаб темаги ургъун бугоан къецалъе. Гьалгощинал лъимал рохизаризе кIварал нужее талихIалъул лахIзаталги гьимун ратила.

 

Хатимат Мирзоева, МахIачхъалаялъул №8 лицелъул авар мацIалъул учитель:

    — РакIалдецин ккун букIинчIо дир лъималги гьадигIанго берцин цере рахъинилан. Вас-васдилаго, хIадур гьарунги рукIана. Амма гьез хIаракат бахъана. Ва гьале ниж жакъасеб байрамалда – лъималаз бицунеб буго рахьдал мацIалда. Баркала газеталъул киналго хIалтIухъабазе гьаб тадбиралъухъ. МацI загIипго лъалеб букIаниги, къецалда гIахьаллъизе бокьарал гIемер рукIана. Нижецаги хIаракат бахъила газеталъ тIоритIулелщинал къецазда гIахьаллъизе.

 

    Эльмира Жамалова, МахIачхъалаялъул №8 лицеялъул авар мацIалъул учитель:

     — ЦIакъ лъикIаб тадбир гIуцIун буго газеталъул хIалтIухъабаз. Хасго шагьаразул школазул цIалдохъабазе гьаб лъугьана унго-унгояб байрамлъун.

      Жакъа гьанире рачIиналдасаги кутакалда рохана. Лъималазул рохиги гьезул букIун бугеб гъираги бихьидал, нижеегоцин лъикIаб асар гьабуна. Гьазул пикру гьикъидалги, разиго руго. Цере рахъинеги киназего бокьана. ТIадеялъулги дагьалъги лъикIги хIадурун гIахьаллъизеги ракIалде ккана нижеда. ГIагараб миллаталъул къисматалъул сагIталлъун кколел нужее лъикIабщинабги гьарулеб буго нижеца. Даим хIалтIулеб хутIаги нужер хIикматаб сагIат.

     Гьелъие цо лахIзаталъцин лъалхъизе заманги гьечIо.

 

ПатIимат Зургьалова, Каспийск шагьаралъул №2 школалъул авар мацIалъул учитель:

      — ХIикмалъизаюна цIалдохъабазул церерахъиназ. Хасго шагьаралъулазул букIараб гъира-шавкъалъ. Къец бугилан рагIарабго, бокьун букIана гьелда гIахьаллъизе. Ва дир ракIбухIичIо. Лъималги рази хутIана. Газеталъул хIалтIухъабазеги кIудияб баркала, чIахIиязулги гIисиназулги ракIазе гьабгощинаб хинлъи кьурал. Ниж хIадур руго тIадеялъул хIадурлъизеги. Нижецагоги, ай, учительзабазги, гьабила гIахьаллъи.

     Гьеле гьединаб берцинаб тадбиралде сверана авар мацIалда тIоцебесеб нухалда тIобитIараб «ЧIагояб классика».

     КIудияб баркала кьезе бокьун буго къецалда гIахьаллъаралщинал цIалдохъабазе ва гьезул учительзабазе. Хьул буго тIадеялъул тIобитIизе буго «ЧIагояб классика» — магIарул прозаялъул фестивалалда гIахьаллъулезул къадар дагьабги цIикIкIинилан.

 

Асият ГIабдусаламова, Хунзахъ районалъул ТIануси росу:

      — «ХIакъикъат» газеталъулгун бухьен 15 соналъгIаги буго нижер хъизамалъул. Дир лъималазул харбалги, кучIдулги ва макъалабиги гIемер рахъана гьелъул гьурмазда. ГIахьаллъулаан газеталъ тIобитIулеб щибаб конкурсалдаги. Кколаан цересел бакIалги. РачIунаан редакциялдеги. Гьеб киналъулго интерес букIана ясал Шумайсатие ва Аминатие. Гьезги гIемер гелулаан нахъе цIунун ругел кIудиял вацазул ва яцалъул асарал рахъарал газетазул гьурмал. Гьезулги гъира букIана къецазда гIахьаллъизе.

      Гьаб къецалъул хIакъалъулъ цIалараб къоялдаса нахъе, гьел хIадурлъизе лъугьана. Цо-цо мехалда сардилъгицин рачIунаан жидеда текст гьикъейиланги абун. Гьезул рохалие гIорхъи букIинчIо, гьанире ахIун ругин рагIараб мехалдаги. Цебесеб сордоялъ кьижизего кьижичIин абизе бегьила.

      Тадбир букIана жакъа къоялъе цIакъго хIажатаб. Гьеб лъималазулги нижерги ракIазулъ кидаго кIочонареблъун хутIана.

    Баркала байрам тIобитIиялъулъ гIахьаллъарал киналго хIалтIухъабазе. Дир ясал Шумайсатие ва Аминатие щвана тIоцебесеб ва кIиабилеб бакIал.

 

Алипат Хъазанбиева, Каспийск шагьаралъул №2 школалъул учитель:

     — Гьадинаб творческияб къецалда гIахьаллъулей йиго тIоцебесеб нухалда. Гьелъул бицен ккедал, дирго ясазулги ккана гъира. МагIарул мацI лъим гIадин лъалел гьаз, шагьаралде гочиндал, гIурус бицун, хасго ясли-ахалда ругьунлъун, магIарул мацIалда кIалъай хьадарлъулеб букIана. Гьезул гъира бихьидал, диргоги гъира цIикIкIана.

    ЦIикIкIарай яс ХIалимат хIадур гьаюна. Дунгоги тIоцебесеб нухалда щолей йиго газеталде. ЛъикIаб асар гьабуна диеги ясалъеги.

     Нижер хIаракатги гIадада ккечIо. ХIалиматиеги щвана шагьаралъул байбихьул классазул лъималазда гьоркьоб тIоцебесеб бакI. Хадусел къецазда гIахьаллъизеги бокьана нижее.

 

ПарсихIат ХIажиева, Хунзахъ районалъул ТIануси росдал школалъул учитель:

    — КIудияб гъира ккана дирги къецалда гIахьаллъизе. Лъималазеги бокьана. Баркала буго гьезул улбузеги, лъимал хIадур гьаризе кумек гьабуралъухъ.

     Гьалеха щвана МахIачхъалаялде. Гьанире щвезегIан чIезе кIоларого рукIана лъимал. Унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбир бихьидал, кутакалда йохана. Жакъа гьадинал тадбирал цIакъ хIажат руго лъималазе. МагIарухъгицин захIмалъулеб буго рахьдал мацIалда кучIдулги харбазул бутIабиги рекIехъе лъазаризе. Дагьайги разилъана, дир цIалдохъаби НурмухIамадова Аминатица ва ГIабдулхаликъов ГIабдулатIипица кIиабилел бакIал ккведал – гьезул бергьенлъиялъулъ дирги бутIа бугелъулха. Гьединго баркала кьезе бокьун буго гьезул улбузеги ва гьадинаб гьайбатаб тадбир гIуцIаразеги.

    Гьеле гьединаб берцинаб тадбиралде сверана авар мацIалда тIоцебесеб нухалда тIобитIараб «ЧIагояб классика» къец.

     КIудияб баркала кьезе бокьун буго къецалда гIахьаллъарал цIалдохъабазе ва гьезул учительзабазе. Хьул буго тIадеялъул тIобитIизе бугеб «ЧIагояб классика» — магIарул прозаялъул фестивалалда гIахьаллъулезул къадар дагьабги цIикIкIинин абун.

     Конкурсалда гIахьаллъарал чIахIиязда гьоркьор рукIана миллаталда гьоркьор машгьурал магIарулалги:

       Авар театралъул гIолохъанав актер МухIамад Дудуев, РГВКялъул журналист Хатимат МухIамадова, Россиялъул бищунго лъикIал учительзабазда гьоркьоб чIел босарай, Гъизилюрталъул №9 школалъул учитель Сарат МухIумаева, ДГПУялъул студент МухIамад Манапов. Гьединго гIахьаллъана учительзабиги.

       Лъабабилеб бакI кьуна Хунзахъ районалъул БакьайчIи росдал гьоркьохъеб школалъул авар мацIалъул учитель ПатIимат Камилова. КIиабилеб бакI щвана МухIамад Манаповасе. ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана Сарат МухIумаева. Гьеб букIана «Учительзаби» номинация.

     Цо номинациялда тIоцебесеб бакI щвана Хатимат МухIамадовалъе.

      Ва ахиралдаги жюриялъул киналго членаз цIикIкIарал баллаги кьун, Гран-При призалъе мустахIикълъана МухIамад Дудуев.

 

 Шамай ХЪАЗАНБИЕВА