КIудияв шагIир гьавуралдаса 95 сон тIубаялде

Пушкин ва Кавказ

 

Нилъ ругьунлъун руго «Пушкин щварал бакIал, Пушкинил къокъаялъул шагIирзаби, Пушкинил заман» абурал калимабазде. Нилъее гIадатияллъун лъугьун руго гьел рагIаби. Пушкин щварал бакIазул рехсей гьабулаго, дида цебечIола тIолабго дунял.
Кавказалда Пушкин щварал бакIазул бицунаго, «бакI» абураб рагIи рекъон кколаро. Кавказ – гьеб буго кIудияб ракь, поэзиялъул пачалихъ. ГIадада гурелъулха Белинскияс абураб гIурус поэзиялъул кинилъун лъугьанин Кавказ. ГIурусазул унго-унгояб поэзиялъе Кавказалъул «кавабазул кIул» кодобе щвана гIурусазул тIоцевесев шагIир Александр Сергеевич Пушкинихъе. ЛъикIав устарас гIадин, гьес гIодове виччан ричIана гьеб поэзиялъул балъгоял кIулал.
КIиго нухалда щвана Пушкин Кавказалде – шагIирасул гIумру къокъаб букIун буго. ТIоцебесеб нухалда гьев щвана 1820 соналда. Къого сон барав шагIирасул рекIее кIудияб асар гьабуна Кавказалъул кьер-кьераб тIабигIаталъ. Гьев хIайранлъизавуна мугIрузул халкъазул бахIарчиял ишаз, гьунараз, гьезул гIамал-хасияталъ, гьес байбихьана магIарулазул гIадатал, гьезул маргьаби-къисаби, бакънал, кучIдул лъазаризе. Кавказ лъугьана гьесул шигIрияб хIаракатчилъиялъул темалъун.
«Кавказалъул гьалдолел къоязул» бицунаго, А.С. Пушкиница веццана А.П. Ермолов – 1812 соналъул ВатIанияб рагъул бахIарчи, доб заманалда гIурус пачаяс Кавказалда тарав сардар. Ермоловас тIасабищана Кавказалъул халкъал тIуранго тIагIинариялъул политика: гьесул буюрухъалда рекъон, рухIулел рукIана тIурарал росаби, чIунтизарулел рукIана хурзал, къотIулел рукIана рохьал ва ахал, гIасияб балагь бачIинабулеб букIана Кавказалъул гIадамазде: «МутIигIлъе, Кавказ, Ермолов вачIунев вугин!»
Амма Кавказ Ермоловасе мутIигIлъичIо. Гьеб «мутIигIлъана» гIелму-лъай цебетIураб Россиялъе – А.С. Пушкинил ва Л.Н. Толстоясул Россиялъе. Цинги, ичIго соналдасан, 1829 соналда, цIидасан Кавказалде вачIана Пушкин. Гьеб мехалда шагIирас хъвана гIемерав чи хIайранлъизавураб «Кавказалъул асир», хъвана цIаларасул ракI асир гьабулеб «Берцинай меседу, ахIуге дий кечI…». КIиабизе Кавказалде щун хадуб гьес хъвана: «Кавказ», «Нух ччукIараб бакI», «Калмыкалъе сайгъат гьабураб», «Казбекалда бугеб монастырь», «Гуржиязул гохIазде сардил бецIлъи рещтIана», «ХIапизидаса», «Делибаш», «Баракатаб буго доб къо, доб сагIат», «МугIрузул кьурабазда гьор­кьосан чвахулеб буго Терек», «Гьале дол пашманал кьурабазул кIкIал», «ХIинкъиги чIалгIенги», «Арзурумалде сапар». ШагIирас чанцIулго рехсана Кавказ жиндирго гIемерал кагътазулъги. Гьел цIалидал, Достоевскияс хъвана, Пушкинида кIолин «чияраб миллаталъулъе лъугьине», бихьизабуна «тIолабго дуниялалъул тIалаб-агъаз рекIелъе босизе» бажарулин гьесухъаян.
Гьеб киналдаго разилъизе ккола. Амма, дир хIисабалда, Кавказалъул миллатаздехун Пушкинил бербалагьи «чияраздехун» гIадинаб букIанилан абизе рекъараб гьечIо. ХIакъикъаталдаги кIудияв шагIирасе чияраб миллат букIунаро.
Дида ракIалде ккола, тIоцеве Кавказалде щвараб мехалъ, Пушкиние гьеб букIанин гьев хIайранлъизе, сагьвиллъизе гьавураб бакIлъун. Гьелъие нугI­лъи гьабула вацасухъе хъвараб кагътида ругел гьадинал рагIабаз: «ГIайиб гурищ… мун дида цадахъ гьечIелъул: цоцазда цун ругел гьал мугIрузул гьай­батаб кьералъухъги цIороца рацарал гьезул тIогьазухъги валагьизе. РоцIараб рогьалил гIужалъ рикIкIадасан гьел рихьула батIи-батIияб кьералъул, амма рагъаричIого чIарал гIажаибал накIкIал гIадин». «Евгений Онегин» абураб романалда Пушкиница Кавказалдехун хитIаб гьабулеб буго:
Дуца гьал рухIиял хIикмалъабазде,
Унго, чан нухалъ дун къабул гьавурав.
Духъ хIасрат бергьарав, духъ рухIдаллъарав,
Дица чанцIул дуда дандчIвай гьабураб.
КIиабилеб нухалда вачIараб мехалда, гьесие Кавказ лъугьана жиндирго пикраби тIаде цIараб бакIлъун. Гьелдаса хадуб, сундул хIакъалъулъ хъвалеб бугониги: «Евгений Онегин» романалдаги, «Тазит» поэмаялдаги, «Цинги ниж церехун ана», «Дица цо диего памятник бана», «Къуръаналда релълъун хъвараб» абурал кучIдузулъги шагIирас рехсолеб буго Кавказ. Кавказалда хурхараб темаялдаса гIемерго рикIкIалъарал асарал гьечIищха гьел…
Кавказалъул рагъул пикрабазде вана Пушкин, кIиабилеб нухалда гьаниве щведал. Гьесул пикру-гIакълуялъулъги кIудияб хиса-баси ккезабуна гьеб сапаралъ. Гьанже гьес хъвалеб гьечIо: «МутIигIлъе, Кавказ…» – абун. Ермоловасдехун букIараб бербалагьи хисун буго. Кавказалде унаго, гьесухъе щведал, шагIирас хъвалеб буго: «Гьесул гьими сурукъаб буго, – ххвалие гьабулеб гьими бугелъулха гьеб», – ан.
Нилъер рекIелъе лъугьунеб пикру гьабизе ккараб бакI дандчIвала «Арзурумалде сапаралдаги». Сапаралда вугев Пушкин, гьел цIунун цадахъ рукIарал рагъухъабаздаса дагьавги нахъа хутIула, гьалагаб хъудигун чвахун унеб Терекалъухъ валагьун. АскIове вачIун, цо солдатас гьесда абула:
– Нахъа хутIизе чIоге, дур бетIерчIахъаяв. ЧIвала мун гьанив.
– Щай? Сундухъ?
– Щаяли, сундухъали цIехечIого, чIва­н рехула. Цинги лъугIула иш. Тушбаби руго сверухъ.
– Тушбабийилая? Лъил тушбаби?
– Лъил тушбабийилая? ГьабсагIат кьвагьдезе лъугьина. Гьеб мехалда лъала лъил тушбаби гьелали.
– Гьел дирги дурги тушбаби кколел ругоха? Уйищ?
– БичIчIуларедухъ кIалъалев вуго, бетIерчIахъад, мун.
Мун кисайилан гьикъана гьесда Пушкиница. Рязаналдаса вугилан кьуна жаваб.
– Гьал мугIруздаса гьел гIадамал дур росулъе рачIун рукIанищ? Гьез дур мина-рукъ бухIанищ?..
– Вай, БетIергьан Аллагь, батIаго гаргадулев вуго мун…
Цинги хIикмалъун хутIарав солдатас абула: «Гьадинаб бугоха, бетIерчIахъа­д, нижер хъулухъ…», – илан. Гьединал бакIал гIезегIан руго Пушкинил асаразулъ.
Гьанже гIемерисезул кIалдир ругьунал рагIабилъун лъугьун руго «Кавказалъул миллаталъул чиясул гьумер» абураб калима. Пушкин Кавказалдаса вукIанилан чIезабизе лъугьинаро дун, амма Пушкин шагIирасул «гьумер Кавказалдаса чиясул буго». Гьениб кин абилеб: «Русалъул махI бугилан», яги «гьесул чорхолъ Африкаялдаса чиясул би букIанилан».
Пушкиница Кавказалъул хIакъалъулъ хъвана гIезегIанго кучIдул, чанго поэма, ракIалда букIана кIудияб роман хъвазеги. Гьес ахIулел рукIана Кавказалъулгун рагIи дандеккезабейилан, рекъел гьабейилан. Гьединаб шигIру-назмуялъулаб васият гьабуна гьес жиндаса хадур рахъине ругел шагIирзабазеги.
Пушкинил ирс бечелъизабуна гьесдаго релълъун хъвадаризе лъугьараз ва гьесул иш цебехун бачараз. Михаил Лермонтовас жиндирго хасаб нухдасан цебехун бачана гьесул иш. Пушкиница тараб ирс прозаялда бечелъизабуна кIудияв хъвадарухъан Лев Толстояс. ЦIакъ­го тIадегIанаб гьеб лъабабго цIаралда тIаде жубазе мустахIикъаб буго Украинаялъул машгьурав вас Тарас Шевченкол цIарги. Гьудуллъи гьезие букIана кIудияб поэзиялъулаб гIаламатлъун. Гьанже гьеб биххун буго. Амма, Пушкиница абухъе, «дагIба-рагIи кIочон тун, кIудияб хъизамалда цолъила халкъал…».
Рагъул-Гуржи нухдасан сапар гьабураб соналда Пушкиница хъвана «Кавказ» абураб цIакъго лъикIаб кечI. Гьеб байбихьула: «Кавказ дида гъоркь буго, Борхалъуда цохIо дун…» абураб мухъал­далъун. ГIемерисез рикIкIуна гьелъ Россиялъул зулму-хIал загьир гьабулеб бугин. Гьанже, гьел рагIабиги такрар гьарун, цо-цояз хIаракат бахъулеб буго: «Кавказ Россиялъул ракь бугилан», гьелъул магIна хисизабизе. Дида ракIалде кколаро гIурус халкъалъул цогидазулалдаса тIокIлъи-тIадегIанлъи бу­гилан абураб магIна Пушкиница гьел рагIабазулъ лъун букIун батилилан. Гьес загьир гьабулеб буго Кавказалъул тIабигIаталъул тIаде ракIцIалеб хасият.
Гьанже дие бокьилаан гьеб пикру дагьабги дуруслъизабизе: «Кавказ нилъедасаги тIадегIанлъуда буго. Ва нилъер масъала ккола ишазги, шигIрабазги, ахIулел кучIдузги цIар-рецц гьабун, машгьурлъизабизе жиндир халкъаз гIурусазулгун ва цогидал халкъазулгун гьудуллъи-вацлъиялда гIумру гьабулеб бугеб гьеб гьайбатаб ракь».
Дагъистаналда цониги шагIир гьечIо Пушкиние кечI сайгъат гьабичIев ва гьесул кучIдул жиндирго рахьдал мацIалде руссинаричIев. Гьесул хIакъалъулъ кучIдул ахIана Сулейман Стальскияс. Гьесулгун «мушавара гьа­бун, гIакълу дандбана» ЦIадаса ХIамзатица. Кидаго кIоченаро гьесул хIакъалъулъ ХIамзатица хъварал мухъал:
Пушкин, мун хваравилан,
Халкъалъго рикIкIаниги,
РикIкIен гьечIел асараз
Эл гьереси гьарула.
Адабият чIухIизе
ЧIарал дур гъутIбузул махI,
Гьоркьоса къотIичIого,
ТIаде гъенелеб буго.
Россиялъул городал
Гвангъарал памятникал
Мун чIаго вукIиналъе
КьучIал нугIзаллъун чIола.
Нилъ ругьунлъун руго гIицIго гьесул заманалда рукIарал шагIирал Пушкинил къокъаялъул шагIираллъун рикIкIине. Амма, цогидаб заманалъул бищунго лъикIал шагIирзабиги рачинаан дица гьесул къокъаялде гьоркьо­ре. Гьез гIумру гьабулеб букIараб заман гуро дица кьочIое босулеб. Гьанже нилъее Пушкинил заман гьечIо, буго Пушкинил адабият.
Дагьав цевегIан дун щвана Китаялде, Шанхай шагьаралде. Гьениб нижер делегациялъ тIугьдул лъуна Пушкинил памятникалда цере. Гоминданил заманалдаги культурияб революциялъул заманалдаги – чанго нухалда щущазабуна гьеб, амма щибаб нухалда цIидасан къачIана. Гьанжеги гьеб бахъун чIун буго, гIицIго Россиялдехун гуребги, тIолабго дунялалдехун гьумерги бусси­набун. Пушкин вугелъулха Россиялъулги, Китаялъулги, Кавказалъулги – тIолабго дунялалъулго шагIир.
Дун вохарав вуго МахIачхъалаялда, Пушкинил цIар лъураб библиотекаялда цебе бугеб ахикь, гьесул памятник эхетун букIиналдаса. Гьев машгьурав шагIир ракIалдещвеялъе лъурал бищунго лъикIал памятниказул цояб буго гьеб. Щибаб соналъ, Пушкинил къоял тIоритIулаго, хъвадарухъабиги, интеллигенталги, студенталги, цIалдохъабиги данделъула гьенир ва кучIдул цIалула.
ГIемер руго Пушкиние памятникал. Гьезда берчIвазе битIккана дие. Москваялда дир рукъ букIана Пушкинил памятникалда гIагарлъухъ, Тверской бульваралда. Одессаялда Приморский бульваралда эхетараб Пушкинил памятникалда цере дица тIугьдул лъуна, Дагъистаналъул делегациялда цадахъ гьениве щведал.
Дица магIарул мацIалде руссинаруна Пушкинил гIемерал кучIдул ва поэмаби. Гьев шагIирасдехун кIудияб рокьи буго дир рекIелъ – дие ирсалъе щварабги дилъго бижарабги.
Цо нухалда ниж МахIачхъалаялдаса Дербенталде унел рукIана. Нижер цояс абуна, «Кавказалъул миллаталъул чиясул гьумер» бихьизабилин гьабсагIат нужедаян. ХIакъикъаталдаги, тIабигIаталъул хIикматаб сурат цебе рехун бачIана ниж Избербаш шагьаралде щолел рукIараб мехалъ. Гьениб цо мугIрул щоб тIубанго релълъун бугоан Александр Сергеевичасул гьурмада. «Пушкин Дагъистаналдеги щун вуго! – ян рекIелъ сири бана дир, сагьвиллъун хутIана дун. Гьаб МугIрузул улкаялда Аллагьас абадиялъего цIунун буго гьесул сипат. Гьедин Кавказ лъугьун буго Пушкинил пачалихълъун!»
«ГIурус поэзиялъул бакъилан» абула Пушкинида. Амма гьаб ахираб заманалда гьединабго цIар-рецц гьабулеб буго гьанже ругел цо-цо цогидал шагIирзабазеги. Амма… бакъ цо гурони букIунареб гIадин, Пушкинги цо вуго! ГIемерал жал цIваби рукIуна. Биччанте цогидал шагIирзабазда цIвабийилан абизе.
Нилъеда лъала Америка рагьараб­лъи Колумбица, ва гьес талавур гьабуна гьеб. Пушкиница гIурус поэзиялъе рагьана Кавказ, ва гьес гьелъул берцинлъи-гьайбатлъиги цIар-реццги цIикIкIинабуна.
Кавказ жиндирго поэзиялъулъ рагьарав гьев гIурус Колумбие, адабияталъул киналго ралъадазул, киналго жанразул адмираласе, дица щибаб соналъ гьадинал къоязда салам кьола шагIир Ярослав Смеляковасул рагIабаздалъун:
Ассаламу гIалайкум, Пушкин!
Баркула мун гьавураб къо, хирияв шагIир!

Сибиралде

РикIкIад Сибиралъул цIадул магIданахъ
ЦIуне борхалъуда чIухIараб хIехьей!
ЧIалгIаде хвеларо гьабураб хIалтIи,
Нужер пикрабазул лебалал къасдал!

Ва къварилъиялъул тIулбикьараб бац, –
Ракьул гундухъ ругел нужер божиялъ
БорчIизе гьабила кьижараб талихI,
БачIине гьабила гьайбатаб заман.

Туснахъалъул бецIаб гордухъе жаниб
Дир бацIцIадаб гьаракь борчIулеб гIадин,
БачIина нужехъе рокьи, гьудуллъи,
Хъулбузда рахарал рахаязулъан.

Туснахърукъ биххила, рахсал тIун ина,
Эркенлъиялъ нужер кверал росила.
Рохелги талихIги кIалтIа рещтIина,
Ва вацаца ярагъ нужехъе кьела!

Чаадаевасде

Гьерсилаб гIищкъуялъ, гIисинаб реццалъ
ГIемер мехалъ кквечIо нилъ махсараде.
Сардил макьу гIадин, радал накIкI гIадин,
ТIагIана некIсиял рекIел божиял.

Амма жеги нилъелъ рокьи гьалдола,
Гьалагаб зулмудул балагьалда гъоркь;
Гъираялъул цIурал панаял ракIал
ВатIаналъул гьаркьихъ гIинтIамун руго.

ГIишкъу бергьаралъухъ гьейгун дандчIвазе
Рокьул гIужда вугев гIолохъан гIадин,
Эркенлъи баркараб минут щвеялъухъ,
Нилъер щибав гьадин валагьун вуго.

ТалихI рохелалъухъ хIасрат рукIаго,
Намусалъе ракIал чIаго рукIаго,
РекIел гьудул инсул ракьалъе кьезин,
РухIалъул бищунго берцинал къасдал.

Гъалмагъ, божа: хехго баккизе буго
Улка хIайранлъараб талихIалъул цIва!
Кьижараб борчIила нилъер Россия,
Ва гьаб кверщел биххун, гьелъул чIвадназда
ЧIахIахатIалъ хъвала нилъерги цIарал!

* * *
Дие мун йокьана…
(Я Вас любил…)

Дие мун йокьана, – рокьул цIа, бухIи
Дир рукьбалъ гьанжеги сун батиларо.
Дие бокьун гьечIо мун пашманлъизе,
Дуца гьелъул щибго пикру гьабуге.

Дие мун йокьана, – щибго калам тун,
Щаклъияз, хIинкъабаз къакъалеб керен.
Дие мун йокьана, – тIолго рокьиялъ
Йокьа цогиязе, дие гIадин, мун.

Булбул

Сас гьечIел ахазукь, ихдаде, сардилъ,
АхIула булбулалъ тIогьое сарин;
Амма гьайбатаб тIегь гIенеккуларо,
КочIол гьаркьихъе гьеб кьижун букIуна.

Дуцаги гьединан гурищ ахIулеб
ХIайранай, берцинай еццун кечI, поэт?
Гьей гIенеккуларо, гьей тIегьан уна,
Ва дур кочIое гьелъ жаваб кьоларо.

Чаранги меседги

Кинабго дирилан
КIалъана месед.
Кинабго дирилан
КIалъана чаран.
Кинабго босилин
КIалъана месед.
Кинабго бахъилин
КIалъана чаран.
Руссинаруна ХIамзатил Расулица.