Проза

Тетрадалъул тIанчал

 

Кквезе рукъ кьезехъин йигей чIужугIадан йихьарайго рекIее гIечIо дие. Гьей йикIана йиццатай, михъалги рижарай, бихьинчиясул гьаракьги бугей, хъитIизе гьарун махIабигун, бокьараб бакIалда гIодойги чIолей, дида цIализе лъачIеб хъвай-хъвагIайги гъажалда бугей, жиндаго сверухъе чагъиралъул махI тIибитIизабизе йижарай, цIакъ сурукъай гIадан.
Дихъе гьелъ кьураб рукъ букIана, мокърукь тункулеб гьечIониги, жаниве лъугьаравго бетIер гIодобе къулизабизе тIамулеб. Къадал рукIана чIегIерал, цо бугеб горду букIана гьитIинаб. Гьеб рукъалда цебехун хурхинабун букIана, жаниб газалъул печги лъураб, хъаравуласул рукъалда релълъараб жо. Бищунго дие рекIее гIечIеб жо ккана – гьитIинаб гьеб рокъобе жанибе кIиго нуцIа букIин. Цо нуцIа букIана, гьадаб цо хъаравуласе гьабураб гIадаб жоялъусан лъураб, щибаб къоялъ жаниве къватIиве дун хьвадизе кколеб нуцIа, цогидаб, бокьичIеб букIана, дун вукIине кколеб рокъосан хважаиналъул рокъобе лъураб.
— Мун гIемерав гьаб нуцIихъ валагьуге, — ян абуна гьелъ, дие бокьичIеб нуцIиде килищги битIун. – Гьанисан къаси-къаси духъе хьвадизе цIуял жал гьечIо… Гьале гьаб рукъ.. Гьадаб цебехун газги буго, кIалтIа лъимги бихьун батилаха.. Гьале столги, тахги, бакIги буго гьадаба къва­тIибехун, нуцIида нахъехун рехун, рекъечIони босун вачIа… Ясалги рачунге, рокъосан квешаб махI бахъуна. КIущизе бокьани, гьадаб цолода нахъа хIажатханаги буго… Рукъалъухъ кIикъоялда анцIго гъурущ.
Гьей гаргадулеб мехалъ кколаан гьелъ дун вухулев вугилан.
Дир гьеб рукъалда разилъичIого рес букIинчIо, батIияб рукъ щолеб букIинчIо. Гьеб рокъоб гIемераб мехалъ вукIине ракIалдаги букIинчIо, рукъ балагьичIого тIубалареблъи лъалаан дида. Гьеб хважаиналдаги лъалеб букIун батилин ккола. Гьелъие сундулниги ургъел букIинчIо, дихъа щвезе бугеб гIарцул гуронани. Гьеб кьураб кIикъоялда анцIабго гъурушги босун тIагIарай, тIокIалъ йихьичIо. Гьелъ дир цIарцин цIехечIо.
Гьеб къоялъ дица гьенибе баччана дирго бусен-къайиги, тIахьалги. Дагьа-макъаб рукъги бакIарун, гордазда газеталги седон кьижизехъин вукIарав дида ракIалде ккана, хважаиналъ кровать лъикIаб бакIалда лъун гьечIилан ва вахъун тIадегун, гьеб бехъерхъана горда гъоркье.
Дир гIумруялда жаниб ккараб гьаб лъугьа-бахъиналда дунго божуларо. ГIадамасда бихьулеб гIадаб яги гIадамасул лъугьунеб гIадаб лъугьа-бахъинги гуро гьеб.
Гьеб рокъов кьижарав тIоцебесеб сор­до бащалъулеб мехалъ, дун ворчIизе гьавуна, амма сунцаяли лъаларо. Дие рекIее гIун букIинчIеб, хважаиналъул рокъобе лъураб нуцIида нахъа чIун вукIана тIад хъахIаб жоги хурав чи. Дун тахида тIад гьункъун, щиб ккананиги тIаде вахъине къачIан чIана. Амма нуцIида нахъа чIарав чи вагъарулев вукIинчIо. Гьев чи лъикI вихьизе гордухъан бачIунеб загIипаб, къотIнор лъурал чирахъазул букIанилан ккола, канлъи гIолеб букIинчIо. Гьеб канлъи гуребги, дун тIаде гьункьулеб мехалъ, тахида бахъараб къир-къириги жегиги лъугIун букIинчIилан кколеб букIана дида. НуцIида нахъа чIарав чияс цебехун гали тIамуна.
— ГъазимухIамад…
Гьедин абулеб, нуцIида нахъа чIарав чиясул гьаракь букIана чIужугIаданалъул берцинаб гьаракь. Дир цIар лъазе гьанир ругел чагIазул рес букIинчIо, дица гьеб лъиданиги бицун букIинчIо. Дун хIинкъана.
Гьев чи, гьей чIужугIадан, цере квералги ритIун, ана цебе тах лъун букIараб бакIалде. Къеда тункизе тахил манзил хутIараб мехалъ, гьей лъалхъана ва накабаз кровать балагьизе лъугьана. Дица гIажаиблъи гьабуна гьелда жиндаго цебе щибго жо бихьулеб гьечIолъиялда, щайгурелъул дун вугеб бакIалдасацин бихьулеб букIана гьелда цебе щибго гьечIолъи ва гьелъул гьумер бихьулеб букIинчIо. Рихьулел рукIана кидаго гIебеде ритIарал кверал. Гьелда тIад букIараб хъахIаб жоги бусалъ ретIунеб руччабазул горде букIин бичIчIана.
Тах балагьулаго (тIокIаб гьеб къадал ракьанда щибго жо букIинчIо), гьелъул кверал къеда хъвана, ва гьей дагьайги къеда аскIоегIан къана. Жиндирго черх къадада хъварабго, гьелъул гьаракь кIанцIана ва кьурун юссун, къеда мугъги чIван чIана.
Дун гьанжесалаги вуцIцIун чIана. Дие гьелда кинаб букIаниги гьаракь рагIизецин бокьун букIинчIо, гьелъ дун вагъаризеги толев вукIинчIо.
Кисаниги жаваб бачIун гьечIеблъи бихьигун, тIурун ана жийго ячIараб нуцIида аскIое. Амма гьей битIун нуцIида тIаде ккечIо, дагьайго кваранидехун ккана. Гьелъ, квер квалун, нуцIа балагьана, ва гьаракь бахъинаредухъ, би­гьа­гьабун гьебги рагьун гьение тIерхьун ана. Дагьаб мехалъ гIенеккунги чIун, дица тахил бетIералде рехун букIараб полотенцаялъ черхалдаса гIетI бацIцIана.
Дун щибго жоги бичIчIуларого, кьижизеги кIоларого гIабдал гIадин хутIана. Сундул пикрабазда дунго вугевалицин бичIчIулеб букIинчIо дида. Зама-заманалдасан кколеб букIана гьабсагIат дойго чIужугIадан жание ячIинилан. Дица гьей тана дир хважаиналъул яс ятилилан. Жийго гьей гурейлъи дида йихьарабго бичIчIана, гьаракь рагIараб мехалъ, гьеб дагьабги якъинлъана.
Макьихарав дица гьеб лъугьа-ба­хъи­н цебего ккараб жо бугеб гIадин та­на ва ахиралда, гIемерав тахида кьуркьудун, дун кьижун ккана. ВорчIана на­хъи­себ къоялъ радакь, гьеб иш дида нолъ макьилъ бихьараб жо букIиналда ракIги чIун. Гьеб къоялъ радал лъицаниги гьадинаб жо кканин дур нолъилан абун букIарабани, дида гьедизе кIвелаан, гьерсал ругилан. ГIумруялъ ракIалдещвечIогоги хутIизе бегьилаан, хIалтIуде унеб мехалъ, гьадинаб иш ккечIебани.
Рокъоса къватIиве лъугьунаго, кIалтIа гIодой чIун ятарай хважаиналъ дида гьикъана:
— Дуда цIар ГъазимухIамад гуребищ? – илан.
— У.
— Гьа-а-а…
Дида гьанжеги бичIчIуларо гьелда дир цIар кисан лъазе кколеб букIарабали. ЦIидасан нолъ ккараб жо ракIалдещвана ва тIубараб къоялъ кIочон тезе кIолеб букIинчIо. Гьеб къоялъ дир хIалтIудаса лъугIун, рокъове щвезеги гъира букIана. Нолъ ккараб жо макьу гуреблъи, хIакъикъаталдаги ккараб жо букIин дие тIадеялдаса-тIаде якъинлъулеб букIана. Дидаго ццинцин бахъине лъугьана нолъ хIинкъиялдаса. Къасиги дойго яс ячIани ракIалда букIана гьей кIалъазе гьайизе. Гьей къасиги ячIиналда, щаяли лъаларо, дир ракIцин чIолеб букIана.
Гьей ячIинеги ячIана. Дун ургъунго кьижун вукIинчIо. ТIаса ретIелги бахъу­н, бусалъеги лъугьун, мокърукьеги валагьун вегун вукIана. КигIан данде къеркьаниги макьуялъги толев вукIинчIо. Цин кьижун кколаан, цингиги тIуркIун ворчIулаан. Кьижун ккаравщинахъе макьилъ тIугьдулги рихьулаан ганчIазукьан раккун. Ахиралда, ворчIараб мехалъ, гьадабго нуцIида нахъа чIун ятана гьадайго чIужугIадан, гьададинго тIад хъахIаб жоги ретIун.
Гьей нолъ гIадин гIебеде квералги ритIун, ана цебе тах букIараб бакIалде, къеда тункизегIан.
— ГъазимухIамад, — илан абуна гьелъ ва къеда мугъги чIван, данде жаваб кьезегIан.
Дун кIалъачIо. Дида щай кIалъачIевалиги лъаларо. Дица абухъего, дир къадго гьабураб нигат букIана гьей гаргадизе гьайизе, хIадурун рукIана гьелъие кьезе суалал, амма кIалъазе кIолеб букIинчIо. Дида гьей чIужугIаданилан кколей йикIинчIо. БатIияв чиясдаги ккелароан гьадаб рокъой жаний гьединан ячIуней чIужугIадан йигилан. Гордухъан бачIунеб хъахIилаб ва загIипаб канлъиялъ гьелда тIад хураб хъахIаб жо гурони бихьизе толеб букIинчIо. Рокъоб жаниб сундулниги гьаракьги букIинчIо. РекIее гIолеб букIинчIо гьелъул гIажаибаб рилълъинги. ГIебеде квералги ритIун, цIодорго, гIедегIичIого, хъуштIун ячIуней йикIана гьей. Гьаракь сурукъаб букIинчIониги цо батIияб, гIажаибаб букIана. Гьей кIалъарайщинахъе кколаан дидаго нахъа чIун вугев чияс абулеб бугилан. БецIлъиялъул гуреб, гьеб гьаркьил цIун бугин рукъилан кколеб букIана.
ЧIужугIаданалъ дидехун кIиго гали тIамуна. Дун, тахил бетIерги ккун, гьункьун, вагъаричIого чIана.
— ГъазимухIамад, дида дур махI чIва­леб буго, — янги абун, гьей рукъ бакьулъ чIана. Гьелъул, бетIерги, керенги, гордухъан бачIунеб канлъухъаги борчIун, рагIдукье ккана. Гьанже канлъи речIчIулеб букIана гIодобе биччараб цояб квералъул тIеренал, хварав чиясул гIадал килщаздаги, халатаб гордикьан раккарал гIицIал хIатIаздеги. Щаяли лъаларо, дида гьел хIатIал риччун ругилан кколел рукIана.
– Дида дур махI чIвалеб буго, амма дуца дие жаваб кьолеб гьечIо… Щай? Мун гьединав вукIине рес гьечIо. Кив мун вугев? МахI аскIоб буго, жаваб щай кьолареб? Гьале, гьале хIохьел цIалеб гьаракь… Дида ккараб гIайиб щиб? Дие мун вокьула… Дица дуе киданиги квешаб жо гьабиларо… Нолъ дие дур хIатIида къочIизе бокьун букIана. Жаваб кье, гьарула дуда… Дие дур махI бокьун буго… (Гьей дагьайги дида аскIоегIан ячIана). Мун кив вугев? КIалъай ГъазимухIамад, гьарула дуда, хирияв… Дун гIадан йиго, киналго гIадай гIадан… Мун аскIов вукIин лъала дида, ГъазимухIамад…
Гьелъул цо рагIиялда тIад цун бачIунеб букIана цогидаб рагIи. Кколеб букIана, гьелъ хIохьелгицин цIалеб гьечIилан. Гьей дагьайги аскIоегIан къана.
— Гьале гьанже дида дур хинлъигицин чIвалеб буго. ЧIаго, чIаго вуго. Кив вугев? Бихье, кье гьанжеги дур хIетIе… Бокьараб гьабила, кIалъай. Бусада гIодой чIезе те, дица квалквал гьабиларо. Дур хIатIазда кверги лъун, ягъаричIого гIодой чIун йикIина. Бокьани, тIаса ретIелги бахъулаго ячIина.
Гьей аскIоегIан къарайго, гьелъул гьумер ккана канлъуде гъоркье. Гьелда бер чIварабго, дир черхалда гъар-гъар бана, тахилцин къир-къири бахъанин ккола. Дида киданиги бихьичIо гьелдаса берцинабги сурукъабги гьумер. ЗагIипаб канлъукь гуребги къад канлъукьги хIинкъилаан гьелъул берал рихьарав чи. Гьел рукIана гIажаибго чIахIиял, чIваркьарал ва къапуларел. ГIажаибго сурукъ рихьулел рукIана гьел берцинаб гьурмада. Гьумер берцинаб букIана. Дида гьабсагIат кIолеб буго кинаб гьумер букIарабали бицине, амма доб мехалъ, доб мехалъ дица гьабуна дица лъиданиги бицинчIеб жо.
Гьей тIаде къулулаго, хIинкъарав дица гьелда чохьолъ мал бана. Амма чохьолъ щвечIо. Гьелъ гIодоеги къулун, щаяли бичIчIичIо, дир хIетIе кквезе гIамал гьабулеб букIун, гьелъул каранзулъ щвана. ГьабсагIатги кколеб буго гъоркьа хIатIида тамахаб жо тункун чIун бугилан.
Гьей гIодой ккана. ТIокIай тIадеги яхъинчIо. Накабаздаги хъурщун, битIун дун вегараб, тахиде тIаде ячIуней йикIана. Дун цойги нухалъ мал базе хIадурун чIун вукIана. Хъурщун ячIунаго гьелъ цо рикIкIунеб жоги букIана. Щиб гьеб букIарабали аскIоегIан щвараб мехалъ бичIчIана.
— Баркала, баркала, барк… ХIатIида къочизегIан щайха мун чIечIев? Баркала, баркала, дие къочизе бокьун букIана, мун гIедегIизе бегьулароан…
Гьей, дида цеесан додинго накабаздаги хъурщун, ун жийго жание ячIараб нуцIида нахъа чIана. Циндаго тириго тIадеги яхъун, кьурун юссун ялагьараб мехалъ, дида гьей хважаиналда релълъун йихьана.
— Баркала, хирияв, — иланги абун, гьей къватIие ана. Гьелда хадуб нуцIа къалеб гьаракьги бахъинчIо.
Дица тIадеги вахъун, чирахъ рекIине гьабуна ва тIокIаб свине гьабичIого тезе къотIи ккана. Кьижизе ракIалдецин ккечIо, гьеб рокъов вукIине бокьун букIинчIо. Дица бусен бакIарана, гьединго ракIарун тIахьалги, гьезул гохIги гьабун, гьезда тIад гIодов чIун сундулали лъаларел пикрабазда вукIана рогьинегIан.
Рогьарабго, дун батIияб рукъ балагьизе къватIиве вахъана. Дида хIалтIизе ине кколиланцин кколеб букIинчIо. Дун гьеб къоялъ вигьунарого, риччалъ гIадин вукIана, Амма, кигIан шагьаралда женжеданиги, дида рукъ батулеб букIинчIо, гьеб къоялъ батизеги батичIо. Дун вилълъана дидаго цадахъ цIалулел рукIарал лъималазда аскIове общежитиялде ва гьарана гьезда кквезе рукъ щвезегIан, цо-кIиго къоялъ гьаниб бакI гьабеян.
Дун, бакъанигIужалъ дирго ретIел-кунги, тIахьалги нахъе росизе дицаго ккун букIараб рокъове тIадвуссана. Хважаин егун ятана. Гьелъул рокъобе нуцIа рагьун батаниги, вачIун вукIин рагIизе, дун кIетIана. Гьелъ жаваб кьечIо, ягъаризецин ягъаричIо. Цин дица пикру гьабуна, гьелда щибго жоги абичIого, босун къайи-къоногун нахъе ине, хадубги ракIалде ккана рекъон гьечIилан. Лъаларо, дида ракIалда букIун батизе бегьула гьелъ гIарац нахъе кьелилан. Доб мехалъ гIарцул иш лъикI букIинчIо. Амма кигIан дие бокьун букIаниги, кигIан цIакъ нуцIида кIетIаниги, гьей йорчIулей йикIинчIо. Гьелъул рокъоб жаниб тIадеялдаса тIаде бецIлъулебги букIана. Дица гьениб чирахъ рекIинабуна. ЙорчIичIо. Гьа­лъул жо кколарилан къватIивехун унаго, гьей егун йикIараб тахил къиркъири бахъана. Дун кьурун нахъвуссана. Гьелъул гьумер батана дидехун буссун ва кваранаб хетIе батана, бащадаб бусалъа къватIибеги баккизабун, гIебеде битIахъего ккун.
— Дуе щиб, ГъазимухIамад? – илан гьикъана гьелъ. Гьаракь букIана загIипаб, хIалуцун цIалеб букIана хIохьелги.
— Дун… Дие батIияб рукъ щун буго… Дун инехъин вуго…
Хважаиналъ кваранаб хIетIе дагьабги бусалъа къватIибе бегьана.
— Щай? Унге… Дир хьул букIана дида цадахъ чи вугин… нагагьлъун дун хванани, юкъизегIаги…
Дида гIемер рагIун букIана херал чагIаз гьедин абулеб, амма хважаиналъул кIалдисан рагIизе гьеб гIажаибго букIана. Гьелъул «щаялъе» кьезе дир жавабги букIинчIо.
— Гьедин рехун тезе бегьилищ дуца дун… Нолъалдаса нахъе дир керенги буго унтулеб… Гьарула дуда, ГъазимухIамад, унге… — янги абун, гьелъ бусалъа къватIибе баккараб хIетIе багъа­рахъдизе гьабуна.
— Дур яс кие арай? – йилан гьикъана дица, гьелъ кереналъул цIар бахъарабго, нолъ ккараб жоги ракIалде щун.
— Кинай яс? – илан гьелъ гIажаиблъи гьабуна ва гьункьун яхъун ячIана.
ХIакъикъаталдаги кинай яс? Гьелъие щиб жаваб кьелеб? Жакъа кьечIогоги кинан телеб? Гьелъие гуреблъидал жаваб къваригIун бугеб, диеголъидал… Дой щий? Киса гьей ячIун йикIарай ва хважаиналда щай лъаларей?
— Нолъ цо яс ячIун йикIана дида аскIое…
Хважаин, цо хъубаб рагIиги абун, елъанхъана ва, елъун яхъарайго, тахида гIодойги чIун, дир бадие ялагьана.
— ГIабдал, дур бетIер сверун буго…
Дир тIомолъан, кинабгIаги чорхолъ бугеб би, хIатIаздаса бахъараб, гьурмалъе буссана. Гьеб къоялъ гIадинан киданиги ццин бахъун букIун батиларо.
— Дица бихьизабила дуда киназул бетIер сверун бугебали!- янги ахIун, дун гьеб рокъоса къватIиве кIанцIана.
Дида ракIалде ккана къасиги гьаниб сордо базе ва, ячIарайго, дой яс къан ккун хважаиналъухъе щвезайизе. Гьан­же бичIчIулеб буго гьеб пикруялъул гIадаллъи, амма доб мехалъ гьедин гьабизе ккеялда дир кинаб бугониги щак­лъи букIинчIо. Гьеб гьабизе ракIалде ккун букIана хважаиналда бахъараб цциналъ. Дида гьей дагьайги цIакъ рихана.
Сордо бащалъизегIан яхI гьабизе кIоларого вукIана дун. Нолъ кьижун вукIинчIониги, тIубараб къоялъ шагьа­р сверулев вукIаниги, макьуги щолеб букIинчIо. ЦIакъ бокьун букIана дой яс ячIине. Дида кколеб букIана, гьей ячIинчIони, хадувцин инилан. Дилъ кинаб бугониги хIинкъиги букIинчIо.
Гьей ячIана. Додинго гIебеде квералги ритIун, добго ратIлилъ, додинабго хъущтIулеб рилълъиналда. Амма къаси гьей къеде аскIое инчIо.
— ГъазимухIамад, гьале дун… Дида лъала мун дун ячIинегIан чIун вугеб­лъи… Дида лъала. Гьанжеги дида дур хинлъиги чIвалеб буго…
Гьей, гIебеде квералги ритIун, тахида вагъаричIого гIодов чIун вугев дида тIаде щолей йикIана. Дун битIахъе цIорона. Дир ботIрол расуда гьелъул кверал хъваралго, гьей чIана, туркIун кверал нахъе росана ва накабазде йортун ана. Гьелъул гьумер ккана канлъукье. Гьурмал берцинлъи букIана додинабго, гIадан хIинкъизабулеб гIадаб. Гьей дир накабазда хурхана.
— ГъазимухIамад, дуца тIаса ретIел щай бахъулареб? Дуда хьитал щай ругел? Дида мал базе бокьун бугеб батани, цин тIаса хьитги бахъун, къочизе те. Дие мун вокьулевлъидал… хадуб малги бай… Каранлъ багеха… дида жегиги унтулеб буго… Гурищ?
Дида лъазецин лъачIо гьелъ дир кваранаб хIатIидаса хьит бахъараблъи. Дун риччалъе ккун вукIана. Риччалъ дицаго бараб заман лъаларо – вигьана, гьелъул кIутIби гIицIаб хIатIида хъварабго. Вигьананиги, дандечIей гьабизе кIолеб букIинчIо. Дихъ черхалда кверщел букIинчIо. Черхалъул цониги лага дир букIинчIо. Дида кколеб букIана дун цо цIорораб бакIалдасаги восун, хинаб лъелъе виччалев вугилан. Лъалеб букIана, дирго би хинлъулеб букIин. Заманалдасан лъана гьелъул кIутIби квегIаб хIатIидаги хъвараллъи. Дун вегана. Сверухълъи букIинчIо. Гьеб тIагIана. БукIана цо тIугьдузул махIги батIи-батIиял кьералги. Кьерал рукIана мохъаххун рачIун рукъ свери гьабулел. ХIанчIазул гьаркьалги рукIана. Дида гьелдаса нахъе, гьабсагIатги, лъикI мехалъ гIенеккун чIани, рагIула гьел хIанчIазул гьаркьал. Бакъан букIинчIо.
Вигьана, хинаб лъелъа къватIиве вахъана дун рогьалилъ. Рокъоб жаниб рогьалил канлъиги, рогьалил квачги гурони щибниги букIинчIо. Хадуб бихьана столги, дирго тахги, гьелда тIад вегун дунги. Дир черхалда букIана, батIияб, гIечулалда релълъараб махI. Гьеб махI черхалдаса киданиги нахъе инчIо. Дун цIидасан кьижун ккана. ВорчIана къалъудаса араб заманалда. ТIокIав кьижичIо.
Дун кьижизе толев вукIинчIо дой яс ячIине бугеб гъираялъ. Гъираялдаго цадахъ дилъ букIана гIемер кватIичIого хвезе кколилан бичIчIизабулеб асарги. Амма дие гьелъул ургъел букIинчIо. Пикраби рукIана дой ясалда. Дирго каранда унтулеб букIана дица доб сордоялъ долда бараб мал. Кколеб букIана долъ дида банин гьебилан.
Лъаларо, кин дица хIехьараб гьеб хутIараб бащадаб къояли. Кваназецин рокъоса къватIиве вахъинчIо. ХIажатханалде ине гурони, бусадаса тIадецин вахъинчIо. Гьей яс ячIинегIан вегахъе­го чIун вукIана. Амма гьей кватIулей йикIана. Дир яхI хвана. Дун вукIана гьеб нуцIихъан яс гурин, дирго хутIараб гIумру бачIине кколилан.
ЯхIго гьабизе кIвечIого, дун турусикалда гъорлъго хважаиналъул рокъове ваккизе ана. Дида кIвечIо дой яс ячIунеб нуцIихъан ине. БокьичIо. Дида ракIалде ккана къватIисахун, гордухъан валагьизе. БецIлъиялъ квалквал гьабичIони гьенисан, гордухъан валагьун лъазе ккола дида кисан ячIуней яс дояли.
Дун гордухъан къватIиве лъугьана. ТалихIалъ горда нахъа къватI букIинчIо, мадугьаласул азбар букIана. Гьениб бекьараб жоги букIанин ккола. Гьеб мадугьаласул азбар гуреб, бищунго гIемер гIадамал хьвадулеб къватI букIа­раб­аниги, хважаиналъул гордухъан валагьизе инчIого дун чIолароан.
Хважаиналъул тахги букIана битIун горда гъоркь. Гордухъан валагьарав дицаго тIаде рагIад ккезабулеб букIаниги, тахида егун йигей хважаин дида йихьана. Амма, гьелда вихьичIого вукIине, гьей тIаде яхъине лъугьарайго, дун нахъегIан кIанцIана. КIиабизе, заманалдасан валагьараб мехалъ, бусада гьей ятичIо. Горда нодоги цун лъикI валагьун вукIарав дун, хважаин тахида аскIое къалей йихьун, нахъе кIанцIизе ккана. ГIодовеги къулун, гордал добцояб рахъалдехунги ун, дун цIидасан гьениве жаниве валагьана. Гьанжесала хважаин дида жиндирго бусен битIизабулей йихьана. Амма гьелъ гьеб тIаса-масаго гьабун тана. Заманалдасан тахида аскIоса гьей тIагIана. Мадугьаласул къадада тIасан бачIунеб къотIноб лъураб чирахъалъул канлъи бадиб бачIого букIине, гьурмада кверги цузабун, халгьабураб мехалъ, бихьана, тIад хъа­хIаб, бусалъ ретIунеб гордеги ретIун, йицатай, гIебай хважаин дир рокъобехун лъураб нуцIиде аскIое уней. Жибго нуцIа бихьулеб букIинчIо, амма хважаин нуцIида аскIое уней йикIиналда дир кинаб бугониги щаклъи букIинчIо. Жиндирго рокъоса хважаин тIагIарайго дун, дирго горда гъоркье векерана. Дир рокъое добго нуцIихъан ячIуней йикIана гIолохъанай яс.
— ГъазимухIамад, хирияв… Мун кин вугев? Дида махI чIвалеб гьечIо… хинлъи гьечIо… — ян рагIулеб букIана, къва­тIиве кIанцIулаго, рагьухъего хутIараб гордухъан жание ячIарай яса­лъул гьаракь.
Гьелъ дир чIобогояб бусада кверал рахъулеб мехалъ, дие бокьун букIана жаниве, гьелда аскIове кIанцIизе. Дица гьедин гьабизеги гьабилаан, яс тIурун инчIейани. Гьей тIурун ана добго нуцIида аскIое. Дун векерана хважаиналъул горда аскIое ва гордухъа жаниве нуцIа бугеб рахъалдехун валагьана. Гьенисан, бецIлъулъан яккун ячIана йиццатай, гIебай хважаин. Гьелъ рукъ свери гьабуна. Цин тахида гIодой чIана, хадуй тIаде яхъана. Гьелъие цо жоялъ рахIат толеб букIинчIо. Гьей цIидасан добго нуцIида аскIое ана ва дир рокъоехун тIерхьана. Дун гьанжеги дирго горда аскIове векерана. Гьенисан дида йихьана добго нуцIихъан жание ячIуней дойго берцинай яс. РагIана гьелъул дун ахIулеб гьаракьги. Гьанжесала дида яхI гьабизе кIвечIо, ва дун, гордухъа жанивеги кIанцIун, гьей гIадан хIинкъиларедухъ, гьелда хурхун чIана. Гьелъ дун цин нахъегIан тункана, хадуб, накабаздаги чIун, дир хIатIазда къочизе лъугьана.
Дида бихьулеб букIана дунго холев вукIин. Гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса дун кваналевго гьечIо. Дир хадусеб гIумру байбихьулеб букIана сордо бащалъараб мехалъ. Дунялалда щибниги букIинчIо гьей яс гурони. Дун хIалакълъана, тIом бакъвалеб букIана. Амма, гьей яс ячIинегIан чIун, кидаго яхI гьабизе кIоларого вукIана.
Гьей сордойил ячIунароан. Гьей ячIине ккани, тIубараб къоялъ, хважаиналда аскIове ине кколаан, гьелъул хIатIада къочаризе, къаси дой яс дихъе ячIунейлъи лъани. Амма гьей ячIине ккани, гьабизе кколаан хважаиналъ абу-абураб. Гьеб букIана жужахI.
Дида ракIалде ккана хважаин чIвазе. ТIокIаб рес букIинчIо. Дида кIолароан дой ясалдаса инкар гьабизе. Дихъе яс щолей йикIинчIо, хважаиналъул мурад тIубазабуни гурони. Цин цIадулъ, цин лъелъ хвеялдаса дие хважаин чIвазе бигьаяб букIана. Дица пикру гьабулеб букIинчIо гьел цого чагIи рукIиналъул.
Цо сордоялъ, дой яс ячIине заман щвейгун, дица къадго хIадурун букIана гIащтIиги…
ТIокIаб жо букIинчIо. БукIун батизеги бегьула, амма тетрадалдаса тIанчал тIун ругоан.
Дихъе щвараб гьеб тетрадь ккола живго жиндицаго чIварав чиясул тетрадь. ГIемер ралагьана дица гьел гьоркьоса тIун тарал тIанчал, ратичIо. ГIагарлъиялдаги лъалеб батичIо.
ГIагарлъиялъе бокьуларо гьесул цIар бахъизе. Гьев гIадаллъарав чи вукIиналъ, гIадамазукьа нечон рукIуна гьел. ХIакъикъаталдаги рагьун абизе кIолеб букIинчIониги, росуго гьев чи хвезегIан чIун рукIана, киназго гьесие хвелго лъикIилан абулеб букIана. Ахиралдаги, бичIчIун батаниги батичIониги, гьев живго жиндицаго чIвана.
ГIадамазул киназулго бугеб жо батилаха гьеб, жидедаго бихьулареб жо бихьулев чиясда гIадаллъун вугин аби… щибха гIадамазда гьабилеб?
Гьев, дир хIисабалда, нилъеда кIигогIан гъваридгоги, лъикIги дунял бихьулев чиясул гIагарлъиялдехун адабги цIунун, гьезие гьев чиясул цIар бахъизе бокьунгутIиги хIисабалде босун, гьабураб букIана дирго цIар рехсей.
Гьебго тетрадалда букIана тIадехун рехсарабщинаб жоялъул магIна жаниб бугеб ахирисеб мухъги. Гьоркьоса тIанчалги тIун ругелъул, дица гьеб мухъ рехсечIого тезехъин букIана, хадубги пикру гьабуна…
Гьале гьеб:
… амма дир черхалдаса бугеб гIечул махI лъиданиги чIвалеб букIинчIо.