Дир магIил гаралгун цолъараб магIу

Кин йигей, магIарулай?

 

ГIадамазе йокьулей хIикматай магIарулай. Гьурмадаса гьимиги лъугIуларей, рекIедаса рокьиги тIагIунарей, гIанчIлъиги гогьлъиги жубан лъугьараб гIажаибаб релъи рокьул дандерижилъун тIолалаго магIарулазе кьолей, недегьлъи, хIеренлъи жиделъ бессарал шигIрабигун гIагараб миллаталъул тIалабазда, ургъелазда, гьелъул букIинеселъул пикрабазда машгъуллъун йигей шагIир.
ТубхIат лъалалдего, рокьулаан дие гьелъул шигIраби. Чанго нухалъ тIатIала юссун цIалулаан гьел. Хасго магIида рецIцIулел гьелъул сариназ асир гьаюлаан дун. Кинха божилей йикIарай рохелалъ гьурмада талихIалъул накъишал рахъарай шагIиралъул рекIелъ цо хасаб бакI магIуялъ кколин абураб жоялда.
Эбел хварай дол къваридал къояз, цIидасанги къвалакье ячана ТубхIатил шигIрабаз, ва жакъаги гьез дир рекIел гъварилъуда хутIараб пашманлъиялъухъ зама-заманалдаса гьо­боллъи бала:
— Эбел гьечIел ясал, сордо рещтIиндал,
Дунги гъорлъе яче, чара холелъул.
Хъизан гьечIел яцал, цохIо хутIидал,
Дунги ракIалдещва, магIу тIолелъул…
* * *
-ЧIегIераб кIазалъул бакIлъи борцунеб
Роцен эбел гьечIел ясазулъ буго.
Бабалин баулел кIутIбузул бухIи
БухIун, магIу тIолел тIанчIазулъ буго…
Жакъа къоялъги гIинда багъулеб букIуна шагIиралъул гьа­ракь. Гьелъ щурулеб бугин кколеб буго:
— Эбел ана, дун хутIана.
Гьеб букIун буго гIумру…
Эбелалъул зонода къвалги бан, гIодулей дир хьолбохъ чIун батула къваридаб шигIру:
— Лъаларо, жакъагIан къварид йикIинчIо,
КIвезе кколеб буго магIу бацIцIине…
Бакъги, дунги, цохIо салул авлахъги,-
Эбелалъул зани, къай дун каранде!
(Эбелалъухъ чIвараб чIегIераб дир кIаз)
ТIолабго дуниял тIаде бегараб гIадаб асар лъугьуна ва дагь-дагьккун цо гIажаибаб бигьалъиги рещтIуна рекIелъе. Ва киса-кибего — эбелалъул махI. ЦIидасанги тIадюссуна лъимерлъиялъулъе, гьоболлъи бала гIолиллъиялъухъ ва чIвала эбелалъул махI. Дунялалдаго бищунго гьуинаб, тIагIамаб, лазатаб:
-Эбел гьечIеб гьаб рокъоб бугебщинаб бесдаллъи
Долъул квер кваланщинаб щапун магIил цIолеб куц!
Каранде дунги ячун, угьдулеб дир лъимерлъи…
Долъул рокьул кинида дунялго кIикIараб куц…
(Дир ургъалил гъансито)
Газетазда рахъулел дир макъалаби, харбал, кучIдул цIаларазда бичIчIулеб батила щай жакъаги дир магIу шагIиралъул магIугун цолъарабили. ГIажаиблъи гьабизе ккараб жо гьечIищха, магIуги кумекалъе лъугьун, хъварал кучIдул цIалидал, дихъе рачIуна сабруги, пашманлъиялъул кьер чIва­раб рохелги, рохалида нур базабулеб шагIиралъул пикрабиги… Ва цо кинабалиго къуваталъ цIидасанги цIала шагIиралъул магIица лъалъарал шигIрабахъе.
Дир гIумруялъухъги гIодана шагIиралъул саринал. Ва дир магIил гаралгун цолъулеб буго шагIиралъул магIу:
— Бице, магIарулай, кинаб хIасратгун
Дур кIутIбуз дир асар ахIулеб бугеб?
Берцинай кочIохъан, кинаб асаргун
Дур каранда дир ракI кIетIолеб бугеб?
Дир кочIолай гьудул, рекIкIалъ лъукъидал,
Дургийищ тIинкIараб тIогьоде магIу?
ГIумрудул бакъаналъ къабул гьабичIеб
ЧIаголъараб кинха дир рекIел гIишкъу?
(Дир рагIабазда кечI ахIулеб буго)
Цинги дир рекIел чIвабзазги рачуна билараб талихIалъухъ угьдулел къваридал бакънал. ТалихIалъул цIурал гIумруялъул бакъназ асир гьайичIей дие бадибчIвай гьабизеги хIалбихьана ТубхIатил шигIрабаз:
— РакIалъ мун йокьулев цо магIарулас
Бераз бицунаан дуе гIишкъудул.
Досул гIадатлъиян, мун елъанхъидал,
Лъукъараб рокьигун ана вас нахъе.
Жакъа магIил гарал дур бераздаса
РацIцIуней йиго дун дурго квербацIцIалъ…
(Цо гьудулалде)
Дир къисматалдаги кIетIана шагIиралъул саринал:
— … Лъалищ, мунгоха телев дун ракIалдещвеялъе
Дир гIумруялъул нугIлъун, дир къоязул къираллъун;
Лъимер гуреб, рукъ гуреб къисматалъе гIиллалъун,
Лъилго лъади йикIинчIей дир гIишкъул ишаралъун.
(Щиб дуе телеб?)
Яги:
— Гьеб кинаб даранин, елъулаан дун,
Диеги гIаздада тIегь баккидалги.
Бертабалъ ясалгун кIусулаан дун,
КIодол рагIабазде гIинбачIониги.
БичIчIана гьеб дида, амма доб релъи
Долго гIанабазда гIодула сардилъ.
Сородулел руго гIазда дир тIугьдул-
Доб кIудияб даран хутIана макьилъ.
(КIудияб даран)
Вац хварал дол захIматал къоязги, къвалги бан, дунгун рукIана ТубхIатил шигIраби. Гьез дие щурулеб букIана вацал хварал яцазул къисматалъул къваридаб къиса:
— ГIажаибал руго мугIрул руччаби,
(Чан нухалъ гьарулел гьедин пикраби),
Жал холеб мехалъги, вац ваккичIони,
Вугониги гIелин гIодула берал.
ГIодоса рахъине рухI гьечIониги,
Гьел тIаде рачIиндал, рортула кванде.
Квераз мугь ххенонги батула тIагIам,
МагIу бакIарунги, балагьула лъим.
Дицаги цо къоялъ тела дуниял,
Нужго нужан араб лъугIила гIумру.
Амма дир хъатинир ратила мугьал,
МагIарул гIертIиниб батила магIу…
(Яцалъул сарин)
ЦIидасанги бегулеб буго шагIиралъул тIехь. Цоялда хадуб цояб гьабун, магIилъан кенчIолел ругел шигIрабаз пашманаб кьер чIвазабун буго сариназул гIидраялда. Гьез ракIалдещве­зарулел руго Дагъистаналда чIегIераб тIанкI лъурал цо-цо хIужабиги. Масала, СагIид-апанди чIварал вахIшиял дол къояз къварилъиялда букIана мугIрузул улка. Устар хириязул магIица лъалъалеб букIана сверухълъи. Гьеб ками унтана шагIиралдаги. ЧIвалел ругел диниял церехъабазул читIир халалъидал, шигIрабаз бицана шагIиралъ жиндирго рекIел къварилъиялъул хIакъалъулъ:
— КъурамухIамадгун Макъсуд-хIажиги,
МухIамадвакилгун ЯхIя-хIажиги…-
Дида лъалелщинал шагьидзабазда
РечIчIарал гулбуца лъукъана дунги.
Дуде унелщинал тIухьидул гулбуз
ТIутIун рана чурхдул дур муридазул.
Жидерго динги тун, духъе рачIараз
Дагьабги гьарзаго тIуна духъ магIу…
(Мун рехсезе кIолеб къаламни гьечIо. СагIид-апандиясде)
ГIемер щола дун Лъималазул рокъоеги, бокьула рехун тарал лъималазул хIакъалъулъ хъвазеги. Гьезул къисматалъул маргьаялъ къварид гьаюрай дун тIадюссуна ТубхIатил шигIрабахъе. СихIкъотIун гIенеккула божизе захIматаб хIакъикъаталъухъ. ШагIиралъул шигIрабазул чIвабзаз рачунел талихIкъосарал бакъназ сири базабула тIолабго черхалда:
— Цо гьезул берцинлъи!- БухIулеб магIу!
Цо гьезул пуланлъи!- Огь-гьай, дуниял!
ЧIахIияз кьун гуреб лъимцин щоларел,
Кьеян абизецин жеги гIун гьечIел!
…Цинги сонал индал, кьерилазда гъорлъ
Умумул ругезда гьезул бахиллъи:
« Гьардарал, бабаги дадаги ругел,
Дун… Дир гьечIо…»- гирун бортулеб магIу.
Гьеб магIил бухIиялъ бухIулареб ракь!
Гьеб магIие даим баккулареб бакъ!
Гьеб магIида гурхIун гIодулел зобал:
Аман, гьеб магIие цо рагIи- «Бабал!»
(Кьоге, Аллагь, лъимал иман гьечIезе)
Дунял хIайранлъарав ХIамзатил Расул хведалги, ТубхIатил сариназул гIидраялда саву рещтIана, гьей ракI-ракIалъ гIодана кIудияв шагIирасда хадуй.
«Рохалил министерствойилан» гьес цIар кьурай магIарулалъул ракI дол къояз гъаримго судулеб букIана:
— Унеб буго босун Расулил мали,
МахIачхъалаялъул аслияб къватI чIван
Аслу унеб буго магIарулазул-
ГIоде дунгун цадахъ гьеб бичIчIанщинал!
«Ясалъе, яцалъе ТубхIатие»,- йин
Дур цо автографалъ ракI хIайранлъарай
Жакъа, инсухъ гIадин, магIу тIолей дун,
Дур сурат бихьидал, пикрабаз цIуна…
(Расулил сурат)
Гьаб кочIоцаги, тохлъукьего дир пикрабахъеги бачIун, тIуркIизаюна. РакIалдещвеяз цIалтун биччараб рекIелъан магIил ицц бецIцIулеб гIадаб асар гьабуна:
— РицIцIигъветI бихьула рохьил рагIалда,
РакIгурхIула гьелъул магIил гаразда.
ГIодобеги къулун, гIодулеб гъветIалъ
Гъаримлъи бахчулеб халлъараб лъида?
РицIцIигъветI бихьула рохьил рагIалда,
Дида жиб лъагеяб пашманаб дарслъун,-
Лъимадулаб рокьухъ даим урхъарай
Эбеллъун яхъинчIей чIужугIаданлъун….
(РицIцIигъветI).
Дида дирго къисмат релълъун бихьана чиякъаб, ялгъузаб ва гъаримаб рицIцIигъотIолалда. Ва дир магIил гарал цолъана шагIиралъул магIугун…
Цо лахIзаталъ берал къанщидал, цебе бачIунеб буго, чанахъанасул гуллаги щун, тIанчIазулгун, тIадегIанлъи — борхалъиялъулгун, зобалазулгун, мугIрул-щобазулгун къо-мех лъикI гьабулеб пахруяб мугIрул цIум:
— … Амма цIум гьезда цебе, цебе гIадин рещтIинчIо,
Инсанасул гуллица ракIги борлъун, рещтIана.
Амма чанахъанасда чучи бихьизе течIеб,
Гьелъ ахираб хIухьелцин тIанчIазе дарслъун тана.
«Воре, хириял тIанчIи, берал — цIумазул чIухIи
РакI гуреб гIодуларел цIумал — мугIрузул чIухIи…»
ЧIухIараб цIудул рекIел магIулъун тIинкIана би.
Цудунго букIаниги, кIудиял гIуна тIанчIи.
(ЦIудул хвел)
МагIу. МагIу. МагIу… БакIабги тIадагьабги, бохарабги пашманабги, роцIарабги бацIцIадабги, къваридабги гIатIидабги…
— ГIазизаб дир жергъен, пашманалщинал
МугIрул руччабазул кьерда йиго дун.
Ургъелаз чIунтидал, рокьуца тедал,
Таманаб гIодана дунгун цадахъ мун…
(Жергъен)
Шамай Хъазанбиева