Бахьикъосараб къавм, къабихIаб уммат

Тохтур Сахрудин Сапаровасе

 

Сахрудин, бице, вац, гьечIищ даруго
Дагъистан унтараб квешаб унтуе?
Кидаха, Сапаров, сахлъизе бугеб
Балагьаз бизараб узденазул ракь?
Кьолеб буго халкъалъ къойил гьеб суал
Улкадул бутIрузе ва тIадчагIазе.
ГIинкълъунги беццлъунги гьел ратичIони,
Щай гьез гIадлу-низам хвезабулезда.
Закон чIаго букIин лъазабулареб,
Гьезда тамихIалъул цIал кьабулареб?
Бихьулищ доб мина, хъала гIадинаб,
Хъурмица бикъараб гIарац кьун бараб?
Щай тIадал чагIаца гьикъулеб гьечIеб,
Гьеб киса бикъараб, лъил бикъарабан?
РагIулищ гIарз-зигар захIматчагIазул,
Чилъи-яхI биларал хIакимзабаца,
ХIалихьатал, пучал чиновникаца
Жал гуккулел ругин, хIулулел ругин?
ХIакъикъат, Сахрудин сахлъидул гIалим,
Гьаб жакъа къоялъул гьединаб гьечIищ?
ГьечIебани дица, авлахъалъул вас,
Сарин гьелъул бицун хъвазе букIинчIо.
Сахрудин, бице, вац, гьечIищ даруго
Дагъистан унтараб гьаб унтиялъе.

НахъегIанлъи чода…

НахъегIанлъи – чода, чилъи-яхI – лъелго,
Лъугьараб щиб дуе, Шамилил улка?
Узденлъи – хъощазухъ, хъурмал – хъулбузухъ,
Хъулухъ цIикIкIаразул цIар бахъун буго.

Ракъуца холезул къокъаби рачIун,
Къойил рощнол гохIал хъирщулел руго.
Хъаталги цере ккун, унтарал руго,
Аллагь рехсолаго, кумек гьарулел.

Гьел ракъизарурал, унтизарурал,
Расги нечечIого, чухIун хьвадула.
Гьел хьуцIил къуркъбузул къохьол гьурмазда
ГьечIо намусалъул лъалкIцин бихьулеб.

Бахьикъосараб къавм, къабихIаб уммат,
Къадарабщиналъул рахъккураб агьлу,
Къиямасеб къоялъ махIшаралдани
РорчIизе гьечIо нуж дивананлдаса.

***

РакI бацIцIад гьечIони,
Щвеладай кири:
Ккураб кIалалъулги,
Бараб какилги?
РакI бацIцIад гьечIони,
Къабуллъиладай,
Къойилго аниги,
Унго, дуе хIеж?

ХIежги, какги, кIалги,
Гурищ чиясе
ЧамгIаллъи гьечIеб ракI,
РекIкI гьечIеб гIамал.
ГIадамал, гIадамал
ГIумрудул цIваби,
ЦIуне, воре, ракIал,
РекIкI рикIкIада тун.

ГIарацхан

Гьеб дур рокъоб бечелъи
ХIарамаб букIиналъул.
ХIарамаб тIансаялда
ТIад бараб какил кири,
КигIан гIемер баниги,
Дуе щунгутIиялъул.
Дуца дида абила
Гьеб Аллагьасда лъалин.
Гьелда дир дагIба гьечIо
Гьесда лъала кинабго.
Аммаха, ле ГIарацхан,
Халкъалъул берал, гIундул
Беццал, гIинкъал гьечIеллъи
КIочон тоге дудаги.

***

Мекълъиялъул защитник,
ТIекълъиялъул адвокат,
Кинан мун нечоларев
РитIухълъидул бицине?
Беццал-гIинкъал ругелъуб
Бице дуца, бахьикъос,
ИяхIгун намусалъул,
Чилъи-гIаданлъиялъул.
Лъала, дуего мунго
ЛъикIав, цIакъав чи вукIин.
ЦIакълъи, лъикIлъи чиясул
ЧамгIаллъиялъ борцани,
Дуде щвараб багьадур
Гьаб ракьалда вугодай!

***

ИяхI щайзе, ХIабиб, гIарац бугони,
Намус сундуе, вац, хъулухъ щванани?
Шабаш-ришват щолеб хIалтIуе гIоло,
ГIаламго урхъараб магIарул чилъи.
ЧчамгIалаб агьлуялъ лъола молода.
Йирчи Хъазахъица хъвачIо, дир гьудул,
Хъурмазе рецц гьабун, цохIониги кечI.
Рес къотIун, къо бухIун хутIананиги,
Мискинлъиялъ къвал бан рукIананиги,
Этим Эминица, Батирайица
Бечедал реццарал ахIичIо кучIдул.
Элдарилас яги ХъахIабросулъе
Хъванищ цониги кечI. Кепкал щвезелъун.
Хвел гьечIел къеркьеял, къохIехьей, гьунар
Жидее даимго чIухIилъун бугез.
Амма, МугIрул улка, мун бикъун кванан,
Кепалда ругезда гьеб рагIуларо.
РагIаниги, божа, женаб агьлудуй
Гьезул тIалаб-агъаз букIине гьечIо.
Хъублъи бетIералда, тIекълъи ханлъуда,
Хварабищ, Дагъистан, дур намусгун яхI?
ХIелхIел, цIогь – гьундузухъ, мацI, хIилла – тIохда,
ТIадмагIарул чилъи, лъугIарабищ мун?

***
РухIалъул бахIарзазе,
ЯхIалъул узденазе
БетIер къуле къойилго,
Къадру гьабе даимго.

Къадаразда, тохазда,
Инжитазда, женазда
Абе битIараб рагIи,
ТIулил вац вукIаниги.

***
Дуца битIаралда
БитIараб абе,
БетIер къотIаниги,
Къуркьуге тIекълъуй!

ТIолабго гIумруялъ
ГIазаб къулчIун чIа,
КъабихIлъиялъул мун
Лагълъун вукIунге.

КIочонге мун гIурал
МугIрузул къанун.
Къарнабаз хвел гьечIев
Шамилил чилъи.

Чорокаб хьуцIил чи
РикIкIадегIан те,
РекIелъ бакъ бугезул
Горсверуда чIа.

Гьеб мехалъ гIумрудул
ЛахIзатгун хIикмат
ХIарамлъиларо дуй
Дуниялалда.
Дуца битIаралда
БитIараб абе,
БетIер къотIаниги,
Къулуге тIекълъуй.

ГIунхрузул парламент

Бичарабищ, ГIали, гIинбекий гьаракь,
Кьурабищ, бетIерчIахъ, гьелъухъ дуй гIарац?
ГIажаибаб заман, хIикматаб улка,
ХIукуматги халкъги къойил гуккулеб.

МахIги нечечIого ахIтIолел руго,
Жал депутаталлъун рищизе кколин.
Кинаб закон, гIадлу букIине бугеб
ГIунхрузул парламент бугеб мехалда?

Гьеб бицинчIониги, лъалеб жо буго,
Лъаниги пайда щиб, улкадул бутIрул
БутIрул гьечIел рукIун, гьедин бугелъул.

Бичарабищ, ГIали, гIунхрузе гьаракь,
Кьурабищ, бетIерчIахъ, гьелъухъ дуе мухь?
Вабабай, вададай демократия,
Дуца гуккулеб куц, огь, гьаб мискин халкъ!

***

Дицаги гьикъана Хъумурбегида
Хъулби гIадал рукъзал, хирияб мебель,
Мерседесал, дача, чанго магазин
Кинаб гIарцухъ дуца росаралилан.

Расги нечечIого, гучав цIогьорас,
Аллагьас кьунилан, кьварун абуна.
Аллагьас бикьизе дуй кьун батани,
Ракъун къойил холез щибха гьабилеб?

Гьединаб буго кечI гьаб заманалъул –
Законги гIадлуги кагътида буго,
ГурхIел гьечIел хъурмаз, хъубал тIадчагIаз
Бикъулеб, бикьулеб буго бокьухъе.

Хъвала поэтазги гьел реццун кучIдул,
КинабгIаги къадру жидерго гьечIел,
КинабгIаги къимат рагIулги гьечIел.