62 соналдасан такрар гьабураб гьунар

 

  Москваялъул Петр Чайковскиясул цIаралда бугеб консерваториялда тIобитIана «Россия – вселенная звука» абураб халкъазда гьоркьосеб музыкалияб фестиваль. Гьелда гIахьаллъана МуртазагIали ГIалиевас нухмалъи гьабулеб «КочIолаб ЧIарада» абураб Дагъистаналъул пачалихъияб бихьиназул хорги. Гьезул концерт букIана консерваториялъул Рахманиновасул цIаралда бугеб залалда. Гьелъул аргъанчи, машгьурав композитор АхIмад ГIамирхановасулгун гьадинаб гара-чIвари гьабуна нижеца.

— Дагъистаналда гIемер руго кочIол ва кьурдул коллективал. Гьезда гьоркьоса «КочIолаб ЧIарада» кин ккараб Москваялде?

— Ниж гьенире ритIиялъе сабаблъун ккана Татам Мурадовасул цIаралда бугеб Дагъистаналъул филармониялъул художествияй нухмалъулей Ирина Нахтигаль. Долъ битIана конкурсалъул гIуцIиялъул комитеталде нижер хоралъул хIакъалъулъ баянал ва загьир гьабуна фестивалалда нижги гIахьал гьареян абураб пикру. Добе битIизе кколаан фольклорияб репертуар бугеб, умумузул бакъназда кучIдул ахIулеб коллектив. Гьеб кинабго бугоха нижер хоралда.

Гьеб фестивалалда Дагъистаналдаса гIахьаллъараб ункъабилеб коллектив буго чIарадисезул хор.

— Москваялде иналде лъикIаб хIадурлъи гьабизе ккун батила…

— Доба бегьулароан фонограммаялда гъоркь ахIулеб кечI. Музыкалиял алаталги рукIине кколаан чIагоял. Гьединлъидал мухIканго хIадурлъизе ккана. Цоязда кочIол рагIаби лъалароан. Гьанир цере рахъунеб мехалда хIалтIизабулаан фонограмма ва рагIаби лъангутIиялъул квекIен кколароан. Доба щибаб кечI лъазе ккола щивасда.

Нижер буго лъабго гьаракьалъ кечI ахIулеб хор. Цониги чи нахъецеве ккани, биххула хор. Гьеб рахъ роцIинабиялда тIадчIезе ккана.

Миллиял инструментал цIикIкIинариялъул мурадалда нижеца цадахъ ячун йикIана Хунзахъ районалъул ГIахьалчIиса Давудова РахIмат. Гьей йиго консерватория лъугIарай, скрипкаялда бакънал рачуней гIадан. Гьелъ бакънал рачана кеманчаялда. Нижер жеги букIана хъумуз, къали ва кIиго аргъанги.

— Нужер буго пачалихъияб хор. Гьелъул репетициял тIоритIулеб хасаб бакI бугищ?

— Нижго бетIергьанаб бакI гьечIо. Цере ниж рукIана Авар театралъул минаялда. Гьелъул нухмалъи хисидал къватIир хутIана. Гьанже, культураялъул министралъул буюрухъалда рекъон, нижее рес щун буго кIиго сагIаталъ репетиция гьабизе «Лезгинка» абураб кьурдулгун кочIол ансамблялъул минаялда. Бесдалал гIадин руго ниж. ГьечIо нижго бетIергьанаб транспортги. — Репертуаралде кинал тIалабал рукIарал фестивалалда?

 — ГIахьалчагIазул ихтияр буго жидее бокьухъе репертуар гIуцIизе. Нижеца ахIана магIарул, лезгиязул, даргиязул ва тумазул мацIазда кучIдул. АхIана сагIатгун бащдалъ. Аслияб къагIидаялда ахIана магIарул кучIдул. БатIиял халкъазул кучIдул репертуаралда гъорлъе рачана ТIагьир Къурачевасул бажариялдалъун. «Нилъер хор пачалихъиябги бугелъул, Дагъистаналда гIумру гьабунги ругелъул, рачIа цогидал халкъазулги кучIдул ахIизе», — ян абуна гьес. ГьабсагIаталда хIадурулел руго чачаназул, эрмениязул, гIурус мацIазда кучIдулги. Кавказалъулго халкъазул вакилзаби хIисабалда церерахъине ракIалда буго.

-Москваялда гIумру гьабулел дагъистаниял рачIун рук1анищ концерталде?

— ЗанкIун цIун букIана зал. Амма магIарулал ва цогидал дагъистаниял цIакъ дагь рукIана. Нижехъ гIенеккизе рачIана дагъистаниязул музыкалияб ва кочIолаб культура кинаб бугебали лъазе гъира бугел гIадамал. КIудияб асар гьабуна Москваялда гIумру гьабулев машгьурав тохтур, медицинаялъул гIелмабазул доктор МухIамад ГIабдулхабировасул кIалъаялъ. Нижер концерт лъугIун хадуб, гьев вахана сценаялде, бицана нижер хоралъул хIакъалъулъ ва баркала кьуна гьелъухъ балагьизе рачIаразе. Церерахъиналъул ахир кин гьабилебали лъаларого рукIана ниж. Гьеб масъала кутакалда гIакъилго, берцинго ва тартибалда тIубазабуна ГIабдулхабировас. Гьесие ракI-ракIалъулаб баркалаги буго. Концерталъул ахиралда ахIана Дагъистаналъул гимн. Гьеб байбихьилалде ТIагьирица абуна, цадахъ кечI ахIизе бокьарав чи сценаялде вахине бегьулин абун. Нилъер мацI лъалев, бичIчIулевщинав чи вачIана сценаялде ва, гимн ахIун хадуб, бахъана киналго цадахъ чIараб суратги.

Нижер церерахъиналъ кIудияб асар гьабун батила, нахъисеб къоялъ фестивалалъул гIуцIарухъабаз ниж рачана ВДНХялде ва гьенибги ахIана цо-кIиго кечI.

— Добе-нахъе сапаралъухъги, дора рарал сардал-къоязухъги харж лъица гьабураб?

— Киналъулго жаваб кьуна фестивалалъул гIуцIарухъабаз. Проекталъул автор ккола Маргарита Каратагина. Гостиницаялъухъги, кванихъги, самолеталъухъги – киналъухъго гIарац доз кьуна. ТIолгодунялалъул фестиваль бугелъул гьаб, бокьараб миллат цебе бахъуна гьениб. Нижедаса цебе концерт бихьизабуна Чукоткаялъул вакилзабаз. Хадуб букIана Монголиялъул, Ираналъул церерахъинал.

— Дагъистаналда рукIунищ нужер концертал?

— Советияб заманалда хоралъ ахIулаан партиялъул дандеруссиназда. Гьединлъидалищали, лъаларо, хоралъул концертин абураб мехалда гIадамал рачIунаро. Нижер аслияб мурад буго халкъиял кучIдул, умумузул бакънал цIуни. Нижеца гьел ракIарула, ТIагьир Къурачевас нотаби хъвала ва хоралъ ахIизе хIадурула. Хоралъ кечI ахIи лъугьун буго къанагIатаб искусстволъун.

Нижеда гьоркьор руго гьунар тIокIал солисталги: ГIабдула МухIамадмирзаев, Рамазан ГIабдулгъаниев, Шамхал, Хизри ХирамухIамадов, ГIумар Тахиев. Гьезги кучIдул ахIула концертазда. Нижее гIолареб жо буго реклама. Нижеда гьоркьор руго гьунар тIокIал солисталги: ГIабдула МухIамадмирзаев, Рамазан ГIабдулгъаниев, Шамхал, Хизри ХирамухIамадов, ГIумар Тахиев. Гьезги кучIдул ахIула концертазда. Нижее гIолареб жо буго реклама.

Лъабго гьаракьалда хоралъ кечI ахIизе нотаби хъван бажарулев композитор ТIагьир Къурачев гурони гьечIо. Щибаб кечI, лъабго гьаракьалдеги бикьун, щибаб гьаракьалъе нотабиги хъван, рекъезарун гьаркьалги байбихьула кечI лъазабизе. Гьелда тIад уна кIигониги моцI. ТIагьир гьечIевани, щиб нижеца гьабилеб букIарабали, лъаларо. Хоралъе кечI хъвалев композиторго хутIун гьечIо нилъер. Бокьун буго баркала кьезе ТIагьир Къурачевасе – ниж куцаралъухъ. Гьев вуго нижер учитель гIадав чи, дос абураб жоялдаса кьуруларо ниж. Дос малъухъе хIалтIани, хIасил лъикIаб ккола. Гьес хIадурана нотаби. Цо нота мекъи кканиги, хор лъугьунаро. Гьединлъидал ТIагьирил буго жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIи.

ТIоцебесеб нухалда чIарадисезул хор Москваялде щвана 1960 соналда – Дагъистаналъул адабияталъулги искусствоялъулги декада тIобитIулеб мехалда. Гьениб магIарул мацIалда ахIун букIана кIиго кечI. 62 соналдасан чIарадисезул кочIохъабаз — «КочIолаб ЧIарада» ансамблялъ – та- крар гьабуна гьеб гьунар: сагIатгун бащдалъ ахIана Дагъистаналъул халкъазул батIи-батIиял мацIазда кучIдул.

Гара-чIвари гьабуна Кавсарат СУЛЕЙМАНОВАЛЪ.