Бекьараб – бижула, гьабураб – батула

 

 

 

Россиялъул ва Белоруссиялъул Хъвадарухъабазул, Композиторазул ва Художниказул союзазул член, Дагъистаналъулгун Чачан республикабазул халкъияв художник, «Горо» абураб дагъистаниязул тIолгодунялалъулаб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев, скульптор, шагIир ва композитор Хизри Асадулаев ккола ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росулъа. Гьениб лъугIана школа, цIалана Джемалил цIаралда бугеб художествияб училищеялда (ювелир), Орел шагьаралда лъугIизабуна художествияб училище (скульптор) ва гьелдаса хадуб (1981 сон) гIумру гьабун вуго Минск шагьаралда. Гьал къоязда редакциялда гьоболлъухъ вукIарав гьесулгун гьадинаб гара-чIвариги ккана нижер.

 

 

— Хизри, нилъер цебеккун лъай-хъвай букIинчIо. Жакъа бихьулеб буго мун махсара-хочIалъул чи вукIинги…

— Дида бичIчIуларо махсараялъе бакI гьечIеб гIумру ва магIишат. Цо-цо мехалда дицаго дидагогицин абула махсараялъе вижун ватилин дун Аллагьасилан абун. Киналдаго тIаде дун 1 апрелалда гьавунги вугелъул.

— Амма мун ккун вуго дагьаб батIияб рахъалде, ай скульпторасул махщалиде. Гьелъие гIилла щиб ккараб?

— Гьеб буго чIванкъотIун жаваб кьезе лъалареб суал. 4-5 классазда цIалулаго рекIелъе бачIана дун скульпторлъун вукIине кколин абураб пикру. Дида гьеб мехалъ лъазегицин лъалароан щив чи гьев кколевали ва щиб хIалтIи гьес гьабулебали. Дир эбелалъул эмен 1937 соналда репрессиязда гъоркьеги ккун, тIагIана. Гьев вукIун вуго лъикIав спортсмен, чотIахъан, кечI ахIулаан, бакънал хъвалаан. Дир эбелги йикIана махщел бугей гIадан, ай ретIел букъулей, халичаби рессулей устар. Гьездаса щвараб батилин ккола дие сурат бахъиялде, кучIдул хъваялде ва бакъназде рокьи.

— Дуцаго мун щивлъун рикIкIунев – скульпторлъунищ, шагIирлъунищ ялъуни композиторлъунищ?

— Дида лъалелъул унго-унгоял шагIирзаби щал кколелали, дунги шагIир вугин абизе кинго кIоларо. Амма дун кутакалда вохарав вуго Расул ХIамзатовасдаса байбихьун жакъа чIаго ругезде гIунтIун цIар арал нилъер шагIирзабазулгун гьудул-гьалмагълъи, лъай-хъвай букIиналдаса. Гьебго буго машгьурал композиторазул рахъалъги, гьединлъидал дунги вугин композиторин дица абизе ресго гьечIо. Дица къалмица рахъула суратал (гьеб къагIида захIматабги къимат цIикIкIарабги буго), къватIисел пачалихъаздасаги рукIуна заказал. Дипломалда ва дир аслияб хIалтIуда рекъон дун ккола скульптор, гьел- да цадахъго гьабула художникасул хIалтIиги.

— Скульптор хIисабалда дуца гьарурал хIалтIабазул аслиял, бищун кIвар бугеллъун кинал рикIкIунел?

— Дун гIахьаллъана тIолгосоюзалъулаб анкьго выставкаялда (щивав художникасул анищ букIуна цоялданиги гIахьаллъизе, гурони гьев восулароан СССРалъул Художниказул союзалде), гьениб дир лъабго хIалтIи бичунги ана (гьел руго музеязда). Москваялда буго, конкурсалда бергьун, гьениб лъураб Россиялъул бахIарчиясе памятник. Гьенибго буго лъабго барельеф – Мерецковасе, Лагошкиние ва Манаковасе. Руго хIалтIаби Минскалда, гьениб буго Совет Союзалъул БахIарчи, молдованав Ион Салтысие лъураб памятник (гьеб рагьиялда гIахьаллъана Молдавиялъул цеве вукIарав президент Додон ва парламенталъул председатель), буго заказ гьединабго памятник Кишиневалда лъезеги. Болъихъ районалъул бетIер МухIамад ПатхIулаевас лъазабураб конкурсалда рекъон, Владимир Путин гьениве вачIиналде (2019 сон) Болъихъ рагьизе кколаан КIудияб ВатIанияб рагъда, Афгъанистаналда ккарал лъугьа-бахъиназда гIахьаллъаразе ва нилъер ополченцазе цадахъаб памятник-монумент. Лъабалго цадахъ цо кьурулъа къватIире раккулеб ругеб хIисабалда гьабураб гьеб кIудияб хIалтIи рагьиялда хIакъикъаталдаги гIахьаллъана Путин. АскIовеги ахIун, гьес тIадегIанаб къимат кьуна памятникалъе, дие кьуна гIемерал суалал, абуна гьадинаб хIалтIи жинда жеги кибго бихьун букIинчIин абун. Дицаго абизе рекъон гьечIониги, балъхъадерил чIухIилъун лъугьана гьеб. Исана педуниверситеталдаги лъуна гьелъул гьитIинаб копия.

— Дуца кучIдул хъвалел руго цохIо кIаралазул мацIалда. Кин ккараб хас гьабун гьеб мацIалда хъвай?

— ТIоцебе дие кинго рагьичIо (кучIдул хъвалеб хIисабалда) я гIурус, я магIарул мацI. ХIалбихьараб мехалда, цо-цо рагIи бачIунарого букIиналъ лъикIаб хIалалда словарал хъирщизе кколаан, гьедин хъвараб жо шигIру гурин кколаха дида. Жидер заманалда, 50-абилел соназда Машидат Гъайирбеговалъ кIаралазул мацIалда хъван букIун буго чамалиго кечI, дие гьел загьирлъана хадур. КучIдул хъвазе гъира дир бижана ракIалдаго гьечIого, гьеб хиялги бачIана жанисан гьулчун. ТIоцебе хъвараб кечIги букIана КIаратIа росдал хIакъалъулъ, гьелда цадахъго ботIролъе бачIана бакъанги. Гьедин ккана байбихьи. Дида цадахъго гIадин Баху-Меседу Расуловалъги хъвана кIаралазул мацIалда. Гьанже анцIила хадув чи вуго гьеб мацIалда хъвадарулев. Дир асарал гIурус мацIалде руссинарула бе- лорусазул машгьурав поэт Анато- лий Аврушиница, гьанжелъизегIан Минскалда къватIибе биччана кIиго тIехь. КучIдул руссинаруна гIараб, турк, нугъай мацIазде, магIарул мацIалда гьел рахъана «Гьудуллъи» журналалда.

— Дуца Белоруссиялда бан буго 40-гIанасеб сон. Гьеб заманалда жаниб мун гIемер хисанищ ялъу- ни довго Хизрийищ жеги вугев?

— Дун росулъа къватIиве вахъа- на 16 сон барабго, гьелде щвезегIан жеги шагьаралде щварав чиги вукIинчIо. Хадуб, киве дун щва- ниги, щиб хIалтIуда вугониги, дир рекIелъ кидаго букIана ва буго Дагъистан. ЦIунана нилъер мацIги, гIадат-гIамалги, динги. СагIудиязул къиралас Минскалдаса ахIараб къокъаялда цадахъ (туркав, татарав, сириялъулав, дин босарав белорусав ва дун) борхана хIеж. ХIакъаб жо, лъикIабщинаб гIурусазулги белорусазулги босана, дагьабги лъикI лъазабуна гIурусгун белорус мацIал.

— ГьабсагIаталда кин бугеб доба гIумру-магIишат, дагъистанияв вукIиналъ дуе кинабгIаги къварилъи бугищ?

— Бусурбаби дол рукIаралани доздаса иман щулиял гIадамал кирго рукIинароан. Белорусал руго хIалтIизе бокьулел, магIишат гьабизе лъалел, яхI-намус, жавабчилъи, сундулъго чIванкъотIи бугел, кьураб рагIи кколел, гьабураб къотIи тIубалел гIадамал. Рикьа-къотIи абураб жо доба гьечIо, Лукашенкоца чIванкъотIун лъазабухъе, миллатчилъиялъул махIгицин биччаларо. Белоруссиялъул киналго гражданазул (Хизриги ккола гьеб пачалихъалъул гражданин) руго бащадал ихтиярал.

— ГIемерал дагъистаниял ругищ дора, бугищ гьезда гьоркьоб бухьен, рукIунищ тIоритIулел тадбирал?

— Дова вуго ункъазаргогIанасев дагъистанияв. Амма нилъеразда гьоркьоб щулияб гъунки, лъикIал бухьенал гьечIо. ТIоритIулел тадбиразда гIахьаллъула, бухьеналда вукIуна гIага-шагарго 100-120-гIанасев чи. 2004 соналдаса нахъе, чIахIиял залазда, санайил дица гIуцIула Расул ХIамзатовасул литературиялгун музыкалиял вечерал («Ноябрьские Гамзатовские чтения»), тIоритIула гьесул кучIдул цIалиялъул ва гьесул асаразда рекъон суратал рахъиялъул конкурсал. ТIоритIана МахIмудил, ЦIадаса ХIамзатил, Батирайил, Ирчи Хъазахъил, Сулейман Стальскиясул ва гь. ц. юбилеял. ГIалиасхIаб Хархачаевасул гьариялда рекъон, дица тIаде босана Россиялъул бахIарчи, мунагьал чураяв ГIадилгерей МухIамадтIагьировас 60 сон тIубай кIодо гьабиялъул тадбир нухда тIамиялъул иш. Белоруссиялъул МВДялъул академиялда (гьенив цIалулев вукIана ГIадилгерей), тIадегIанаб даражаялда тIобитIана гьелда хурхараб тадбир. Гьелдаса хадуб, академиялъул начальникас загьир гьабуна гьеб академиялъул авалалда ГIадилгерейие памятник лъунани лъикI букIинин абураб пикру. Гьебги къабул гьабун, къотIи ккун букIана гьеб ишалъе нилъер гьанисанги кумек гьабизе. Амма цо-цо гIиллабаздалъун гьеб щвечIо. Амма доз рагIи ккуна ва лъуна ГIадилгерейил сипат гуреб, гьевги хIисабалде восун, гьесул прототип хIисабалъул памятник.

 — «Горо» щиб гIуцIи гьеб кко- леб?

— Гьеб ккола нилъер дова вугев вакилги нусгогIанасев дагъистани- явги гIахьаллъун, Дагъистаналъул цо гьитIинабго бутIа хIисабалда гIуцIараб жамгIияб гIуцIи. Гьелъул аслияб мурадги ккола нилъер та- рих, мацI, гIадат-гIамал, маданият- адабият лъазаби ва цIуни, гьеб ки- набго белорусазда бихьизаби. ЦохIо дагъистаниял гуребги, гьелда гьор- кьор руго гIурусалги, белорусалги, украиналги, молдованалги ва цоги- дал миллатазул вакилзабиги.

— Цо-цояз кутакалда веццу- ла Лукашенко, цогидазул буго тIубанго батIияб пикру. Дур ки- наб пикру бугеб?

— Гьев вуго ккаралъуб рагIиги батулев, хIажаталъуб зарги бугев, къвакIиги кьвариги гIурав бихьинчи. Дир пикруялда, халкъалъул 60 ва дагьабги цIикIкIун проценталъ ккола гьесул рахъ. «Не червонец чтобы всем нравится» абураб абиги бугелъул, рукIинарищха гьев вокьуларелги.

— Нуж мадугьалзабиги ругелъул, ахираб заманалда Украинаялда кколел ругел лъугьа-бахъиназ асар гьабулеб бугищ?

— Белоруссиялъул экономика Россиялъулалда хурхараб буго, гьединлъидал гьаниб квешго бугони, добаги гьедин букIуна, гьаниб лъикI бугони, добаги лъикI букIуна. Амма руго цо-цо хаслъабиги. Дозул росдал магIишат буго букIараб хIалалда, гIуцIун хIалтIулеб, бахъараб сурат гIадин букIуна сверухълъи, кибниги бихьуларо хIалтIизабичIого рехун тараб авлахъ, бекьичIеб хур. ХIажатаб техникаялъул гIемерисебги доз къватIибе биччала жидецаго, дагьаб гурони гьечIо цогидал пачалихъазда бараб жо. Бегула, бекьула, бижула, бакIарула, кванала, дагьаб гурони рукIунаро къватIисел пачалихъаздаса росулел нигIматал — гьединаб буго дозул къагIида. Буго хIалтIи, руго харжалгун пенсиял, буго парахалъи. Амма кин бугониги, сверухълъиялъ, бугеб ахIвал-хIалалъ асар гьабичIого букIинищха. Тукабахъ буго щиб бокьаниги, амма дагь-дагьккун рахунел руго багьаби, раккулел руго цогидал масъалабиги.

— Жакъа нилъ гьанир данделъунги ругелъул, щиб дуца абилеб «ХIакъикъат» газеталда хурхун?

— «ХIакъикъат» буго хIакъикъаталдаги букIине кколеб, нилъее чара гьечIеб ва нилъеца къимат гьабизе тIадаб газета. Дагьаб цебеги дица подписка гьабулаан гьелъие ва «Дагъправда» газеталъе, амма гьел доре моцIида жанир кIиго нухалъ гурони щолароан. Интернет бугелъул гьанже гьеб рахъалъ гIемерго бигьалъана. ГIебеде щведал хъирщула, балагьула, цIалула «чIагояб» газета. Щиб бицаниги, интернет буго цIорораб жо, кодоб ккураб газеталъул букIуна тIубанго батIияб тIагIам, рекIелъе бачIунеб хинлъи…

ГIабаш ГIабашилов