ТIалабалъул шартIал, заманалъул ресал

 

 

Дагъистаналда гIезегIан руго производствоялъулаб хIалтIуда ругел, нигIматал гIезарулел ва гьел къачIалел, батIи-батIиял магIишатиял хъулухъал тIуралел ишалъулал гIадамал цолъизарулел, гьезие квер-бакъиялъе ругел жамгIиял гIуцIаби. Гьезул цояб ккола къватIисел пачалихъазде къайи-цIа, нигIматал ричулел предпринимателазул ассоциация. Гьелъул нухмалъулев Арслан-ГIали ХIамзатовасулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.

— Арслан-ГIали, щиб хъулухъ нужер ассоциациялъ тIубалеб ва щал унел гьелда гьоркьоре?

— Соналдаса соналде цIикIкIунеб буго къватIисел пачалихъазде би­ чулеб къайи-цIаялъул (экспорт) къадар. Гьелда рекъон гIемерлъулел руго гьеб ишалде гъорлъе лъугьу­ нел предпринимателалги. Дагьаб цебеги, хIалтIулъ дандчIвалел масъалаби гьединал предприни­ мателаз тIуразе кколаан жидецаго. Гьеб иш гьезие бигьалъулароан ва кидаго гуро хIасилалги лъикIал кколел рукIарал. Гьединлъидал, гьел масъалаби жиндир заманалда тIуразе квербакъизе лъабго соналъ цебе гIуцIана ассоциация. Гьелда гьоркьобе уна 100-гIанасеб компания, предприятие, гьезул 90 процент ккола гьитIинаб ва гьоркьохъеб бизнесалъул вакилзаби. Нижгун хIалтIизе, нижергун бухьен кквезе бокьарал цоги бизнесчагIазги гьеб загьир гьабизе бегьула гьаб адресалде хъван Arslan-Ali@mail.ru.

— Кинал пачалихъазде ва щиб нилъер республикаялъ бичулеб?

— Нилъер росдал магIишаталъул руго лъикIал хIасилал, нилъеца гIезарула рацIцIадал, химия гьоркьор гьечIел нигIматал. Гьезул, пихъил соказул буго лъикIаб тIалаб. Мисалалъе, кутакалда бокьула нилъер гьан ва гьеб уна Ираналде, ГIарабазул Цолъарал Эмиратазде. Экспорталъул 30 процент ккола цIералъ, гьеб бичула Доминикана республикаялде гIунтIун. Къадар цIикIкIараб гьечIониги, 100-гIанасеб пачалихъалде уна Гъизляралда гьарулел нусал. Мексикаялъ босула теплицабигун парниказда хIалтIизабулеб пленка. Урба уна Эмиратазде, Турциялде, Казахстаналде. Нилъер ганчIил гьабал унаан Украинаялде, Казахстаналде, 6 гьобо ана СШАялдецин, гьениса руго жеги заказалги. ХIабиб НурмухIамадов дунялалдаго машгьурлъаралдаса нахъе тIалаб буго нилъер миллиял тIагъразулги.

— Щиб гIиллаялдалъун доз нилъер къайи босулеб ва гьеб добе бичун нилъеразе бугеб пайда щиб?

— Бокьараб даран-базаралда аслияблъун буго кIиго хIужа – багьа ва даража, гьеб кIиялъулго дандеккей ва ккунгутIи. Дозие кутакалда данде кколеб буго гьеб кIиябго, гуребани дол аскIоре къалароан. КъватIибе къайи бичулаго цо-цо масъалаби дандчIваниги, захIмалъи бихьаниги, багьа букIиналъ нилъер предпринимателал къоларо.

— Добе бичулеб цIикIкIинабиялдаго цадахъ нилъер гьанир багьаби рахине рес гьечIищ?

— Рес буго. Амма гьедин ккечIого букIиналъул хIалтIи, гьарулел тад­ бирал тIаде ккола пачалихъалъул хасал идарабазде. ГIадада гурелъул квотаби чIезарун рукIунел.

— ГIарцудалъун борцани, кигIа­ насеб къайи лъагIалида жаниб нилъеца къватIисел пачалихъаз- де бичулеб?

— Ахирал соназда, гьоркьохъ­ еб хIисабалда, гьеб бахуна 60 млн долларалде, гъоркьиса ана жеги тIаде (68 млн.).

— Ахираб заманалда ккана цIакъго кIудиял хиса-басиял. Кутакалда цIикIкIана пачалихъ- алда тIад лъурал санкциял, гъурщида данде долларалъул къуват щулалъана. Гьединал шартIазда бигьалъизе бугищ нужер хIалтIи?

— Масъалаби гIемерлъана, гьайгьай, хIалтIиги бигьалъиларо. Амма гьелъул буго цогидаб рахъги. Къварилъиялда аскIоб гIатIилъиги камуларин абухъе, доллар хиралъиялъ гIемерал ресал кьола къватIисел пачалихъазде къайи бичулезе. Россия буго кIудияб пачалихъ, гьанир руго батIи-батIиял регионал, амма тIабигIиябгун географиялъул рахъалъ нилъер республика буго санагIатаб бакIалда. Хинаб ралъдал рагIаллъуда, чанго пачалихъалъул гIорхъода, динцоял, гIадат-гIамал релълъарал улкабазда гIагарда рукIиналъ нилъее кьола гIемерал ресал. Европаялдасан, БакътIерхьул рахъалдасан нилъ къотIаниги, гьезулгун бухьенал дагьлъаниги, нилъее рагьун буго бакъбаккул рахъ. Европаялде унеб букIараб нилъер къайи сверизабизе бегьула гьезул лъикIаб тIалаб бугел Турциялдехун, гIарабазул пачалихъаздехун.

— Гьединаб рес гIумруялде бахъинабизе ккани, щиб гьабизе кколеб?

— Нилъер гIадамал хIакъикъаталдаги руго бажари бугел, хIалтIизе бокьулел ва лъалел, бокьараб захIмалъиялдаса нух батизе кIолел. ГIарабазул «ХIаракат-баракат» аби бугин ккола хас гьабун нилъее ургъараб, гьеб кутакалда рекъола нилъер рукIа-рахъиналда, гIадат-гIамалалда. Хисараб ахIвалхIалалда сон рукIахъе нилъ чIани, сундулниги хIисаб гьабичIони, сундаго тIад ургъичIони, хIакъаб жо, хIасилалги рукIина гьединалго. Нилъ дагьалниги рагъа-рачарани, бихьизабуни нилъер хасият-бажари, жигараб куцалда тIаде лъугьани, лъикIаб хIалбихьигун рорчIизе руго гьаб хIалалдаса, тIуразе руго киналго суалал. Нижецаги гьабулеб буго гIураб хIалтIи. Масала, нижер хIалтIул цо бутIалъун ккола туризм. ГIарабазулгун (СагIудия, БахIрейн, Эмиратал, Оман) руго гIемерал планал, гьаруна къотIи-къаял.

Гьез цIидасан жидеего рагьулеб буго Дагъистан, гьел тамашалъизарун руго нилъер тIабигIаталъ, рагьарал ва гьалбал хириял гIадамаз ва гIемераб цогидалъги. Гьел рачIуна гьанире, хIисаб гьабула киналъулго, гьезда гьоркьор руго нилъер гьаниб туризм цебетIеялъе инвестициял хIалтIизаризе хIадуралги.

ГIабаш ГIабашилов