«Исламалъул нуралъ» гIемерав чиясул рекIеда канлъи бихьизабуна

 

 

 

 

    ГIемерисезда лъаларо «Нурул Исламалъе» кьучI лъурав МухIамад ХIажиев тохтурлъиялъеги цIаларав, чанго батIияб бакIалда хIалтIун, гIадамазул сахлъи цIуниялъе эхетарав инсанги кколевлъи. ЦIакъго къанагIатал чагIазда гурони лъаларо МухIамад, жиндир баракат щваяв Бакълъухъа СагIдухIажиясул МухIамад-афанди (къ.с.) ясалъул вас вукIинги. МухIамадида газеталъул юбилейги баркун, гьал къоязда гьесулгун букIараб гара-чIвари кьолеб буго жакъасеб номералда.

 

— МухIамад, гIемерисезда мун лъала тохтур хIисабалда. Чанго бакIалда хIалтIунги ватила. Амма бичIчIуларого буго, щиб гьабизе дуй къваригIун букIараб исламияб газета биччазе? Сунца мун гьелде гьесизавурав?

 

  — Советияб заманалъул 80-абилел соназда байбихьана дица балъго гIелму цIализе. Гьелъул гъварилъуде вакканагIан, Аллагьасул каламалъул берцинлъиги, исламияб диналъ жинда жаниб бахчун бугебщинаб, гIадамасул гIумруялъе чара гьечIого хIажатаб, лъикIабщинаб жо бихьидал, дица дирго мугIалим ГIабдулжалил-афандиясда (къ.с.) чанцIулго абулаан гьаб берцинлъи халкъалдаса бахчи гIайиб гурищилан. Гьединлъидал дир анищ букIана гьеб гIадамазеги рагьизе. Амма дин гьукъарал соналги рукIун, рагьун гьелъул хIакъалъулъ бицине санагIат букIинчIо. Дол соназ балъго бахчун гIелму цIаларав чиясда гурони, гьанжесеб ислам рагьараб заманалъул къимат бичIчIизе рес гьечIо. Лъималазда Къуръан малъунилан, ГIоротIа росулъ ункъойиде вахарав херасе 8 сон туснахъалъул кьураб заман букIана доб.

 ТIоцебе 1991 соналда рагIуе эркенлъи кьолеб закон бахъидал, дун паналъун хутIана. Цебего ракIалда букIараб исламалъул берцинлъи халкъалъухъе щвезабизе бугеб къасд гIумруялде бахъинабизе гъеж гурана ва байбихьана газета биччазе.

— Гьанжего гьанже диналъе эркенлъи кьураб заман букIун бигьагоги букIун батиларо дуе тIоцересел соназ?

    — 1991 соналдаса нахъе «Исламалъул ахIи» абун магIарул мацIалъ анкьго соналъ биччана газета. Хадуб, 1997 соналда рагьана бусурбабазул «Нур» абураб хIаракат. Гьелъул рухIияв цевехъанлъун вукIарав мунагьал чураяв МакъсудхIажи Садикъовас абуна дида, нилъер гIурус мацIалдаги биччалеб газета букIине кколилан. Гьеб мехалъ байбихьана, цIарги хисизабун, «Нурул ислам» абураб цIаралда гъоркь биччазе.

  Гьанже газета биччай буго векерун унаго, ялъуни цо рекIелгъеялъе гьабулеб гIадаб иш. Газеталъул лъикIаб бюджет букIинчIолъиялъе гIоло, магIарухъеги ун кьабулаан газета, районалъул типографиялда гьеб учузго чIолеб букIун. Амма гьезул жидерго кагъат букIунароан, гьаниса кагътил гурабиги раччун унаан лъове. Хадуб газеталги росун нахъ вуссунаан, гIадамазухъе щвезабулаан. Подпискаги букIинчIого, росабалъ ругел имамзабазулгун бухьен гьабун, гьезухъе бандеролалъ битIулаан, ва гьадинаб газета буго, дие гьеб бичизе кумек гьабе, гье­лъухъ щвараб гIарацги дихъе битIе, хутIараб дуегоги теян кагъат хъвалаан. БитIун бицани, 10 битIаралъуса 5-яс жаваб кьолаан — гьедин бачIараб гIарцул кумекалдалъун биччана газета анкьго соналъ. Хадуб 1997 соналда компьютерал раккидал, дагьаб бигьалъана газета биччазе. Гьелде щвезегIан компьютералги рукIинчIого, цин квералъ хъвалаан, хадуб машинисткабаз бищулаан, хадуб кьабулаан газета печаталде. Кинабго квералъ гьабун, мекъи ккараб хIарп хисизабун, пуланаб бакIалдаса къунцIун, гьеб данде седолев, мазуталъул цIун квералгун вукIунаан.

-Байбихьуда чан чи вукIарав дур штаталда яги дуцагойищ кинабго бачунеб букIараб?

      — 1997 соналда дунго вукIана. «Нурул ислам» абураб цIаралда газета биччазе байбихьарабго анкьго мацIалда бачIунаан гьеб къватIибе. Штаталда гIемерав чиги вукIана, газеталъул 15000-ялдаса тIаде тиражги букIана. Амма 1998 соналъул августалда ккараб дефолталъ кинаб- го кIалагъоркье чIвазабуна, газета­ лъул букIараб бюджеталъул гIарацги бухIана, хIалтIухъабазе харж кьезе ресги букIинчIо. КIиго мацI (магIарул ва гIурус) хутIизегIан къазе ккана. Гьелдаса нахъе ругоха дунгоги хъизанги цадахъ рекъон хIалтIулел. АлхIамдулиллагь, хъизан филолог йикIиналъ кIудияб кумек буго. Аллагьасул кумек гуребани, гьалгощинал соназ дихъа бажаризе букIинчIо газета биччан. ГIемерав чияс гьикъула, гьедин ракIхалалъи гьабун газета биччазе дуда кин кIварабилан. Гьеб буго цохIо Аллагьасул иш, ниж руго гIицIго Гьесул иш къватIибе лъугьунеб алат. Гьелъухъ гIорхъи гьечIеб реццги буго Аллагьасе.

 

«ГIЕЛМИЯБ ИГIЖАЗАЛЪУЛ» БАРАКАТ

 

— Газеталда нужеца рорхулел аслиял масъалабазул бицинчIого, щибаб номералда нужеца кьолел какил рузнамаялъул хIисаб гьабидал, дида ккола МухIамад, гIемерав чиясул нужее баркала щун батилилан, чанги чияс дугIадулъги рехсон ратила. Хасго гьанжеялдаса 20-25 соналъ цебе, сотовиял телефонал гьечIел чагIазе кIудияб мунпагIатлъи букIун батиларищ гьелъул?

    — Узухъда, нижер аслиял цIалдолел магIарухълъидал ругел. Дица хIисаб гьабулаан гьадин: магIарухъ росулъ вугев, жиндирго магIишаталда тIад виххун вугев чи, гьаниве-дове валагьун хабар цIехезе заман букIунаро гьесул. Гьединлъидал «Нурул ислам» рокъобе бачIунев чи ругьунлъун вукIуна гьелъул щибаб номералда нахъа батулеб рузнамаялде.

     Гьеб гуребги, нижеца газеталъул щибаб номералда кIвар кьолеб тема букIана «ИгIжазул гIелми», ай 1400 соналда цебе Къуръан-хIадисалда рехсараб жакъасеб гIелмуялъ тасдикъ гьаби ва гIалимзаби гьелъие мукIурлъи. Хасго нилъер гьаб заманалда цIакъ кIвар бугеб жолъун бихьула дида гьеб. Абухъего, 70 соналъ цIадуца гIадин, халкъалъул иман бухIун ва дин квешаб ишлъун бихьизабун букIиндал. Чиясулъ иман цIакъ загIипаб заман буго гьаб, гьев живго гьелъие мукIурлъичIониги.

— ИгIжазалъул магIна щиб кколеб?

     — 1400 соналъ цебе Къуръаналда гьадин хъван буго, жакъа гьеб официалияб гIелмуялъ тасдикъ гьабуна, Аварагасул (гIалайгьи свалату ва ссалам) хIадис буго, жакъа гьеб гьеб хIакъаб букIиналъе гIалимзаби мукIурлъана. Жибго «ИгIжаз» алъул магIна ккола гIажаиблъи, паналъи. Гьеб буго цIалдолезе цIакъ бокьулеб ва, гьезул рагIабазда рекъон, иман щула гьабу- леб тема, гьединлъидал нижеца гьелде цIакъ кIвар кьола.

— МухIамад-хIажи, 1991 соналдаса нахъе, диналъе эркенлъи кьураб мехалъцин киданиги абулеб букIинчIеб жо буго жакъа цо-цояз рагьун абулеб — Аллагь гьечIин абун. Дуца щиб гьелда абулеб?

  — Тохтур ва газета биччалев чи хIисабалда гIолилалгун дандчIвазе гIемерав щола дун школазде, университетазде. Дида бихьулеб буго цо-цо гIолилаз, расги хIинкъичIого, жал Аллагьасда божуларилан абулеб. Гьедин рагьун абулел чагIиги нусгоязда гьоркьор цо гурони рукIунаро, амма ругоха. Гьеб ккола Кореялъул ва Япониялъул сериалазухъ балагьиялъул хIасил. Гьеб буго цIакъ кIудияб хIинкъи. «Аллагь вугев ватани, гьев вихьизаве», — ян чIолел руго гьел. Гьеб буго дол сериалазул аслияв героясул суал. Гадже-таз ва смартфоназ гIакълу (психика) хвезабураб гIисинаб гIел жидецаго абулелдеги гьабулелдеги рачIунел гьечIо. Гьелъул хIасилалда раккарал руго жакъа лъимал жалго жидецаго чIваялъул хIужабиги. Социалиял гьиназда раккулел руго жалго жидецаго чIваялъул хIужаби. Аллагь вукIинги лъалаго, лъималаз гьединаб вахIшилъи гьабизе гьечIо, Аллагьасда божулезда лъалелъул гьеб мунагь сабаблъун инсан жужахIалде кколевлъи. Гьелъ цин гьезул иман чуч гьабулеб буго.

«ГIелмияб игIжаз» рубрика гIадамаз гъираялда къабул гьабула. Чангияз кагътал рачIуна, нужеца хъвараб цIалун хадув, жив исламалде вачIанин, жиндир рекIелъ ислам щулалъанилан. Гьел цIакъго хIикмалъизарун руго, жакъасеб гIелму гьанже гурого хадуб гIунтIуларел хIужаби хъвазе-цIализецин лъаларев чияс – свалат-салам лъеяв МухIаммад аварагас Къуръаналда гьадин бугилан 1400-1500 соналъ цебе абиялъ.

— Гьеб игIжазалда тIасан 2010 соналда «ХIакъикъаталъе» дуца кьураб гIатIидаб гара-чIвари ракIалда буго дида…

— 1997 соналдаса нахъе, нижер щибаб номералдаса камулареб рубрика буго «ИгIжаз». Я Къуръаналъул аят, яги свалат-салам лъеяв Аварагасул хIадис, гьезул цонигияб гьечIеб номер нижеца биччаларо. Абизе бегьула гьеб «Нурул исламалъул» бренд гIадаб жо бугилан. Щайин абуни, гьанже халкъго мобильный телефоназде жанире ин сабаблъун подписка гIодобе ккараб заманалда, нижер басма хвасар гьабулеб жолъун ккана гьеб — игIжазалъул рубрика. Жидеца «Нурул ислам» гIицIго гьелъие гIололъун хъвалин абулел чагIи чанги руго.

 

ИСЛАМАЛЪ ВАХIШИЛЪИ БЕКЬУЛАРО

 

— Гьеб игIжазалъ гIемераб жоялде кантIизарун, дунялалдаго ислам босарал чагIи щибаб соналъ цIикIкIунел ругин абула. Амма, цере бусурбанал рукIинчIел гIадамал, Аллагьасда божун, ис- ламалде рачIарар мехалъ, жалго бусурбабазда гьоркьор рикьалаби гIемерлъи гIажаиблъи гьечIищ?

 

— Ислам буго ракьалда бижараб рухI бугеб жоялъе — хIутIхъумур, гъветI-хер, хIатта мацI лъалареб хIайван батаниги – сундуего рахIматлъун бугеб дин. Аллагьас Къуръаналдаги абун бу- гелъул (магIна): «Мун витIичIо гIаламалъего рахIматлъун гурого» (Анбияъ, 107). РахIматлъун ракьалде битIараб жо ккола жакъа нилъ жанир ругеб дин. Лъица кигIан гьеб кку-ниги, гьедигIан Аллагьасул рахIмат щола гьесие гьаниб дунялалдаги доба абадияб рокъобги. Исламалъул тушбабазда гьениб хIинкъи бихьулеб буго, гьелъ гьез рикьалабиги гьарулел руго. ХIакъикъаталдайин абуни, кинаб хIинкъиха бугеб исла- мияб диналъулъ? Мискъала заррацин гьечIо. Инсанасе пайда бугеб, гьев хвасарлъиялде вачIунеб гурони нух гьелъ бихьизабуларо. Инсан рацIцIалъиялде, рахIматалде, битIараб нухде тIовитIизе ахIула Къуръаналъ.

Жакъа дунялалда бищун цIикIкIун гIарац-хайир кьолеб жо щиб бугеб? Гьеб ккола наркотикал, ярагъ ва гIаракъи-чагъир бичи. Гьелда тIад гьабулеб буго хIаталдаса ун гIемераб гIарац. Гьел ккола исламалъ нахъ чIварал, кIудиял мунагьал. Гьелъие гIоло гьеб чороклъиялдаса кваналезда ислам рихинчIого рес гьечIо. ЦохIо мисал — жакъа Дагъистан кко- ла бищун дагьаб къадар гIадамаз гIаракъи гьекъолеб регионазул цояб, щайгурелъул гьаниб ислам бугелъул. Цоги рахъалъан балагьани, Дагъистаналдаса гIаркъил мафиялъе щвезе кколел рукIарал миллиардал щолел гьечIо. Гьединлъидал гьезул исламалда ццин бахъинчIого рес гьечIо. БакътIерхьул улкабаз абуни хIаракат бахъулеб буго исламалъ гьукъун бугебщинаб жоялде гIада­мазул хьул лъезабизе. «Балагье, дуе хъалиян бухIизе, наркотикал хIал­ тIизаризе, гIаракъи гьекъезе, чияр руччабигун кеп босизе гьукъун буго. Гьелъул кепги босичIони, гьаб жо гIумруйищ, гьедин гIолохъанлъи гIадада биччазе кин бегьулеб? Воре щвараб кеп босе» — гьеле гIагашагарго гьез гIадамал къосинарулеб куц. Гьеб буго СМИяздаги киса-ки-бего бугеб аслияб тема.

 

— Щай дуе къо бихьун гьеб хIалтIи?

  — Имаму Раббанияс абулеб буго: «РагIудалъун гьабулеб жигьад яр- гъил жигьадалдаса тIадегIанаб бу­ го», — ян. Загьид ХIусеница абулеб буго: «Къалмил гъазават яргъилал- даса хирияб буго», — ян. Гьединаб кири буго газета хъваразе. Гьаб дунялалъул дагьлъи бихьидал, ниж сабаблъун цониги бусурбанчиясе кири гьабизе бокьи буго аслияб гIилла.

— Кумек гьабулел спонсоралги ратилаха дур?

  — Дида ратичIо гьединал чагIи. БитIун бицани, гьарун ине дунги нечана, маян гьелги рачIинчIоха.

— Данде цIикIкIун хIалтIанагIан ислам цебетIолеб бугин абулеб буго цо-цояз. Дур пикру кинаб бугеб?

  — Гьедин буго гьеб хIакъи­ къаталдаги. СШАялда жакъа бищун тIибитIулеб дин ислам буго, гьединго буго Европаялдаги. Гьебго буго Англиялдаги статистикаялъухъ балагьани, гьениб щуаби- леб соналъ тIатIала цIи гьаруразда гьоркьоб бищун гIемер лъолеб цIар МухIаммад буго. КигIан гьел (диналда дандечIарал чагIи) бахчизеян лъугьаниги, хIакъикъат гIадамазухъе щвечIого букIунаро.

— Дуца щиб абулеб ИГИЛ (РФялда гьукъараб гIуцIи) ва «исламияб терроризм» ахирал соназда тIибитIиялда?

     — Гьеб кинабго буго исламалъул тушбабаз, хасго ГIизраилалъул бетIерлъиялда ургъунго исламалдаса халкъ нахъе кIанцIизабизе ургъарал гIуцIаби. Жал ислам цIунулел кутакал чагIиян ругел ИГИЛалъул цонигияс ГIизраилалде квешаб рагIи абулеб рагIанищ? Киса гьеб абулеб, Сирия чIунтизабулаго лъукъарал гьезул рагъухъаби ГIизраилалда сах гьарулелъул. Гьединго ИГИЛалъул бетIерлъун вукIарав Аль-Багъдади ГIизраилалъул гражданин вукIин чIезабуна Ираналъул разведкаялъ.

   Къокъго абуни, хIалкIун ислам тIагIинабизе хIаракат бахъулеб буго гьелъул тушбабаз, амма гьезул хIаракат цIикIкIанагIан гIатIилъун, дунялалдаго тIибитIулеб буго ислам. ХIадис буго: «Аллагьас квешасдалъунги щула гьабизе буго ислам», — ин абураб.

— МухIамад, гIага-шагарго, нужедаго цадахъ гIадин байбихьанин ккола «Ас-салам» газеталъул тарихги. Конкурентал хIисабалда, нужее квалквал бугищ гьезул?

   — 250 000 тираж бугеб «Ас-саламги» 3000 тираж бугеб нижер басмаги конкуренталлъун росиялъул магIнацин гьечIо. Квалква-лалъул гIаксалда, «Ас-саламалъул» хIаракатчагIаз нижер газета тIи­битIизабизеги кумек гьабула. Аллагь разилъаги гьездаса. Нижер басмаялъул нижерго цIалдолев вуго. «Нурул исламалъул» цIалдолев вуго, аслияб куцалъ тIадегIанаб лъай бугев, гъваридаб пикругун гIакълуялъул чи. Гьединал цIалдолез хвасар гьарун руго ниж жакъа.

Ашахан Юсупов

 

ХАДУРАГIИ

Гьелда къокълъичIо МухIамадилгун нижер букIараб гара-чIвари. КIиго-лъабго сагIаталда жаниб гIемераб бакIалде пикруги щун, исламалъул балъголъабазде ваккун, кутакалда чIагояб накъит букIана гьесулгун. Араб 25 соналда жаниб, цохIо газета биччаялда къокълъичIого, «Нурул исламалъул» редакциялда къогоялдасаги цIикIкIун тIехьги бахъана МухIамадил хIаракаталдалъун. Хасго абизе ккола цIалдолезе цIакъ ро­ кьулел ХIасан-устарасул «Талхисул магIариф» ва «Буружул мушаййада» гIадал тIахьазул таржамаги. Гьединго исана 18 сон тIубала гьесги хъизамалъги цадахъ, щибаб бащдаб лъагIалие цIалдолезе цIакъ бокьулеб исламияб календарь бахъулеб бугелдаса. Тавпикъ кьеги гьезие исламалъе гIоло гьабулеб кири кIудиял ишалги, бергьарал къасдалги хадурккунги гIумруялде рахъинаризе. Амин.