Дунял сверулаго, санал аниги, ракIалъ мун Хунзахъе  цIалев вукIана

 

 

Тарихчи вахъинелъун цIаларав ГIабдулхаликъ ХIажиев 29 соналъ хIалтIана КГБялда. Гьелда гьоркьоса 25 сонги къватIисеб разведкаялда — СШАялда, Европаялда, Азиялда, Африкаялда – ана гьесул.

 ГIабдулхаликъ гIумруялдаса ватIалъана 2006 соналда. Гьев вукъун вуго Хунзахъ. Гьеб киналъулго бицунеб буго ГIабдулхаликъил вас, Москваялда гIумру гьабун вугев ХIажимурад ХIажиевас.

 Гьев ккола РФялъул президентасда цебе гIуцIараб ДРялъул официалияб вакиллъиялъул жамгIияб советалъул председатель.

 

 

— ХIажимурад, дур инсуца чекистасул нух тIаса бищиялъе гIилла щиб ккараб? Нужер тухумалда гьединал чагIи рукIунищ?

— Чекистал рукIинчIо, амма рукIана офицерзаби. Дир инсулги эбелалъулги рахъалдаса умумул кколаан дунялалъул тIоцебесеб рагъул гIахьалчагIи. Гьединго инсул эменги вагъана КIудияб ВатIанияб рагъда.

Нижер эмен гьавуна 1936 соналда Хунзахъ. Гьесул эмен – МухIамад вукIун вуго цIар рагIарав хьитазул устар. Хьитал гьариялъул рахъалъ республикаялда тIоритIулел къецазда цересел бакIал кколел рукIун руго гьес. Хасго 1930-абилел соназда Ростовалда руччабазул эгъе борхатал хьитазул фестивалалдаги бергьун вуго. Гьесул чIужу, нижер кIудияй эбел, хIалтIулей йикIун йиго колхозалда.

Рагъул байбихьудаго, жиндиего бокьун гIарзаги хъван, фронталдеги ун вуго инсул эмен. Амма гьесул рес букIун буго инчIого чIезеги, щайгурелъул гьединаб махщалил гIадамал хIалица ритIулел рукIинчIелъул гьенире. ТIадежоялъе, гьитIинаб ункъо лъимерги букIун буго гьесул – лъабго васги цо ясги.

ПалхIасил, рагъде арав кIудияв эмен тIокIалъ рокъове тIадвуссун гьечIо. Офицерасул чинги кьун бук1ун буго гьесие. Нижеда нахъа гурони лъачIо гьев лейтенант ва миномёталъул взводалъул командир вукIаравлъи. Гьебги якъинлъана цо анонимка сабаблъун. Эмен СШАялде разведчиклъун ине хIадурулеб заман букIана доб. Халкъалъул тушманасул вас вугин гьевин абун, инсуда тIасан анонимка хъван батана. Гьеб мехалдалъагIан араб бакI лъачIого тIагIаравин тун вукIарав кIудияв эмен взводалъул рагъухъабигун цадахъ Краснодар краялда гIаммаб хабалъ вукъун ватана инсуда. Гьелдаса нахъе рес кканщинахъе гьенире зияраталъ инчIого чIоларо ниж. Эмен вукIунаан анонимка хъварав чи лъалевани, гьесие баркала кьезе инаанин абун.

ПалхIасил, дица гьаб кинабго мухIканго бицана доб цебесеб гIелалъулъ рагъул хъулухъалдехун букIараб адаб бихьизабизелъун.

Эменги нахъа гьечIого цохIо эбелалъ гIезарулел лъимал язихъго рукIаниги, цIалул къимат гьабулеб хъизан букIун буго инсул. Гьедин нижер эменги ДГУялде лъугьун вуго цIализе. Рокъосан рес букIинчIолъиялъ, армиялдасаго бачIараб гимнастёркаялда гъорлъ хьвадулев вукIун вуго цIалуде кIигониги соналъ. Гьесие тIоцебесеб костюм щун буго Саратовалда юридикияб институтги лъугIун, хIалтIизе лъугьарав кIудияв вацас ретIараб.

Гьедин гIурал бесдал лъималазе щвана тIадегIанаб лъай – бищун кIудияв вац Загьид хIалтIана прокурорлъун, эмен ана органазде, гьитIинав вац ТIалхIатулхайр – милициялде.

Студентлъун вугелдаса нахъего нижер инсуе квербакъи щварав чи вуго «Дагэнергоялъул» генералияв директорлъун вукIарав ХIамзат ХIамзатовасул эмен МухIамад-хIажи ХIамзатов. Инсуца адабалда рехсолаан гьесул цIар ДГУялъул парторганизациялъул секретарьлъун вукIарав МухIамадхIажил кумекалдалъун нижер эмен вищун вуго ДГУялъул комсомолалъул организациялъул секретарьлъун.

ГIолилазул цевехъанлъун кколев ва лъикI цIалулев инсуде кIвар кьун буго КГБялъул хIалтIухъабаз. Амма гьез гьев жидехъего ахIулев вукIин лъайдал, МухIамадхIажие рекIее гIун гьечIо, щайин абуни гьесие бокьун букIун буго нижер эмен партиялъул нухдасан ине, тIадегIанав нухмалъулевлъун вахъине.

Амма кигIан гьес гьараниги, инсуца хасаб хъулухъ тIаса бищун буго. Гьедин гьев байбихьуда Дагъистаналда хIалтIана, хадув Москваялде вачана.

 

— Гьелдаса хадуб кканщиналъул хIакъалъулъ хъван буго гьес «Честь имею» абураб тIехьалда. Гьелъул хадусеб бутIа биччазе ракIалда букIанищ гьесда?

 

— БукIинчIо. Инсуда ракIалда букIана жиндирго гьудулзабазул хIакъалъулъ тIехь хъвазе. Амма гьелъие гьесул заман гIечIо. Вацазул гIадаб гьоркьоблъи бугев щуго полковник вукIана, эменги малъун. 1970-абилел соназда къватIисеб разведкаялда хIалтIулел рукIана гьел. Масала, Китаялда вукIарав Хунзахъа Чапай Абакаров, Хьаргабиса –МухIамад ГIабдулаев. 1979 соналда Афгъанистаналда гьезул бетIер Аминил кIалгIа бахъулев вукIаразул цояв кколаан гьев МухIамад. Гьениве гьужумалъ иналда цебе гьес инсухъе записка хъван батана жиндие къварилъи ккани, хъизамалъул тIалаб гьабейилан.

ТалихIалъ, чIаго-гIатIго тIад вуссана МухIамад гьениса. БагIараб ЦIваялъул Орденги щвана гьесие. Гьеб мехалда, къвалги бан, инсуца гьесда лъазабуна дуца тIокIалъ жиндихъе гьединал запискаби хъвагейила, щайгурелъул жидеца гьадинги тIалаб гьабилаанила дур хъизамалъул.

Бангладешалда вукIарав цоги магIарулав (кисаяли кIочана) – Нажмудин ГIабдулаев. Гьел киналго хвана.

Гьезда гьоркьоса гьабсагIаталда чIаго вуго Лавашаса даргияв МухIамад Сулейманов, бергьун кутакалда лъикI лъала гьесда Турция. Рахьдал мацI гIадин лъикI лъала турк, ингилис ва магIарул мацIалги. Эмен гьевгун магIарулалъ кIалъалаан.

 

— СШАялда жив тIатун хадув нужер эмен кутакалда рекIекълъун вукIанин, хIатта тIубанго разведкаялдасацин нахъе ине къваригIун букIанин рагIана.

 

 — Доба советияб разведкаялъул иш къватIиб чIвараб мехалда «персона нон-грата» абун, хадувккун дозул улкаялда вукIине бегьуларев чилъун лъазавуна эмен. Гьединлъидал гьев хехаб куцалда Москваялде тIад вуссине ккана. Гьесда цадахъ вукIарав гьалмагъ (Энгер) америкаялъулаз дагьаб мехалъ туснахъги гьавун, хадув виччана. Иш гьедин ккезе букIин хIаладаго лъараб гIадин, гьес дораса рокъоре (Москваялде) ритIун рукIана ниж – эбелги, дунги, гьитIинав вацги. Инсуе квербакъулев вукIарав агент – Мавр, СШАялъул гражданинлъун кколев эрменияв, доз 25 соналъ жанив тIамуна. 1975 сон букIана гьеб.

 СШАялъул судалда цеве эхетидал, ккараб-таралдаса жив расги рекIекълъун гьечIиланги абун буго гьес.

Гьелдаса нахъе ана гIезегIан сонал. Цо къоялъ инсухъе дачаялде щведал, бералги багIарлъун, цIакъ рахIатхун ватана дида гьев. Щибкинин цIехедал, гьес бицана жакъа телевизоралдасан вихьизавунила дов агент – Мавр — туснахъалдаса къватIиве виччанилан. РакI-ракIалъ баркалаги кьун, гьесул квер бачине аскIов вукIараваниян абуна инсуца. ТIири гIарацги босун рагIуларо Маврица жинца гьабураб хIалтIухъ, гьеб жиндирго ватIаналъе (Совет Союзалъе) гIоло гьабунин абун. Херал эбел-эмен рукIун руго гьесул. ГьабсагIаталда чIаго вугищали лъазеги бокьилаан. Хунзахъ нижер рокъоб гьабсагIатги цIунун буго дир инсуде гIайиб гIунтIизабун америкаялъулаз СССРалъул МИДалде битIун бачIараб документ. Гьелдаса чIухIун вукIунаан эмен.

Феликс Дзержинскиясдаса байбихьун 1980-абилел соназде щвезегIан тIатарал советиял разведчиказул цIарал рехсараб биццатаб тIехьги буго СШАялда бахъараб. Эменги вуго гьенив.

Гьелдаса хадув эмен цIакъ ургъалилъе ккун вукIунаан, хиянатлъи лъицадай гьабурабин абун. Разведчикасе кидаго интерес букIуна нилъергун дагIбаялда, тушманлъиялда ругел улкабазде ине. Гьелдалъун гьесие рес щола живго вихьизавизеги хехго цеветIезеги.

Амма живго тIатун хадуб цогидаб улкаялда хIалтIизе бигьа букIинищха разведчикасе. Гьебго жо ккана инсулги. СШАялдаса нахъе унелъул, гьев вукIана лъеберилъе вахарав чи. Гьелдаса хадуб Бейруталде ахIана гьев жиндирго гьудулас. БитIун цIа боркьараб рагъ букIана гьениб (1982-1986 соназда). Разведчик хIисабалда гьениб дагьабги камиллъана гьесул махщел.

Гьелда гьоркьоса эмен командировкабаз Европаялде, Африкаялде витIулаан. Масала, Ганна абураб улкаялде гьабураб сапаралдаса хадуб инсуе кIудияб шапакъатги щун букIана.

Советияб заманалда бахъараб машгьураб фильм буго «ТАСС уполномочен заявить» абун. Гьениб бихьизабулеб буго унго-унголъунги ккараб хIакъикъияб хIужа (Африкаялъул цо улкаялда багъа-бачари лъугьинабизелъун ЦРУялъ ургъараб хIилла тIатинаби – авт.). Гьеб операциялъулъ гIахьаллъи гьабун букIун буго нижер инсуцаги.

 Фильм прокаталде биччалалде цин СССРалъул нухмалъулезда бихьизабун буго. Гьелъ гьел гIажаиблъизарун руго, цинги ЦРУялъул планал хвезарурал киналго разведчикал Москваялдеги ахIун, шапакъатал кьун руго. Гьеб мехалда ниж эменгун цадахъ отпускалъ Хунзахъ рукIана. Хехаб куцалда Москваялде щваян ахIун ана эмен. Гьелъие гIоло букIун бугоха. Эмен абуни дагьав рази гьечIого вукIана, гьадигIан лъикIаб хIухьбахъиялъе квалквал гьабунилан. Эркенаб заман Хунзахъ базе бокьулаан гьесие.

 

— Ясир ГIарафатилгунги лъикIаб гьоркьоблъи букIанинги рагIана гьесул.

 

 — БукIана. Цоцада къвалалги ран рахъарал сураталги руго кIиязулго. Гьединго руго машгьурал цогидал церехъабазулгун сураталги. ХIалтIул ишалъ гьединал чагIазулгун бухьеналда вукIине кколаанха гьев. Масала, дагьалъ цебегIан цо разведчикас бицана нижер эмен кколин «Хезболлах» партиялъул цевехъангун дандчIварав Совет хIукуматалъул тIоцевесев вакил абун. ГIабдулхаликъ абураб цIаралдехунги божилъи бачIун батилаха гьезул. Гьединго дагьа-макъаб гIараб мацIги лъалаан гьесда. Гьеб букIана 1985 соналда Ливаналда СССРалъул ункъо гражданин – кIиго разведчикги кIиго гIадатияв чиги викъараб мех (гьезул цояв хун вуго, лъукъун вукIун). Михаил Горбачевасул рахъалдаса хъвараб кагъат босун вачIун вуго эмен «Хезболлахалъул» шайихасухъе. ГIарабалъ ва ингилисалъ хъван букIун буго гьеб. Нух лъаларедухъ инсул берал рухьун рукIараб къагIидаха. Гьел ричидал, херав шайихасда цеве гIодов чIун ватун вуго инсуда живго. Кагъатги цIалун, гIицIго «иншаАллагь» иланги абун, шайих нахъе ун вуго. Ахиркъадги асирал эркен гьарун руго. Бейруталда гьединал лъугьабахъинал гIемер ккун руго инсул. ТIаде рехун рачIунел бомбабазукьа тIурунги, хIалица ворчIун вуго гьев цо чанго нухалда.

 

 — Хъулухъалдаса хIалхьиялде индал, сунде машгъуллъун эмен вукIарав?

 

— Гьес хIалбихьулеб букIана Хунзахъан депутатлъун вахъине. ГIезегIан ракьцоялги рачIунаан гьесда аскIоре, жидеца дур рахъкквезе бугилан бицине.

 

Амма гьаркьазул хIасил батIияб ккун батана. Гьединлъидал кандидатура лъеялдаса ракIбухIунги вукIана – живго вищичIолъигицин гуреб, гьел гьаркьал рикIкIараб къагIида захIмалъун букIана. Амма депутатлъун вахъинчIониги, депутатасухъе гIадаб ирга букIунаан жидерго къваригIелаз инсухъе хьвадулел гIадамазул. ГIемер лъайхъваялги рукIиндалха гьесул. Бергьун кIудияб адаб гьабулаан инсуца херал чагIазулги руччабазулги. Эхеде (Хунзахъе) щвараб мехалда эменгун цадахъ цин ниж раккулаан харабазухъе, хадур щолаан умумузул хабатIе, ахиралда гурони щолароан рокъоре.

 

ГIумруялдаса ун хадуб инсул цIаралъгицин буго кумек гьабулеб. Гьанир Москваялда цIалулел студентазул букIаниги, яги цогидаб хъулухъалъ гьанир ругел ракьцоязул букIаниги ишаз цо-цо хъулухъчагIазухъе уна дун. Цадахъго инсул тIехьги босула сайгъаталъе кьезе. ТIубазабизе захIматаб къваригIел бугилан жавабги щун дун нахъе уна цо-цо мехалда. Амма хадубго дов чияс ахIун бачIуна жинца дур инсул тIехь цIаланила, гьединлъидал дуе инкар гьабизе кIвезехъин гьечIила жинда.

 

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ