Инсул расеналги цIунулаго…

   «Гьаб нижеца гьабулеб жоги щибилан ккелаха цо-цо чиясда. БихьичIесул хьул лъоларин абухъе буго гьалъул иш. ГIемераб хайир щолеб жо аб гуро», — илан бицунеб букIана МухIамадрасулица, жиндирго хIалтIудеги машгъуллъун. ГIарцул курхьеналда тIад гьарурал накъишал маржанул кьералъ релъун рахъинарулев вукIана гьев.

   Гьелго гIарцул тIагIалаби рикIулелниги, рукIинесел курхьабазул куцал рахъулелниги ругоан МухIамадрасулил вацал — Гьиматги АхIмадги. 

    Гьел лъабалго ккола Репинил цIаралда бугеб РСФСРалъул Пачалихъияб Премиялъул лауреат, ГьоцIалъа Гьиматов Базарганил васал.

    Базарган гьавуралдаса 95 сон тIубаялда хурхун октябралъул ахиралда МахIачхъалаялда тIобитIана МухIамадрасулил хIалтIабазул выставка.

    Гьесда гьеб баркун, выставкаялде рачIун рукIана ДРялъул Художниказул союзалъул председатель КъурбангIали МухIамадовги, Россиялъул халкъияв художник ХIамзат ГъазимухIамадовги, Хунзахъ районалъул нухмалъулев НурмухIамад Задиевги, районалъул жамгIияб палатаялъул нухмалъулей Раисат ГIусмановаги, цогидалги. 

   МухIамадрасулил хIалтIаби киналго узданалги къанагIатал ругониги, гIемерисел лъалхъулел рукIана гьес гьабураб гIарцул яргъида аскIор. Гьеб бугоан Хунзахъа Хъайтмаз Аварскиясул заказалда рекъон, устарас гьабураб ярагъ. Чанго гIасруялъ цере рукIарал нилъер умумуз гIадин, тункIалги, хвалчабиги, лъалиниса рахъидал хучдул лъугьунел гIунсбиги гьаризе махщел букIиналдаго цадахъ, бокьарав тарихчиясда кинниги, тIокIкIун лъалеб бугоан МухIамадрасулида яргъил тарихги хунжрузулгун хвалчабазул хаслъиги (масала, чол горбода хъваларедухъ чотIахъанас лъалиниса хвалчен кин бахъизе кколебали). Гьединго бицуна Гъиргъизия­лъул президентлъун вукIарав Аскар Акаевасул лъадуца бан бугин МухIамадрасулица гьабураб курхьенилан.

   Гьеб выставкаялда хурхун цохIо МухIамадрасулилгун гьабизе ракIалда букIараб гьаб гара-чIвари сверана инсул хIакъалъулъ васазул ракIалдещвеязде, искусствоялдехун хIукуматалъул цо-цо вакилзабазул бугеб бербалагьиялъул бициналде ва гьоцIдерил накъишазулгун устарзабазул хаслъи рехсеялде.

   ГIолохъанлъуда биологлъун цIаланиги, инсуца абухъе, ахирги умумузул ишалде тIад вуссун вуго Гьиматги. ГьоцIдерил художественнияб комбинаталъул директор ккола гьев.

    АхIмадилги букIун буго нусидаса цIикIкIун чи хIалтIулеб, живго бетIергьанаб гIарцул тIагIалаби гьарулеб предприятие. Амма тIадеялдаса тIаде налогал цIикIкIинариялъги, хIаталдаса ун гIемер документ бакIаризе кколеб букIиналъги, цогидалъги къазе ккун буго гьеб.

 

Базарган

 

— ГьоцIдерил устарзабазул цIар бахъидал, нужер эменги Жамалудинил МухIамадги цере чIола…

    МухIамадрасул: — Жамалудинил МухIамад кколаан нижер инсул учительги гьудулги. Росулъ комбинат рагьараб къоялдаса нахъе цадахъ рукIана гьел. МухIамад — комбинаталъул директорлъун, эмен — бетIерав инженерлъун. 

   ГIарцуда накъишал рахъулеб гIебу анкьго сон бараб мехалда кодобе босичIони, унго-унгояв устар вахъунарин абула. Амма инсуца гьеб босана 31 сон бараб мехалда. 1958 соналда комбинат рагьидал, накъишал рикIизе ругьунлъарав гьев, 1971 соналдаго вахъун вукIана СССРалъул мустахIикъав художниклъунги Репинил цIаралда бугеб Пачалихъияб премиялъул лауреатлъунги.

    Комбинаталде вачIинегIан эмен Хунзахъ Культураялъул рукъалъе нухмалъи гьабулев вукIана. Кутакалда махщел букIана кьурдизеги. 1957 соналда Северияб Кавказа­лъул даражаялда тIоритIулел кьурдул къецазда инсуе тIоцебесеб бакI щун букIана. Гьениб гьесие сайгъат гьабун букIана «Свема» абулеб фотоаппаратги. Кьурдул формаги ретIун, жинцаго жиндирго бахъараб суратги буго гьесул.

   Цо заманалда пединституталда художествиябгун графикияб факультет рагьидал, гьениве дарсал кьезе ахIана эмен. Дахадаевасул къотIноб рукъги кьуна нижер хъизамалъе. Амма гьоцIдерил комбинат нахъе кколеб бугин, гьелъие нухмалъи гьабизе эмен цIидасан росулъего ахIана районалъул тIалъиялъ. Гьедин, 1973 соналдаса 1983 соналде щвезегIан, гьенив директорлъун х1алт1ана.

   ЦIар-рецц къваригIарав чиги вукIинчIо гьев. «ХIакъикъаталда» хIалтIулев вукIарав Гьиматов МухIамадкамилица хъвараб макъа­лаялда инсуца бицунеб бугоан жиндир гIумру анила чияца веццун, жинцаго какун.

    Амма расги нечечIого абизе кIола дида гравировкаялъул рахъалъ инсулъе вахарав устар вукIинчIин. Филиграналъе бергьарав Жамалудинил МухIамадги вукIана.

     ЦIакъго къиматаб хIалтIи буго инсуца гьабураб – «ГьоцIалъ» абун цIар тараб гIарцул хъаба. Цо-цоязда ккезе бегьула дица жиндирго инсул хIалтIи беццулеб бугин. Амма нилъер маданияталъе лъураб памятниклъун рикIкIине бегьула гьеб. Щайин абуни, гьениб цолъизабун буго гравировкаги филиграньги. Экспертазги кIудияб къимат кьуна гьелъие. Гьединлъидал нижее бокьун буго гьеб хъаба Дагъистаналдаса къватIибе биччачIого, гьанибго хутIизе. Нижедани кIолаан гьеб Москваялде, Бакъбаккул рахъалъул искусствоялъул музеялъеги бичизе. Гьеб мурадалда нижеца хитIаб гьабуна республикаялъул Культураялъул министерствоялде, гьеб бичун босеян. Министралъул заместителас жаваб бачIунеб буго тарихияб музеялде щайила нужеца гьеб гьадинго кьоларебилан. ХIакимзабазул рахъалдаса гьединаб бербалагьиги дандчIвала цо-цо мехалда.

    Сундуего махщел букIана инсул. Жамалудинил МухIамадицаги абулаан хабар бицине, кьурдизе, вагъизе, хвалчад, заруд вахъине кканиги, гьав Базарган цIакъ ярагьунев чи вугилан. Гьедин гьанжеги абула росулъ Базарганил кьурдийилан, Базарганил рагIийилан. Буго Базарганил накъишги. Гьес гьеб ургъун буго Гъамсукьа Чаландарил накъишги, кубачиязул, тумазул ва цогидазул накъишалги кьочIое росун. Гьединго ГьоцIалъ басриял хабзалалъ заназда рикIун руго нижер инсул эбелалъул эмен НургIалил ГIалибегица. ГьитIинаб мехалда эменгун цадахъ гьениреги ун, накъишазул суратал рахъулел рукIунаан ниж. Гьебги босана инсуца руччабазул курхьабазде ва цогидалде. Москваялда, Бакъбаккул рахъалъул искусствоялъул музеялда буго гьеб хIалтIи. Щибаб накъиш буго гьениб гьале жибилан абулеб куцалда мухIканго бихьулеб.

   Инсуца жеги ургъана карудал, цIолбол хьопалъул, тIавус-хIанчIил рачIалъул форма бугел накъишал.

   Цоги, инсуца ургъана бархата­лъул чеканкаги. ТIад жо кьабураб мехалда жанисан чIегIерлъун, алмазал лъураб гIадин паркъола гьеб. Жибго гIадатияб чеканкаялъул фон абуни хъахIаб букIуна.

     Студентлъун вахъараб мехалда дирго цо хIалтIиги бихьизабун, инсул пикру цIехана дица. Я лъикIин яги квешин абичIого, гьес жаваб кьуна, валлагь, ругьунлъараб мехалда лъикIав устар вахъинин дурилан абун. Инсуца дир хIалтIи беццана хадуб, 1990-абилел соназул байбихьуда хIежалде унел чагIаз бичулеб батараб мельхиоралъул ханжарги биххун, цIидасан гьелъул копия гьабун хадуб. Гьанже вахъанинха дур устарилан абуна гьес.

   Махщалие гIей букIунаро. Дида лъала инсул борхалъиялде дун киданиги вахунаревлъиги. Гъоб мехалда гъосие творчествоялъе ресалги рукIана, эркенлъиги букIана. Гьединго гьаб хIалтIуе шавкъги къваригIуна. Вакъарав яги сундулниги ургъалилъ къарав устарас бергьун кутакал хIалтIаби гьари щакаб жо буго.

Гьимат: — Дун школалда цIалулеб мехалда инсуца рокъоре рачIунаан курхьаби гьаризе хIадурарал гIарцул къотIелал. Къалмица эскизги бахъун, гьелда тIад накъишал рикIизе байбихьун букIунаан гьес гьел. Эмен хIалтIуде араб мехалда дун лъугьунаан босун гIебугун викIаризе. Амма дихъа гьеб добехун-гьанибехун хъущтIун унаан яги дидаго къалаан. Цинги рокъове вачIиндал эмен семиладайинги кколаан. Инсуца, бетIерги кIибикIун, дица рахъарал хIуччалги ритIизарун, хисизабулаан накъиш. Гьедин лъабгониги соналъ хвезаруна дица гьесул курхьаби. Цониги нухалда гьазда квер хъвагейинги абичIо. 9 классалда дун вугеб мехалда курхьаби тIад ххураб болванкаги босун вачIана гьев, Гьиматила, гьале гьазда бокьараб гьабейила гьанже, дуда гIебу кодоб кквезе лъан бугила. МугIалимлъиялъе цIаличIониги, кутакалда лъалаан гьесда тарбия кьезе, лъималазда кIалъазе.

Байбихьуда хIалтIи лъугьунарого АхIмад хIалакунеб мехалда, мун щайила хехдарулев, гьединав чиясул хIалтIи лъугьунарилан абулаан гьес. 

МухIамадрасул: — Нижер кIудияв эменги вукIана устар. Гьес гьарурал гIарцул тIагIелазухъ къородисезул базаралда картошка-хIан, нису ва цогидал жалги хисун ячIунаан нижер кIодоч-баба. Гьелда хIал хъублъарав гIадин лъугьунищали, пуланаб къоялъ кIудияв инсухъе вачIун вуго цо чи. Жиндаги малъейин гьеб устарлъи кин гьабулеб жояли абун, ккун кодоб кагъат-къаламгун, цо-цо ккун гьеб хъвазе лъугьун вуго дов. Бицун бугоха кIудияв инсуцаги. Нахъисеб къоялъ гьесухъе щварал нижеда пикрабалъ ватана гьев. ЩибгIаги дуе ккараб, кIодоч-дадаян гьикъидал, валлагь, кагътида хъван араб устарлъиялъул щибдай кканаян ургъалилъ вугилан жаваб кьуна гьес велъулаго.

ГьабсагIаталдаги руго ГьоцIалъ лъикIал устарзаби – халкъияв художник СултIан-АхIмад, Муга, Гьиматил МухIамад, МухIамаднабил МухIамад, ГIабдулхаликъов ГIаб­ду­рахIман, Геланил МухIамад,  ХIа­жиев Шарапудин, Абакаров Му­хIамадги Лабазанги, цогидалги. Амма гьезул цIикIкIаразул лъималаз бо­сичIоха гьеб махщел.

 

ГьоцIдерил накъиш

 

— Кубачиязулги нужерги накъишазул батIалъи щиб?

   МухIамадрасул: — Гьезул букIуна гъункараб, гIисинаб накъиш. Нижераб дагьаб чIахIияб буго. Гьез нижераб яги нижеца дозулаб такрар гьабизе лъугьани, дагьабниги бичIчIи бугев чиясда гьелъул батIалъи бихьула. Нижехъа цояс чурпа бухIун гьечIилан абидал, гIолохъабаз гьесул гъадринибе бащдаб стакан цIураб пучч бан буго. Гьанже бухIун бугищилан гьикъидал, бухIунни бугин, амма доб чурпадул бухIи гуринха абилан жаваб кьун буго гьоцIалъес. Гьебго жо ккола гьеб накъишалъулги – чияр хIалтIи такрар гьабизе лъугьиналъ унго-унгояб асар кьоларо.

   1958 соналда ГьоцIалъ художествияб комбинат рагьидал, гьениве Кубачиялдаса чанго устар витIун вачIун вуго гьоцIал ругьун гьаризе. Нижер эменги ругьун гьавун вуго гьез. Гьес бицунаан нижераз кIиго анкьицаги бикIун бахъунареб накъиш дозухъа къасиялдаса радалалде бикIун лъугIулаанилан. Квер ругьунлъи ккола гьеб.

Накъишал рукIине ккола цоялъ цояб нахъе цуларел. Масала, дуда выставкаялда бихьана Хунзахъа Хъайтмаз Аварскиясе дица гьабураб туманкI. Гьесул гьари букIана гьелда тIад жидер тухумалъул мугьруги, жиндир цIарги, туманкI гьабураб сонги, устар хIисабалда дирго цIарги бикIи. Гьеб киналдаго цадахъ рекъе­заруна жалго накъишалги. Амма хонжродаги, руччабаз ралел гIарцул тIагIелаздаги, гулгуналдаги тIад цого накъишал гьаризе бегьуларо. Элементал цого, гьезул гIуцIи абуни — батIияб. Масала, хIарпал цого, гьезул лъугьунел рагIаби батIиял рукIунел гIадинха.

 

Эклектика

 

— НекIсиял устарзабаз гьабураб къайи щай багьаяб букIунебали би­чIчIуларин жинда, гьездасаги лъи­кIал тIагIалаби жакъасел устарза­баз гьарулелги рукIагоян абула ди­да лъалев кубачияс. Нужеца кин ри­кIкIу­неб?

Гьимат: — НекIсияб тIагIел багьаяб букIиналъе гIилла ккола гьеб гьабурав устар гьабсагIаталда чIаго гьечIолъи. Устар цевеса ун хадуб гурони гъолъул къимат лъаларо.

МухIамадрасул: — Цоги рахъги буго гьелъул – жакъасев устарас гьабураб хIалтIи букIуна дов цевегосев устарасул хIалтIиги кьочIое босун. Масала, гьалейин жиндир хIалтIиян, цояс цо тIагIел бихьизабун буго искусствоведасда. Цогидас тIаде жубан буго жинца бахъараб сураталда рекъон гьабунинха гьес гьебилан. Гьеб мехалда искусствоведас гьи­къун буго Расул ХIамзатовас гьабураб кечI Муи ХIасановалъ ахIани, гье­лъул автор щивин кколев, Муийищ яги Расулищилан. Гьебго жо буго гIарцул устарлъиялда жанибги.

Гьанжесел устарзабазе кумек буго цIи-цIиял технологиязул. Нилъер умумуз абуни квартIа-гъецI къватIибе бахъулаан бакъ щвараб къоялъ. Кьерханкъоялъ кинаб канлъиха гъозда бихьулеб букIун батилеб? Нижер кIудияв инсул букIана полировка гьабулеб алатилан цо гьадил цIулал гьабураб жо. Гъолда тIад лахIги жужан, кверал сваказегIан гIарцул тIагIел лъулъалев вукIунаан гьев. Гьанже ругел алатаз жеги мухIкангоги уздангоги гьабиларищха гьеб.

Гьимат: — Амма гьанже ругел устар­забазда кIолароха дол шар­тIаз­да хIалтIизе.

МухIамадрасул: — Мунагьал чураяв нижер инсуда тIадкъалаан гIарцул тIагIалабазулъ, масала, партиялдаги пачалихъияб гIуцIиялдаги хурхараб тема бихьизабизе – «60 лет Октября», Олимпиада, космос. Гьанже кинабниги цензура гьечIо. Амма гьеб эркенлъиялъулъ буго цо санагIалъи гьечIеб рахъги. Бокьараб гьабизе рес букIунилан, лъалебги лъаларебги бихьизабун, ахиралда тIубан цIекIлъизабула гьев чияс гьеб хIалтIи. Рачлихъ ханжарги барав чухъагун чи велосипед бачунев рекъон вукIунаро. Гьев рекъола чода. Гьединго чода рекIунев чиясдаги рекъоларо шортал-майка. Эклектикаян абула гьелда – дандеккунгутIиялха.

 

 

 Устарзабазе гIарац киса?

— Нужеца тIагIалаби гьаризе гIарац (сырьё) киса босулеб? Пачалихъалъул рахъалдаса бербалагьи кинаб бугеб гьеб махщалиде?

МухIамадрасул: — ТIаде балагьун, ракIалде ккезе бегьула парахат жиндирго мастерскаялда гIодовги чIун, гIарцул тIагIалаби гьарулев вукIин гурони, кинал квекIеналинха устарасул ратилелилан. Амма ахирал соназда гIемерлъулел руго гьезие гьарулел гьу­къа-къаял. Масала, Росфинмониторингалъул тIалабалда рекъон, устарасда тIадаб буго жинца гьабураб тIагIалил цIайиги, кибе, лъие бичарабалиги кагътида бихьизабизе. Гьелъ хIалтIудаса ракIбуссинабулеб буго гIемерисел устарзабазул. ХIажатаб кагъат-мачар бакIаризе таманаб мех унеб буго.

   Гьединго эркенго босизе бажарулеб гьечIо къайи гьабизе гIарацги. Гьелъие бихьизабураб къагIида кIиго-лъабго буго. Масала, гьеб босула къватIисахун сырьё бачIунев цо хасав чиясухъа, яги Сбербанкалдаса.

   Гьединго тIагIалаби гьареян рачIарал гIадамазул рокъоб букIараб гIарцул цIарагI яги кIилкIал-курхьаби риххунги гьарула цIиял тIагIалаби. Гьелъулги щибаб грамм бихьизабизе ккола кагътида, гIарцул къайиялъул бетIергьанасулгун къо­тIиги гьабун.

   Амма гьеб ккола гIарцул цIакъго мукъсанаб къадар. Гьединлъидал ювелираз чанцIулго данделъун, хитIабал гьарун рукIана республикаялъул хIукуматалде нижее киназего санагIалъи букIинелъун, МахIачхъалаялда гIарац (сырьё) бичулеб тукен/предприятие рагьейилан. Гьелъул хIасил кколеб гьечIоха. Цо лъагIалида жаниб 400-ниги тонна гIарцул къайиялъул бачIуна пробаби лъолеб Палатаялде. Гьебщинаб къайи гьабизе гьеб гIарац нилъерго гьаниса босизе рес чIезабуни, жибго республикаялъеги щвелароанищ лъикIаланго хайир? Сбербанкалдаса босейила. Бугеб багьаялда тIаде жеги анкьгоги-микьгоги проценталги кьун гьениса босичIого, бачIинахъего цо ккураб багьаялде гьеб босизе бегьунгутIи щиб букIунеб, нагагь гьадаб нижеца тIалаб гьабулеб бакI гьаниб рагьани?

   Амма банкалдаги гIисинал пластинкаби гурони, кIудияб къадаралда букIунеб гьечIо гьеб гIарац (сырьё). Гьенисан заказ кьун бачIинабуниги, 10 проценталъ хираго чIолеб буго гьеб.

Гьимат: — Гьаб нижер махщел гуребги, гьелда релълъараб цогидаб иш босаниги, гьеб цIунизе пачалихъалъул къасд гьечIони, ахир-къадги ссун уна, тIатIала ккола гьеб. Гьединго дагь-дагьккун лъугIун, тIагIун ине­хъин буго гIарац-меседалъул устарлъи. Хадусел наслабазе гьеб цIунизе кколин бицун, кIицIулниги цевевахъана дун ДРялъул хIукуматалъул данделъабазда. Амма гъурщил кумек щвечIо гьенисан.

    Цебе гIадин, музеязги росулел гьечIо лъикIал устарзабазул хIалтIаби. ГIарац гьечIилан чIолел руго.

МухIамадрасул:

  — Россиялъул Художниказул союзалъул член, Дагъистаналъул мустахIикъав художник хIисабалда дица гьарурал хIалтIабаздаса кинабгIаги налог кколарин абураб документ кьун букIана дие. Амма исана соналъул февралалда гьеб хIукму хвезабула хIукуматалъ. Россиялдаса бахъараб нилъехъе щвезегIанго художествиял комбинаталги къан, умумузул махщелал хвезе теларилан, жиде-жидерго рукъзабахъе руссун, хIалтIулел руго устарзаби. Гьединги букIаго, хIакимзабазул гьединаб бербалагьи щай букIине кколебали бичIчIуларо. 

   Советияб заманалдаги букIана гьеб рахъалъ халкквей. СССРалъул бетIерлъуде вачIараб мехалда Андроповасе сайгъат гьабизеян музеялъ бичун босун букIана нижер инсуца гьабураб цо тIагIел. Гьеб заманалда эмен вукIана Пачалихъияб премиялъул лауреатлъунги вахъарав, машгьурав чи. Гье­лъухъгицин балагьичIого, доб тIагIел гьабизе дуе гIарац (сырьё) кисайилан, тIубараб сурав босулеб букIана КГБялъул чагIаз гьесдаса. Гьеб мехалда инсуца объяснительная хъван букIана гьеб гьабунин вакьадасул букIараб кIинусго сон бараб гулгунги биххунилан.

 

«Чанахъанасе къимат

чанахъанас кьезе ккола»

 

— МухIамадрасул, выставкаялда лъурал дур хIалтIаби рихьидал ккана улкаялъул даражаялъулги цIаразде щайдай мун вахинчIеван.

   — Дунни гьел цIаразда хадув лъугьарав чи гуро. Щибаб жоялъул агьлу букIунелъул, гьединлъидал чанахъанасе къимат чанахъанас, гьабигьанасе къимат гьабигьанас кьезе кколеб гIадин, ДРялъул художниказул союзалъ хIукму гьабун букIана дун Россиялъул мустахIикъав художниклъун вихьизавизе. 1978 соналдаса нахъе дица квер-рагъари гьабулеб жолъидал гьаб.

   Гьедин союзалъ батанщинаб документ-квара битIун букIана чанго соналъ цебе республикаялъул тIалъиялде. Гьелда гъулбасал лъун рукIана СКФОялда Россиялъул президентасул официалияв вакиллъун вукIарав Сергей Меликовасги, ДРялъул художниказул союзалъул нухмалъулесги, МахIачхъалаялъул мэрасги. Амма щаялиго гьел документал нахъ чIван рачIана.

— Мун хас гьабун гьеб пишаялъе цIалун ватила?

   — Художествиябгун графикаялъул факультет лъугIун хадуб, Темиргъоялъул школалда рисование, черчение кьолаан дица. Дагьалъ чIун гьениса нахъеги ун, тIубан устарлъиялда тIад чIана дун. Художниказул союзалда цебе цIакъаб цехги букIана гьелъие данде кколеб. Хадуб гъезабизе кIоларого гIарцул къайи букIунаан. Гьанже гIадин, гали бахъа-бахъаралъур гьединал жал ричулел тукабиги рукIинчIо 1990-абилел соназда МахIачхъалаялда. ЦохIо «Дагестан» тукен букIана Ленинил майданалда. Гьанже киналго гIорцIана. Додинал заказалги гьечIо. Музеялда лъураздасаги беричал, чIурканал   тIагIалаби тукабазда руго гьанже ричулел.

    Амма дица дунго киданиги рикIкIунаро цIакъав устарлъун. Гьоркьохъеб махщалил чиян тола. Дицаго гьабураб тIагIалида тIасан гIадамазул пикру лъазе, халкъалда гьеб бихьизабизе бокьула дие. Гьединго дидаса гIезегIан махщел бугев цогидав чи вукIуна дова рокъовги чIун, лъилгунниги щибниги дандги бачIого, гьабу-гьабураб тIагIел бичулев. Гьесдаса хIукуматалъе тIири пайда букIунаро. Амма жиндиргIан махщел гьечIев чиясе кьолел ругин цIаралилан абизеги рес буго гьединав чияс. Живго вихьизе къваригIун батани, вахъаха гьевги къватIиве.

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIажиевалъ