Бищараб нух, батараб къисмат

 

    Медицинаялъул гIелмабазул доктор, Гумбет районалъул Аргъвани росулъа МустIапа ГIалиев ккола теориябгун практикияб рахъалъ цIикIкIараб хIалбихьи бугев тохтур, психиатриялда тIадегIанаб даража щварав специалист. Гьев хIалтIана Тамбовалда, республикаялъул централияб больницаялда, вукIана СПИД централъул бетIерав врачлъун, диагностикаялъулаб централъул бетIерав врачасул заместительлъун. ГIемерал соназ вукIана республикаялъул психоневрологияб диспансералъул бетIерав врачлъун, гьабсагIаталда хIалтIулев вуго гьеб диспансералъул отделениялъул заведующийлъун ва гьелдаго цадахъ вуго медуниверситеталъул психиатриялъулгун наркоманиялъул кафедраялъул доцентлъунги. Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ щварав гьесул- гун гара- чIвари гьабуна нижеца.

 

 

— МустIапа, дур гьитIинаб ВатIан ккола Аргъвани, бечедаб тарихалъул некIсияб росу. Росдал рахъалъ абизе кинал рагIабидай дур рукIина?

 

      — Гьеб буго гIага-шагарго цо азарго соналъ цере Шамалдаса (Сирия) гьанире рачIарал гIадамаз гIуцIараб росу. Гьелда абула гIалимзабазулгун цIаларал чагIазул росуйинги. Гьениса рахъана тIадегIанаб даражаялъул гIалимзаби — гIарабистал Пайзудин, Абакар-Дибир, Шамил имамасул наиб Шамхал МуртазагIалиев, гьев ккола («БагIарал мугIрул») «ХIакъикъат» газеталъул редакторлъун вукIарав ГIабдулатIип Шамхаловасул эмен ва гIемерал цогидал. Гьединлъидалги батизе бегьула, хIуригат ккун хадуб нижер росулъа гIемерав чи туснахъ гьавуна, гьезда гьоркьов вукIана дида цIар лъурав кIудияв эменги. Ракь багъариялда (1970 сон) цебе гIадамазул аслияб магIишат букIана гIи-боцIухъанлъи, басрияб росулъ букIинчIо пихъил цо гъветIцин. Гьеб балагь ккун хадуб бащдаб росу гочана 8 километралъ гIодобегIан, битIараб авалалда бугеб Садуб майданалде ва гьениб гIуна цIияб росу. Нижер гIадамал руго цоцазул къадру-къимат цIунарал, жамагIат буго гъункараб, гьоркьоблъи щулияб. Гьединаб, некIсиябги цIунараб, цIиялъеги нух рагьараб, нилъер гIадат-гIамалги киданиги течIеб росу буго Аргъваниб.

— Дол Шамилил рагъазулъги буго нужер росдал лъалкI…

    — 1839 соналъул май моцIалда Аргъваниб ккана кIудияб рагъ, гьелъул хIасилалда чIвана 300-гIанасев мурид (гьезда гьоркьов 50-гIанасев нижер росуцоявги), бухIана росу. Гьелдаса хадур Шамил ва гьесул муридзаби ана АхIулгохIалде.

— Дуца медициналъул цIали, хIалтIи тIаса бищиялъе гIилла щиб букIараб, нужер тухумалда гIемер рукIанищ тохтурзаби?

   — РукIинчIо. КIиабилеб классалда цIалулаго, гьуърулги унтун дун ккана больницаялде, гьениб бана 20-гIанасеб къо. Гьеб бакIалда кинабгоги бихьун, 10 сон барав дица гьабуна тохтурлъун вахъине вугин абураб хIукму. Диего кьураб рагIи дицаги хисичIо.

— ГIумруялъул гьеб нух тIаса бищиялдаса киданиги рекIекълъанищ мун?

   — Киданиги рекIекълъичIо. ХIалтIи байбихьана институталда цIалулаго централияб больницаялда медбратлъун хIалтIиялдаса. 37 сон бараб мехалъ дие щвана «Отличник здравоохранения СССР» абураб хIурматияб цIар. Дир руго газеталгун журналазда рахъарал 50-ялдаса цIикIкIун ва ВАКалъул журналалда бахъараб 15 гIелмиял макъалаби. ХIалтIулев ва хъвадарулев вуго жакъаги, гьеб иш тезе жеги ракIалдаги гьечIо.

— Жакъа мун хIалтIулев вуго жидер заманалда дуцаго лъугIараб институталда. ЦIали гIуцIиялъул, гьелдехун студентазул бугеб бербалагьиялъул рахъалъ доб мехалъ букIаралдаги жакъаселдаги гьоркьоб батIалъи бугищ?

     — Долдаса нахъе хисана гIемераб. Дица дидагоги дир гьудул-гьалмагълъиялдаги гIемер гьикъула – нилъ лъица ва кин сах гьаризе ругелин абун. Гьелъул буго ургъел, гьелъ толаро рахIат. ГIелму ва техникагун технологиял кутакалда церетIолел руго, цIализеги хIалтIизеги ресал гIемерго цIикIкIунел руго, амма… Доб мехалъ студентазул гъира букIана лъай щвезе, гIемер рукIана гьезие гьеб кьолел преподователалги. Дун вуго машгьурав тохтур — хирург Мажид МахIатIиловасул ученик, жеги студентлъун вукIаго гьес малъана дида гIемераб, ругьун гьавуна операциял гьаризе.

— Хаслъи бугеб учреждение бугелъул, тохтурзабазе бигьа букIунищ нужер больницаялда хIалтIизе?

   — Бигьаяб жо гьечIо, гIемерал тохтурзабаз хIехьоларо доб хIалтIи, лъагIелалъ хIалтIун нахъе уна гIемерал. ХасмухIамад-хIажица абуна дида цIакъго тIадегIанаб иман бугев чиясухъа гурони бажаруларин гьаб хIалтIи гьабун, гьенив хIалтIарав чиги хIеж борхарав чиги цого даражаялъул чилъун рикIкIине бегьулин абун. Кумек, бигьалъи гьа- бун гурони, гьедин унтарав тIуванго сах гьавизе кIоларо тохтурзабазда. ГIемерисел унтарал рукIуна социалиябгун материалияб рахъалъ ресукъал, захIмалъиялде ккарал. Буго цойги хаслъи, эбел- инсуца унтарал лъимал, кинаб хIалалда гьел ругониги, киданиги рехун толаро, амма лъималаз унтарал эбел-эмен рехун тарал хIужжаби камуларо. Аслияб куцалда нижехъе ккола гIолохъанаб гIел, 30 сонил ригьалде щвезегIан ругел.

— Унтаразе рекъарал шартIал ругищ больницаялда, дару-дарма- налдалъун хьезари кинаб хIалалда бугеб?

   — Цо машгьурав тохтур- гIалимчияс абуна нилъер сахлъи цIуниялъе бюджеталъ гIарац биччалин цоги киналъегоги бикьун хутIаралъул хIисаб гьабун, сахлъи цIуниялъ пси- хиатриялъеги биччалин гIарац гьеб- го къагIидаялда, цоги бутIабазе кьун хутIаралдаса босун абун. Гьеб буго тIолабго Россиялда, хасго Дагъиста- налда билълъараб низам. Цо сордокъо хIисаб гьабун унтарасе бихьи- забун буго 75 гъурущ квание ва 75 гъурущ дарабазе. Гьеб гIарцудалъун щибха гьабизе кIвелеб унтарасе? КигIан мукъсанаб гIарац бугониги, унтарал ракъун хутIуларо, гьел рехун толаро гIагарлъиялъ, гIемер ккола садакъаялъе квен босун рачIунел гIадамал. Амма дараби гIагарлъиялъ росичIого гIоларо.

— Исана, 70 сонил ригьалда дуца цIунана медицинаялъул гIелмабазул докторасул цIар. Дагьав кватIун ккечIищ мун?

    — БитIун буго, ккана. Дица хъвана 4 диссертация. ТIоцебесеб хъвана Рашид Аскерхановасул нухмалъиялда гъоркь, дун вукIана гьесул ученик. Гьеб цIунизе заман гIагарлъарабго хвана гьев, дицаги жибго тана диссертация. Цоги соналдасан дица гьеб хъвана Герей Гереевасул нухмалъиялда гъоркь. Гьелда тIад хIалтIулаго хвана мунагьал чураяв, дицаги тана хIалтIи, ккана гьаб иш дир гурин абун. 2000 соналда цо гIелмияб данделъиялда дун вукIана Астраханалда. 2013 соналда дица гIуцIана Дагъистаналъул психиатриялъ 100 сон баялда хурхараб гIелмияб конференция, гьениве ахIун вукIана тIолабго Россиялдаса 40 профессор. Гьеб конференциялде дица хIадурараб материал хадубккун ккана дир докторасулаб хIалтIуе кьучIлъун. 2017 соналда дица байбихьана гьеб хъвазе ва 2019 соналда лъугIизабуна. Гьаб коронавирус унтиялда хурхун, хадусеб кIиго соналъ дир рес букIинчIо гьеб хIалтIи ВАКалде битIизе. Цинги битIана гьебги, исана соналъул январалда цIунана диссертацияги. Гьедин ккана кватIи.

— Мун жакъаги хIалтIулев вуго больницаялда, вуго студенталгун. Дуе захIмалъулеб гьечIищ, кIолеб бугищ заманалъул тIалабазда рекъон ине?

     — Рарал соназ жиндирабго гьабичIого телищха, амма дунги къуркьулев гьечIо. Гьале гьабсагIаталда дида кодоб буго гIагараб заманалда къватIибе биччазе бугеб «История психиатрии Дагестана» абураб тIехь. Москваялда хIадурулеб буго цоги тIехь.

— РехсечIого гIоларо гьаб коронавирусги, мунгоги унтун вуго гьелъ. Гьелда сверухъ бицунеб жо гIемер буго, дуца щиб абилеб?

— ТIадаб буго цIуни гьабизе. Гьабизе ккола прививкаги, гьеб гьабуравги унтизе рес буго, амма унти уна гIемерго бигьаяб къагIидаялда. Гьеб гьабуна дица ва дир гIагарлъиялъ.

ГI. ГIАБАШИЛОВ